Календарь

Июнь моцI

 

Сабантуй. Кутнал къо
Татаразулги башкиразулги миллияб байрам — хурул хIалтIабазул цоябги лъугIун, цогидаб байбихьи. Байрамалъулал тадбирал халатрахъуна моцIалъ. Цин байрам тIобитIула росабалъ, колхозазда, хадуб — райцентразда. Ахиралда тIобитIула шагьаразда.
* * *
Халкъазда гьоркьосеб лъимал цIуниялъул къо
ТIоцебесеб июналда гьеб байрам тIобитIизе хIукму гьабуна 1925 соналда Женеваялда букIараб тIолгодунялалъул конференциялда.
* * *
ГIурус мацIалъул къо
6 июналда тIобитIулеб гьеб байрамлъун рикIкIуна А. С. Пушкин гьавураб къо букIиналъ. КIодо гьабизе байбихьана 2010 соналдаса нахъе.
* * *
Лайлатул къадриялъул сордо
Лайлатул къадри ккола Къуръаналда жиндир хиралъи рехсараб сордо. Лайлатул къадриялъул хIакъалъулъ Къуръаналда абулеб буго гьеб сордоялъ гьабураб гIибадат азарго моцIалъ гьабуралдасаги хирияб бугилан. Гьеб сордоялъ зодоса ракьалде рещтIунила малаикзаби, ва гьезул гIемерлъиялъ ракьалда рукIкIен бортизе бакIцин букIунарилан. Лайлатул къадрийин абураб мехалда, цо-цоязда ракIалде ккола гьеб сордоялъ хасал гIаламатал жидеда рихьизе кколел гIадин. Гьел рихьулел вализаби рукIуна, амма нилъер мурад гьеб гуро, мурад буго гьабулеб гIибадат-гIамал бацIцIадго гьаби. Щиб нилъеца гьараниги гьеб сордоялъ, гьарараб къабуллъула ва чанго соналъ гьабураб гIибадаталдасаги даража цIикIкIуна. Гьедин бугелъул, лъикIаб буго гьеб сордо гIибадаталда тIамизе.
* * *
Россиялъул къо
12 июналда кIодо гьабулеб гьеб къо рикIкIуна Россиялъул халкъазул эркенлъиялъул ва миллияб цолъиялъул ракълилаб байрамлъун.
* * *
КIалбиччанкъо
Гьеб къоялъ бусурбабаз гIидалъул как бала ва байрам цоцазда баркизеги кIал къабуллъагиян гьаризеги цоцазухъе уна. Хасго уна унтаразухъе, загIипазухъе ва херазухъе, гьединазе гьабула кумек, хасго мискин-пакъиразе, бесдалазе кьола садакъа. Гьединго, лъикIаб буго гIага-божаразул, вализабазул хабазде зиярат гьабизеги. Лъимал-хъизан рохизарила, тавбу гьабила, рамазан моцIалъул адаб теялдаса ва ккарал мунагьаздаса ракIбухIун. ЛъикIаб буго гьеб къоялъ цIияб ретIел ретIине, ай, черхги чурун, рукъ-бакIги бацIцIун, кIванагIан рацIцIалъи гьабизе. Гьединго кIвар кьезе ккола закагIат-сахI бахъи­ялдеги. Гьеб кьезе бегьула гIидалъул къо бачIиналдегоги.
* * *
Нургэнэк. ЦIияб сон
20-21 июналда цIияб сон кIодо гьабула Камчатск краялда. Эвеназул календаралда рекъон, сардилъ дандчIвай гьабула цIияб бакъалда.
* * *
РакIалдещвеялъул ва пашманлъиялъул къо
1941 соналъул 22 июналда байбихьана КIудияб ВатIанияб рагъ. Гьеб къоялъ цоги нухалда ракIалдещвезарула рагъул кьогIал дарсалги нилъер улкаялъул бахIарчияб тарихги.
* * *
Россиялъул гIолилазул къо
27 июналда кIодо гьабулеб гьеб байрам ккола бищунго гIолохъанаб. Гьеб къоялъ Россиялда киса-кирего тIоритIула байрамалъулал тадбирал, батIи-батIиял къецал, хIаял, концертал. Байрам кIодо гьабулеб буго 1993 соналдаса нахъе.
ХIадур гьабуна Шамай Хъазанбиевалъ.