АхIмад ЦIурмилов гьавуралдаса 110 сон тIубаялде

Кьабулеб цIумур, кенчIолел цIваби…

Гьев вукIана лъималазда гьоркьов лъимерлъун, гIолилазда гьоркьов гIолилавлъун, херазда гьоркьов херавлъун

19 июналда Гъуниб районалъул культураялъул кIалгIаялъуб (КДЦ) тIобитIана халкъияв композитор, «Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи», пачалихъалъул гIемерал шапакъатазул кавалер, Щуланиса АхIмад ЦIурмиловас 110 сон тIубай кIодо гьабиялъул хIурматалда гIуцIараб тадбир. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Гъуниб райадминистрациялъул хIалтIухъабаз, росабазул вакилзабаз, ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадовас, МагIарул театралъул нухмалъулев МухIамадрасул МухIамадрасуловас, композиторал АхIмад ГIамирхановас, Каримула ГIабдулаевас, Абусупян ГIалихъараевас, кочIохъаби МухIамад-ТIамир Синдикъовас, АхIмад Закариевас ва гIемерал цогидазги. Тадбир нухда бачана КДЦялъул нухмалъулей ПатIимат Абакаровалъ.

КIалъазе вахъарав МухIамад АхIмадовас бицана ЦIурмиловасул творчествоялъул. Музыкантлъун вахъинчIониги, гьитIинаб мехалдасаго нахъе мунагьал чураяс бачунеб букIараб, хадуб гьесие сайгъат гьабураб мандолинагун цеве вахъана мустахIикъав тохтур, Дагъистаналъул Халкъияв БахIарчи, ЦIурмиловасул цIалдохъан АхIмад Саламов. Гьес бицана ЦIурмиловасул гIаданлъиялъулги тIадегIанаб махщалилги.
«Инсанасул букIуна кIиго хвел: цояб — Аллагьасул къадаралда рекъон,
кIиабилеб-гьев гIадамазда, гIагар-лъиялда, гьудул-гьалмагълъиялда кIочон теялдалъун. ЦIурмиловасе кIиабилеб хвел гьечIо ва киданиги букIине ресги гьечIо, гьесул цIар хутIизе буго абадиялъго нахъе», — ян абуна Саламовас ва мандолинаги хъван ахIана кечIги.
Хадубги гьес абуна Гъуниб росулъ бугин АхIмад ЦIурмиловасул цIаралда бугеб къватI ва лъикIаблъун бихьизабуна культураялъул кIалгIаялъеги гьесул цIар кьезе ккелин. Амма гьаниб загьирлъана ЦIурмиловасул цIар гьелъие араб гIасруялъул 90-абилел соназдаго кьун букIин. Гьелдаса хадуб, сайгъат хIисабалда, ПатIимат Абакаровалъухъе кьуна жиндие цIакъго хирияб, ЦIурмиловас бачунеб букIараб, хадуб гьесие кьураб мандолинаги. Гьединго кIалъазе рахъараз бицана ЦIурмиловасул гIамал-хасияталъулги, гьесул бакъназ миллияб музыкалияб маданият бечед гьабиялъулги, хасаб музыкалияб лъай букIинчIониги, гьесул гьунаралъ, рекIелъа унарел бакъназ росарал борхалъабазулги. МухIамадрасул МухIамадрасуловас бицана ЦIурмилов лъималазда гьоркьов лъимер гIадин, гIолилазда гьоркьов гIолилав гIадин, херазда гьоркьов херав гIадин вукIунаанин. ЖамгIияв хIаракатчи ГIалиасхIаб Хархачаевасул рагIабазда рекъон, музыкалияб цIалуда тIадчIезе ЦIурмиловасе рес щун букIарабани, гьесул вахъине вукIана улкаялдаго цIар рагIарав композитор. Хасаб цIалиги гьечIого, гьединаб борхалъиялде вахиналъе ЦIурмиловасе квербакъараблъун букIине кколин гьесул тIабигIияб гьунар, кечI-бакъаналдехун бугеб гъваридаб рокьиян кIалъана АхIмад ГIамирханов.
Гьелдаса хадуб чанго рагIи абизе цеве вахъарав «ГIагараб Дагъистан» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIабиб Давудовас ПатIимат Абакаровалъе кьуна «Дагъистаналъул Халкъияй БахIарчIужу» абураб цIар ва гьелъул каранда бана цIва.
Жеги гIезегIан рукIана кIалъазе рахъарал, амма киназулго цIарал рехсезе рес букIинареблъиги хIисабалде босун, тадбиралда гIахьаллъи гьабурал киназего кьураб баркиялдалъун кIалъаязе ахир гьабуна ЦIурмиловасул гIагарлъиялъул чи, Щуланиб росдал администрациялъул бетIер ХIажимурад Хизриевас.
Къокъго абуни, тадбир гIуцIун букIана гIезегIан лъикIаб куцалда. ТIоцебе — ахIаралги рачIаралги гьалбал рукIана гIемер; кIиабизе — байбихьудаса лъугIизегIан ПатIиматица гьеб бачана магIарул мацIалда (гьоркьо-гьоркьор гIурус мацIалда кIалъаял камичIониги); лъабабизе-кIалъаял рукIинчIо чIамучIал, халатрахъарал, хIажат гьечIеб реццалъ бакI гьарурал; ункъабизе — кинабго ана гIадатияб къагIидаялда; щуабизе-кIалъаял «тIадагь» гьаруна ТIагьир Къурачевас, МухIамад-ТIамир Синдикъовас, АхIмад Закариевас, ГIабдула МухIамадмирзоевас ва гIемерал цогидазги ахIарал кучIдуз ва кьурдухъабазул номераз. Хасаб чIаголъи гьабуна чIарадисезул бихьиназул хоралъ.
ГIабаш ГIабашилов