Подписка — 2018

Кидаго гуро почалъул  хIалтIухъанасдаги гIайиб букIунеб

Газета кватIизабуни, цIалдолезул къадар дагьлъула

«ХIакъикъат» газета цIалулезул гIарзал рукIуна гьеб жиндир заманалда щоларин абун. Хасго гьединал гIарзал гIемер рачIуна мугIрузул районазул росабалъа. Амма камулел гьечIо почтальонасде тIубанго гIайиб рехизе рекъечIел гIарзалги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Шамил районалъул МачIада росулъа ХIажиев МухIамадицаги тарихалъул учитель ШехмухIамадов ХIажицаги гIарз гьабуна «ХIакъикъат» щвечIелдаса лъабго моцI бугилан. Гьелъие гIилла лъазабиялъул мурадалда байбихьана цIех-рех гьабизе. Масала, ГIурада росулъ бугеб почалъул отделениялъул начальник Расул НурмухIамадовас абуна: «Гьидерил росабазул бищунго гIемерал газетал хъвараб росу букIана МачIада. Гьенив хIалтIулев почтальон МахIмуд вуго хIалтIиги бокьулев, бокьараб тIадкъайги заманалда тIубазабулев чи. Амма, бащдаб ставкаялда хIалтIизе кколев вукIиналъ, гьесие ункъазарго гъуруш гурони харж щоларо. МахIмудица хIалтIудаса нахъе ине цебего гIарза кьун буго, мукъсанаб харжалда гьесул бакIалда хIалтIизе чи щоларого, гьев нижеца гьарун заманалъ чIезавунги вуго. «ХIакъикъат» щвечIелдаса лъабго моцI бугилан абулеб жоялда дун божуларо. Дица гьелъул мухIканлъи лъазабила ва, хадубккун дунго унги, газетал хъваразухъе жиндир заманалда поч щвезабичIого теларо», — ян.
МачIада росдал почтальон МахI­мудица бицана подпискаялъул компаниялда почалъул начальникас щивав росдал почтальонасе кьолила газетал хъваялъул план. Гьеб план жиндихъе кватIун гурони щвечIила, бихьизабураб заман ахиралде щолеб букIиналъ, план тIубаялъул мурадалда, кидаго «ХIакъикъат» хъвалев росдал 13 чиясеги районалъул «Цолъи» газета хъвалев анцIго чиясеги, жинцаго гIарацги кьун, гьаб соналъул бащдаб лъагIалие газеталги хъванила.
«Гьезухъе газетал кватIизе, камизе течIого щвезарулаан. Газетал хъвараб бащдаб лъагIел индал, нахъеги чIорого гьел хъвазе дир рес букIинчIо, «ХIакъикъаталъул» гьудулзабазги жидецаго газета хъвазе гIамал гьабичIо. ХъвачIеб «ХIакъикъат» гьезухъеги кинха щвелеб?» — ан бицана МахIмудица.
ХIакъикъат баян гьабидал, учитель ШехмухIамадов ХIажица абуна, гьеб бугила жидерги почтальон МахIмудилги кIиязулго гIайиб. Чан моцIалъ газета хъван бугебали жидецаги балагьичIила, гьаб соналъул кIиабилеб бащалъиялъе «ХIакъикъат» хъвазе кколин абун МахIмудги школалде вачIинчIила.
«ХIакъикъат» хъваялъул ра­хъалъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бициндал, МачIада росдал бегавул ХирамухIамад ГъазимухIамадовасги абуна гьеб масъала къалмиде босанин, газета хъваялъе бажарараб кумек гьабизе рагIи кьолин.
Республикаялъул УФПСалъул директорасул заместитель Искандер МухIамадовас бицана районазде поч щвезабиялъул масъала цебего тIубазабунин. Квеш ккараб жо бугила районазул отделенияздаса поч росабалъе кватIун босулеб букIин.
ХIурматиял почазул отделениязул нухмалъулел, «ХIакъикъаталъул» кумекчагIи-почтальонал. Гьале тIаде щун буго газетал хъваялъе бихьизабураб заман. «ХIакъикъат» хъвалезул къадар цIикIкIин, гьайгьай, нужедаги бараб буго. КватIизе ва камизе биччачIого, цIалдолезухъе щвезабулеб бугони, «ХIакъикъат» хъвалезул къадар цIикIкIина, гIарзалги дагьлъила. Гьединлъидал кIудияб гьари буго «ХIакъикъат» хъваялъе квербакъи гьабеян ва, кватIун гурони щоларин абун, цIалдолезул ругел гIарзалги лъугIизареян.
Нури Нуриев