МацIалъул устаралъ нусго сон балаан исана…

Тираж дагьаб букIиналъ ракI пашманлъизабула

 

Гьал къоязда къватIибе бачIана «Г. И. Мадиевалъул 100 сон» абураб тIехь. РакIалде ккола, гьеб гьанже бачIинги гIадада батиларин, щайгурелъул рахьдал мацIаздехун нилъер республикаялъул жамгIияталъул пикру хисулеб бугелъул. МацIазул кIвар, гIолеб гIелалъе гьезул хIажалъи, миллияб тарих лъазе ккани, гьел гьечIого гIолареблъи гьанжего гьанже бичIчIулеб бугин ккола нилъер гIадамаздаги.
Мунагьал чураяй Гулжагьан йикIана гьеб суал бичIчIизабиялъе гIоло гIумру кьурай педагог. МагIарул мацI, адабият цебетIей, мацIалъул диалектал лъазари, рахьдал мацIалъул грамматика мухIкан гьаби – гьел рукIана Г. Мадиевалъ церелъурал масъалаби.
Гьелъ хъварал цIалул тIахьаз, хIалтIабаз бечед гьабуна нилъер мацIалъул тарих. Гьелъухъ нилъеца ракI-ракIалъулаб баркала кьезе мустахIикъай йиго магIарул намусги къадруги цIунун гIумру гьабурай Гулжагьан.
Студенталлъун рукIаго рагIараб гьелъул сабураб кIалъай гьанжеги букIуна гIинда багъулеб. Киназго абулаан гьелъул хIакъалъулъ лъикIай, гъваридаб лъаялъул, гьунар бугей, гIадатияй гIадан йигилан. Гьелъ гIумруялъул ва цIалулгун гIелмуялъул дарсал кьуна нус-нус магIарул васазеги ясазеги.
ТIехьалъул авторал Муслимат Мадиевалъ ва Марин Шагьовалъ хIаракат бахъун буго гьелъул гIумруялъул ва гIелмиябгун педагогикияб хIаракаталъул хIакъалъулъ бечедал баянал ракIаризе, гьелъ гIумруялда ва гIелмуялда жаниб кколеб унго-унгояб бакI бихьизабизе.
ТIехь бечед гьабун буго гIагарлъигун, гIумруялъул гьудулзабигун цадахъ рахъа-рал батIи-батIиял суратазги ракIалде-щвеязги.
Квеш ккараб жо буго 100 гурони тIехь къватIибе биччан гьечIолъи. Узухъда, лъикIаб букIинаан магIарул миллатги, мацIги, цIарги бокьулезухъе гьеб щвезе рес букIарабани.
Зикрула Илясов