Инсан

ГIелмудул кIулалъ рагьула тарихалъул гъамас

Типлисалда батана Дагъистаналъул цебегосеб тарих

Коммунистаз диналде рагъ лъазабун букIиндал, диниял чагIи гIалимзабилъун рикIкIунароан, гIараб мацIалда хъварал тIахьал рухIулаан. ХIакъикъатин абуни, гьелъул гIаксалда букIун буго. РукIун руго нилъер гIалимзабиги, гьез данде гьабураб бечедаб тарихияб материалги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб гара-чIвари ккана дир РАНалъул ДНЦялъул тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул востоковедениялъул отделалъул гIелмияв хIалтIухъан МухIамад ШехмухIамадовасулгун.
— МухIамад, нужер отделалъул гIалимзаби, аслияб къагIидаялда, кир хIалтIулел, гьа­рулел цIех-рехазул мурадал кинал ругел?
— Ниж хIалтIула архивазда, музеязда, хIукуматалъул ва жалго бетIергьанал чагIазул библиотекабазда, ралагьула некIсиял хъвай-хъвагIаял тIад ругел ганчIал (эпиграфика), гьединго хабалазул заназда хъварал баяназдасанги лъала къиматал хIужаби.
— Абула Типлис шагьаралъул архивазда Дагъистаналъул тарихалъул хIакъалъулъ гIемерал тIахьалги, документалги, хъвай-хъвагIаялги ругилан…
— Чанго нухалъ щвана дун Москваялъулги Типлисалъулги пачалихъиял архивазде. Типлисалда гьединаб архив букIиналъе гIиллаги буго гьениб Кавказалъул сардарасул канцелярия букIин. ГIумаханил заманалдаса байбихьун, имам Шамилил ва къокъаб шаригIаталъул заманги гьоркьобе бачун, цIакъ гIемераб ва цIакъго къиматал документал руго гьенир. Дагъистаналда туснахъ гьаруразул, Сибиралде ритIаразул цIарал, гъанкъарал-чIваразул къисматалъул хIакъалъулъ бицунел документал. Шамилица ва гьесул наибзабаз цоцахъе хъварал кагътал, тIарикъаталъул церехъабазда хадуб полициялъул букIараб халкквей ва гьел туснахъ гьариялъул хIакъалъулъ рицунел кагътал, Сибиралде ритIаразул къадар, гьезул росабазул ва гьел ритIарал бакIазул цIарал. Масала, накъшубандияб тIарикъаталъул шайих Алмалоса МахIмуд-апандида хадуб букIун буго балъгояб халкквей, 1914 соналда гьев ккун вуго ва Россиялъул жанисеб губерниялде витIун вуго.
1914 соналда Дагъистаналда букIун буго кIудияб тунка-гIуси (антиписарское восстание). Пачаясул тIалъиялъ киса-кирего тIамун руго гIурус мацIалда документал гьаризе. ЦIализе-хъвазе лъаларел гIемерисел гIадамал гьеб зулмуялде данде рахъун руго. Ратана Дагъистаналъул тIалъиялдаса гIарзалъ унел рукIарал вакилзаби, гьездаго гьоркьов Сайпулагь-къадиги полици­ялъ нухда кквеялъул, хадуб гьезул ккараб къисматалъул хIакъалъулъ бицунел документалги. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ цебе щибго лъалеб жо букIинчIо.
2011 соналда лъабго моцIалъ хIалтIана дун Типлисалъул архивалда ва Кекилидзел цIаралда бугеб квералъ хъварал тIахьазул институталда. Гьениб буго 700-ялдасаги цIикIкIун Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицараб гIараб тIехь. Масала, Шамил-имамасул гъазаваталъул хIакъалъулъ Къарахъа МухIамадтIагьирил квералъ хъвараб тIехь. Гьединалго хириял тIахьал ккола Къудукьа Мусалас ва ГIободаса ШагIбанкъадица квералъ хъваралги. Гьел тIахьал архивалда цIак­ъ лъикI цIунун руго, амма гьездаса копия бахъи хираго чIолеб буго, масала, цо сураталъул копия бахъун уна 600 гъуруш.
— Цоги щиб тIатинабун бажарараб?
— Нилъер тарихалъул, цере лъалел ру­кIин­чIел, гIемерал баянал ва хIужаби тIатана гьенир. Масала, 1863 соналда Занки-апандил ва МуртазагIали-хIажил цебехъанлъиялда пачаясул тIалъиялде данде Закаталаялъул халкъ бахъиналъе гIилла букIун буго гьениб пачаясул тIалъи хIалица ГIисал дин тIибитIизабизе лъугьин. Гьелъул хIакъалъулъги лъалеб жо цIакъ мукъсанаб букIана.
ЧIезабизе кIвана, микьго сонги къотIун, Ярославль губерниялде витIарав Муртаза­гIали ГIурадиги Шурав къадилъун хIалтIарав МуртазагIали ГIурадиги цого чагIи кколареллъи.
МухIканго лъалеб букIинчIо Гьидалъ наибзабилъун рукIаразул цIарал. Архивалда батана гьезул сияхI, хъулухъ гьабураб заман, гьезул хадусеб къисмат. Гьале гьезул цIарал: ТIелекьа КъебедмухIамад, гьесул вац ГъазимухIамад, ТIидиса ЧIуриласул НурмухIамад, ГIурадаса ГьитIинасул МухIамад, ХIотодаса Мугурил ГьитIино, МачIадаса Месело, Гъумекиса ГIабдурахIман.
— Москваялда бугеб Россиялъул пачалихъалъулаб рагъулабгун тарихалъул архивалда щиб батараб?
— Цо анкьалъ гьенивги хIалтIун, тIатинарун бажарана, цере лъалел рукIинчIел гIемерал тарихиял баянал ва хIужаби. Шамил-имамасул рагъда хурхарал, хасго асирлъуде ун хадуб ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицунел документал. Масала, Франциялде данде вагъулев вукIарав Алжиралъул цевехъан ГIабдулкъадирицаги имам Шамилицаги цоцазухъе хъварал кагътал.
— Амри ШихсагIидовгун цадахъ рукIарал экспедициязда щиб хIасил ккараб, кIванищ цIиял хIужаби тIатинаризе?
— Профессор Амри ШихсагIидовгун цадахъ хIалтIизе щвей дица рикIкIуна гIумруялъул кIудияб сайгъатлъун. Гьесул даражаялъул лъаялъул гIалимчи-востоковед Северияб Кавказалдаго гьечIо. Гьевгун цадахъ нижеца гелана Гъуниб, ГIахъуша, Шамил ва Хунзахъ районал. ХIисаб гьабураб мехалъ, нилъер умумуз бекьулеб ва бакIарулеб букIун буго гIелму. ГIемераб гIелмуги нахъе тун ун руго мунагьал чураял дунялалдаса. ГIараб тIехь ва квералъ хъвараб Къуръан камураб росу цониги гьечIо магIарулазул. Гьеб кIудияб рухIияб хазина ккола. Росдал бокьарав гIалимчиясул библиотека рикIкIине бегьула тIубараб архивлъун. Гьенир ратула тарихиял ва маданияталъул хIужаби, чIухIбуз цоцазухъе хъварал кагъ­тал, гьарурал-хваразул хIакъалъулъ баянал. Масала, МачIадаса Багъужа-дибирасул буго камилаб хIалалъ цIунараб 300 сонилаб архив. Гьеб архивалда ратана, цере лъалел рукIинчIел, гIандалалгун цадахъ Надир-шагьасде данде рагъизе арал гьидерил рагъухъабазул хIакъалъулъ бицунел хъвай-хъвагIаял. «Рокъор чIечIого, ракьги динги цIунизе шигIиязул боязде данде къва­тIире рахъе», — ян хъвараб хитIаб буго гьел кагътаз­да гьоркьоб.
ГIурадаса Ибрагьим-хIажил буго цIакъго бечедаб, лъикI цIунараб ва гIемерал къиматал тIахьазул библиотека. Мисалалъе, гьениб цIунун буго 800 соналъ цебе Гьоркьохъеб Азиялда парс мацIалда квералъ хъва­раб астрономиялъул тIехь.
МачIадаса гIалимчи ХIадисил архивалдаса лъана гьесул мадрасаялда цого заманалъ 25 мутагIалим цIалулев вукIараблъи. Доб заманалда гьеб рикIкIунаан кIудияб мадрасалъун. Щайгурелъул доб заманалда гьелщинал цIалдохъаби кваназариги гьезие рукъзал чIезариги букIана цIакъ захIматаб масъала.
Гьел архивалъул хIужабаздаса бичIчIулеб буго, Гьидалъ гIемерал гIалимзаби рахъи­налъеги, щибаб росулъ мадраса букIиналъеги, гьенир гIелму малъулел ва тIахьал хъвалел чагIи рукIиналъеги аслияб гIилла кколеб букIин гьениб, цоги жамагIатаз­де дандеккун, экономикияб рахъ бечедаб букIин.
— Заназда ратарал хъвай-хъвагIаяз щиб бицунеб бугеб?
— Заназда хъвараб цIали нижее хираго чIола, щайгурелъул гьезул гъоркьияб рахъал­да рукIуна нижеца ралагьулел къиматал баянал. Гьел ратизе ккани, зонол ракьулъе араб гъоркьияб рахъ 0,5-1 метралъ бухъизе ккола.
Гьел хъвай-хъвагIаяздасан нижеда лъала пуланаб росулъе ислам бачIараб, гьеб тIибитIараб ва щулалъараб заман. Заназда тарих хъвазе байбихьана XV гIасруялъул ахиралда. Масала, ЦIулда росулъ ругел назаразул цо къоноялда ратана XVII гIасруялъ гьенив вукIарав бодул цевехъанасул букIараб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ баянал. Гуржиязул ракьазде гьес гьарурал чабхъеназул, ханзабазулгун гьарурал ракълилал къотIи-къаязул хIакъалъулъ бицунеб къокъабго тарих.
Хайдакъазул ханзабазул (къара-къурайшиял) хабалазда ругел заназда ратарал х­ъвай-хъвагIаял дандегьарун, бахъизе буго суратаз бечед гьабураб тIехь.
— Гьебщинаб гIелмияб хIалтIул хIасил кин гьабулеб?
— Къалмица хъвараб гIоштIоца къотIуларин гурищ абулеб. ХIисабкьей хIисабалда, пуланаб гIелмияб цIех-рех лъугIидал, хъвала макъалаби, тIахьал. Ахирал соназда гьарурал хIалтIабазул хIасилалда лъазе кIва­на XVI-XVII гIасрабазда Бакъбаккул Дагъистаналда, Ираналдаса бачIун, халватияб тIарикъат тIибитIун букIараблъи. Гьелъул церехъабаз кIудияб хIалтIи гьабун буго халкъалда гьоркьоб исламияб бичIчIи-лъай кьеялъе, гьелдалъун гIемерлъун руго мажгитал, мадрасаби, вакъпу-садакъа.
— МухIамад, «ХIакъикъат» гьоркьоб­ккун газеталда ахиралдаги щиб абилеб?
— Нижер гIелмияб хIалтIуе квербакъулеб буго гьаб институталъул нухмалъиялде ккарал гIолохъанал, бажари бугел, гьабулеб хIалтIул кIвар бичIчIулел гIалимзабаз. Гьезие ракI-ракIалъулаб баркала буго.