Рихьизе рокьула лъикIал гIадамал

«Хехаб кумек» хехго щола

 

ЖамгIияб транспорталда хIалтIулев кутакалда сабур бугев чи вукIине ккола

МахIачхъалаялъул пассажиразул автотранспорталъул №2 предприятиялъул директор Юсуп Сулеймановас бицана автобусалъул шоферзабилъун гаражалда хIалтIулев вугила лъабго вац: ГIалиасхIаб, Зайирбег ва АхIмадрасул МухIумаевал. Гьел ругила лъайги махщелги бугел, хьвада-чIвадиги берцинал, абухъего, унго-унгоял магIарулал. Коллективалъги кутакалда адаб гьабула гьезул, АхIмадрасулида тIокIцIарцин лъун бугила «хехаб кумек» абураб.
МахIачхъалаялъул № 17 ПТУялдаги цIалун, Хунзахъ районалъул Гьамуши росулъа АхIмадрасулие щвана штукатур-малярасул махщел. Хадув цIалана шоферлъун ва 1995 соналаса нахъе вуго гьев автобусалъул рулалда нахъа. Чанго соналъ хIалтIана автобусалда, Москваялдаги. Гьес бицана Москваялда шоферасе лъикIаб харж щолаанила, амма гьеб баракат гьечIеб букIанила.
Жакъа МахIачхъалаялда хIалтIулаго ба­леб лъабго соналда жаниб АхIмад­ра­сулил автобусалъ нахъа тун буго 250 азарго километр. Гьебгощинаб заманал­да жаниб гьес бачунеб автобусалъул цо­ниги алатцин хисизе ккун гьечIо. Гье­лъие бугеб гIиллаги ккола «айгъи­р», жиндирго гIадин, цIунулеб ва щибаб къоялъ гьелъие хъулухъ гьабулеб букIин.
Гаражалда бищун лъикIав шофер хIисабалда, МухIумаевасухъе рачIуна гIолохъанал шоферзабиги. Гьезда гьес бичIчIизабула кIудияб хехлъиялда машина бачин ва сверабазда гIадлу хвезаби авариял ккеялъе аслияб гIилла букIин. Малъула жамгIиял автобусазда нусго батIияб гIамал-хасияталъул чагIи рекIунеблъи ва гьезулгун сабуралда, адабалда хIалрекъезабизе кколеблъи.
«Москваялда дандеккун, МахIач­хъалаялда хIалтIизе шоферасе цIакъ захIмат буго. Нухазда доба гIадинаб гIадлу гьаниб гьечIо, нилъер гIадамалги руго тIасанккарал, чIухIарал ва пахруял. Гьелъин республикаялда гIемерал авариялги кколел. Масала, Москваялда жамгIияб транспорталъ «свери босулеб бугин» абун чирахъ паркъезабуни, шоферзабаз машинаби лъалхъизарула ва автобусалъе нух кьола. Нилъеразин абуни, чирахъ паркъелеб букIайилан тола», — ян бицана АхIмадрасулица. Гьев вуго хIалтIи гьечIого чIезе кIоларев чиги. Гьелъги батила, шоферасул хIалтIудаса эркенал къояз гьес, гъираялда ва гIадамал разияб хIалалда гьабула штукатурлъиялъул ва малярлъиялъул хIалтIаби.
АхIмадрасулил буго захIмат бокьулеб хъизанги. Гьес лъикIаб тарбия кьун гIезаруна кIиго васги цо ясги.
Киве аниги нух битIун вуссагиха, АхIмадрасул. Мун гIадинал гIадамаз бугин Дагъистан берцин гьабун, баркала дуе ракIбацIцIадаб захIматалъухъ.