Диктант — 2018

 Щибаб хъизамалда — рахьдал мацI

 

Диктант хъвараб къоялъ Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда дандчIвана батIи-батIиял гIадамалгун.
Гьез загьир гьаруна гьеб тадбиралда тIасан батIи-батIиял пикраби

Дица хъвазе гьечIо

Хъумторхъала районалъул газеталъул бетIерав редактор Жавад Закавовас абуна, жинца диктантги гьениб гIуцIараб диктанталъул хIакъалъулъ макъалаги хъвазеги гьечIин, жинда бичIчIуларин гьениве жив ахIиялъул мурадги магIнагиян. «Дун вуго гьаниб лъугьа-бахъунеб жоялъул нугI. Диктант хъваялъе гIиллаги мурадги дида бичIчIуларо. Нилъеца диктантал хъванилан бугеб хIал хисуларо. Кинабго байбихьула тIасан. Рахьдал мацIал чIваялъул иш байбихьана Петр ТIоцевесесул заманалдаго. Советияб власталъ ххвелал гьаруна, мацIал цIунулел ругинги абун.
Жив дагъистаниявлъунги пуланаб мацIалъул вакиллъунги рикIкIунев цониги чи разилъизе гьечIо, Дагъистаналъул депутаталги тIадрекъон, къабул гьабураб факультатив хIисабалда рахьдал мацIал малъизе кколин абураб пачалихъияб хIукмуялда. ГIурус мацIалъул диктант хъвазе байбихьа­на гьеб мацI цIуниялъул мурадалда. Амма гьелъулги хIасил ккезе гьечIо. Щай? Щайгурелъул, министразги, президентасги, депутатазги данделъабазда бицунеб гIурус мацIалда гъорлъ хIалтIизарула 10-15 процент ингилис мацIалъул рагIаби. Заманалдасан мацIал тIагIина – щибаб къойил тIагIунеб буго цо мацI. ТIагIинчIого рукIине ккани, щибаб хъизамалда бицине ккола гьеб. ГIурус мацIалда кIалъалел нилъер дагъистаниязги пикру гьабула рахьдал мацIалда. Гьайгьай, рахьдал мацI лъалеб гьечIониги, вукIине бегьула унго-унгояв магIарулавлъун, мисалалъе, халкъалъул гIадат-гIамал гъорлъ бессаравлъун. Гьединавлъун гьев гьавула эбел-инсуца лъикIаб, умумузул къагIидаги цIунараб тарбия кьун батани. Масала, лъарагIазул вуго дунялалдаго машгьурав гIалимчи Мурад Аджиев. 100 соналъ цеве гьесул кIудияв эмен гочана Москваялде ва гьев гIуна гьенивго. Гьесухъа бажарана миллияб хасият цIунун.
Рахьдал мацIал цIуниялъулъ кIудияб бутIа буго районазул бутIрузул бербалагьиялъул. Кин гьез къабул гьабулеб миллаталъул хазина – гьелда бараб букIуна гьелъул къисматги. ГьабсагIаталда мацI цIунизе хIаракат гьабулеб буго гIицIго рахьдал мацIалъул учителасги миллияб прессаялъул журналистасги. ЯхI-намус речIчIизабизе лъугьиналъул жо кколаро. Масала, нижер районалъул газеталъул бащ­даб лъагIалил подпискаялъухъ уна 100 гъуруш. Эбел-инсуца щибаб къойил кьола гьедигIанасеб гIарац школалде унеб лъимадухъе. Газеталъухъ гьеб кьезе бокьуларо. ГьедигIанги бичIчIулеб гьечIо нилъер гIадамазда миллияб газеталъул кIвар. Пачалихъалъул дотациял гьечIого, миллияб газета хутIизе рес гьечIо жакъа. Щуго соналдасан пачалихъалъ гьелъие гIарац кьезе гьечIо. Газетал тIагIани, тIагIина хъвадарухъаби, шагIирзаби, маданияталъе букIина кIудияб ками. Рокъоб бицунеб мацI – гьеб хутIула рукIа-рахъиналъул мацIлъун. Бечедаб, художествияб рахъалъ буцIараб мацI букIине гьечIо.
Газеталде макъалаби хъвала кIудияб гIелалъ. ХIалтIухъабазулги ригь ун буго – гIолилазе хIалтIизе бокьулеб гьечIо, моцIрое дагьаб гурони харж кьолареб бакIалда. 10 процент гурони, гIолилал гьечIо миллиял газетазда хутIун», -ан.
ТIубанго батIияб пикру загьир гьабуна ДГПУялъул ФДФалъул декан, филологиял гIелмабазул кандидат, доцент Зайнаб ГIумаровалъ. «Ахирал соназда нилъер рахьдал мацIалъул хIакъалъулъ бицуна батIи-батIияб жо. Гьединлъидал, диктант хъвай дица рикIкIуна, гьабичIого гIолареб тадбирлъун. Биччанте жакъагIаги нилъер гIадамазда ракIалдещвезе, кинаб мацIалъул вакил жив кколевали. Нилъерго маданияталъулги, адабияталъулги, мацIалъулги хIакъалъулъ бицинги буго аслияб мурад.
Гъоркьисаги гьабуна нижеца гьадинабго иш. Чиго вачIинарин ракIалде кколаан. Амма рачIана. РачIаралги рукIана батIи-батIиял министерствабаздаса хIалтIухъа­биги, гьор­кьохъеб лъаялъул махщелчагIиги, бизнесменалги. Соналдаса нахъе дихъе кIалъалел руго, жалги рачIине бегьуларищан цIехон. Нижер ректоралъги абуна, жинцаги жакъа диктант хъвазе бугин абун.
Диктант хъвай буго нилъ ругин рахьдал мацIалъул вакилзабиги, гьеб нилъеца кIодо гьабизе бугинги абураб магIнаялъул иш. Рахь­дал мацIазул центр рагьаралдаса нахъе балеб буго лъагIел. Нижехъе махщел камил гьабизе вачIана 150-ниги учитель. Гьезулгун нижер бухьен тIун гьечIо», — ян бицана гьелъ.
Диктант хъвана Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул бутIаялдаса. Текст цIалана ДГПУялъул магIарул мацIалъул преподаватель, доцент, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад НурмухIамадовас. «Текст бачIана министерствоялдаса. Гьеб хIадурун батизе бегьула ДНИППалъул хIалтIухъабаз. Кинал критериязда рекъон текст тIасабищарабали, дида лъаларо», — ян жаваб кьуна гьес, кинал шартIалги хIисабалде росун тIасабищараб текстилан абун нижеца гьикъидал.
Диктант хъвалел студентазда гьоркьор рукIана васалги. Нижеца гьезда гьикъана, рахьдал мацIалъул учительлъун хIалтIизе ракIалда бугищан. «Бокьун буго дирго лъаялъул халгьабизе. Гьадинал тадбиразда бичIчIула, гьал соназда жаниб дуда щиб лъан бугебали.
РакIалда буго магистратураялдаги цIализе. Хадуб – факультеталдаго хIалтIизеги бокьилаан, бажаричIони, ина гIагараб росулъе магIарул мацIалъул учительлъун хIалтIизе», — ян бицана ункъабилеб курсалъул студент Ражаб ГIабдусаламовас. Гьев ккола ЦIумада районалъул Метрадаса. Гьес хъвала кучI­дулги. Гьел рахъун ругоан факультеталъ къватIибе биччараб студентазул асаразул мажмугIалда.
«Дица тIоцебесеб нухалда хъвалеб буго гьадинаб диктант. ЦIали лъугIун хадуб, дун ине вуго росулъе, рахьдал мацIалъул учительлъун хIалтIизе. Бокьилаан шагьаралдаго чIезеги. Амма нижер школалъул директорасе бокьун буго гIолохъанал махщелчагIи рачIине. Исанаго хIалтIизе вачIаян абулеб букIана гьез дида. ЦIалиги лъугIизабун, инаха», — ян бицана МухIамад ХIажиевас. Гьев вуго Унсоколо районалъул ХъахIабросулъа.

ГIолилазе — насихIат

Тадбиралда гIахьаллъизе рачIун рукIана ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейги, ДГПУялъул ректор Марина МухIамадоваги, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовги, магIарул мацIалда къватIибе биччалеб литературияб альманахалъул бетIерав редактор МухIамад ПатахIовги, Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловги, ДНЦялъул РАНалъул Расул ХIамзатовасул ирс лъазабиялъул централъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевги, ДРялъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевги. Гьез гIолилазе гьадинаб насихIат гьабуна:
М. АхIмадов: «Дие кIудияб рохеллъун буго, магIарул мацIалда кIалъазеги, хъвазеги, накъит гьабун бажарулелги гIадамазда гьоркьове ккей. Ахираб заманалда лъикIаб хIал гьечIо магIарул мацIалъул. Телефоназде къулараб гIелалъ гьеб бицунеб гьечIо, гьелда гьеб лъалеб гьечIо. Диктант хъвай лъикIаб иш буго, амма къваригIун буго магIарул шагIирзабазул, классиказул асарал цIализеги, лъазаризеги, школазда малъизеги. Дунялалдаго машгьурлъарал Расул ХIамзатовасулги, Фазу ГIалиевалъулги, Муса МухIамадовасулги ва цогидазулги асарал лъалел гьечIо нилъер лъималазда. Рахьдал мацI цIунизе цо гьитIинабгIаги иш щивас гьабуни, мацIалъул адаб гьабулеблъи бихьилаан. Газетал-журналал хъван, рокъоб бицун, мажлисал магIарул мацIалда тIоритIун, ай кибго мацI хIалтIизабун, нилъеца хIаракат бахъизе ккола нилъго магIарулал ругеблъи бичIчIизабизе».

МухIамад ПатахIов: «МацI чIаго хутIиялъул суал бараб буго цIалдохъабазул эбел-инсуда, гьездасаги гIемер – учительзабазда. Учительзабаз цIалуде рокьи бижизабулеб бугони, цIалдохъабаз гъираялда лъазабула гьес кьураб дарс. Рахьдал мацI кIочон толеб бугони, как кин бухьинеб, дугIа кин гьабилеб? Эмен хварав васасда «примите соболезнование» абун зигараги балеб бугони, эбел хварай ясалда «сочувствуюянги» абулеб бугони, кинал магIарулалха кколел нилъ? Гьединаб хIалалде ккун буго жакъа рахьдал мацIалъул къисмат. Умумуз нилъехъего гIадин, нилъеца наслабазухъеги гьеб жавгьар кьезе къуват кьеги нилъее!».
Татьяна Гамалей: «Дагъистаналъул маданияталъулги мацIазулги къоялъул хIурматалда, ДРялъул Миллияб политикаялъул министерствоялъ лъабабилеб нухалда исана тIобитIулеб буго диктант. Гьеб хъвазе гъира бугел гIадамазул къадар цIикIкIунеб буго соналдаса соналде. Гьезие бокьун буго жидерго лъаялъул халгьабизе, хутIун бугищ рахьдал мацIалъулгун бухьенали лъазе. Гьаб акциялъул аслияб мурадги буго Дагъис­таналъул бечедаб маданият букIиналдеги гIемер мацIал рукIиналъулъ гьелъул къанагIатлъи бугеблъиялдеги кIварбуссинаби. ТIасияб сон ЮНЕСКОялъ лъазабун буго Дунялалъул кьолбол халкъазул лъагIеллъун. Россияги гIахьаллъизе буго гьелда». Министралъ университеталъе сайгъат гьабуна министерствоялъ дагъистаниязул мацIазда къватIибе биччараб антологияги.
ГIали Камаловас байбихьана диктанталъул тексталда шагIирас хIалтIизарурал рагIаби хисизе рес бугищан абураб суалалдасан. «Носильщик – бегьулаанищ гьелъул бакIалда хIамбалал абун хъвазе? КьабгIарабищ, кьабурабищ? Лъица кин хъван батаниги, кьабураб букIине ккелаан. Тайландищ, Таиландищ? ХIикмат гьавунаянищ, хIикмалъанайищ? Хъурарабищ, гъурарабищ? КъачIан бугойищ, къачIан бугоанищ? Соназищ, саназищ? Сувениралищ, сайгъатищ? АнцIилъайищ, анцIилъейищ? Авторас хъвараб къагIидаялдайищ гьел рагIаби телел, яги мацIалъул грамматикаялда рекъонищ хъвазе кколел?» — абурал гьесул суалаз чIаголъизаруна диктант хъварал магIарулал. Гьикъана гьес «ХIакъикъат» газета цIалулеб бугищанги. ЦIалулин жаваб кьуна аудиториялда гIодор чIаразул 30 проценталъ. «Ункъо нухалъ дагьлъана газета цIалулел магIарулал. Нужеца жакъа мацIги, маданиятги, газетаги цIунулеб гьечIони, нижер гIелалдаса хадуб гьеб цIигьабизе цIакъ захI­матаб иш буго», — янги абун, гьес студентал ахIана редакциялде гьоболлъухъ.
«Текст хъвазе кколеб буго, гьаниб хъвараб къагIидаялда. ГьабсагIаталда кIудияб масъала буго: цониги текст батуларо, битIараб, щвалде щвараб къагIидаялда хъва­раб. Советияб заманалда рукIана гьединал текстал. Гьезулъ советияб заманалъе хасиятаб лексика цIикIкIун бугиланги абун, гьел тана. Гьезул бакIалда диктант хъвазе хIалтIизаризе санагIатал текстал цIакъ къанагIат гурони щоларо. Къабул гьабун гьечIо грамматикиял правилабазул свод, гьелъги квалквал гьабулеб буго. Масала, ракIбухIана абураб рагIи рекIунищ хъвалеб батIатIунищ? Гьединал гъалатIал ритIизаричIогойищ телел?», — ан бицана МухIамад НурмухIамадовас.
АхIмад МуртазагIалиев: «Рахьдал мацIалъул къисмат бараб буго хъизамалда кьолеб тарбиялда. Шагьаралда гIураб, шагьаралъул школалда цIалараб лъимадул лъимералъ лъималазул ахикьа бачIунаго, рахьдал мацIалда «КIудада!» — янги ахIун, дида хурхунеб мехалда дир рекIелъ букIунеб рохалил асар! Дир лъималазул лъимал хьвадула Москваялъул школазде. Амма рукъалъул нуцIа къаралдаса нахъе гьезда гIурус мацI кIочона. Гьезда ракIалдецин кколаро, къотIнор ругониги, школалда ругониги, гIурус мацIалда эбелгун кIалъазе бегьилин абун. Гьедин куцазе ккола лъимал.
Пачалихъалъ тIобитIулеб буго халкъал журазариялъулаб политика. Гьелъие хIажат буго цо мацIалда кIалъалеб халкъ букIине. Нилъеца кIвар кьечIони, гьеб гьедин ккезеги буго».
МухIамад МухIамадов («Дагъистан» РИАялъул директор): «Дун школалда цIалулеб заманалда диктанталда абулаан ахIунхъвайилан. Жакъа гьаб диктант дие захIмалъичIин абуни, гьереси букIина. Щайгурелъул жакъасеб тIолабго гIумру бухьараб буго гIурус мацIалда: гьелда кIалъала, пикру гьабула, хIалтIулеб мехалдаги гьеб хIалтIизабула. Амма рахьдал мацI кIочон тезего бегьиларо. Байбихьудаса ахиралде щвезегIан гьеб диктант хъвазе ккей дирго кIудияб гьунарлъун рикIкIуна дица. Гьелдасаги цIикIкIараб пайда щвана дие хъвадарухъабигун, рахьдал мацIалъул гIалимзабигун, преподавателалгун кIалъазе щвеялдаса».
Диктант захIматаб букIинчIин бицана студентазги. Гьелъул хIасилалги квешал ккезе ратиларо.
МухIамад ХIамзаев: «Жакъа дир ракI буго, тIоцебесеб курсалда цIализе вачIарав студентасулго гIадин. Дун цIакъ вохарав вуго, гьаб дарсида магIарул мацIги бокьун рачIарал гIадамал рихьараб мехалда. Гьадинал разиял цIалдохъаби кьеги нужее Аллагьас».
Кавсарат
Сулейманова