Миллаталъул хазина

МацIазе гъураб къор

 

ЛъикI гьечIо жакъа миллатазул ахIвал-хIал. Дунял хехаб къагIидаялда цебе унеб буго. Гьелда цадахъ унаго халкъазул жидерго хаслъаби дагь-дагьккун лъугIулел руго. БичIчIизе захIматаб «къуваталъ» цIакъ хIаракат бахъулеб буго нилъ киналго цоцазда релълъарал, миллиял хаслъаби гъорлъ гьечIел, «жидерго гьумер гьечIел» лъугьине. Бищун пашманаб жо – гьеб «къуват» бергьунеб букIин. Гьелде тIадеги, нилъер улкаялда гIадатлъун лъугьунеб буго «гьитIинав вац» къварид гьави, гьесда «жиндирго бакI» бихьизаби. Гьедин бичIчIула дида миллиял мацIазда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIал. Бищун кьучIаб хазина халкъалъе мацI бугелъул, берцинал харбалги рицун, халкъ жибго тIамулеб буго жиндирго мацIалдаса инкар гьабизе. «Заман гьединаб бачIун буго» — гьеле нилъеда гьелъие рагIулеб далил.

Гьаб кIиго-лъабго анкь цIакъ хIалуцараб букIана гIицIго нилъер рес­публикаялъул мацIалъул ургъел бугелщиназе гуребги, киналго миллатазул республикабазе. Цо-цояз чIванкъотIун лъазабуна жидер республикаялда миллияб мацI лъазабизе бугин (Ингушетия, Чачан республика). Цо-цоялин абуни (Дагъис­тан), «тIасан» бачIараб тIалаб тIубазабизе хIадурго, законопроекталда щибго хIинкъизе ккараб бакI гьечIин, гIадамал гуккизе харбал рицине лъугьана. Бищун пашманаб иш — гьел ккола нилъерго гIадамал, нилъерго халкъазул вакилзаби.
5 июналда Пачалихъаяб Думаялъ гьеб проект нахъе тIамун тана, гьелда тIад жеги хIалтIизе кколинги лъазабуна.
«Законопроект миллиял республикабазда хIалтIизабизе санагIатаблъун гьабизе буго. Гьебго заманалда титульнияллъун кколарел миллатазул гIадамал, хIалгьабун, мацI лъазабизе тIамизе гьечIолъи цIунизе буго», — ян абуна Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул комитеталъул председателасул заместитель Олег Смолиница.
Гьелдаса рохизейищ рохилел яги ишанкъанищ чIелел? Жеги «лъамияб» къагIидаялъ, гIадамазда ричIчIизе захIматал рагIабаздалъун законопроект­ги хIадурун гьебго ишалде тIадруссине бегьулелъул гьелъие чанкъан ругел.
Гьеб суалалда тIасан кор боркьа­раб бахIс букIана 5 июналда «Черновик» газеталъул редакциялда тIо­битIараб данделъиялдаги. Гьенир гIа­хьаллъана республикаялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул, Миллияб политикая­лъул министерствоялъу­л, жамгIиял гIу­цIабазул вакилзаби, республикая­лъул газетазул редакторал, журналистал. Дандеруссин нухда бачана «Чер­новик» газеталъул хIалтIухъан Му­хIамад МухIамадовас.
МухIамад МухIамадов:
— Жакъа нилъе­ца гьоркьоб лъолеб буго «РФя­лъул лъайкьеялъул хIакъалъулъ» абураб законалда хиса-басиял гьаризе хIадурараб законопроект. Гьелда бицунеб буго миллиял мацIал жидеего бокьун (улбузе ва лъималазе ) малъиялъу­л. Гьеб проекталъул рахъкколез абулеб буго гьелъул щибго зарал гьечIин рахьдал мацIазе, гьелда данде ругез абулеб буго гьелъ рахьдал мацIал лъугIиялде рачине ругин.
Баху МухIидинова, магIарул мацIа­лъул учительзабазул ассоциациялъул нухмалъулей:
— «Жидеего бокьунилан» абулеб рагIулъ буго гьениб бищун аслияб бакI. Улбузе ва лъималазе рахьдал мацIал лъазаризе бокьи гуребги, гьеб законопроекталда рекъон гIуцIун рукIине ккола гьел лъазариялъе шартIалги. Кинал шартIазул бицунеб бугеб? Бокьизе ккола гьеб, тIоцебесеб иргаялда, Лъайкьеялъул министервоялъе, гьелдаго цадахъ миллияб республикаялъул нухмалъиялъе. Школазул гьелъие ресал рукIине гьечIо. Гьениб улбузе ва лъималазе бокьиялъул лъицаго тIалаб гьабизе гьечIо.
Ширали ГIалиев, Дагъистаналъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасул тIоцевесев заместитель:
— Гьеб законопроекталъ рахьдал мацIал лъазаризе Конституциялъ кьураб лъилго ихтияр хвезабулеб гьечIо. Гьелда рекъон рахьдал мацIазул ва адабияталъул дарсал чара гьечIого малъи­зе кколезда гьоркьоса рахъун гьечIо, гьебго заманалда улбузе рес кьун буго гьезие рахьдал мацI тIасабищизе. Гьеб законопроекталда рекъон, рес кьун буго улбузул комитеталъе тIасабищизе кинаб мацI гьез рахьдал мацIлъун тIасабищилебали. Гьез гIурус мацI бищун хадуб, гьеб гьезул иш буго, гьединаб ихтияр кьолеб буго гьезие.
МухIамад МухIамадов, РАНалъул ДНЦялъул грамматикиял цIех-рехазул отделениялъул нухмалъулев:
— Пачалихъи­ял мацIаллъун рикIкIунел руго гIурус мацI ва Россиялъул халкъазул мацIал. Гьеб законопроекталда рекъон гIурус мацI хутIизегIан цогидал мацIал рикIкIунел руго гIурус мацIалда бащадал ихтиярал гьечIеллъун. Гьелдаса ине къваригIун гьабулеб хIалтIи буго гьеб, пачалихъияб мацIлъун букIине къваригIун буго гIицIго гIурус мацI, хадусеб рахъ, ай Россиялъул халкъалъу­л мацIал абураб бутIа нахъе рехизелъу­н. БатIияб куцалда гьеб бичIчIизе рес гьечIо. Руго гIадамал гIурус мацI жидее рахьдал мацIлъун кколел, гьеб мехалъ гIурус мацIги ккезехъин буго «Россиялъул халкъалъул мацIазда» гъорлъе. Гьеб магIнаго гьечIеб жо кколеб буго. Щай гьикъизе кколеб улбузда? ГIурусазда гьеб гьикъулареб мехалъ, батIиял миллатазул улбузда щай гьикъулеб? Нилъер мацIал хъулухъ тIубалареллъун ккун руго. Гьезда тIад пачалихъияб тIалабго гьечIо, гьел цIазе хIухьел щолареб бакIалде ккезарун руго. Гьадинги квешаб гьезул ахIвал-хIал тIубанго лъугIизабизе гьанже гьикъулеб буго эбел-инсуда. Мисалалъе, Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал босани, гьаниб гIемерисев чи жиндирго тарихияб ватIаналда гьечIо гIумру гьабулев. Росе тумал, гьезул 70 процент руго Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда. Киналго улбузда гуро бугеб ахIвал-хIал бичIчIулеб. Камуларо щибго къваригIел тIубалареб рахьдал мацI щайин абулелги, гьединаз инкар гьабизе буго. «Жидеего бокьун» абурал рагIаби хIалтIизарулаго пикру гьабизе ккола киналго рахъазул. Щаялиго гIурус мацI лъазабиялъул лъицаго гьикъуларо жидеего бокьунищ, бокьичIогойищ гьеб малъизе бугебали. Чияр мацI чара гьечIого лъазе кколеб, жиндирго мацI лъазабизе кколареб абураб жо битIун гьечIо. БитIун букIина рахьдал мацI — чара гьечIого малъизе хIажатаб, чияр мацI – жидеего бокьун лъазабулеблъун гьабуни. Жакъа Дагъистаналъул мацIал ккун руго къватIисел улкабазул мацIазул статусалде.
Ширали ГIалиев:
— Законалда бихьизабун буго кинаб мацI ва кин тIасабищилебали. Гьенибго бихьизабун буго мацI тIасабищизе кколин лъимадул законияв вакилас абун, ай эбел-инсуца. Нилъер гьанир гIемер руго батIиял миллатазда гьоркьор гьарурал ригьнал, гьединлъидал эбел-инсуца тIасабищизе ккола кинаб мацI лъимералъе рахьдалаблъун кколебали.
Федералияб законалда бихьизабун буго лъайкьеялъул мацIлъун кколин пачалихъияб мацI. Кинаб мацI кколеб нилъер пачалихъияблъун? ГIурус мацI. Нужеца Татарстаналъул бицунге, Татарстаналда буго рахьдал мацIалъул хIакъалъулъ закон, гьелда рекъон гьез малъулебги буго рахьдал мацI. ГьабсагIат нилъеца бицунеб буго «ихтиярал хвезари кколищ рахьдал мацIал тIасарищизе изну кьей» абураб суал. Нилъер лъималазул улбуз гIемерисез рахьдал мацIлъун тIасабищулеб буго гIурус мацI. Гьединаб ихтияр буго гьезул.
ШагIбан ХIапизов, магIарулазул ре­гионалияб миллиябгун культурияб автономиялъул нухмалъулев:
— Мисалалъе, дие бокьун гьечIо дир лъимер физкультураялде ялъуни математикаялде хьвадизе, амма гьединаб ихтияр дие кьоларо лъицаго. Гьеб законопроекталъул «сихIирлъи» ккола тIасабищизе ихтияр кьун букIин гIицIго рахьдал мацI. Гьелъул магIна ккола рахьдал мацI кIиабилеб, лъабабилеб сор­талъуллъун рикIкIунеб букIин. Щайха тIокIаб батIияб дарсалъе гьединаб «ихтияр» кьолеб гьечIеб? Нилъее гьеб законопроекталъул щибго къварилъи гьечIин, кинабго лъикI букIине бугин бицунев нилъер министерствоялъул вакил сихIирлъулев вуго. Гьазул «нахъарокъоб» ва нилъер нухмалъиялъу­л «нахъарокъоб» рахьдал мацIалъул дарсал факультативазде рехизе ругин хабар букIин лъала. Районазул Лъайкьеялъул управлениязда унел руго «кIалзулал» лъазабиял цIалул программабаздаса рахьдал мацIалъул дарсал нахъе росеян. ГьабсагIат нилъер Лъайкьеялъул министерствоялъул аслияб масъала, рес букIун, цIалул планаздаса рахьдал мацIалъул дарсал нахъе роси буго. Гьелъул щибго къварилъи гьечIин бицунеб харбида щивха божилев. ХIалбихьизе дида кIола жакъа рахьдал мацI лъазабулел лъималазул къадарги босун тIадеялъул лъагIалил ахиралде гьезул къадар кигIан букIинебали дандекквезе. ХIасил букIине буго лъабго-ункъо нухалъ дагьаб. Биччанте жакъа нилъер Лъайкьеялъул вакилас абизе рахьдал мацI лъазабулезул къадар тIадеялъулалде дагьлъизе гьечIин. Гьедин ккани, дица халкъул гIаламалда цебе гьарила гьесда тIаса лъугьаян.
Нилъер Лъайкьеялъул министерствоялъ сундулго жаваб кьоларо. Гьезухъа тIалаб гьабизе ккола, щай фашис­таз гIадин, ФГОСазда дандекколел гьечIилан багьанаги батун, школаздаса рахьдал мацIалъул тIахьал нахъе ракIараралин абураб суалалъе жаваб. Дунялалда кибго гьединаб лъугьа-ба­хъин рагIичIо.
Ширали ГIалиев:
— Гьеб буго кьучI гьечIеб хабар. Цоги нухалъ абулеб буго гьеб законопроекталъ лъихъаго рахьдал мацI лъазабизе кьурал ихтиярал нахъе росулел гьечIин. Кинаб эбел-инсуца тIасабищилебали, гьеб гьезул иш буго, биччанте гьез тIаса­бищизе рахьдалаблъун рикIкIунеб мацI.
МухIамадрасул ГIумаров, магIарул СМИязул ассоциациялъул председатель:
— Министерствоялъул вакилас бицунеб жо буго нилъ тIаса рихьизария­лъе бицунеб хабар. Щайин абуни, гьаб буго цIалул соналъул ахир, гьанже рикьула школалда хадусеб соналде сагIтал, гьелин абуни, школазда жакъа рикьулел руго рахьдал мацIалги нахъе рахъун. Гьеб ккола ШагIбан ХIапизовас рехсараб «лъазабиялъул» нугIлъи гьабулеб хIужа.
ГьанжелъизегIан рес букIараб батани рахьдал мацI тIасабищизе, гьанже гьебги гьечIо, нужеца рахьдал мацIал «гъуна» факультативазде. Жакъа рахьдал мацI нужеца шахматазул кружокалде сверизабулеб букIиналъе нугIлъун вукIаго, кин дуда кIолеб дун мекъи вугин чIезавизе?
Хадуб бицинин, щиб букIине бугеб тIадегIанал цIалул заведениязда миллиял кафедрабазул, щиб букIине бугеб педагогиял цIех-рехазул институталъу­л, щиб букIине бугеб миллияб прессая­лъул?
Шамсият Султанбегова, «ХIакъи­къат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель:
— Дие гьабсагIат Лъайкьеялъул министерствоялъул вакиласул бакIалда йикIине бокьилароан, щайин абуни гьабсагIат министерствоялъ гьабураб хIукмуялъ нилъер республикаялъул халкъалъул тарихалда чIегIераб тIанкI лъезе буго. Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ хIадур гьабураб законопроект цебехун «тункулаго», нужеца хIучч цIалеб буго киналдаго тIад. Цере рукIунаан жидеего бокьун гIуцIарал студентазул къокъаби, студентаз гьезда абулаан хIалгьабун жидеего бокьун гIуцIарал студентазул къокъабийилан. Гьебго жо гьабулел руго нуж жакъа. Дунги хIалтIана школалда, хIалтIулей йиго миллияб газеталда, цIакъ лъикI лъала школазда мацIазул бугеб ахIвал-хIал. Лъала гьединго гьалгониял соназ Лъайкьеялъу­л министерствоялъ килщида килищ кIутIараб хIалтIи гьабичIолъи мацIал цIунизелъун. ГьабсагIат мун вуго Татарстаналъул мисал бачунев, далиллъун гьезул закон бугин абулев. Нилъер рес­публикаялда мацIазул закон гьечIолъи лъил гIайиб? Халкъалъул балагьищ нилъер гьединаб Лъайкьеялъул министерство букIин, гьединал депутатал рукIин ва гьадинаб хIукумат букIин? Дун бахиллъуларо дуда ва дуда цадахъ гьеб законопроекталъул рахъккуразда, къого соналдасан нужеде хьандезе буго халкъ.
Ниж ахIи балел рукIана мацIалда «хвалил унти» чIван бугин, нужеца гьелъие хоб бухъулеб буго. Нужее баркала лъицаго кьезе гьечIо.
МухIамад МухIамадов, (модератор):
— Гьале дихъ буго гьеб законопроект, гьаниб кинабго гIуцIун буго бокьараб рахъалде сверизабизе кIоледухъ. Хъван буго: «…рахьдал мацIал малъи­зе улбузул ва лъималазул тIалабазул хIисабги гьабун» абун. Щибха кколеб «улбузул ва лъималазул тIалабал»? Гьеб кколаха улбузул комитеталъ гьабураб хIукмуялда бараб бугин кинабгоян абулеб жо. ХIасил — группаби ялъуни классал гIуцIизе лъималазул къадар гIезе гьечIо. Гьединлъидал рахьдал мацIалъул бакIалда гIурус мацI лъазаби «тIасабищизе» ккезе буго гIадамаз.
Цоги гьаниб буго «тIасабищи» абураб бакI. Гьаниб абулеб буго жиндирго лъимералъе гIоло эбел-инсул ихтияр бугин лъайкьеялъул учреждениялъ кьураб сияхIалда гьоркьоса мацI тIасабищизе. Нагагьлъун гьеб сияхIалда гьоркьобе батIи-батIиял гIиллабаздалъун рахьдал мацI ккун батичIони, гьеб малъичIого хутIизе рес буго. МацI малъулареб бакIалда гьеб лъугIиялъул бицинего ккелищха. Гьеб суал гIемер цIакъ хъинтIизе буго миллиял газетаздаги.
ГIали Камалов, Журналистазул союзалъул председатель:
— Аллагьасе рецц, милли­яб пресса къваригIунищ абун суалал кьолел рукIаралги, щай гьелъие пача­лихъа­лъ кумек гьабулеб, щай гьезие гIарац биччазе кколебин ахIдолел рукIаралги жакъа рекIеда ратана, гьезда бичIчIана гьебги къваригIунеблъи. Миллияб прессаялъ гъорлъе бачуна мацI цIуниялъул цо кIудияб бутIа. КIиабилеб – цин цереса нахъе росулел руго мацI малъиялъул алатал (ясли-ахалдаса бахъараб, школаги гъорлъе бачун), хадуб абулеб буго хIалтIи гьабеян. Кинабго бачунеб буго халкъалъ жинцаго жиндирго мацIалдаса инкар гьабиялде. Гьаниб хIалтIизабуна «хвалил унти» ва «хабалъ лъей» абурал рагIаби, гьелде гьеб иш лъица бачунеб бугебалиги нилъеда киназдаго лъала. Нужеда лъала дагьал церегIан къоязда нилъер Халкъияб Соб­раниялъул кIиго комитеталъ гьеб законопроекталъул рахъккун гъолбас гьабураблъи. Гьединго киназдаго лъала кинабго гьеб ишалъул бетIералда «Единая Россия» партиялъул вакилзабиги рукIараблъи. Комитетазул данделъиялда лъайкьеялъул министралъги ва депутат ХIамидулагь МухIамадовасги (гьав кидаго рахьдал мацIал цIунулевлъун хIалев вукIуна – ред.) законопроект беццараблъи ва гьелъул рахъккураблъи. Халкъияб Собраниялъул депутатаз гьелъул рахъкквечIеблъиги лъала. Гьел гьелда данде рукIинги лъала. Нижеца нижерго газеталда кьолеб макъалаялъу­л бетIерцин гьадинаб лъун букIана: «Бице, эбел ВатIан, бице, Дагъистан, божизе бегьулищ ниж дур васазда». Абизе ккола, гьедин депутатал данде рахъараб хIужа ракIалда гьечIо. Лъаларо, газеталъ гьезие асар гьабилищали, амма халкъалда лъазе ккола жиндирго бахIарзал. Гьеб законопроекталда гъоркь гъолбас гьабуни, лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрги, миллияб политикаялъул министрги ине ккола хъулухъаздаса нахъе — гьелъулги «гIакълу гIуна» мацI миллаталъул хаслъи бихьизабулеб гIаламат гурин абизе. Гьединал хIакимзабазул кумекалдалъун кинабго унеб буго нилъ миллат гьечIеллъун гьаризе. Кинабго цоцазда бухьараб буго. КъваригIун бугищ миллияб мацIалда газета абурабги, электроннияб версия гьабуни гIолин газеталъулин бицунеб хабарги буго цого бакIалдаса гьоркьоса къотIи гьечIого бицунеб бугеб жо. Гьединал гIемер руго нилъер хIакимзабазда гьоркьор. Гьезул хъизамалда гьечIо рахьдал мацI, цогидазул хъизамалда гьеб цIунунги гьезие щайха. Киданиги гьикъанищ эбел-инсуда цогидаб дарс къваригIун бугищали, лъиеха къваригIараб гIумруялда жаниб тIадегIанаб математика, тригономет­рия? Щаяли лъидаго цIехечIого малъу­ла гьеб школазда. Рес кьолищ гьел тIасарищизе? Щайха, хас гьабун, рахьдал мацI тIасабищизе тIамулел ругел абураб суалалъ расги лъикIал гьечIел пикрабазде рачунел руго. Гьединлъидал жакъа жамгIияталда бичIчIизабизе ккола нилъер миллатал дагь-дагьккун рачунел ругеб бакI. «СихIирлъи» абураб рагIи, Ширали, дуе рекIее гIечIо. Щибаб жоялда жинди-жиндир цIар абизе ккола. Гьеб нужеца бицунебги буго сихIираб хабар. Гьеб ккола гIадамал гукки, гьединал харбалги рицун, гIадамалги гуккун хвезабулеб буго нилъерго мацI, маданият ва тарих. Гьединлъидал хIадур рукIине ккола нилъги, нилъер халкъалги. Нилъеца битIараб бицинчIони, гьезие битIараб бицине чи гьечIо. Гьел цин-циял тIалабалги ургъун, мекъи ккезарулел руго, ургъизе течIого «тIасарищиял» гьаризе тIамулел руго.
Байрам ГIабдулаев, цахуразул газеталъул бетIерав редактор:
— Гьеб законо­проекталъ кIудияб кьаби щвезабизе бу­го Дагъиста­на­лъу­л гIисинал халкъазда — цахуразда, рутулазда, агулазда. Гьедин гьечIин министерствоялъул хIалтIухъаби чIаниги, гIемерисел бакIазда рахьдал мацIалъул дарсал рачун руго факультативалде. Нилъер районазда руго школал рахьдал мацIалъул дарсал кьоларелги. Законалда рекъон, гьеб ккола такъсир. Щаяли гьединал хIужаби рихьуларо, лъаларо министерствоялда. Директорасда гьикъани, щай нужеца гьел дарсал кьолел гьечIелин, гьес абула специалист гьечIилан. Гьезие гьел специалисталги къваригIун гьечIо. Директорзабазеги ЕГЭ кьуни гIун буго, рахьдал мацIазул дарсазул гьезие щибго ургъел гьечIо. Киданиги тIалаб гьабичIо директорзабаздаса рахьдал мацIазул дарсал кьеялъул хIалтIи. МацIазул закон хIажалъичIо нилъее, жакъа гьале дарсал къваригIунарин борхун буго суал, метер къваригIине гьечIо миллиял газетал, хадуб миллияб театр. Бищунго миллиял мацIал къваригIинчIел гIадамал руго нилъер Лъайкьеялъул министерствоялда, Халкъияб Собраниялда. Гьеб законопроекталъ цIакъ квешаб бакIалде бачине буго республика.
Башаев Руслан, тумазул газеталъул бетIерав редактор:
— Бищун цIакъ пашманлъизе ккараб хIужа буго гьеб ишалъулъ нилъерго дагъистанияв нилъерго мацIал хвезарулеб законопроекталъул рахъалда вукIин. Батизе бегьула гьес гьеб жиндиего бокьичIониги гьабизе кколебги, амма гьеб буго цIакъ пашманаб иш, нилъер дагъистаниясул кIалдисан гьединаб жо рагIи. БичIчIулеб буго гьеб нилъер министерствоялъ ургъараб жо гуреблъи, тIасан бачIараб тIалаб букIин. 2008 соналда Минтемир Шаймиевас абурал рагIаби ракIаде рачIана. Рахьдал мацIалъул сагIтал факультативалъе рехизе ккеялъул хабар баккидал, гьес доб заманалъ министрлъун вукIарав Фурсенко гIахьаллъараб данделъиялда абуна: «Нужеда щиб, улкаялда кIвар гьечIелги халкъал «рижизаризейищ» ракIалде ккараб? Гьедин гьабулеб бугони, гьеб суал борхизе ккола Конституциялъулаб судалда, ялъуни Татарстаналъул Конституциялда хиса-басиял гьаризе ккола», — ян. Пайда щиб, нилъер республикаялъул бетIерлъуде цониги нухалъ Шаймиев гIадав чи ккечIелъул. Татарстаналъе ва гьединалго цо мацI бугел республикабазе бигьаго буго мацI цIунизе, нилъер республикаялда жеги цIикIкIун кIварги кьезе ккола, ресалги ралагьизе ккола гьел цIунизе. Амма нилъер гьаниб кинабго гIаксалда буго.
Ширали ГIалиев:
— Рахьдал мацIалъул дарсал рукIине руго чара гьечIого кьолел дарсазда гьоркьор. Лъица нужеда абулеб бугеб гьел рукIине гьечIин? Бицунеб буго гьел жидеего рокьун лъазарулеллъун гьаризе ругин. («Чара гьечIого малъулелги» «жидеего бокьун лъазабулебги» магIна цогоял пикраби гуро. Амма гьел цойиде рачунел руго министерствоялъул вакилас. – ред. ) ЦIалдохъанасул яги гьесул эбел-инсул рес буго бокьараб рахьдал мацI тIасабищизе. ТIасабищараб мацI букIине буго чарагьечIого малъулезда гьоркьоб.
МухIамад МухIамадов, (модератор):
— Законопроекталда хъвалеб буго гьел дарсал кьезе киналго шартIал ругони абун. ШартIал ккола дарс кьезе кабинетги, гIураб къадар лъималазулги ва цогидалги. Гьел гьечIел бакIал гIемер рукIина нилъер школазда. Гьебмехалъ щиб ккезе бугеб?
Альберт Мехтиханов, «Молодежь Дагестана» газеталъул журналист:
— ГьабсагIат шагьаралда ругел миллатазул гIолеб гIел босани, мацI лъалев чи къанагIатги ватуларо. Гьез абула мацI лъалин, гъорлъе раккидал, мацI лъалеб батуларо. Гьесда лъалел ратула гIурус классикал, амма жиндирго мацIалда цогIаги кечI рекIехъе цIалун бажаруларо. Нилъер гьаниб миллияб мацIалъ тIубалеб рахъ тун гьечIо, гьединлъидал пачалихъияб кумек щвечIони, мацIал цIунун хутIи цIакъ щакаб иш буго. Гьединлъидал «тIасабище» абун мацI тезе бегьуларо.
ГIали Камалов:
— Нилъ унел ругеб бакIги бихьун, нижеца гьеб суал борхулареб заманго букIинчIо. Лъала, шагьаралъул лъимералда гъваридго мацI малъизе захIмалъулеблъи, росулъгIаги цIунизе ккеларищ мацI? Гьединлъидал школа лъугIулелъул рахьдал мацIалъул экзамен тIобитIизе ккола, хIакимлъуде унев чиясда рахьдал мацI лъалищали халгьабизе ккола. Жубарал хъизамазда малъизе ккола цогIаги миллияб мацI. Гьеб лъабго суал лъуни, киназго хIаракат бахъизе буго мацI лъазабизе.
Журналистазул союзалъ улкаялъул президентасде гьабураб хитIабалъулги гьикъун кIалъан вачIана цо хIакимчи дихъе. Гьеб хъачIго бугин багьана чIвана цин, хадуб цоги нухалъ цIалидал, жиндихъе битIеян абуна. БитIун хадуб, кинабго хъварабги битIараб бугин разиго вукIана гьев, амма… Путинихъе битIугеян абуна. Гьеб Путинихъе некIого битIун букIана. ХIакимзабиги, редакторзабиги, министралги, депутаталги, директорзабиги битIараб абизе хIинкъулел ругони, нахъе ине ккола хъулухъаздаса. Жакъасеб мацIалъул ахIвал-хIалалъул жавабчилъи буго киназдаго тIад, амма тIоцебе — министрзабаздаги, депутатаздаги, тIадегIанал хъулухъазда ругел хIакимзабаздаги.
Шамсият Султанбегова