Гьалмагъасул хIакъалъулъ рагIи

Наслабаз адабалда рехсола Багъужал цIар

 

Гьесул кIудияб махщел букIана бачIараб балагьалъ кIвекIулей эбелалдаги яхI гьечIев такъсирчиясдаги сабуралда кIалъазе

ЦIияб Лак районалде кIанцIун рукIарал яргъид гIуцIарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судияв Багъужа ГIонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цIар рагIичIев чи Дагъистаналда къанагIатги вукIун ватиларо. Бокьун буго, гьев лъикIав инсанги ракIалдещвезавун, цоги нухалда гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.

Багъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачIадисезул рохьоб. Хохолчакмаялги, хIалтIул ретIелги ретIун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гIаштIигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судияв ГIонжолов вихьидал, дун гIажаиблъун хутIана. Дида бугеб хIал бичIчIараб гIадин, гьес абуна: «Кутакалин чIарал хIакимзаби ва дирго ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тIалъиги гIагараб росдал тIабигIатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахIатги», — ян. МачIадисез бицунебго рагIун букIана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачIунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цIул къотIулевги гамачI данде гьабулевги.

Анкьго сон бан букIана Багъужаца эмен рагъде индал. КIиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачIана магIу бахъараб кагъатги. Дол соназда кинавго чи вукIана къварилъиялда, амма Багъужада букIараб хIалалъул бицунеб цо мисал бачина. Хасалил квачалъул махIчIвалеб кватIараб хаслихълъи букIана доб. Багъужа, лъилалиго тIадкъай тIубазе, цого-цо бугеб горде-тIажуялъулъ аскIоб бугеб росулъе унев вукIана. МагIалъа абулеб бакIалда гьесда дандчIвана кIудадал имгIал — МагIазило. «Гьадин толохIочго мун эбелалъгIаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда квасквасул куртка ретIана. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ Багъужаца гIемер бицунаан ва абулаан: «Гьеб куртка букIана дие гIумруялъ щвараб бищунго къиматаб сайгъат, гьелъ жакъаги дир черхги ракIги хинлъизабула», — ян.

Багъужал эбел йикIана гIакъилай, гьаюдизе лъалей гIадан. Кьварарал гIадатазда рекъон тарбия кьун гIезавуна гьелъ цо вугев вас. ЦIализе витIана учительлъун, жигар бахъана гьев гIадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хIурматиял чагIилъун рикIкIунаан, цоги махщел букIунеблъиги гIемерисезда лъалароан. Багъу-
жаца бергьенлъиялда лъугIизабуна Буйнакскалъул педучилище ва ракIбацIцIадго кьуна гIагараб росдал лъималазе гIумруялъе чара гьечIел лъикIлъиялъул, гIаданлъиялъул ва захIмат бокьиялъул дарсал. Гьел соназда Багъужа къамартIго хIатIазда эхетана ва хIукму гьабуна цебегосеб анищ гIумруялде бахъинабизе, ай судиявлъун цIализе ине. Саратовалъул юридикияб институтги лъугIизабун вачIарав Багъужа тIамуна Советский районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Районалъул тIалъиялъ мустахIикъаб къимат кьуна гьесул жигараб хIалтIуе ва кватIичIого гIолохъанав юрист тIамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букIана республикаялъул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабулеб гьесул рекIелъан ана щибаб дело, щибаб къисмат, щибаб магIил горо. ГIонжоловасул лъай-махщалие ва ритIухълъиялъе мукIурлъилъун рикIкIине ккола террорист С. Радуевасе ва гьесул гьалмагълъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тIадкъай.

Гьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву — предупреждение всем террористам» абураб диргун букIараб гара-чIвариялда «Гьединаб судалъе председательлъи гьабизе тIадкъай, гьайгьай, кIудияб божилъи ккола. Щай мун тIасавищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букIана: «Нухмалъиялъ гьеб судалъул иш дида тIадкъана. Гьединабго хIасилалда гьеб тIубазабилаан бокьарав дир ишцоясги», — ян.

— Судалъул заманалда дуе кинабгIаги хIинкъи кьеялъул хIужа кканищ? Мун лъикI
цIунулев ватила?

— Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагIба букIинчIо, чачаназул боевиказул ра-
хъалдасан хIинкъикьейги ккечIо. Дун цIунула, амма бищунго ракIчIараб куцалъ дун Аллагьас цIунула.

Багъужал бетIерлъиялда гъоркь гIемерал такъсирчагIазе гьаруна судал. Амма бищунго хIалуцараблъун рикIкIуна Буйнакскалда гIемертIалаяб мина кьвагьизабиялъул ва МахIач-
хъалаялъул Пархоменкол къотIноб гьабураб теракталъул гIадал, дунялалдаго ахIи бахъи-набурал судазул заседаниял. Гьел рукIана цIакъ захIматал. Багъужаца гьел тIокIлъиялда, тIад рагIи абизе кIолареб хIалалда тIоритIана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалде ккарасул рахъалдасан гьесдехун щибго дагIбаги букIинчIо.

Вас чIварай эбелалдехунги такъсир гьабуразул гIагарлъиялдехунги Багъужа адабалда ва хIурматалда вукIунаан. Амма судалъул гIадлу хвезабулев чиясда гьес гурхIел гьабулароан. Верховный судалъ хIукму гьабун жанив тIамурав чанго чи гьес тамихIалдаса эркенги гьавуна. Гьев витIаравги вукIунаан. РФялъул судалъул бищунго тIадегIанаб инстанциялъги рахъкколаан гьес къотIараб хIукмуялъул.

ХIукуматалъги мустахIикъаб къимат кьуна гьесул ракIбацIцIадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикIкIинчIого, Багъужа ГIонжоловасе кьуна гьадинал шапакъатал: РФялъул мустахIикъав юрист (1998 сон), «ЛъагIалил инсан» абураб цIар (2001 сон), ХIурматалъул орден (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул ХIурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.

КIикъого чияс лъикIав чи вукIанин нугIлъи гьабуни, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хIакъалъулъ лъикIаб гуреб рагIиго рагIичIо. Цо-цо чагIаз гьесие гьадинаб къиматги кьолеб буго:

Имам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хIалтIулев вукIарав: «Багъужа вукIана Халикъасго судиялъи гьабизе, ай ритIухълъи цIунизе тIасавищарав чи».

Анвар МухIамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хIалтIулев вукIарав: «Гьесда тIадкъалаан бищунго захIматал ишал, щайгурелъул Багъужада гIадин берцинго, ритIухълъи цIунун гьел тIоритIун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хIалтIараб 20 соналда жаниб Багъужае цониги бадибчIвай щвечIо. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас «высший пилотаж» абураб къимат кьуна ва, тIад цIарги хъван, гьесие Макаровасул таманча сайгъат гьабуна».

МухIамад ГIабдулхIалимов, ДРялъул Верховный Судалъул заместительлъун хIалтIулев вукIарав: «ЛъикIаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букIиналъ ва умумузул гIадатал цIуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битIарал хIукмаби къотIизе. БачIараб балагьалъ кIвекIулей эбелалдаги, яхI гьечIев такъсирчиясдаги сабуралда кIалъазе гьесул кIудияб махщел букIана».

Суракъат Асиятилов, Халкъияб Собраниялъул депутат: «Багъужада гъваридго лъалаан жиндирго хIалтIи, гьес ракIбацIцIадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритIухълъиялъе ва законалъе, ай къиматалда цIунана судиясул цIар».

Ибрагьим ХIажиев, Шамил районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник: «Багъужа вукIана ракIалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цIалана Буйнакскалъул педучилищеялда, хIалтIана школалда. Гьев вукIана художествиял тIахьал цIалиялъул рахъалъ тIоцебесеб бакI ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гьесие лъикIаб гIакълу ва гIумругун гIадамал ричIчIиги».

Рамазан ГIабдулатIипов, Дагъистаналъул вукIарав бетIер: «ЛъаратIа районалъул прокуратураялъул следовательлъун хIалтIулев вукIана гьев. Багъужал лъикIлъиги, гIаданлъиги, ритIухълъиги бихьун, ХIебда ва МахIачхъалаялда гьев хIалтIулеб мехалъги, лъаратIисел къваригIелалъ гьесухъе унаан. Гьесул букIинчIо кIудияб бечелъи, чIухIарал кIалгIаби, секциялда гIумру гьабун букIана машгьурав судиясул кIудияб хъизан. Гьелъги гIемераб жоялъул хIакъалъулъ бицуна».

КIудияб чIалгIенгун кIудияв вас МухIамадица бицана жидее эмен вукIанила нух бихьизабулеб канаб цIвалъун, жидеца жигар бахъулаанила гьесда релълъине, жидедаса гьев чIухIулеб хIалалда гIумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гIадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал ниж, ай васал хIалтIизе анила ихтиярал цIунулел идарабазде, хIалтIулелги ругила ахираталдаса валагьарав эмен жидедаса чIухIулеб хIалалда.

Багъужал бищун кIудияв вас МухIамад ккола юридикиял гIелмабазул кандидат, профессор, подполковник, МахIачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. АхIмад хIалтIулев вуго таможняялда, Ибрагьим ва ХIасан — милициялда, ХIусен — судалъул пристав.

Багъужал гIамал-хасияталъулъ букIана гIадатги гIадамалги кIодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гIемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертин росулъ гьабуна. Гьесул анищ букIана, пенсиялде аравго, росулъе вуссинеги. Пайда щиб, Аллагьас жиндихъего вачун ана лъикIав инсан.

Багъужаца жиндирго рекIелъан биччалаан Дагъистаналда ва Россиялда лъугьунебщинаб гIалагъважа. Гьесда хIехьезе кIолароан улкаялъе гьабулеб бугеб инжитлъи, бахIарчиял умумузул ирсилаз гIадатал хIатIикь мерхьунел рукIин, гIемерисел дагъистанияз, гIарцуда, бечелъиялда хадур лъугьун, яхI-намус бичулеб букIин. РакIунтун бицунаан ихтиярал цIунулел идарабазул хIалтIулъ ругел чIахIиял гIунгутIабазул, гьел хисизаризе жиндирго гIолареб къуваталъул.

БатIи-батIиял газетазда ва журналазда гIемер хъвана ва бицана Багъужал хIакъалъулъ. Росдал школалда лъуна гьесул цIар. Амма цебего заман щун бугониги, жеги гьечIо гьесул хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Гьединаб тIехь букIинаан гьев ракIалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун.

Багъужаде хъварал гIемерал кучIдузда гьоркьоб шагIир Залму МухIамадовалъул гьаб кечI берцин бихьана дида, цIалдолезеги гьеб бокьилин абураб хьулалъ бахъулеб буго газеталдаги:

Инсул азбаралда кьибил гIарцул гъветI

Кьолболъа бахъараб, рагIанищ васал,

Кьолбода нур бараб меседил матIу

Бекун гIодоб лъураб, лъанищ Дагъистан.

 

ЦохIо васазейищ эмен камурав,

Кинабго Дагъистан чIегIербан бугин,

Цо мачIадиселищ мунан угьдулел,

РитIухълъи хIажатаз ахIулин дур цIар.

 

РагIиги магIнаяв, гIакълу камилав,

Мун къваригIун вуго къобахъанагIан.

ГIадлуги битIарав ритIухъав инсан,

Мун хIажалъун вуго хIукму къотIизе.

 

ГIарцуца бичулеб чамгIалаб заман,

Загьрулъун сверана дуе, Багъужа,

ТIаса амру бачIун, къотIулеб хIукму,

Дур ритIухъаб судалъ тасдикъ гьабичIо.

 

Законазул тIахьал рекIехъе лъалев,

Лъица мун хисилев Дагъистаналъе.

Ахирисеб рекIел кIутIи чIезегIан,

Россиялъе хъулухъ гьабуна дуца.

 

ЧIухIигун рехсела мун наслабаца,

Мисаллъун букIина халкъалъе дур цIар.

Меседил лъалкI тана дуца ракьалда,

Кьижа хIасраталда, хIасратав инсан.

Нури Нуриев