ТIабигIат цIуни

РацIцIалъиги къваригIун, заводалги гьечIого

Кагътидаго хутIарал проектал

Завод бана, амма…

Республикаялда рищни-къул ба­тIа гьабун къачIалеб заводалъул хIа­къалъулъ бицунеб микьгоялдаса цIикIкIун сон буго, амма харбидаса рикIкIаде иш инчIо.
2012 соналъул 17 июлалда МахIач­хъалаялда рагьун букIана республикаялдаго «тIоцебесеб» рищни-къул батIа гьабулеб завод. Гьеб бан букIана муниципалияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун ва инвесторазул кумекалдалъун. Завод балаго кигIанасеб гIарац тIад хвезабурабали лъачIо. Гьениве хIалтIизе восизе вугин абулеб букIана 150 чи. Гьединго хьул букIана мехелалда жаниб рищни-къулалъул 600 тонна къачIазе. Гьеб проект ургъараблъун бихьизабулеб букIана ХIажимурад Абакаров ва Имам Зайнутовазул инвестициязул компания. Компаниялъул цIарги кибго бихьизабун гьечIоан. Заводалъе нухмалъи гьабулев вукIарав ХIусейн ХIусейновас гьеб къаялъе гIиллалъун чIезабуна жибго жинцаго «хIебтIулареблъун» букIин. КъватIиса гIарац тIад хвезабичIого, заводалъул жиндирго гIарац бу­кIинчIо. Заводалде рищни-къул баччаралъухъги гьеб заводалда батIа гьабун къачIаралъухъги лъица гIарац кьезе кколебали низам чIезабун бажаричIо. Гьединлъидал «рихьдаего» бан букIараб заводги лъагIел сверилалде сихIкъотIун къана. Гьединго гIумруялде рахъинаричIого, кагътидаго хутIана Хасавюрт шагьаралда ва Гъизилюрт районалда разеян къотIи-къаял гьарун рукIарал заводалги.

Рощнолъ тIерхьинегIан
инвесторалги нахъчIван…

Дагъистаналъул нухмалъиялъ батIи-батIиял соназ батIи-батIиял улкабаздаса инвесторазул проектазул халгьабуна. Амма жеги цогIаги завод бан бахъинчIо.
2013 соналда Бразилиялъул инвестораз абулеб букIана жидеца базе бугин Дагъистаналда гьединаб завод. 2015 соналда рищни-къул батIа гьабиялъул кластералъул проектгун Дагъистаналде вачIун вукIана «СоюзЭко» ОАО компаниялъул генералияв директор Анатолий Егоров. Амма гьел проекталги тIад ургъизеян «гъансинир» лъун тана.
2016 соналдаги республикаялда рищни-къул батIа гьабулеб лъабго завод рагьизе бугин лъазабун букIана ДРялъул инвестициязул ва предпринимательствоялъул агентствоялъ. Рищни-къул батIа гьабулеб комплексалда жаниб щугогIаги завод гIуцIизе ракIалда бугин абулеб букIана гьеб проект ургъарав Concord Capital компаниялъул вакил Арсен Рашидовас. Гьесул рагIабазда рекъон, республикаялдаго гIодобе балеб рищни-къул, рак ва цогидабги батIи-батIияб кьищни цогидаб материалалде буссинабизе бажаризе букIана гьединаб заводалда. Электричествоги заводалъ чияр босизе кколарин, жидецаго гьабизе бажарулин абулеб букIана. ЛъагIалида жаниб 500-600 азарго тонна рищни-къулалъул къачIазе ракIалда букIана проекталъул нухмалъулезда. Амма заманалдасан гьелъулги хIохькъотIана.
Гьебго соналъул риидал, «тIоце­бесеб» хIалбихьиялъулаб рищни-къул батIа гьабулеб завод хIалтIизе биччанин абун хабар къватIибе биччан букIана республикаялъул телевиденияздасанги цогидал информациялъул алатаздасанги. Банин бихьизабураб заводги, хIалтIизецин байбихьичIого, къана.
2018 соналъул февралалда Австриялдаса ва Германиялдаса инвесторазул компанияз Гъизляр районалда базе бугин рищни-къулалъул заводилан лъазабун букIана. Гьелъу­л кумекалдалъун республикаялъул нухмалъиялда ракIалда букIана республикаялъулго рищни-къул гьеб заводалде буссинабизе. Республикаялдаго рищни-къул базе лицензия бугеб полигон буго гIицIго Гъизляралда. 2007 соналдаса нахъе гьенибе Гъизляр шагьаралдаса ва районалдасаго рищни-къул баччулебги буго.

Щай инвесторазулгун рагIи
дандекколареб?

Дагьал церегIан къоязда, Дагъис­тан рищни-къулалдаса бацIцIад гьа­бия­лъул хIакъалъулъ бицине, тIо­битIараб дандчIваялда «Улкаго чороклъиялдаса бацIцIад гьаби» абу­раб тIолгороссиялъулаб халкъияб фронталъул (ОНФ) нухмалъулев Зайдин Жамбулатовасги бицана рищни-къул батIа гьабун къачIалеб завод баялъул хIакъалъулъ.
«Нилъер республикаялда рищни-къул батIа гьабулеб завод базе къваригIун бугин бицунелдаса нахъе 25 сон буго. Гьеб заманалда жаниб администрациялъул хIалтIухъабиги республикаялъул нухмалъулелги чанго нухалда хисана. ХIажалъани, завод базе тIадегIанал технологиязда хIалтIулел гIемерал специалисталги руго нилъер.
Европаялъул улкабазда, экологияб рахъги цIунун, тIолабго рищни-къул батIа гьабун къачIаялъул багьа кколеб буго 70 евро. Нилъер гьанибин абуни, рищни-къул бакIари, гьеб полигоналде баччи анцI-анцI нухалъ учуз буго. ГIадамал гьелде ругьунлъунги руго. Рищни-къулалдаса сверухълъи бацIцIад гьабиялде гIадамал кантIулел гьечIо гьелъул махIалъ ва чороклъиялъ жидеего тIагIам бахъи гьабун хадур гурого.
МахIачхъала гIадинаб шагьаралъе хъулухъ гьабизе ккани, къватIиса пачалихъазда гIадаб завод базе миллиард евро къваригIуна. Нилъехъа гьединаб завод бан киданиги бажаруларо. Республикаялда разеян рихьизарулел заводазул багьа ккола 40 ва цIикIкIун миллион евро. Рищни-къулалъул цогидаб батIияб материал гьабизе ккани, къуватаб завод къваригIуна. Гьединаб заводалъул багьа 100 миллион евроялде бахуна.
КъватIисел пачалихъаз щай рищни-къулалъул заводал раялда тIадчIей гьабулеб бугеб?! Гьелдалъун гьез жидерго туризм цебетIезабула. Чорокаб бакIалда туризм букIине рес гьечIо. Нилъер ралъдал рагIал буго шагьаралъулго цIикIкIараб бутIа чороклъиялъул жанибе чвахулеб бакI. Гьединаб бакIалде хIухьбахъи гьабизе туристал рачIинищ?
Турциялде вачIарав туристас гьезул улкаялда тола гьоркьохъеб хIисабалда 516 евро. Нилъер гьанибин абуни, туристал рачIаниги, гьез лъабго-ункъо нухалъ дагь хвезабула гIарац. Гьелъие гIилла ккола туристас гьанир дагьал къоял ралел рукIин ва ралъдал рагIалги лъимги чорокаб букIин. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ тIадчIун халгьабулеб буго инвестораз рищни-къул батIа гьабун къачIалеб завод базеян рихьизарулел ругел проектазул. РакIалде ккола завод баялъул суал кватIичIого тIубалин.
ГIадатияб халкъги, нухмалъиялъухъги балагьун, гьелъ щибдай гьабилаян балагьун чIун букIун жо кколаро. Шагьаралда гIумру гьабун ругел гIадамазда бичIчIизе ккола, нилъеца завод базе ва гьеб хIалтIизе ккани, гьелъие хIалтIиги дагь ва бигьа гьабизе кколеблъи. Рищни-къул рокъосаго батIа гьабизе ругьунлъани, заводалъеги хIалтIи бигьалъила. Нижер масъала буго, телевидениялдасан, СМИяздасан бицун, гьеб къагIидаялде халкъ ругьун гьабизе» — ян абуна Жамбулатовас.
МантIикъ абула логикаялда. ГIадамазда цеве вахъун, щиб букIа­ни­ги бицунелъул мантIикъ цIунизе кко­ла. Балагьеха, рокъоса батIи-батIияб рощнол лъабго къвачIаги босун, щолев вуго мун рощнол къалал ругелъуве, гьениве щвейгун гьеб дур «хIаракат» инехъин буго цого къолонибе. Щиб гьелъул ккараб?
Гьанжеги телин ругин батIи-батIияб рищниялъе хасал къалалги. БачIун цо машинаялъ гьезда жаниб бугеб хас гьабун бараб рищниялъул добго карщ гьабизехъин буго.
Цин гIадамал «куцалалде», гье­лъи­е шартIал гIуцIизе ккола. Рехизе бакIги батичIого, чан нухалъ сумкаялъуб къазабулеб конфеталдаса бахъараб кагъатцин. Бицине лъарасе хIанин, хIанчIизе лъарасе нахин абула. Я бицунелъул, я гьабулелъул магIна гьечIого хутIун руго нилъ.
ПатIимат СултIанмухIамадова