Лъани, зарал гьечIо

Дагъистаналъул тарихалда июль моцI

Конституциялъулаб собраниялъ Дагъистаналъул цIияб Конституция къабул гьабуна гьаб моцIалъ

1614 соналъул 21 июлалда гIурусазул пача Михаил Федоровичас лъарагIазул гиназ Герее кьуна гIурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота.
1631 соналъул 29 июлалда Хайдакъалъул уцмий Рустам-ханас гIурусазул пача Михаил Федоровичасде гIурусазул къайимлъиялде восеян хитIаб гьабуна.
1720 соналъул 26 июлалда гIурус пачаяс гиназ Чопан-шамхалие гIурусазул къайимлъиялде восиялъул Грамота кьуна.
1722 соналъул 18 июлалда Петра I — сесул флот генерал-адмирал Апраксинил бетIерлъиялда Астраханалдаса Каспий ралъдалъе ана.
1722 соналъул 27 июлалда Петра I
— сесул бетIерлъиялда гIурус аскарал Дагъистаналъул Аграхан заливалда рещтIана.
1722 соналъул 28 июлалда Эндиреялъул Айдемир вахъана Петра I — сесде данде. Гьениб гIурус аскараз Эндирей-аул щущахъ биххизабуна.
1725 соналъул 27 июлалда Россиялдаги Турциялдаги гьоркьоб къотIи хъвана ва гьелда рекъон Астрабад, Мазандеран, Гилян, Баку, Салян и Дербент рачIана Россиялде гъорлъе, Ширваналъул, Армениялъул, Гуржиязул хутIарал ракьал Турциялда хадур хутIана.
1733 соналъул июлалда Крымалъул аскарал Фети-Гирейил бетIерлъиялда Дагъистаналде тIаде кIанцIана.
1742 соналъул июлалда аваразул ханасги Дербенталъул гIадамазги, Хайдакъазул уцмиясги, ЦIоралъул жамагIатазги Терекалда чIарал гIурусазде хитIаб гьабуна жал Россия-лъул къайимлъиялде росеян.
1785 соналъул 15 июлалда шайих Мансурица Гъизляралда кверщел гьабуна.
1801 соналъул 12 июлалда Гъаракайтагъалъул жамагIаталъ Александр I
– сесда гьарана уцмийлъун Разибек тIамеян.
1801 соналъул июлалда Табасарана-лъул Сограт-бекица Александр I – сесда гьарана жал Россиялъул къайимлъиялде росеян.
1801 соналъул 21 июлалда генерал-майор Глазенапомица Дербенталда кверщел гьабуна. Дербенталъул ханлъи Россиялде гъорлъе бачана.
1806 соналъул июлалда Ших-ГIали-ханасде данде Дербенталъул гIадамаз восстание гьабуна.
1820 соналъул 13 июлалда генерал Мадатовас Хосрех кверде босана.
1823 соналъул 29 июлалда генерал Граббел аскаралъ Эрпели ва Гъоркьияб Хъаранай росаби риххизаруна.
1832 соналъул 14-30 июлалда ХIамзат-бегица ЦIоралде рагъулаб гьужум гьабуна.
1837 соналъул 3 июлалда ТIелекь росулъ Шамил имамасдаги генерал Ф. Фезедаги гьоркьоб ракълил къотIи-къай ккана.
1837 соналъул июлалда Зиури росдаде гьужум гьабуна ва генерал Фезеца Шамил имамасулгун хабар гьабуна.
1841 соналъул июлалда Ахъай-талаялъул гIадамал ЧIикIаре гочинаруна.
1843 соналъул июлалда ГIахьалчIиб рагъул щулияб си бана.
1844 соналъул 3 июлалда генерал Лидеросил аскаралъ ГIахъуша кверде босана.
1845 соналъул 30 июлалда Чир-Юрт щулалъи бана.
1847 соналъул июлалда хирург Н. И. Пироговас гIахьаллъи гьабуна СалтIа щулалъи кверде босулеб рагъулъ.
1847 соналъул 21 июлалда Хважалмахьиб рагъулаб щулалъи бана.
1848 соналъул 6 июлалда Дагъистаналъул гиназ Аргъутинский-Долгоруковасул бетIерлъиялда гъоркь Хьаргаби кверде босана.
1851 соналъул 1-3 июлалда ХIажи-Мурадица Табасараналде ва Буйнакскалде сапар бухьана.
1853 соналъул 13-15 июлалда Дидоязул жамагIаталде тIадеги кIанцIун, полковник Меликовасул аскараз Хутрахъ росу щущахъ биххизабуна.
1854 соналъул 3 июлалда Шамил имамас сапар бухьана Кахетиялде ва ЦIинандалибе.
1859 соналъул 23 июлалда ГIашилтIа росу биххизабуна.
1859 соналъул 25 июлалда Дидо кверде босана.
1859 соналъул 29 июлалда Бакълъул мухъ (Гумбет) кверде босана.
1859 соналъул июлалда Зехида ва Хитохо росаби риххизаруна.
1877 соналъул 1 июлалда Дербенталъул уездалъулаб училище лъабго классалъул шагьаралъулаб училищеялде сверизабуна.
1878 соналъул 5 июлалда къабул гьабуна Россиялде гъорлъе араб Дагъистан областалъул герб. Гьебго заманалда къабул гьабуна Темир-Хан-Шураялъул гербги.
1883 соналъул июлалда генерал-лейтенант гиназ Чавчавадзе Дагъистан областалъул рагъулав губернаторлъун тIамуна.
1910 соналъул 1 июлалда гьавуна Социалистияб ЗахIматалъул БахIарчи Илмутдин Насрудинов.
1916 соналъул 12 июлалда гьавуна Совет Союзалъул БахIарчи, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи ГIабдулхIаким ИсмагIилов.
1916 соналъул 12 июлалда гьавуна 1970-1979 соназда Гъизляр районалъул бетIерлъун вукIарав, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи Степан Паламарчук.
1916 соналъул 16 июлалда Хасавюрт округалъул Аксай росдал рекьарухъабазул дандечIей байбихьана.
1919 соналъул 14 июлалда рагъулабгун шаригIаталъул судалъ У. Буйнакский, А.-В. ХIажимухIамаев, ГI. Ис-
магIилов, С. ГIабдулхIалимов, М. ГIалиев чIвазе хIукму къотIана.
1926 соналъул 1 июлалда гьавуна Россиялъул ва Дагъистаналъул халкъияв артист, ЦI. ХIамзатил цIаралда бугеб премиялъул лауреат МахIмуд ГIабдул-халикъов.
1927 соналъул 4 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв хъвадару-хъан, поэт ва прозаик Муса МухIамадов.
1932 соналъул 7 июлалда гьавуна Дагъистаналъул жамгIияв ва политикияв хIаракатчи Суракъат Асиятилов.
1936 соналъул июлалда Дагъистаналъул кучIдузул ва кьурдабазул ансамблялъ гIахьаллъи гьабуна Москваялда тIоцебесеб ТIолгосоюзалъул хоразул олимпиадаялда.
1939 соналъул июлалда Дагъис-
таналда рагIалде щвана росдал магIишаталъул коллективизация гьаби.
1941 соналъул июлалда хIалтIизе байбихьана Ахтиялъул 25 км. халалъуда бугеб магистралияб канал.
1942 соналъул 22 июлалда ДАССРа-лъул Совнаркомалъ ва ВКП(б) обкома-
лъул бюроялъ къабул гьабуна «ДАССРалда оборонаялъул бакIал раялъе гьарулел тадбирал» абулеб хIукму.
1955 соналъул 16 июлалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв кочIохъан МухIамадтIамир Синдикъов.
1959 соналъул 5 июлалда гьавуна, Республикаялъул «Дагъистан» басмаханаялъул рукъалъул Директор, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъул сопредседатель ГIумаргIусман ХIажиев.
1960 соналъул 14 июлалда гьавуна ДРялъул миллияб политикаялъул, информациялъул ва къватIисел ишазул министрлъун вукIарав Загьир Арухов.
1962 соналъул 18 июлалда гьавуна Дагъистаналъул пенсиязул фондалъул бетIер МухIамад ГIисаев.
1980 соналъул 12 июлалда гьавуна Россиялъул БахIарчи Аскер Аскеров.
1994 соналъул 26 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цIияб Конституция.
1994 соналъул июлалда Дагъистаналда гIуцIцIана исполнительнияб власта-лъул коллективияб идара – ДРялъул Пачалихъияб Совет.
2000 соналъул 19 июлалда республикаялъул Пачалихъияб Советалъ къабул гьабуна «ГIорхъода ругел районазда хIинкъи гьечIолъи чIезаби ва экстремизмалде дандечIей гьабиялъе тадбирал» абураб хIукму.
2003 соналъул 10 июлалда конституциялъулаб собраниялъ къабул гьабуна Дагъистаналъул цIияб Конституция.
2007 соналъул 2 июлалда республикаялъул президентасул указалда ре-къон, республикаялда гIуцIана гIурус мацIалъул совет.
2007 соналъул 6 июлалда ДРя-лъул президентасул указалда рекъон, хIукуматалда цебе гIуцIана диниял ишазул рахъалъ комитет.
2011 соналъул 27-28 июлалда Дагъистаналда тIобитIана тIоцебесеб экономикияб форум.