МагIарулал гIодоблъиялда

Басриял свералабазул цIиял масъалаби…

 

ЦIияб Лак районалъул ункъо росулъ гIумру гьабула микьазаргогIанасев магIаруласги

Дагъистан ва Чачан республикабазул гIорхъода бугеб ЦIияб Лак района­лъул анцIго росулъа ункъоялда (Тухчар, ЦIияб МелъелтIа, Гамиях, ЦIияб Чуртах) гIумру гьабун вуго микьазаргогIанасев магIарулавги. ЦIияб МелъелтIа росулъ киналго магIарулал руго. ХутIараб лъабго росулъ гIумру гьабула лъабго миллаталъул гIадамаз (магIарулал, тумал, чачанал), администрациял цого ругониги, магIарулазул гьел росабалъ руго жидерго бутIаби — авалал. Гьаб сапаралда ниж щвана Тухчар, ЦIияб Чуртах росабалъе ва райцентралде (ЦIияб Лак). ТIоцере ниж дандчIвана районалъул росдал магIишаталъул управлениялъул начальникасул заместитель — бетIерав агроном, жамгIияв хIаракатчи НурмухIамад НурмухIамадовгун. Гьев ккола ЦIияб Чуртах росулъа. Гьес кьуна нижее районалда, магIарулазул росабазда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул рахъалъ гIаммаб баян.

— ЦIияб Лак ккола гIезегIан масъалаби церечIараб район, абилин бигьаяб гуреб район. Гьаниса (доб мехалъ ГIавухъ районалдаса) 1944 соналда чачанал гочинаруна ва гьезул ракьалде рахъинаруна тумал. 1957 соналда гьанирего гочинаруна Гумбет районалъул МелъелтIа росулъа­ги гIадамал. Хадуб, Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул хIасилалда, 1975 соналда гьанире гочинаруна гьебго районалъул Килалъ (гьел руго ЦIияб Чуртах) ва ЦIунди-Щабдухъ (гьел руго Гамияхъ росулъ) росабалъа ва Болъихъ районалъу­л КIижани (гьел руго Тухчар) росулъа гIадамалги. Гочинабуна щибаб росулъа 150-200-гIанасеб цIараки. Нахъеги ГIавухъ район гIуцIизе хIукму гьабулеб заманалда (30-гIан соналъ цебе), гьаниса тумал цIияб ракьалде («Новострой») гочинарулелъул, нижеца — гьаниб гIумру гьабулел магIарулаз, борхана гьадинаб суал: кида букIаниги, тумалго гIадин, нижги ккезе бегьулин санагIат гьечIеб хIалалде, нижги рачейин гьезие гIуцIараб гIадинаб программаялде гьоркьоре, бихьизабейин ракьги, гочинарейин цогидаб бакIалде абун. Республикаялъул бетIерлъуда ругез къабул гьабичIо гьеб пикру. Нижеда чIванкъотIун абуна гочинаризе ругин чачаназул минабахъ ругел тумал, нижерго ракьалда тIад (нижер росу буго ччубуриялда, магIарухъе – нахъе гIи-боцIи гочинабулеб букIараб ракьалда), нужецаго рарал минабахъ ругел нуж гочинариялъул суал гьечIин. Гьелда цадахъго тIаде босун букIана гьел росабазул социалиябгун экономикияб цебетIеялъе, гьенир лъикIал шартIал чIезариялъе цIикIкIараб кIвар кьезе. Гьелдалъун къан букIана суалги. ГьабсагIаталда лъицаниги, я пачалихъа­лъул идарабаз, я чачаназ, я тумаз абулеб гьечIо гьаниса нахъе гочаян, гьеб рахъалъ щибниги къварилъи гьечIо. Амма метер букIинесеб нилъеда лъаларелъул, нижерги букIине ккеларищ метер къоялда ракIчIей. Буго ГIавухъ район гIуцIиялъул, тумал гочинариялъул программаби, бегьилищха нилъ, магIарулал, гьоркьор хутIизе? Буго гIуцIараб программаги, буго тумазул, чачаназул, магIарулазул вакилзаби гьоркьоре рачараб (гьезда гьоркьов вуго дунги), Р. Жафаровас нухмалъи гьабулеб хIукуматалъул комиссияги. Гьезда цебелъураб аслияб суал буго цо — тумал гочун хадуб гьанир хутIулел магIарулазул къисмат. ЦIияб МелъелтIа руго жидерго администрацияги, ракьалги, магIишатги. ХутIараб лъабго росдал гьеб кинабго гьечIо. Нижеца суал цебелъолеб буго гьадин — гIаммал администрациязулъ ругел магIарул росабазе кье административияб статус, гьезда нахъ рихьизаре ракьал ва цере рукIарал колхозал-совхозазул буголъи, рухI рикIкIун, бикье киназдаго гьоркьоб. Нижер пикруялда, гьеб буго бищун лъикIаб къагIида. Гьелъул рахъккуна, гьеб битIараблъун бихьана районалъу­л бетIер МухIамадхIажи Айдиевасдаги. Гьеб суал дагь-дагьккун цебе унеб букIана Р. ГIабдулатIипов бетIерлъуда вугеб заманалда. ГьабсагIаталдаги лъицаниги гьел нахъчIвалел гьечIо, амма нижеца киналго суалал мухIкан гьаризе, церелъезе кколел руго цIидасан, байбихьудасан. Киналго церечIарал масъалаби, тIуразе ккарал суалал рорхизе нижер буго хасаб жамгIияб гIуцIиги. Буго В. Васильевасухъе хъвараб кагъатги, гьес гьеб битIун буго А. Здуновасухъе, кинабго мухIкан гьабизелъун гьесги гьеб битIун буго республикаялъул кIиго-лъабго идараялде. Гьеб хIалалда гьелда тIад хIалтIиги унеб буго, нижер кIудияб хьул буго гьелъ хIасилги кьелин, суалги тIубалин. НурмухIамадил рагIабазда рекъон, районалда руго 13 гIаммаб (СПК, МУП), 40-гIанасеб фермеразулаб (КФХ), кумекалъулаб (ЛПХ) ва ижарачагIазулаб магIишаталги. Цебе гьаниб букIана ункъо цIолбол магIишат (730 гектар цIолбол), гьелдасан букIана гIадамазе яшавги. ГьабсагIаталда гьелъу­л бакI ккун буго хурухъанлъиялъгун боцIухъанлъиялъ. БукIана заман киназго росдал магIишаталдехун мал хьвагIараб, амма ахирал соназ районалда гьелде кьолеб буго кIудияб кIвар, гьабин абизе гIураб ракь гьечIо эркенго тараб, хIалтIизабулареб.
Гьеб бихьана нижедагоги — кирехун балагьаниги, рихьулел руго могьолал культурабазул хурзал, цIидасан чIун ругел ахал ва харибакIал.

Тухчар

ЦIияб Лакалдаса хадур ниж щвана битIун гIорхъода, Аксайка гIурул рагIалда бугеб Тухчар росулъе. Росдал администрациялда ниж дандчIвана администрациялъул жавабияв хIалтIухъан ЮсупхIажи ЮсупхIажиевгун, ва гьес бицана гьадин.
— Болъихъ районалъул КIижани росдал гIадамал 1944 соналда гочинарун рукIана Чачаналъул Ведено районалде. Гьел тIадруссараб заманалда (1958 сон) ниж цIидасан гочинаруна магIарухъе, нижерго росулъе. Гьелдаса хадуб, росуги мина-картги цIигьабун, парахатго рукIаго, ракьги багъарун 1975 соналда ниж нахъеги гочинаруна, гьанжесала гьаб росулъе. ГьабсагIаталда гьаниб буго 1720 цIараки (602 магIарулазул), гIумру гьабула 5335 чияс, гьезда гьоркьоса 1946 ккола магIарулав. Гьаниб буго клуб, кIиго медпункт, кIиго школа, кIиго мажгит (гьезул цояб, цо школа ва медпункт магIарулал ругеб авалалда), почалъул отделение, щуго-анлъго тукен. Хур-хералдасан, гIи-боцIудасан гьабула аслияб къагIидаялъ магIишат. Советияб заманалда гьаниб букIана цIолбол лъикIаб совхоз, гьанже гьебги гьечIо. Щибаб цIаракиялъеги бикьун буго ракьул бутIа (60 сот.). Жакъа цебечIараб масъала ккола росулъе бачIунеб нух къачIай. Гьеб хIалтIи программаялде гьоркьобе бачиналъе хIажатал тадбирал гьарулел руго. Буго тIабигIияб газ, ток, амма гьекъолеб лъел букIуна къварилъи, хасго риидал. Росу тун унев чи къанагIат гурони вукIунаро, гIезегIан руго мина базе бокьарал гIадамал. Цо-цо юридикиял дандеккунгутIабаз рес кьоларого букIана ракьул участкаби (планал) кьезе. Гьале гьал къояздаги ункъо чиясдасан гIуцIараб магIарулазул къокъа ун букIана районалъул бетIерасухъе, гьесда цебелъуна гьеб суал, гьеб тIубазабиялъе тIадкъаял гьес жидерго хIалтIухъабазеги кьуна. Божилъи буго, гIагараб заманалда гьеб цIакъго кIвар бугеб суал тIубалин.
— Тумал гьаниса ингун магIарулазул хадусеб къисмат кин бихьулеб дуда?
— Нижер росдае (Тухчар росдал магIарулаз гIумру гьабулеб тIасияб авал), юридикияб статус кьей, гьелда цIарги нижерго росдал (ЦIияб КIижани) лъей ва гIадамазул къадаралда рекъон, нижее ракьги бихьизаби. Гьеб буго нижеца, гьанир ругел магIарулаз, тIалаб гьабулеб суал.
— Нужер росу буго гIорхъода, гIор тун доб рахъалъ, нужеда дандбитIун бихьулеб буго Чачан Республикаялъу­л Ишхойюрт росуги. ГIорхъода рукIи­налъ нужее кумекищ гьабулеб ялъуни квалквалищ букIунеб?
— ГьабсагIаталда нижее щибниги къварилъи гьечIо гьадин букIиналъул. БукIана заман (90-абилел сонал, 2000-абилезул авал) гIемер захIматабги. Доб мехалъ нижеда кIолароаан ракь-хур хIалтIизабизе, нижеда тIасан букIана речIчIулеб-кьвагьулебщинаб жо, ккана камиялги…

Лъай гьечIев цевехун унаро

Хадусеб нижер мурад букIана «Нур» КФХялъул нухмалъулев Ша­мил МухIамадгIалиевгун данд­чIвай. Гьев нижеда ватана росу­лъа 2-3 км рикIкIадегIан бугеб жи­дерго магIишаталда, рецизе заман гIа­гарлъулел ругел могьолал культурабазул хурив.
— Шамил, щиб гьоркьобе бачунеб дур магIишаталъ?
— ГьабсагIаталда нижехъ буго ункъо гектар, жаниб камураб пихъ гьечIеб ахил. ГIагарлъиялъул ракьалги (щибаб цIаракиялъул 60 сот.) гъорлъе рачун, дица 10 гектаралда хьан буго суданка хер ва ункъо гектаралда люцерна. Могьолал культураби хьазелъун санайил дица ижараялъе босула 100 гектар ракьалъул (цо гектар 800 гъуршиде хIисаб гьабун), исана гьаниб буго 90 гектар ролъул ва 10 гектар пурчIинадул. Кинабго хIалтIи тIубала дица ва дир хъизамалъ (васал, нусал). Гьеб киналъего гIураб техникаги буго дир — комбайн, трактор, пресс, сеялкаби ва цогидаб.
— Бихьулеб буго ролъ лъикIаб хIалалда букIин. Кодоб тани, чан центнердай щвела?
— Гьаниса щвезе ккани, гьанибеги кьезе ккола. Нижер гьаниб квеш ккараб жо буго ижараялъе ракь цо лъагIелалъ гурони кьунгутIи, гьелъул хIасилалда рес кколаро рак лъезе, удобрение базе. Гьедин бугониги хIалтIи гьабизе ккола ракIбацIцIадго. Цо гектаралда тIад дир уна анкьазарго гъурушгIанасеб харж. Бугъа лъикIаб бугони, бечеги лъикIаб лъугьунаян абиги бугелъул, лъикIаб бачIин букIине ккани, лъикIаб хьонги букIине ккола. Дица гьеб босула лъикIалдаса лъикIаб. Гьелда рекъон гьабула цогидаб хIалтIиги. Исана дир гьаниб 35 центнералдаса гIодобе кколаро бачIин (Дагъистаналда гIемерал руго магIишатал 20 центнерги лъикIаб бачIинлъун рикIкIунел).
— Гьал къоязда дуца байбихьулеб буго хер бецизе. Сунде гьеб?
— Дир буго гьанае хьихьараб 15 баси. Хъураб боцIул гьанги бичула Хасавюрталда, 250 гъуруш килоялъул багьа гьабун. Гьеб дармие гьечIо щибниги къварилъи, цереккунго рукIуна, цогидазе кьечIого жиндие теян абурал чагIи. Буго щуго бечIчIулеб гIакаги, амма рахьдал нигIматал дица ричуларо.
— БакIарараб тIощелалъул къисмат кинабха букIунеб?
— ТIоцебесеб иргаялда, бахъула зака­гIат. Кумек гьабула хIажатазе. Цогидаб бичула. Гъоркьисала, Хасавюрталда 10 гъуршиде кило бугеб заманалда, дица гьеб кьуна анкьго-микьго гъуршиде, гьебги босун уна, гьанирего рачIун. Бичун щвараб гIарцудаса 500-600 азарго гъуруш нахъеги уна ракьалда тIад.
— ТIад арал харжазулги нахъбусса­ра­лъулги хIисаб гьабун, хайиралде ба­чIунищ хIасил?
— Жиндир заманалда кинабго хIал­тIиги гьабуни, гьава-бакъги рекъа­ни, цо гектаралдаса 6000-7000 гъуруш щвезе бегьула (гъуршида тIаде гъуруш)
— ГIемераз абула росдал магIиша­талъул хIалтIи захIмат бихьулеб, гьелда рекъараб хайир щолареб хIалтIи бугин абун. Рази вугищ мун?
— Кинабго бараб буго Аллагьасда. Гьаб буго доб лотереялъул билет гIадинаб иш. Мисалалъе, заман гуреб мехалъ (тIогьолъ бугеб) цIад бани, яги цоги тIабигIияб балагьалъ квалквал гьабуни, ккезе рес буго жаниб мугь гьечIеб чIобогояб тIор. ГIадада гуре­лъул нилъер умумуз абулеб букIараб ракь хIалтIизабулев чи киданиги бечелъизеги бечелъуларин, чед камунги хутIуларин абун. Гьеб буго цIакъ битIараб аби. Санал рахун руго хIалхьиялда чIезе кколеб ригьалде, амма тезе кIолеб гьечIо ругьунаб хIалтIи.
— Дуца толеб гьечIо хIалтIи, амма дур лъималаз хадубккун гьабизе бугищ гьеб, гIолохъанаб гIелалъе бокьулеб гьечIелъул росдал магIишаталъул хIалтIи?
— ХIакъикъаталдаги бокьулеб гьечIо, нилъер гIелалъ гьабулеб букIаралъул 10 процент гурони гьабулеб гьечIо гIолеб гIелалъ. Цо рахъалъан балагьани, кигIан бокьичIониги гьез абулелда разиги вуго дун — Хасавюрталдеги ун, гьаниса босун добехун бичулев вукIун къойие кIиазарго гъуруш щолеб мехалъ, лъиеха бокьилеб 500-700 гъуршиде, гьаб захIматги бихьун, ракьалъулгун хIал­тIи? Дир цо вас хIалтIулев вуго полициялда, цогидав гьале гьабсагIаталдаги, доб авлахъалда, МТЗ тракторгун прессалъ хер къалев вуго. Дир буго 64 сон, гъоркьисалаго тезехъин букIана дица гьаб хIалтIи — лъималаз гьарана чIайин, жидеда малъе­йин, жидеца гьабилин абун. Дица гIетI тIун гIуцIараб магIишат гьезда рехун тезе ракIалда гьечIо. Гьезул гьариялда рекъон чIана дица гьаб ахги, Аллагьас хъван батани, хаслихъе гьелда аскIоб, щуго гектаралда чIезе буго цIибилги.
— Къарзалъе гIарац жеги босизе кканищ дуца?
— Гьаб ах чIолаго законияб къа­гIидаялда дие кьуна субсидия, цо гектар рикIкIун 70 азарго гъуруш. Амма гьел откатал — проценталги, гьеб къарз — кредитги дие дандекколаро, ният гьечIо гьезул кIичIикье габур бегьизе.
— Дуца цIакъ ракIунтун абуна нужер гIадамал цIали-лъаялда хадур лъугьунел гьечIин абун…
— Гьедин буго. Гьеб буго мекъи ккараб иш. Дир хIисабалда, гIемерисел эбел- инсуца пикруго гьабулеб гьечIо жидер лъимал цIализаризе кколин. ЦIализе ккола, тIалаб гьабизе ккола лъай, лъай-гIакълу гьечIони, букIунаро цебетIей. ТIубаларо цо бакIалда чIун, ине ккола церехун, лъай гьечIев унаро цевехун…
ЦIияб Чуртах

Сапаралъул ахир нижеца гьабуна ЦIияб Чуртах росулъ. Росдал администрациялъул бетIер Аминат ХIа­жиевалъ кьурал баяназда рекъон, гьа­ниб буго 450-гIанасеб цIараки, гIум­ру гьабулеб буго 4700-ялдаса цIикIкIун чияс, гьезул гIемерисел кко­ла магIарулал. Буго кIитIалаяб, 300-гIанасев цIалдохъан цIалулеб гьоркьохъеб школа. «Цебе букIараб школалъул басрияб минаялъу­б, лъикIаб ремонтги гьабун, гIуцIун буго ясли-ах. ГьабсагIаталда гьениб буго 93 лъимер. Буго медпункт, мажгит, мадраса, библиотека, почалъул отделение, микьго тукен. ЦIакъ гьава-бакъ рекъараб, ракь лъикIаб, кинабго рахъалъ санагIалъи бугеб бакI букIиналъ росу тун унев чи (цIияб ракьалде гочунел тумал тун) гьечIин абизе бегьула. ЦIикIкIунел руго тIаде рачIунел. Гьединазе планал кьезеги гьабсагIаталда къварилъи гьечIо, кьола анкьго сотых. Росдада цебе бугеб аслияб масъала ккола — гIолохъанаб гIел къваригIел гьечIел пишабазда гьоркьобе ккеялдаса цIуни. Гьеб мурадалда нижеца хIаракат бахъула гIолилазул гъира базабизе спорталде. Дагьабго нахъеккун буго культураялъулаб хIалтIи. Гьелъие нижер гьаниб гьечIо клуб. Цебе гIодоб квер лъун щивго хутIулароан, гьанир рукIана цIолбол лъикIал ахал. Гьанже гьелги гьечIо, гIолохъабазе росулъ хIалтIизе бакIал гьечIолъи буго квеш ккун.
— МагIарул мацI малъиялъул, цIу­ния­лъул суал кинха бугеб?
— Байбихьудаса лъугIизегIан (ахирал классазда гьеб дагь гьабун ингилис мацI, физкультура цIикIкIунеб буго) школалда малъула магIарул мацI. Тум ва чачан мацIал малъуларо лъимал дагь рукIиналъ, гьездаги лъала магIарул мацI. ГIемерал соназ магIарул мацIалде кутакалда кIвар кьолей мугIалим йиго Ума Асламханова. Гьелъ гIуцIун буго музей гIадинаб, кинабго къваригIанщинабги, хIажатал шартIалги чIезарун ругеб магIарул мацIалъул кабинет. Амма ахираб заманалда гьейгицин гIодулей йигин абуни мекъи ккеларо. Цо-цо эбел-инсуца рикIкIунеб буго, магIарул мацI бицинчIого, гIурус бицани, жал церетIурал, «культура» бугел, гIадамал рукIинин абун. Гьеб пикру щолеб буго лъималазухъе­ги.
— Гьеб хIалалда цIунизе кIвеладай магIарул мацI?
— КIвела, кIвезе ккола, кIвечIого рес гьечIо. КIвечIони нилъ щал кколел? Ургъеха гьелда тIад жив магIарулавин рикIкIунев щивав магIарулав.
— КIудияб росу, гIемерал масъалаби… ЧIужугIадан хIисабалда, гьаб хъулухъ тIубазе захIмат гьечIищ дуе?
— Бигьа гьечIо. Амма захIматго бугин абун гьабичIогойищха хIалтIи телеб? Советияб, Андроповасул заманалдаги, школалъул завучлъун хIалтIулей йикIарай дун, тIамун йикIана Советалъул председательлъун. Дир гьеб хIалбихьиги букIун, гIагарлъиги цIи­кIкIараб букIун (нижер йикIана 10 яц), районалъул бетIерас, дагьаб мехалъин­ги абун, нахъеги тIамуна гьание (гьеб хъулухъалда цадахъго Аминат йиго ясли-ахалъул заведующаяги).
— Сунцаха кумек гьабулеб гьеб захIматаб гьир баччизе?
— Кьун буго Аллагьас къуват. Дида кIоларо тIаса-масаго хIалтIи гьабизе, тIадкъараб гьабичIого тезе. РакI-ракIалъго абила цойги жо. Бищун дун къваридаб, бищун дие захIматаб заманалда дица кодобе босула «ХIакъикъат» газета (Росулъ гьелъие подписка гьабурал лъабгоязда гьоркьой йиго Аминатги) Гьеб цIалун хадуб рекIее дагьаб бигьалъи лъугьуна…
ГIабаш ГIабашилов