Законал рахъилалде, цин халкъалъухъ гIенеккизин

 

  Гьал къоязда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, лъай кьеялъул ва гIелмуялъул рахъалъ Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель ГIабдулвахIид Лабазанов дандчIвана Гъизилюрт районалъул Акнада ва гочинабун гIи-боцIи хьихьулел ракьазда ругел Хунзахъ, Казбек, Унсоколо, Гумбет районазул цо-цо росабазул вакилзабигун.

 

   Депутатас хIисаб кьуна гъоркьиса октябрь моцIалдаса жакъа къоялде щвезегIан гьабураб хIалтIул, бицана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул законал рахъиялъулаб хIаракатчилъиялъул, парламента­ лъул комитетазул ва депутатазул фракциязул хIалтIул хIакъалъулъ. Гьес мухIканал баянал кьуна ахираб заманалда Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал цо-цо кIвар цIикIкIарал законазул проектазда ва гьезулъ гьарурал хиса-басиязда хурхун. ТIадчIей гьабуна росабазул му- ниципалиял гIуцIабазул, хъутабазул ракьазул статусалъул хIакъалъулъ рахъарал ва рахъизесел законазул проектазда.

   «КигIанго бокьичIониги, Халкъияб Собраниялъ къабул гьарурал законазулгун хIукмабазул тIаса-масагоябцин лъай-хъвайги гьабичIого, гьас-дос бицунеб рагIа­ ралда рекъон къимат кьолеб буго гьезие. Гьедин кколеб буго гьел законал газетазда ва электрониял информациялъул алатазда рахъулел ругониги. Гьел цIалулел гьечIо. Гьединлъидал, хIажат буго халкъалда гьеб бичIчIизабизе», — ян абуна ГI. Лабазановас.

Бузнаса нухги хъутанчагIазул кьоги

  Гьесги Акнаде гьабураб сапаралда цадахъ вукIарав Дагъистаналъул халкъияв артист, композитор Каримула ГIабдулаевасги данделъаразе бицана умумузул «Бузнасан нух» абураб жамгIияб проекталъул, магIарул районазе гьеб бахъун лъугIидал букIине бугеб санагIалъиялъул, цо-цо районазул росабазул гIадамаз нухлуе гьабулеб гIарцулаб садакъаялъул. Гьез Акнада росдал гIадамалги, хъутабазул росабалъ гIумру гьабун чIаралги ахIана гьеб кири цIикIкIараб ишалъулъ гIахьаллъизе.

   Хадуб Акнада росдал администрациялъул минаялъуб ГIабдулвахIид Лабазановас тIаде къабул гьаруна жидерго росабазул хIажалъабазул бицун рачIарал гIадамалги. Гумбет районалъул «Гьудуллъи» СПКялдаса рачIарал ГъазимухIамад ГъазимухIамадовас, МухIамад ХIажиахIмадовас ва МухIамад МухIамадовас депутатасда гьарана хъутаналда бугеб росулъе газ бачиналъе квербакъи гьабеян. ГIи гочунаго нухда ратулел квалквалазул ва акнадисезул кьо къачIазе хIажат букIиналъул бицана Казбек районалъул «Буртунай» СПКялъул вехь МухIамадовас. Депутатас рагIи кьуна гьел суалал жиндирго хъаравул- лъиялде росизе.

   Хадув депутат щвана «Акнада» СПКялъул магIишаталъ пиринчI бекьизе 200 гектаралда ракь хIадурараб участокалде. СПКялъул нухмалъулев Юсуп ХIажимухIамадовас бицухъе, тIасияб соналде пиринчI бекьизелъун жеги 200 гектар ракьул хIадуризе ракIалда бугоан гьезда. ТIадран унел руго хIадурараб 200 гектар лъедалъун хьезариялъе гьарулел хIалтIабиги. Западалъул санкциязул шартIазда нилъерго росдал магIишаталъул нигIматал гIезари кIвар бугеб ишлъун кколин абуна ГI. Лабазановас, СПКялъул хIаракатчилъиялъе лъикIаб къиматги кьун.

  Хадуб гьес ва цадахъ рукIараз хал гьабуна лъебергогIан соналъ цебе биххараб, Акнада росдада нахъа бугеб, хъутабазул магIишатазде ва жалго акнадисезул азарго гектар бекьизе бегьулеб ракьул бугеб рахъалдехун каналалда тIасан лъун букIараб кьоялъул. Цебеккун Акнада росдал вакилзабаз депутатасда гьарун букIана гьеб кьо къачIаялде республикаялъул идарабазул кIвар буссинабеян.

   ГIабдулвахIидица бицана кьо къачIаялъул суал жинца Дагъистаналъул транспорталъул ва нухазул магIишаталъул министр Жамбулат Салавовасулгун ва «Минмелиоводхоз» ФГБУялъул директор Залкип Къурбановасулгун дандбанилан.

   ГьабсагIат унел руго Акнада росдада ва хъутабазул магIишатазда гьоркьоб бугеб канал хIариялдаса ва рищни-къулалдаса бацIцIад гьабиялъул, каналалъул рагIаллъаби щула гьариялъул хIалтIаби. Гьеб каналалда тIад руго цебегоялдаса жидедаса пайда босуларел, хIажат гьечIел, бащдал риххарал кьоялги. Залкип Къурбановас рагIи кьуна къачIазе хIисабалде босараб щуго кьоялда гьоркьобе акнадисезул кьоги бачине.

  Гьев мукIурлъана гьеб кьо гIицIго Акнада росдае гуребги, гьеб рахъалдехун ругел хъутабазул 20-гIанасеб магIишаталъеги гIибоцIул нигIматал, хур-хер баччизеги къваригIунеб букIиналъе.

   Баянаб букIахъе, районалъул яги Акнада росдал администрациязул бюджетазда гьеб кьо къачIаялъе биччазе гIарац букIунаро. Кьойин абуни, тIубанго биххизеги биххун, цIидасан базе кколеб хIалалда буго. Гьединлъидал, хIажат буго цIидасан гьеб баялъул иш Россиялъул миллиял проектазул данде кколеб про- граммаялда гъорлъеги бачун, базе. Исанаго бегьилаан кьоялъе про- ект гьабизе, тIасияб соналъ гьеб программаялде гьоркьобе ккеялъе тадбиралги гьаризе. Амма гьеб бараб буго Гъизилюрт районалъул ва Акнада росдал администрациязул нухмалъулездаги – гьез тIадкIалъай гьечIеб хIалалда ва жиндир заманалда хIадуризе ккола хIажатал документал. Депутатас рагIи кьун, гьасда-досда кIалъан тIубалеб хIалтIи гьеб букIунаро, цоги нухалъ абуниги, хIадуризе ккола кагътазул «бухча», — ян бичIчIизабуна Лабазановас.

Гьелдаса хадуб иш рагIалде бахъинабиялъе хъаравуллъи чIезабизе рагIиги кьуна гьес.

 

Лъимал кин кваназарулел ругел?

   Акнаде гьабураб сапаралъул ахиралда депутат щвана росдал школалде, лъай-хъвай гьабуна цIалул соналъул ахир кин унеб бугебали, цIалдохъабазе квана-гьекъей гIуцIун бугеб куцалъул, кIвар буссинабуна богогьабазул лъай борхизабизе ва гьелъие нугIлъи гьабулел сертификатал гьезул рукIине ккеялде, хIадурулеб кванил, кинабго рахъ хIисабалде босараб сияхI букIин абизе, кванил нигIматал чIезариялде ва гьел санитариял тIалабазде данде кколедухъ цIунизе хIажат букIиналде.

   Депутатас Акнаде гьабураб сапаралда гIахьаллъана гьесул кумекчи Идрис Идрисов, Гъизилюрт районалъул росдал магIишаталъул Управлениялъул жавабияв хIалтIухъан МухIамад ГIумаров, «Акнада» СПКялъул нухмалъулев Юсуп ХIажимухIамадов, «Акнада росу» муниципалияб гIуцIиялъул бетIерасул ишал тIуралев АхIмад ГIабдулхаликъов.

Зульфия ХIажиева