Умумузул рукIа-рахъин цIунараб некIсияб мина

Миллияб регионалияб туризмалъул рейтингалда рекъон, туристал рачIиналъул рахъалъ Северияб Кавказалда тIоцебесеб бакI ккола Дагъистаналъ

 

Нилъер республикаялде рачIунел туристазул къадар кIиго нухалъ цIикIкIанин бицуна туризмалъул агентствабаз. Дагъистаналде рачIине туристал хIинкъулел ругин, гьединлъидал туризм цебетIезабизе захIмалъулеб бугин абулаан цебе республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул иш тIаде кколел идарабазги. Амма, исана республикаялде рачIунел туристазул къадар цIикIкIиндал, тIатана цоги гIунгутIи — туристал къабул гьаризе республикаялда шартIал гьечIолъи.

Чанго соналъ цебе къанагIат гурони туристал рачIунареб республикаялда кинал хиса-басиялха ккарал? Туризм цебетIезабиялъе лъица квербакъараб? Яги республикаялда букIараб «хIинкъараб ахIвал-хIал» тIагIинищ гьелъие гIилла?

Туристал тIаде цIалеб бакIлъун Дагъистан лъугьиналъе гIилла ни-лъеда батизе бегьула, социалиял гьиназда туризмалъул хIакъалъулъ бицунел материалазухъ балагьидал. Унго-унгоги жалго рижараб ракьги бокьулел, гьелъул бечедаб тарихги умумузул лъикIал гIадатазул къиматги лъалел гIолилаз Дагъистан лъикIаб рахъалъ бихьизабизе хIаракат бахъулеб буго. Гьединазул цоявлъунги ккола ЧIохъ росулъа Заур Цохолов.

ГIагараб ракь цIуниялъул мурадалда

Росдал бечедаб тарихги, гье-лъул сипатги, некIсиял минабиги цIуниялъул мурадалда, чанго сон буго Цохоловас росулъ бугеб некIсияб мина къачIалелдаса. Гьеб мурадгун Заурица ургъана ва гIумруялде бахъинабуна «Этнорукъ» абураб проект. Университеталда цIалун лъугIидал, цогидал гIолилалго гIадин, шагьаралде гочинчIо Заур. Нусго цIараки гурони хутIичIеб, Дагъистаналъул архитектуриябгун тарихиял памятниказул цояблъун кколеб росу-музей чIунтизе гурин хIинкъи букIана кидаго Заурил рекIелъ.

«Этнорукъ» гIуцIиялъул мурадги букIана цо: гIицIго Дагъистаналъе хасиятаб архитектура цIуни, гIун бачIунеб гIелалда росдал тарихги, умумузул рукIа-рахъиналъул хасиятги, лъикIал гIадаталги рихьизари, тIаде рачIунел туристазда цебе букIараб гIумруги ахIвал-хIалги бихьизаби. Гьаб некIсияб, бечедаб тарихалъул ва архитектураялъул росу чIунтулеб букIана, тарихиял памятникал риххун унел рукIана. Гьеб цIунизелъун росдал гIолилаз жамгIияб къокъаги гIуцIана», — ян бицана Цохолов Заурица диргун букIараб гара-чIвариялда.

Ункъо нухалда бергьана

«Этнорукъ» проектгун Заур Цохолов гIахьаллъана «Машук» абураб гIолилазул форумалдаги. Ункъо соналъ тIатIала бергьана гьеб форумалда «Этнорукъ» проект. 2015 соналда, «Машукалда», тIоцебесеб иргаялда некIсияб мина къачIазе ва гьеб бачIунеб гIелалъе музей хIисабалда бихьизабизе кколин абураб пикру загьир гьабуна Заур Цохоловас. Гьеб соналъ проект гIумруялде бахъинабизе 300 000 гъуруш гурони щвечIо Заурие. Хадусел соназда, «ЧIохъ» абураб лъималазулгун гIолилазул регионалияб жамгIияб гIуцIиялъул рахъалдаса, Заур къватIиве вахъана жеги гIатIид гьабураб проектгун. 2016-2017 соназда цин кIиго миллионгун щунусазарго гъуруш ва хадусеб соналъги гьедигIанго гIарац бергьана гIолилазул форумалда некIсияб мина къачIазе. Исанаги ун вукIана Цохолов «Машукалде» ва гьалбадерил рукъ-музей къачIазе 500000 гъуруш щвана.

«ГьабсагIаталда «Этнорукъалда» буго лъабго рукъ, тIадеялъул, рес рекъани, ракIалда буго жеги тIадеги 12 рукъ базе. Кинавниги 30-гIанасев чи къабул гьавизе рес букIине буго гьеб мехалда. ГьабсагIаталда «Этнорукъалда» гьоболлъи гьабизе кIола щуго-анлъго чиясе. БукIуна анцIгониги чи сордо базе чIараб заманги. ГIодор тIамурал ургабазда регунгицин нижер росулъ сордо базе хIадуралги рукIуна цо-цо туристал», — ан бицана Заурица.

«Этнорукъ» гIуцIиялъул бицунаго, Заурица ракIалдещвезабуна, чанго соналъ цебе, Шамил имамасул хIакъалъулъ кино ба-хъизе, ЧIохъе рачIун рукIарал гIадамазе росулъ некIсияб тайпаялъул цогIаги санагIатаб мина батичIолъи, гIемерисел некIсиял минаби, бетIергьабаз тIалаб гьаричIого, чIунтизе тун рукIана. Гьеб мехалда ракIалде ккана Заурида росулъ цогIаги басрияб минаги къачIан, туристаздаги гьанжесеб гIелалдаги жидерго росдал тарихги, гIадаталги, квен-тIехги, рукIа-рахъиналъул къагIидабиги гьенир рихьизаризе.

ХIХ гIасруялъул мина – архитектурияб музей

ЧIахъадерил некIсиял минаби раялъул къагIидаги рукIа-рахъинги кинабго жанибе бачунеб «Этнорукъ» проекталъе тIасабищараб мина бан буго 1870-1880-абилел соназда.

«Минаялъул бетIергьабазул рес букIинчIо гьеб къачIазе, гьединлъидал гьез гьеб рехун тун букIана. Нижер росдал гIолилаз лъазабуна мина чIунтизе тезе бегьуларин. Гьениб аскIобго букIана цоги цIунун хутIараб рукъ. Гьебги босана нижеца дагьабго гIарацги кьун, гьалбал къабул гьарулеб бакI гIатIид гьабиялъул мурадалда», — ян бицана Цохоловас.

Заурица гьабураб хIалтIудаса хадуб гьеб лъикIаб ишалдаса мисал босана росдал гIадамаз, жидерго басриял минаби цIигьаризе лъугьана цо-цоял.

ТIубараб рииялъго гIемерал туристал хьвадана «Этнорокъоре». Гьелъие гIиллалъун рикIкIине бегьила Дагъистаналда бищунго гIемер туристал хьвадулезул цояблъун Гъуниб район кколеб букIин. Архитектурияб ва тIабигIияб памятникалъухъ ралагьизе цереги ЧIохъе рачIунаан туристал. Исана туристазул къадарги гIезегIанго цIикIкIана.

«Этнорокъоб» сордо балев чиясе киналго квегIенлъабиги чIезарун руго. Минаялъул рагъидаса росдал гьайбатаб тIабигIаталъухъги Да-гъистаналдаго некIсиязул цояблъун рикIкIунеб росдал сипаталъухъги балагьизе рес буго. Минаялда жанибго буго некIсияб къайиялъул музейги. Исана гьенире гьоболлъухъ рачIун рукIана Кореялдаса, Швециялдаса, Франциялдаса ва цогидалги улкабаздаса туристал.

«КъватIисел улкабаздаса рачIунел туристазе хIажат гьечIо чIухIарал гостиницаби. Гьезул гъира букIуна нилъер гIадамазул некIо букIараб рукIа-рахъин, гIумру-яшав, архитектура, тIабигIияб берцинлъи бихьизе. Нижеца «Этнорукъалъул»
хIакъалъулъ Интернеталдасан гIемер бицунаро, гьелъие гIемераб рекламаги гьабуларо. Щайгурелъул гIемерал туристал къабул гьаризе рес гьечIого букIун. «Этнорукъ» рагьаралдаса нахъеги лъабабилеб моцI буго. Гьеб заманалда жаниб гьенир сардал рарал туристазул къадар 200 чиясдасаги цIикIкIана. Сордо бачIого «Этнорукъ» бихьизе рачIаразул къадарин абуни, кIиазаргоялдасаги тIаде ана. Гьезие умумузул квенги гьабула. Цо-цо къо букIуна нусго-кIинусго чи къабул гьавурабги. Нилъер гIемерисезда шагьаралде гочаралдаса нилъерго гIадатги, мацIги, рукIа-рахъиналъул цере рукIарал къагIидабиги кIочонел руго. Жидерго умумузул хIакъалъулъ лъималазда бицине жого хутIулеб гьечIо. Шагьаралда гIумру гьабун ругел рачIунел руго жидерго лъималазда цебе нилъер умумузул букIараб рукIа-рахъин, гьез магIишат-гIумру гьабулеб букIараб къагIида, цебе умумузул букIараб къайи-свери ва цогидабги бихьизабизе. Газги бухIараб лъимги гьечIого кин гIумру гьабулеб букIарабали бихьизе рачIуна. Цогидал росабалъ гIумру гьабулел гIадамалгицин рачIуна некIсияб мина-музей бихьизе, архитектурияб памятниклъун лъугьараб ЧIохъе щвезе.

Нижеца гьаб минаялда гIемераб жо хисизабичIого тана, кинабго къайиги рукъалъул къадалги руго нусго соналъ цереккун рукIаралго гIадинал. Сордо базе рачIарал туристал буртинаялдаги къохьодаги тIад регизаризе бегьилищха, гьезие рега-рахъине ва цогидал хIажатал тIуразе шартIалги чIезарун руго «Этнорокъар». Амма цIунун буго умумузул рукIа-рахъин бихьизабулеб ахIвал-хIалги, тIагIелалги, гъанситоги», — ян бицана Заурица.

Азаралда хадуб чIахъадерил цIаракиялъ гIумру гьабулеб буго МахIачхъалаялда ва цогидалги шагьаразда. Росулъин абуни 100 цIараки гурони хутIун гьечIо.

ПатIимат СултIанмухIамадова