Къецазул хIасилал

Рокьула цIализе Расулил кучIдул

«ХIакъикъат» газеталъ лъазабун букIана магIарул мацIалда кучIдул рекIехъе рикIкIиналъул къец

Гьал къоязда жюриялъ, анкьго номинациялда рекъон, Расул ХIамзатовасул кучIдул рикIкIиналъул къецазул хIасилал гьаруна:
1) Шагьаралъул цIалдохъаби.
2) Росдал цIалдохъаби.
3) Студентал.
4) Школалде инчIел лъимал.
5) ЧIахIиял.
6) Редакциялъе рекIее гIурал.
7) Лайказул (интернеталдасан гьаркьал кьей) къадара­лъухъ балагьун.
Конкурсалъул жюриялда рукIана магIарулазул шагIир, Дагъистаналъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан ТубхIат Зургьалова, Дагъистаналъул мустахIикъав артист, МагIарул театралъул актер МухIамад ГIабдулатIипов ва «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъан Шамай Хъазанбиева.
Къецазул хIасилазул хъвалалде, бокьун буго, кучIдул рикIкIунелъул, рукIарал цо-цо гIунгутIабазул бицен гьабизеги. ТIоцебесеб иргаялда, кечI рикIкIине кколаан шагIирасул рахьдал, ай магIарул мацIалда. КIиабизе, лъаларо лъимал учительзабазищ яги улбузищ хIадурун рукIаралали. Кверал цIакъго гIемер, ай кколарелъурги хьвагIулел рукIана. Лъабабизе, Расулилиланги абун, батIиял авторазул кучIдулги рикIкIунел рукIана. Гьединго, рикIкIунел рукIана жидецаго шагIирасде гьарурал кучIдулги.
Ахиралдаги абизе бокьун буго гьадин: лъималазе кучIдул тIасарищулелъул, хIисаб гьабе, хIурматиял чIахIиял, гьезда кочIол магIна бичIчIулеб бугищ яги гьечIищали. ГIенеккаразда гьеб бичIчIула. КечI рекIехъе цIаланиги, бихьулеб букIана цо-цо лъималазда гьелъул магIнацин бичIчIулеб гьечIолъи. Амма ниж кутакалда рохана конкурсалда гIахьаллъараздаса. Бихьулеб букIана гьезие магIарул мацIги, тарихги, адабиятги бокьулеб букIин. Конкурсалда гIахьаллъаразул къадарин абуни, бахана 81 чиясде. ГIаммаб къагIидаялда босани, жюриялъул членалги редакциялъул хIалтIухъабиги рази хутIана гьездаса. Гьединлъидал газеталъ жеги-жегиги тIоритIизе руго гьадиналго конкурсал. Бокьилаан нужеца гьенибги гIахьаллъи гьабунани.
ХIасилаздаса киналго рази рукIунареблъиги лъала. Кин букIаниги, киназго дандбан, гьаруна хIасилал. Гъоркьехун кьолел руго бергьаразул цIаралги:
ТIоцебесеб номинация — Юсуфов Юсуф, Хасавюрт шагьаралдаса 4 классалъул цIалдохъан; ЗайнулгIабидова ПатIимат, МахIачхъала шагьаралъул №61 школалъул 4 классалъул цIалдохъан.
КIиабилеб номинация — Рамазанов Рамазан, Гъуниб районалъул ЧIохъ росдал школалъул 11 классалъул цIалдохъан; МухIамадова Хадижат, Гумбет районалъул МелъелтIа росдал школалъул 11 классалъул цIалдохъан; ГIабдулаев Абубакар, Унсоколо росдал №1 школалъул 3 классалъул цIалдохъан.
Лъабабилеб номинация — ГIубайдулаев Нурула, Астраханалъул мед­институталъул студент, ЦIумада районалъул Хъварши-Хонох росу.
Ункъабилеб номинация — ГъазихIмаева Фатима, Гумбет районалъул Ингишо росу.
Щуабилеб номинация — МухIамадова Хатимат, РГВКялъул журналистка, магIарул мацIалда кьолеб «ГIаданги. ГIамалги. Заманги» передачаялъул автор.
Анлъабилеб номинация — ГъазихIмаев ГъазимухIамад (2 сон), Гумбет районалъул Ингишо росу.
Анкьабилеб номинация — Чинтилова ПатIимат, Ма­хIач­хъала шагьаралъул №9 лицеялъул 4 классалъул цIалдохъан.
Конкурсалда гIахьаллъаралщиназе кьезе руго баркалаялъул кагътал. Бергьаразе шапакъатал кьезе руго ноябра­лъул байбихьуда. Киназдаго мухIканго лъазабизе буго гьеб къо.
Баркала киназего!
Шамай Хъазанбиева