Жиндирго гIумруги кьун хвасар гьаруна цогидал

Август моцIалъул анцIабилеб къоялъ Аллагьасул къадаралде щвана Шамил районалъул КъахIиб росдал администрациялде гьоркьобе унеб Хородаса МуртазагIалиев МухIамадамин. Гьес жиндирго гIумру кьуна ралъдалъ гъанкъулел рукIарал 20 сон барай гIолилайги, 13 сон барав васги хвасар гьарулаго.
19 сон барав вас хвей кутакалда захIмалъана гьесул эбел-инсуе. Амма гьез хIал лъазе биччачIо, Аллагьасул къадар лъидаго гьукъизе кIоларинги абун, къвакIун чIана. МухIамадамин, гьеб пашманаб лъугьа-бахъин ккелалде цебе, ай кIиго анкьалъ цеве автоавариялде ккун вукIана. Мадар лъугьиндал, хIухьбахъизе ралъдахъе ун вукIарав чи вукIана гьев гьеб къоялъ. Гьенив вукIаго рагIана кумекилан ахIдолел гIадамазул гьаркьал. Гьеб заманалда ралъдал рагIалда гIезегIан чи вукIаниги, МухIамадаминида гурони ракIалде ккечIо кумекалъе вор­тизе. Бугеб рухI-хIалги кьун, гъанкъулел рукIарал рагIалде тункана гьес, амма… живго, гIемер тату хвеялъ, гъанкъана.
Чанго сагIаталдасан МухIамад­ами­нил гIага-божарал, росуцоял ралъдал рагIалде ракIарана. Гьезда гьоркьов МухIамадаминил цинагIал Давудов Шамилги вукIана. Гьеб заманалда цояв гъанкъулев вугин, кумекилан ахIи бахъана. Шамил кумекалъе вортана. Шамилица бицана лага-черхалъ жиндаса къечIев гIадав гIолохъанчиясе батанила кумек хIажалъун.
«Дун аскIове щведал тIадхурхун чIана гьев. Дица гьесда абуна нилъ кIиялго гъанкъулин гьадин ругони, мун виххугейин ва хвасар гьавизе квалквал гьабугейин. Гьевги дихъ гIенеккана ва нижеда кIвана ралъдал балагьаб квачIикьа рорчIизе. РагIалде щведал, дир телефоналъул номерги ана гьес босун. Сон кIалъан вачIана Буйнакскиялдаса, жив хер бецулев вугин, дуе баркала кьезе вачIине вугин абун», — ан бицана Шамилица.
Гьедин гьабула иманги ияхI­ги бугел гIадамаз. Амма жидее гIоло гIумру кьуниги, барка­ла­­гIанасеб рагIи абизе лъачIо МухIамадаминица хвасар гьаруразда.
Гьелдаса нахъе анкь гурони ун букIинчIо дун Му­хIа­мад­­аминил эбел-инсухъе щведал. Гьев бахIарчиясул эмен Му­­­хIамадхIабибица гьадин бицана: «Лъабго-ункъо сон буго нижер хъизан росулъа гочаралдаса. ГIумру гьабизе тIасабищана Темиргъое. Дир рукIана лъабго васги цо ясги. МухIамадамин вукIана кIиабилев вас. ГьитIинаб къоялдаса нахъего гьев вукIана цIакъ гIамал берцинав чи. ГIагараб росулъ 9 классги лъугIизабун, гIелму цIализе ана цин Урмаве, хадуб Унсоколо росулъе. 2016 соналда цIализе лъугьун вукIана исламияб университеталде. ЦIакъ рази рукIана гьес­даса мугIалимзабиги. Зигараялъ вачIарав гьесул мугIалимас би­цана цониги нухалъ гьесие бадибчIвай гьабизе ккечIин. Университет лъугIидал ракIалда букIа­на педуниверситеталдеги лъугьун, гур­хIел-рахIмуялъулаб фондалда хIал­тIизе. Рокъобги я эбелалъ, я ди­ца гьесда щибго абизе кколароан. Живго вахъун гьабулаан рукъалъул хIалтIиги, гьимун гурони лъиданиги кIалъазеги кIалъалароан. Дагьаб мехалъ вихьизе кьурав чи вукIун вугоха. Щиб гьабилеб, Аллагьасул къадар лъидаго кIоларо гьукъизе».
Гьев гъанкъараб къоялъ МЧСалдеги ахIун водолазалги рачIана. Амма гьев ватана ралъдалъ чвердолел рукIарал цогидазда. Жеги ракIунтун вуго эмен гьев ватарал гIолохъаби лъаларого, гьезие баркала кьезе бокьун.
Росдал школалъул директор Му­хIа­мад ГьитIихIмаевасги лъикIаб къимат кьуна МухIамадаминие:
«Гьев вукIана тIадкъараб хIал­тIи заманалда тIубалев, гIадлу-ни­замалъул рахъалъ мисалияв вас, цIализеги квешав вукIинчIо. Гьесул багьадурлъи кIодо гьабизе ккела пачалихъалъ».
МухIамадаминица жиндирго гIумруги кьун кIигояв хвасар гьариги, Шамилица цояв хвасар гьавиги – гьеб буго унго-унгояб бахIарчилъи. Гьединазин къоккедал цIунулеб гIагараб ВатIанги. Ва гьединазул гьунаралъе мустахIикъаб къиматги кьезе ккола.
Сайпула ГЬИТIИНАМУХIАМАДОВ