Аралда таманча речIчIани…

Алхасовасул музей

Арал гIасрабазде рагьараб нуцIа

даниятги, хисулеб буго гIадат-гIамалги. Гьединлъидал некIо хIалтIизабулеб букIараб ва жакъа нилъеда кIочараб къайи-къоно музеялдагIаги цIуни ккола росдал тарих, умумузул рукIа-рахъин кIочене биччангутIиялъе гьабулеб хIалтIи. Гьеб мурадалда ГьентIа росулъги гIуцIун буго музей. Гьеб иш гьабурав чиги ккола гIемерал соназ школалда тарихалъул учительлъун хIалтIарав МухIамад Алхасовасул хIаракат. Музей гьабизе санагIатаб бакI кьуна школалъул директор АхIматIиласул МухIамадица.

— ЦIияб музей гIуцIиялъул хIалтIи гьабизе байбихьана 2017 соналъул сентябралда. Цебелъураб масъала букIана умумузул букIараб гIумру хIакъикъияб къагIидаялда цебечIезаби. Бигьаяб гуреб гьеб иш гIумруялде бахъинабизе гIемераб хIалтIи гьабуна кверал меседилав устар МухIамад Бижаловас, — ан бицана М. Алхасовас.
Музеялда буго, гIага-шагарго, 2500 экспонат. Гьелъ ккун буго ункъо рукъ: тIоцебесеб рукъ буго кьун маданияталъе, кIиабилеб ва лъабабилеб — умумузул рукIа-рахъиналъе, ункъабилеб — росдал магIишаталъе. Аслияб къагIидаялда маданияталъул залалда руго гьидерил, хасго ГьентIа росдал шагIирзабазул тIахьал, рагъул церехъабазул, машгьурал гIалимзабазул, махщелчагIазул хIакъалъулъ бицунел стендал ва суратал. Гьенибго буго хур бекьиялдаса байбихьун, корохъ чед бежиялде щвезегIан росуцояз гьарулел рукIарал хIалтIаби рихьизарулеб стендги.
Музеялъул кIиабилеб залалда буго цIакъго цебе заманалда гIощтIоца буцIун гьабураб гIадаб, бакIаб нуцIа ва гьелда бан буго гьеб ричIулеб цIулал ва маххул кIиго «кIул». Гьениве щведал, рихьула хIарщ чIвачIел къадал, кIкIуялъги лахIалъги чIегIер гьабураб мокърукьбакI, цагъур, гьелда рарал тIарсал ва суркIби, тIагIел-гIучI, бусен-къайи, гьелда цебе — лъимер тIад кьижараб гьулак, аскIобго — хьонбакI, рукъ бакьулъ — тIалоялда гъоркь бакараб цIа, аскIоб — чалдахъалда бараб вехьасул къвачIа-квара.
Лъабабилеб зал – гьеб буго дагьабго ресукъав магIаруласул рукъ. Гьенире рачIараз абула жал жидерго гIанчIаб лъимерлъиялъул язихъаб гIумруялде тIадруссарал гIадин лъугьунилан. Рукъ бакьулъ цIеда «гьалулеб» хьаг бихьидал, ракIалде ккола гьанже гурони гьанже рукъалъул бетIергьаби жанире лъугьун рачIинин, гьениса рахъун чIахIиял хинкIалги гьанги кьун, гьез гьоболлъи гьабилеб батилин.
Алхасовас гьарана газеталдасан баркала кьейила музеялъе цагърал кьурал ШахIмадиласул Марияние ва Жамалудиназул МухIамадие, гьединго хьонбакI кьурав Чохьолазул МухIамадие. Гьеб буго, кулак гьавидал, ГIалибегил ГьитIинасухъа хIукуматалъ бахъун букIараб хьонбакI.
Ункъабилеб залалда руго росдал магIишаталда умумуз хIалтIизарулел рукIарал алатал.
Алхасовас бицана жинда ракIалда бугила музеялда къебелъул ва лъел гьабил рукъзал лъезеги.
МугIрузул районазул цониги росулъ гьечIо гьединаб музей ва гьелъги батила Алхасовасул музеялъул цIар районалдаго тIибитIун бугеб. Музей бихьизе вачIарав районалъул бетIер МухIамад ХIасановас абуна гьадинаб музей кибго гьечIила. Гьабги букIине кколила лъабго-ункъо чи жанив хIалтIулеб бакIлъун. Гьеб рахъалъ кумек гьабизеги рагIи кьуна районалъул бетIерас.
Нури Нуриев