Аралда таманча речIчIани…

Умумузул тарих билулеб буго

 

2016 соналда Дагъистаналда гIуцIана маданияб нахърател цIуниялъул рахъалъ агентство

Агентствоялда церечIарал аслиял масъалабазулги гьабулеб хIалтIулги хIакъалъулъ бицана «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIараб «гургинаб столалда».
«Миллиябгун маданияб нахърател цIуниялъул рахъалъ агентство ккола пачалихъияб идара. Гьеб рагьана 2017 соналъул тIоцебесеб январалда. Гьелда тIалъула некIсиял памятникал цIуниялъе тадбирал гьари. Нижер идараялда хIалтIулев вуго 16 чи. ЛъагIалида жаниб нижер хIаракаталдалъун пачали-хъияб реестралде босана 6354 объект. Анкьнусгоялдаса цIикIкIун памятника-лъул гIорхъи чIезабуна, ай бакIалъул администрациялда бичIчIизабун, гьезда аскIоб, 200 метралъул манзилалда кинабгIаги бакI базе бегьулареблъи», — ян бицана Дагъистаналъул миллиябгун маданияб нахърател цIуниялъул ра­хъалъ агентствоялъул отделалъул нухмалъулев ГIабдулмажид ГIабашиловас.

Данделъиялда аслияб кIварбу-ссинабуна халкъалъул тарихалда лъалкI тарал бакIал цIунизе ккеялде. Масала, магIарухъ руго некIсиял сиял. Гьел басралъун, риххун унел руго. Щибаб росдал сиялъул буго хасаб тарих. Сиязда цадахъ тIагIине бегьула росдал тарихалъул бутIаги. Гьел къачIаялда бан, гьадинаб баян кьуна федералияб даражаялъул памятникал цIуниялъул отделалъул нухмалъулесул ишал тIуралев Набиюлла Аллаевас: «Нижер буго пачалихъияб программа. Амма гьелде биччан букIараб гIарац тIаса къотIулеб буго.
Маданияб нахъраталил, цо бакI къачIаялде уна гIемераб заманги гIарацги. Гьелдаса чанцIулго бигьа-лъула цIияб мина базе. Пуланаб бакI къачIазе кколин абун, хIадуризе ккола хитIаб. Гьеб битIула экспертазухъе ва гьез чIезабула объект тарихиябгун маданияб кколищали. БукIине ккола лъабго гьединаб экспертиза. Цо экспертизаялъухъ кьезе ккола гIага-шагарго 100 азарго гъуруш. Памятниклъун ва кIварбугеб объектлъун кколеблъи чIезабун хадуб, гьеб босула федералияб сияхIалде. Гьелдаса хадуб хIукму гьабизе ккола гьеб къачIаялъе гIарац би-ччаялъул хIакъалъулъ. ГьабсагIаталда нижер аслияб мурад буго тIабигIиялги тарихиялги памятникал гIадамаз хвезарунгутIи. Масала, гьениса минаялъе гамачI бахъун батула, сиялда жаниб хасалоялде хIадурараб хер цIунула ва гь.ц. Памятникалда гIагарлъухъ, 200 метралъул манзилалда, кинабгIаги бакI базе бегьулареблъи бичIчIизабизе ниж щвана районазул бутIрузухъеги».
Маданиябгун тарихияб памятниклъун рикIкIуна: археологияб хIужа – 100 соналдаса цебеккун букIараб; тарихиябгун маданияб хIужа – 45-50 соналъ цебе букIараб. «Рамазан ГIабдулатIипов нухмалъиялда вугеб заманалда, къабул гьабуна «Сиял» абураб проект. Гьелда рекъон къачIана Анцухъ, Муни, КъахIиб ва цо чанго росулъ ругел сиял. Гьелги – цоял мухIканго, цогидал – ресалда рекъон. Ирга щвечIо Гьоор росдал сиязде – гьел рикIкIуна Дагъистана-лъулго чIухIилъун.
Абула туризм цебетIезабизе кколин. Амма туристазги зарал гьабула памятниказе. Масала, сиязухъе щварал туристаз рехула бухIунхутIал – гьездаса цIа рекIиналъул хIужаги ккана. МахIачхъалаялъул Данияловасул къотIноб бугеб музеялъул минаялда кьватIелал ккана – аскIосан КамАЗал хьвадиялъул хIасилалда. Гьукъизе ккана гьениса юк баччулел чIахIиял машинаби рачине. Гъуниб росулъ гIуцIана тарихияб инсталляция. Гьениве вачIана 2000-ялдаса цIикIкIун чи. ГIадамал гIемерлъиялъги зарал ккезабула некIсиял минабазе», — ян бицана ГIабашиловас.
Гьес рехсана гьадинаб мисалги. ГIахъуша росулъ букIана Шамил имамасул наибасул мина. Гьеб миллиябгун маданияб ирсалда гьоркьобе унеблъи лъалаан росдал администрациялъул бетIерасда. Гьеб минаялъул къадалъа ганчIал рортулел ругин абун, кагъат
хъвана гьес районалъул идарабазде. Минаялда кверхъвазе бегьуларин лъазабуниги, наибасул мина тIубанго биххизабун батана. Прокуратураялъ хIукму гьабун батана, гьеб ишалда гьоркьоб такъсир гьечIилан абун. Амма нижеца гьеб гIадлу-низамалде бачIинабуна.