Ракь сабаблъун

Ингушетиялда бугеб ахIвал-хIал киндай роцIинабилеб?

 

Тунка-гIусиялъе гIиллаби

Чачаналдаги Ингушетиялдаги гьоркьоб гIорхъи чIезабизе байбихьана 1992 соналда, ай Грозныялъ жибго жиндаго чIараблъун лъазабураб мехалда. 1993 соналда Жовгьар Дудаевасги Руслан Аушевасги гъолбасараб къотIиялда рекъон, тIолабго Сунжа район тана Ингушетиялъе ва Чачаналъе тана, гьенир цIикIкIарасел ингушал ругониги, Серноводскги Ассиновскаяги росаби.
ГIорхъаби сабаблъун дагIба цIилъана 1997 соналда – Грозныялъ Ингушетиялъул нухмалъиялъе бадибчIвай гьабуна, Сунжа районалда рукIарал милициялъул постал чачаназул ракьазда лъуралъухъ. ДагIба лъугIана, постал рукIарабго бакIалде рачун хадуб.
Дудаевасул заманалда къабул гьарурал нормативиял актал закониял гуреллъун рикIкIун хадуб, 2001 соналда Чачаналда гIуцIана жидерго Сунжа район ва гьелъул райцентрлъун гьабуна Серноводск. 2003 соналда кIиябго республикаялъул бутIруз – АхIмад Къадировасги Мурат Зязиковасги – гъолбасана протоколалда гъоркь, гьелда рекъон, Чачаналъул юрисдикциялъукье ккана Сунжа районалъул Серноводск росуги Ассиновская станицаги, гьеб районалъул хутIараб ракь тана Ингушетиялъул юрисдикциялда гъоркь. 2008 соналда Россиялъ къабул гьабуна «Ингушетиялдаги Чачаналдаги бакIалъулаб самоуправление гIуцIиялъул хIакъалъулъ» абураб федералияб закон. Гьелдаса хадуб чIезабуна кIиябго республикаялъул гIорхъиги ва тIоритIана бакIалъулал рищиялги: Ингушетиялъул Сунжа районалда Орджоникидзевская абураб центргун ва Чачаналъул гьединабго районалда Серноводск абураб центргун.
2012 соналда нахъеги байбихьана, гIорхъаби сабаблъун, кIиябго республикаялда гьоркьоб дагIба. Ингушетиялъухъаги Чачаналъухъа-ги «рикьизе» бажарулел рукIинчIо Сунжа ва Малгобек районал. Щибаб республикаялъ гIуцIана территориалиябгун административияб гIорхъи чIезабиялъул рахъалъ жиде-жидер комиссиял. Гьебмехалда республикаялъул телеканалалдасан кIалъана Евкуров, ва гьес абуна гIорхъи хисизабизе гьечIин. Амма Грозныялъ 2013 соналда къабул гьабуна закон: гьелда рекъон Чачаналъул Сунжа районалда гъорлъе ккана Ингушетиялъул муниципалияблъун кколеб чанго росу (гIага-шагарго 25-30 азарго гектар ракьул – 2018 соналъул 26 сентябралда гьабураб къотIиялда рекъон, гьел гьанже уна Чачаналде гъорлъе).
2013 соналъул 18 апрелалда Чачаналъул къуваталъул идарабазул 300-гIанасев хIалтIухъан лъугьана ингушазул Аршты росулъе. Ккана дагIба. КIиябго республикая-лъул бетIерас цоцазе бадирчIваял гьаруна, чияр ракь кквеялда бан. Чачаназ абулеб букIана, рехсарал хIалтIухъаби гьенире анин, хасаб операция тIобитIиялъул мурадалдаян. Ингушетиялъ загьир гьабуна батIияб пикру: гьезие бокьун букIана гьениб ракьазул суалалда тIасан митинг тIобитIизе.
2018 соналъул 26 сентябралде щвезегIан Чачаналъулги Ингушетиялъулги гIорхъилъун рикIкIунеб букIана Фортанга гIор. Гьанже, цIияб къотIи гьабун хадуб, Чачаналъе кколеб буго Сунжа районалъул ракьалъул 30 азарго гектар. Гьенир руго гьоркьохъел гIасрабазул архитектураялъул памятникалги, ортсхойязул (ингушазул тухумазул бутIа – гьезул пуланаб къадаралъ гIумру гьабулеб буго Чачаналда – гьебги ккана дагIбаялъе гIиллалъун) сиялги.
Гьелде тIадеги, ингушазул экспертаз абулеб буго, гьеб ракьалда геологазда ратун ругин ракьул магIданалги чIегIернартги ва гьениб бугин жеги хIалтIизабизе биччачIеб чIегIернартил 15 буругъги.

Ингушетиялъул парламенталъул пикру ва Магасалда митингал

Балъго гьабуна Чачаналъе ракь кьеялъул хIакъалъулъ къотIи, ай халкъалъул пикруялъул сан гьабичIо. Бокьун букIана, «чIахIиял» кабинетазда хIукмуги гьабун, иш нухда лъезе. Амма гьелъул хIасил ккечIо. Ингушазул жамгIиял гIуцIабаз август моцIалдаго ахIи бахъинабуна, гьез абулеб букIана республикая-лъул муфтияталда, гьелде данде халкъ бахъинабеян, республикаялъул бетIерас Грозныялда цебе «тIагъур бахъулеб бугин» абун. ХIукму къабул гьаби ккана Ингушетиялъул халкъ данде бахъиналъе аслияб гIиллалъунги. Болжал цIачIеб митингалде рахъана тIолалго ингушал. Гьез щибаб къоялъ тIоритIула Магасалда, Ингушетиялъул бетIерасулги хIукуматалъулги резиденциязда аскIор, митингал. 50-ялдаса цIикIкIун тухумалъул вакилзаби (Евкуровазул тухум хутIизегIан) гьениса нахъе унаро къасиги-къадги. Гьез лъазабуна: евкуровазулазул ясалги ригьнаде рачине гьечIин, гьезул гIолохъабазе ясалги кьезе гьечIин. Гьез инкар гьабуна парламенталда ругел жидер депутатаздасаги. 30 депутат гьеб хIукмуялде дандечIун вуго, щугояс гьелъул рахъккун буго ва анкьгояс пикру загьир гьабун гьечIо. Амма, власталъул тIадецуялъул хIасилалда, хIисабалъул комиссиялъ протокол «рекъезабун буго». Гьанже кинго бажарулеб гьечIо парламент данде бакIарун – гьеб хIукму тасдикъ гьабизе яги гьелдаса инкар гьабизе. ГьабсагIаталда Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ халгьабулеб буго, жидеца хIукмуялда данде гьаракь кьун букIанин абун хитIаб гьабурал депутатазул гIарзабазул.

Дагъистаналъул маслихIатчагIи Магасалда

Ингушетиялде ине кколин абураб пикру загьир гьабуна цин ни-лъер гIолилаз. Дихъе гьеб пикругун кIалъана ГIабдула ГIалиев. Гьев ккола Москваялда ругел дагъистаниязул гIолилазул ассоциациялъул жавабиявлъун вукIарав чи. Гьедин гIуцIана маслихIатчагIазул къокъа. Ниж дандчIвана Ингушетиялъул бетIер Юнусбек Евкуровгунги, СКФОялда вугев РФялъул президентасул вакил Александр Матовниковгунги, РФялъул президентасул администрациялъул жанисеб политикаялъул управлениялъул начальник Андрей Ярингунги, рахъана ингушазул митингалда кIалъазеги, бицана гIемераб хабарги. ХIасил-калам, нижехъа бажарухъе, хIалбихьана маслихIат гьабизе. Ниж тIадруссун хадуб, Евкуровги, митингалъул гIуцIиялъул комитеталъул вакилзабиги, гьеб суалалда бан гIуцIараб комиссиялъул членалги бахIсазе цо столалда нахъа гIодорчIанин рагIараб мехалда рази-лъизеги бачIана.
Ракьул масъала бугеб мехалда халкъалде данде халкъ гуребги, вацасде данде вацги вахъуневлъи кIочене бегьуларо. Гьединаб масъала тIубалеб мехалда цIодорлъи гьабичIони, рес буго нилъер республикаялдаги Ингушетиялдаго гIадинаб дагIба байбихьизе. Дагъистаналъул ГIавухъ район цIигьабиялда бан республикаялда бахъун букIараб ахIи киназдаго лъалеб батила. Гьеб сабаблъун чанцIулго тунка-гIусиял ккана Казбек районалъул Ленинаулалъулги Калининаулалъулги, ЦIияб Лак районалъулги жамагIатазда гьоркьоб. Самур гIурул рагIалда ругел дагъистаниязул ракьалги, лъиданиги гьикъичIого гIорхъи-рахъги хисун, улкаялъул нухмалъиялъ кьуна Азарбайджаналъе. ЖамгIият буцIцIун чIун бугони, гьеб малакь мерхьунеб гIадат буго.
Денга Халидов,