ЧIунтизе тараб ирс

ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде

 

ИчIабилеб июлалда «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIана «ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде» абураб темаялда «гургинаб стол». Гьениб бицана республикаялъул машгьурав политикасулги жамгIияв хIаракатчиясулги хIакъалъулъ рахъулел ругел тIахьазулги гьесул ирсалъул тIалаб гьабизе ккеялъулги хIакъалъулъ. Данделъиялда гIахьаллъана жамгIияв хIаракатчи, Москваялъул Халкъазул гьудуллъиялъул университеталъул профессор, тохтур МухIамад ГIабдулхабировги, ДАССРалъул культураялъул министрлъун хIалтIарав тарихчи ГIабдулатIип ХIажиевги, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловги, гьесул заместитель Зикрула Илясовги, Данияловасул гIагарал чагIи МухIамад Якумовги, ГIали Данияловги, ГТРКялъул журналист МухIамад АхIмадовги.

ГIабдулатIип ХIажиевасги МухIа-мад ГIабдулхабировасги хъвана ГIабду-рахIман Данияловасул хIакъалъулъ тIахьал. Данделъиялда гьез бицана, тIахьал хъвалаго, жидехъего щварал цIиял баяназул хIакъалъулъги. Борхана цIакъ кIвар бугеб масъалаги. МухIамадица гьадин абуна гьелда бан: «Америкаялъул щивав президентасул буго хасаб музей. Гьенир сокIкIун рукIуна президентасул гIумруялъулги политикиябгун жамгIияб хIаракаталъулги бицунел экспонатал. Данияловас гIадинаб лъалкI тарав Дагъистаналъул нухмалъулев вукIинчIин абизеги бегьила. Амма гьабсагIаталда гьечIо гьесул музей. Гьеб рагьизе мустахIикъавги вуго гьев. Гьелъул тIалаб гьабизе ккела магIарулаз. Музей гIуцIизе бегьула МахIачхъалаялда бугеб Данияловасул рокъоб. Буго гьелда бан 2003 соналдаго тахшагьаралъул мэриялъ гьабураб хIукмуги. Амма, батIи-батIиял гIиллаби ратун, музей рагьия-лъул иш цебехун туркIулеб гьечIо», — ян.
Данделъиялъул хIакъалъулъ гIатIидго хъвазе буго «ХIакъикъаталъул» хадусеб номералда.
ХIадур гьабуна Муса Азаевас.