Балагьаб лъугьа-бахъин

Сириялда ккараб къварилъи

 

ГIизраилалъ ургъунго гьабураб ишцин гуребдай?

17 сентябралъул сардилъ, сагIат 10 тIубалеб гIужалда Сириялда хъулухъ гьабулел Россиялъул аскариязул «Ил-20» самолет радараздаса тIагIана ва гьелъулгун бухьенги къотIана. Гьеб заманалда самолет тIадбуссунеб букIана Хмеймима­лъул авиабазаялде.
ГьабсагIаталда самолеталда рукIарал гIадамалги самолетги балагьулел руго РФялъул Рагъулаб ралъдал флоталъул микьго гамаялъул экипажазулги спасателазулги кумекалдалъун. Гьезухъ руго 2,5 азарго километралъул гъварилъуде ине рес кьолел аппаратал. Ратун руго цо-цо жаназабазул бутIабиги, самолеталда рукIаразул къайиги, самолеталъул кескалги.
РФялъул МИДалде ахIун йикIана Москваялда вугев ГIизраилалъул посоласул заместитель. Бащдаб сагIат бана гьелъ гьениб. КъватIие ячIараб мехалда, журналистазул суалазе жавабал кьезе инкарги гьабуна гьелъ.
БитIахъе къварилъи ккараб заманалда ГIизраилалъул самолетаз бомбаби рехулел рукIана Латакия шагьаралда ругел Сириялъул объектазде. Бомбаби рехулел рукIана «F-16» самолетаз. «ГIизраилалъул самолетаз ургъунго лъугьинабуна ралъдадасан лъедолел гумузеги гьаваялдасан роржунел лайнеразеги хIинкъи бугеб хIал», — ан бицана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул вакил Игорь Конашенковас.
Гьесул пикруялда рекъон, ГIизраилалъул авиациялъул нухмалъулездаги «F-16» самолеталъул летчиказдаги «ИЛ-20» бихьичIого букIине рес гьечIо. РФялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу телефоналдасан кIалъана ГIизраилалъул оборонаялъул министр Авигдор Либерманихъе. «Жакъа дица гьесда лъазабуна, данде жаваб кьечIого, гьединал ишал нижеца толарин абун. Щивав махщелчиясда бичIчIулеб буго, нилъер самолетги гьоркьоб ккун, ай гьелде Сириялъул ПВОялъ кьвагьизе гьечIеблъиги хIисабалде босун, гьабураб иш гьеб букIин», — ан абуна Сергей Шойгуца министерствоялъул данделъиялда.
Россиялъул президент Владимир Путиницаги лъазабуна, Обороная­лъул министерствоялъул пикруялда тIадрекъолин живилан.

«Нилъер-чияр»

Россиялъул самолет кьвагьизабуна Россиялдаго гьабураб ракетаялъ. Гьел ракетабазда лъун руго «ни­лъер-чияр» абураб къагIидаялъул электрониял аппаратал. Гьелъул кумекалдалъун ракетаялда лъазе кколаан нилъерабго самолет бортизабизе бегьулареблъи. Щайха гьеб хIалтIичIеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго рагъулав эксперт, генерал-лейтенант Айтеч Бижевас. Гьесул пикруялда рекъон, «Ил-20» самолеталда аскIор рукIарал ГIизраилалъул истребителаз рехсараб системаялъе жаваб кьолеб букIана «чияр» абун. Гьелде тIадеги, ракет-зениталъулаб комплекс гIуцIун буго къуватаб сигнал кколеб къагIидаялда, гьединлъидалги рес буго нилъер самолеталъ ракета жиндаго тIаде цIазе.
Нилъер самолеталда нахъа ГIизраилалъул «F-16» бахчун букIанин абураб пикру загьир гьабулеб буго Россиялъул рагъулав летчикасги. «Ил-20» буго басрияб, «Ил-18» самолеталъул кьучIалда гьабураб. Гьеб дагьабго цIигьабун буго ва гьелда лъун буго радиоэлектронияб аппаратура, амма гьеб буго хIинцаб, ракетазде дандечIолел ишал гьаризе бакIаб. Жинде ракета биччан бугеблъи бичIчIараб «F-16» гьелда нахъа бахчунги буго. Гьелде кьвагьана С-200 комплексалъул ракета: бихьизабураб гIужалдаса кьуруларо гьеб. БукIарабани кьвагьун С-400, ГIизраилалъул истребитель гьелъукьа борчIулароан», — ин баян кьуна летчикас.