Ихтиярал цiуни

РакIбацIцIадаб дармие гIоло

ТIолгороссиялъул Халкъияб фронталъ (ОНФ) халгьабуна АЗСазухъ

ОНФалъул Дагъистаналъул отделениялде рачIарал гIарзазда бицунеб букIана машинабазе бензин тIолелъул, автозаправкаялъул (АЗС) хIалтIухъабаз жидер ихтиярал хвезарулел ругин абун. Гьелда бан, «РакIбацIцIадаб дармие гIоло» абураб проекталда рекъон, ОНФалъ халгьабуна республикаялъул шагьараздагун районазда бугеб 50-ялдаса цIикIкIун заправкаялъухъ.
Халгьабуна МахIачхъалаялда, Дербенталда, Хасавюрталда, Гъизилюрталда, гьединго, Хасавюрт, ЦIияб Лак, Казбек, Гъизилюрт, Хъумторхъала ва Дербент районазда ругел АЗСазухъ.
ГIезегIанго ратана ракIбацIцIадго даран гьабулел предприниматель. Амма цо-цо АЗСазда тIатана потребителасул ихтиярал хвезариялъул хIужабиги. Рехселин гьезул аслиял:
1. ГIемерисел АЗСазда гьечIо цIатари бикьулел ва машинаялде тIолеб бензиналъул къадар мухIкан гьабулел пистолетазул халгьабиялъул хIакъалъулъ сертификатал. Гьединго батичIо халгьабизе рес кьолеб роценалъул алатги (мерник).
2. Цо-цо АЗСалда гьечIо «Потребителасул бокIон» яги гьелда ран руго басриял, ай болжал лъугIарал документал, гьездаго гьоркьор – бензиналъул даражаялъе нугIлъи гьабулел паспорталги.
3. Руго хIалтIизе ихтияр кьолел документалго гьечIел заправкабиги.
4. ЦIунулел гьечIо цIа ккеялдаса цIуниялъул тIалабал. ГIемерисел АЗСазул газалъулги бензиналъулги колонкаби чIезарун руго гIадамаз гIумру гьабулел минабаздаги, кафеяздаги, тукабаздаги, хIатта шагьраялда цIакъго гIагарда.
5. ЦIикIкIарасел заправкабазда цIатари тIоларо бичун босараб къадаралда.
6. Лабораторияб гуреб къагIидаялда, «Октис-2» абураб алаталъул кумекалдалъун халгьабуна цIатариялъул качество. Гьелдалъун чIезабуна, цо-цо заправкабазда АИ-92 маркаялъул бензиналъул бакIалда бичулеб буго АИ-80 маркаялъул бензин.
7. ГIемерисел заправкабазда кьоларо чек, гьечIо гьеб кьолеб алатгицин.
8. ЦIатариялъухъ багьа цIикIкIинабулеб буго жидеего бокьун. Гьебги гьабула гIисинал заправкаби базаралдаса тIагIинариялъул мурадалда. Гьелъие гIоло АЗСазулги АГЗСазулги бетIергьабаз ва цадахъго гIемераб цIатари бичулел компаниязги къотIи гьабулеб буго, пуланаб багьаялде киназго бензин бичиялъул хIакъалъулъ.
ТIатарал хIужабазул хIакъа­лъулъ чанцIулго лъазабуна ДРялъул прокуратураялдаги, налогазул федералияб хъу­лухъалдаги, Рос­потребнадзоралдаги. Амма рех­­сарал идарабаз тIадаб хIалтIи гьа­буларого буго. Кин батаниги, гьаб­сагIаталда бакIарун буго адми­нистративияб низам хвезабиялъул хIакъалъулъ материалги, бахъун буго цо чанго заправкаялъул бетIергьабазухъа гIакIаги.
МухIамад МухIамадов,
ОНФалъул модератор