Хасавюрталдаса байбихьараб роржен

«Хъиргъуялъул» хIалтIухъабазул аслияб ахIи — ракIбацIцIалъи

 

СагIидбег Даитов. Лъидаха рагIун батилареб гьев магIаруласул хIакъалъулъ. Гьесул цIар бахъидал, цебе бачIуна жиндир роржен Хасавюрталдаса байбихьараб «Хъиргъуялъе» гIумру сайгъат гьабурав магIаруласул сипат.

Исана гьев гьавуралдаса тIубана 70 сон. Гьавуна СагIидбег Казбек районалъул Буртунай росулъ, 1948 соналда. КIиго сонгицин букIинчIо гьесул, эмен хвараб мехалда. КъуркьичIо гьесул эбел Умагьин къисматалъе. Къезаруна гьелъ гIумруялъул сухъмахъазда дандчIварал захIмалъаби. Гьелъ васасулъ куцалеб букIана захIматалде кIудияб рокьи. ГьитIинго эбелалда цадахъ рукъалъул магIишат бачун ругьунав гьесие захIматал рукIинчIо цIияб гIумруялъул свералабаздасан цевехун ине. СагIидбегил букIана тIабигIаталъго кьураб пагьму-гIуцIарухъанлъи. Гьесухъа бажарана араб гIасруялъул хIабургъарал 90- абилел соназда гIадамазеги жиндиегоги пайдаяб иш гьабизе — Хасавюрт шагьаралда рагьана «Хъиргъу» тукен. Амма доб мехалда лъиданиги ракIалде кколеб букIун батиларо «Хъиргъуялъул» роржен цIакъго цIакъ борхатаб ва тIадегIанаб букIине бугин абун. Дица гIемер хIисаб гьабула тукеналъе кьураб цIаралъул. СагIидбегги Хъиргъуги рукIун ратизе ккола цIакъго цоцазе ракI кьурал гьудулзаби. Унго-унгояб гьудуллъиялъул бахIарчияб мисаллъун ккола гьудуласул цIар ракьалда даим гьаби. Гьеле гьеб иш гьабуна СагIидбегица. Гьеле абадиялъего хвел гьечIел лъимерлъиялъул ва гьудуллъиялъул лъалкIал.

Соналдаса соналде роржен борхалъуде босулеб букIана «Хъиргъуялъ». Гьелъул хважаин СагIидбег Даитовас бухьенал ккуна улкая-лъулги гьеб бахун къватIирехунги ругел бизнесменазулгун. Бизнесалда жанибго гьес цIунулаан исламалъул къанунал. Гьесул букIана гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ хъвалеб тетрадьги. Ва щибаб къоялъ гьениб гьес хъвалаан жинцаго гIадамазе гьабураб лъикIлъиялъул хIакъалъулъ. СагIидбегил гьеб иш дие хутIила гIумруялъул аслияб дарслъун. Щай бегьилареб щивав чиясул букIине гьединаб тетрадь. Дица дирго цIалдохъабазеги кьуна гьединаб тетрадь. Гьез щибаб къо-йил, дарсиде рачIиндал, бихьула дида «ЛъикIлъабазул тетрадь». Гьеб гурищ чиясул тIадегIанлъи — цогидазе лъикIлъи гьаби ва талихI бикьи. Гьеб аслияб борч тIубазабун буго СагIидбегица — унтаразе, херазе, лъималазе кумек гьаби, гьезул ракIал рохизари.

«Хъиргъуялъ» кваркьаби хьва-гIулел рукIана ракIчIун. Гьелда бичIчIулеб букIана жиндие дагьалги кIудиял гIатIилъабиги зобалги къваригIунеблъи.

Унел рукIана сонал. «Хъиргъуялъ» рещтIен гьабуна Дагъистана-
лъул тахшагьаралдаги. Къоялдаса къоялде кIудияб гIолеб буго «Хъиргъу». Жакъа гьеб ккола кинабго жиндир кваркьидакье бачараб дармил рукъ. Дун лъугьинаро гьениб бугеб къайи-къоноялъул хIакъалъулъ бицине. Гьеб киназдаго лъала, гьениве щвечIев дагъистаниявги хутIун ватиларо.

«Хъиргъуялъул» бухьенал руго Китаялъул, Кореялъул, Япониялъул, Италиялъул, Германиялъул, Турциялъул, Чехиялъул бизнесменазулгун. Гьеб ккола Северияб Кавказалдаго бищунго кIудиязул цояб. Жакъа къоялде Дагъистаналда буго «Хъиргъу» абураб цIаралда гъоркь анкьго дармил рукъ.

«Хъиргъу» гьединго машгьураб буго зама-заманалдасан тIоритIулел гурхIел-рахIмуялъул акцияздалъунги, фестивалаздалъунги, спорталъе, искусствоялъе, гIадатиял гIадамазе гьабулеб кумекалдалъунги. Гьединго гьелъ кумекалъулаб квер кьола гьанжего гьанже жидерго иш байбихьулезеги.

Хасаб баркалаялъе мустахIикъаб буго «Хъиргъуялъул» нухмалъи лъималазде кьолеб бугеб кIваралъухъ. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула «Family», гьитIинаб хъиргъу, лъималазул рекIелгъеялъул центр. Гьеб гуребги, гьеб дармил рукъалъ тIоритIула лъималазе батIи-батIиял байрамал ва кьола гьезие сайгъатал.

Гьедин букIана гьаб нухалдаги. «Хъиргъуялъ» кIодо гьабулеб букIана СагIидбег Даитов гьавуралдаса 70 сон ва «Хъиргъуя-лъул» 23 сон тIубай. Цоги нухалда бицана лъикIав инсанасул лъикIал, тIадегIанал ишазул хIакъалъулъ. Байрам байбихьана СагIидбег Даитовасул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. Гьенибго баян гьабуна «Хъиргъуялъул» тарихги.

Байрамалъул хаслъилъун ва гIаламатлъун букIана 10 метр халалъиялъул, 600 килограмм цIайиялъул бугеб, «Хъиргъуялъул» тарихалъе сайгъат гьабураб торт. Гьелъул кескал щвана байрама-лъул киналго гIахьалчагIазе. Гьелда тIад рукIана дармил рукъалъул филиалалгицин. Дармил рукъалъул нухмалъи-ялъ дипломал ва сайгъатал кьуна анцIго яги цIикIкIун соналъ гьенир хIалтIаразе.

«Хъиргъуялда» цебе бугеб майданалда тIобитIулеб тадбиралъул аслиял гIахьалчагIилъун рукIана лъимал. Кьурдизеги кьурдана гьел, кучIдулги ахIана гьез. Хасавюрталда бижараб дармил рукъалда байрам баркизе рачIун рукIана Хасавюрталъул гьунарчагIиги. Гьединго концерталда гIахьаллъана Дагъистаналъул халкъиял артистал Зайнаб Махаева, Роза Макъсумова, Рукъигат ХIамзатова, республикаялда ва гьеб бахун къватIирехун машгьурал кьурдул ансамблял. ТIобитIана «Хъиргъуялъул» тарихалъул хIакъалъулъ викторинаги. Суалазе жавабал лъаразе кьолел рукIана сайгъаталги. Сайгъатазул букIана цIакъго цIикIкIараб къадар. Исанасеб лъаларо, амма гъоркьиса гьадинабго байрамалда кьун буго 500 сайгъат. Лъабгоязе щун руго квартирабиги.

Жакъа «Хъиргъу» компаниялъул президентлъун ккола гьелъие роржен кьурав, гьелда борхалъи тIасабищизе малъарав СагIидбег Даитовасул вас ГIузаир. Инсул гIумруялъул лъалкIазда тIугьдулги рекьулаго, цевехун унев вуго ГIузаир. Дос васигат гьабун тараб лъикIлъиялъул хьонал хьалел руго гьес къойил гIадамазе. Щибаб лахIзаталъ ракьалде жив щай вачIун вугевали ГIузаирида ракIадещвезабулеб батила инсул хIикматаб къисматалъги.

ГIузаир Даитовасе щвана ТIолгороссиялъул «ГIасруялъул меценат» фондалъул шапакъат. Гьединго гьесие кьуна «Миллияб чIухIи» абураб ХIурматалъул медаль ва «Честь и польза» абураб орденги.

Шамай Хъазанбиева