Комсомол гIуцIаралдаса тIубана 100 сон

ВатIаналъул кIалтIа къараб хъаравул

Гьал къоязда нилъер улкаялда кIодо гьабулеб буго комсомол гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялъул юбилей

Улкаялъул тарихалда ккарал лъу­гьа-бахъиназул, комсомолалъ гIа­хьаллъи гьабичIеб, цониги ху­тIичIолъиялъе гIемерал мисалал рачине бегьила.
Дагъистаналъул гIолилазул гIу­цIиялъ нилъер умумуздасанго ра­чIарал адаб-хIурматалъул гIа­да­талги хIисабалде росун, кIудияб гъи­ра-шавкъалда хъулухъ гьабулаан захIматалъул ветераназе, ригь арал, сакъатал гIадамазе.
Комсомольцаз кIудияб захIмата­лъул бутIа лъуна халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щула гьабиялъулъ ва гIолилазе рухIияб тарбия кьеялъулъги.

ВатIаналъул ахIиялъе
гIолилазул жаваб

Дун комсомолалъул кьеразулъе лъугьана 1965 соналъул маялда. Университет лъугIаралдаса, школалда дагьабго мехалъги хIалтIун, ахIана комсомолалъул Казбек райкомалде хIалтIизе. Гьеб букIана 1974 сон. Гьеб заманалда гIолилазул гIуцIиялъул букIана гIицIго 56 сон.
Районалъул комсомолалъул гIу­цIиялда хIисабалда вукIана 1500-ялдасаги цIикIкIун гIолилав. Гьел рукIана гIолилазда гьоркьор бищунго жигарал васал ва ясал. Районалда, росабалъгун райцентралда букIана комсомолалъул 50 гIуцIи. Гьез жигараб гIахьаллъи гьабулаан районалъул социалиябгун экономикияб цебетIей букIинабиялъулъ.
Дол соназда гIадатлъун билълъун букIана комсомольцазулгун гIолилазул бригадаби гIуцIи. Райо­налда букIана гьединаб 25 бригада. Ас­лияб куцалда гьел хIалтIулел рукIана гIи-бо­цIухъанлъиялда, ху­ру­хъан­лъиял­да, хасго картошка гIезабиялда. Райо­­налда гIуцIун рукIана рес­пуб­ликаялъул цо-цо промыш­ле­н­­ниял заводазул филиалалги. Гье­­зул цIикIкIарасел рукIана Ма­хIач­­хъалаялъул радиозаводалъул «тIанчIи». Гьел рагьизе гIемераб хIалтIи районалъул нухмалъулезда цадахъ гьабуна комсомолалъул райкомалъги. Филиалал гIуцIун рукIана Дилималда, Гуниялда, Буртунаялда, Ленинаулалда. Гьенир хIалтIана нус-нус гIолилал. Гьезул лъикIал рахъазул цояб букIана промышленнияб къайи гьабулел гIуцIаби ругониги, росдал магIишаталъул хурзабахъ гьабулеб хIалтIи хIалуцараб мехалъ, колхозалъе, совхозалъе кумек гьабизе цадахъго рахъин.

ЦIияв инсан куцай — аслияб масъала

ГIолилазда гьоркьоб гьабулеб хIал­тIулъ гьезул хъизан-рукъа­лъул суалазде гIунтIун кинабго хIи­­сабалде босулаан. Мисалалъе, райо­налда 1975 соналда цо росулъ кIиго гIолохъанчи, ригьин гьабун нахъисеб къоялъ, жалго жидецаго гъанкъун ратана. Гьеб иш букIана жиндехун кIварбуссинабизе кколеб лъугьа-бахъин. Гьебги хIисабалде босун, комсомолалъул хIалтIухъабаз хъизан гIуцIиялъул, гIолохъанал рос-лъадуда жанир рукIине кколел гьоркьорлъабазул специалисталги ахIун, районалъул росабазул гIо­лилазда гьоркьоб гьабуна кIудияб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи. Гьелъу­л хIасилалда бажарана тIоцебе ру­къал­де руссарал гIолилазе хъизама­лъул рахъалъ тарбия кьеялъул иш лъикIлъизабизе.
Районалъул комсомолалъул гIу­цIиялъ лъикIаб хIалтIи гьабулаан гIолилазул халкъазда гьоркьосел ишал, бухьенал гIатIид гьаризе. Районалдаса нус-нус гIолилал, туристал хIисабалда, щвана батIи-батIиял пачалихъазде.

Билизе тараб тарбияб бечелъи

Абизе бегьула гIолилазул комсомол гьеди­наб жамгIияб гIуцIи кибго букIинчIилан. Амма квеш ккараб жо буго гIолилал куцазе букIараб гьелъул хIалбихьи, махщел гьанжесел гIолел гIелазе тарбиякьеялъулъ хIалтIизабулеб гье­чIолъи. ГIемераб жо, кIвар кьечIого, билизе тана. Гьединабго ахIвал-хIал буго гьабсагIат районалдаги. ГьечIо комсомолалъул музей ялъуни бокIон. КIудияб ВатIанияб рагъулъ бергьенлъи босаралдаса 30 сон тIубялда бан гIуцIун букIараб эстафетаялъул нахъе цIунун щибго гьечIо. Гьеб заманалда росулъа росулъе, ракIарун гIолилалгун, рохалилаб ахIвал-хIалалда кьолеб кIудияб «Щивго кIочон гьечIо, щибго кIочон гьечIо!» абураб цIаралда альбом букIана. Гьелда жанире щибаб росдал комсомолалъул хIаракатчагIаз ракIарун рукIана росулъа рагъде аразул цIа­рал, гьезул биографиял ва рагъулал нухазул хIакъалъулъ баянал. Гьелги нахъе цIунун гьечIо.
Казбек районалдаса рагъде ун вуго 1640 чи, гьезул 894-яв рагъдаса тIадвуссинчIо. ТIадруссаразулги жакъа къоялъ гIицIго 3 чи гурони хутIун гьечIо. Гьединлъидал лъикIаб букIинаан, районалъул гIолилалги цолъизарун, музей гIуцIиялъул суалалда тIад ургъани.
Комсомолалъул кьеразулъа ра­хъа­на партиялъул, советиял ва магIишатиял гIемерал нухмалъулел. Гьезул цо чангояз республикаялъул кIвар бугел бутIабазда хъулухъги гьабуна. Гьелги ккола Юсуп Салманов, Сапивула Темирбулатов, Юсуп МухIамадов, Асланхан Мусаев, Юсуп Дадаев, ГIабдуразакъ ХIосенов, АхIмадпаша Зиявдинов, СагIадат ГIабдуразакъова, Зайнудин Охъмазов, Ибрагьим Идрисов, МухIамадсагIид Мамайханов, Темирсултан Къадиев, Абубакар Ибрагьимов, Сайрудин Эмеев, Гъайирби Гъайирбиев, Анварпаша Гъайирбегов, Кульписат ГIабдулманапова, ГIа­дукав Базаев ва гIемерал цогидал­ги.
Районалъул комсомолалъ тарбия кьун гIезавуна лъабго Россиялъул БахIарчи — Ленинаулалдаса Юрий Салимханов, Гуниялдаса Арзулум Илясов ва Калининаулалдаса МухIамад-Казим Гъайирханов. Гьездаса чIухIарабги буго Россия.

Комсомолалъул белтал хиси

Гьеб букIана комсомольцазул гIум­руялда жаниб цIакъ кIвар цIи­кIкIараб политикияб лъугьа-бахъин. Комсомолалъул документал хисулеб заман букIана дун комсомолалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIулеб мех. КIиазариде бахараб къадаралъул ВЛКСМалъу­л членазул белтал хиси букIана дол шартIазда цIакъ захIматаб суал. Щайгурелъул, мисалалъе, гьезул щивасул суратал рахъизе кколеб ме­халда, районалда цо гурони суратал рахъулев чи вукIинчIолъиялъ, цIараб болжалалда гьеб хIалтIи лъугIизаби букIана жавабчилъи цIикIкIараб иш. Гьеб гуребги, щивав комсомолецгун дандчIван, гьесул кинабго рахъалъан бугеб ахIвал-хIал лъазабизе кколаан.
Байбихьуда цогидал районаздаса нахъекколел рукIаниги, хадуб, рукIа-рахъиналъул хъулухъ гьабулеб комбинаталъул нухмалъулев МухIамад ГIазаевгун цадахъ лъугьун (суратал гьенир рахъулаан), гьеб иш гIуцIизе нижехъа бажарана.
Районалдаса рахъарал гIуцIару­хъаби цо-цоял жакъаги республикаялъул магIишаталъул кIвар бугел хъулухъазда хIалтIулел руго. Республикаялъул гидроэнергетикаялъе кьучI лъуна КIудияб ВатIанияб рагъде комсомолецлъун арав, гьенив батальоналъул командирлъун вукIарав ГIабдулвагьид Муслимовас.
Республикаялда министрзаби­лъун хIалтIана районалдаса ХIапи­сат МухIамадова, Сайгидпаша ГIу­­­ма­ханов, Башир Байтемиров, ГIаб­­­дулмуслим ГIабдулмуслимов. Да­­­гъистаналъул прокурорлъун ва ха­­дув Конституциялъулаб судалъул председательлъун хIалтIана Салман ХIажимухIамадов, Дагъистаналъул ХIинкъигьечIолъиялъул советалъул секретарьлъун вукIана АхIмаднаби МагьдихIажиев. Республикаялъу­л Верховный судалъул президиума­лъул членлъун къогоялдасаги цIи­кIкIун соназ хIалтIана юрист Гунащ Набиев. Гьел киналго руго комсомолалъул тарбия щварал гьалмагъзаби.
Нилъ рохизе ккараб хIужа буго рес­публикаялдаса 24 комсомолец Ленинилаб комсомолалъул премиялъе ва ВЛКСМалъул централияб комитеталъул хIурматияб гIаламаталъе (знакалъе) мустахIикълъиги. Гьал къоязда басмаялда бахъана гьезул хIа­къалъулъ гьал мухъазул авторас хъва­раб «ГIумруялъул цебесеб кьерда» абураб мажмугIги.
Жакъасел шартIазда комсомол яги гьелъ гIадин гIолилал куцалеб цо­ги гIуцIи букIарабани, узухъда, нилъер гIолеб гIелалъул гьумер дагьабги берцинаб букIинаан. Квеш букIинароан комсомолалъул бу­кIараб хIалбихьиялдаса гьанжеги пай­да босани.
Зикрула Илясов,
1975-1980 соназда ВЛКСМалъул Казбек райкомалъул
тIоцевесев секретарь