Россиялъе ГIагараб Бакъбаккуда гъураб гудур ва Иерусалималъул къисмат

КIудияб рагъ ккечIого рорчIизе рес бугебищха? Щакаб жо

 

ги, Иерусалималдаги, Сириялдаги кколел ругел лъугьа-бахъиназ тIолабго дунялго буго хIалуцинабун. СШАялъ Иерусалималда посольство рагьулеб 14 маялда, гьеб ишалдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабун, ИзрагIилалъул гIорхъода 100 азаргогIанасев палестинаялъулас тIобитIана жидедаса лъиениги зарал гьечIеб митинг. Амма израгIилалъулазе гьеб иш рекIее гIечIо ва гьез иргадулаб нухалдаги бихьизабуна жидерго къуват. ХIасилалда, 60-гIан палестинаялъулав чIвана, 200-ялдаса цIикIкIун чи лъукъана. ИзрагIилалъулазул гьеб вахIшилъи бихьана тIолабго дунялалдаго, амма Иерусалималде ячIарай Трампил яс Иванка гурони ккун ятиларо ракI-ракIалъ гьеб ишалдаса разилъи загьир гьабурай гIаданги. Гьеб заманалда, ай посольство рагьулеб тадбиралда гIахьаллъизе ячIун йикIана гьей бика Иерусалималде.
Исана 14 маялда 70 сон тIубана ИзрагIил абураб пачалихъалъе кьучI лъуралдаса. Гьеб байрам, палестинаялъулазул биги гIодобе тIун, кIодо гьабуна жугьутIазги. Амма Палестинаялъул календаралда гьеб къо бихьизабун буго НАКБА (балагь, талихIкъин) абураб цIаралда гъоркь. Щайгурелъул 70 соналъ цебе 700 азаргогIанасев палестинаялъулав хIалгьабун гочинавуралъулха жидерго росабалъа ва шагьараздаса Гъазалъул секторалде. ГьабсагIаталда гьениб гIумру гьабун вуго 1,5 млн чи ва сектор рикIкIине бегьула дунялалда тIад рагьараб зодикь бугеб бищун кIудияб туснахълъун.
Жидеда тIад гьабулеб бугеб зулму хIехьезе бокьичIолъиялъ, щибаб рузман къоялъ къватIире рахъуна аза-азар палестинаялъулал. Ва щибаб рузман къоялъ ИзрагIилалъул къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабаз чIвала анцI-анцI, лъукъула нус-нус чи палестинаялъулазул. ИзрагIилалъул армиялда цебелъураб масъала буго цо: палестинаялъуласе гIорхъи бахине биччангутIи. Палестинаялъулалги ричIчIизе ккола, щайгурелъул гьел махIрум гьарун ругелъулха гьекъолеб лъедаса, токалдаса (къойида жаниб 2-3 сагIаталъ букIуна гьеб), гьечIо хIалтIи, хIатта ччугIа кквезецин толаро. Гьез гIумру гьабулеб буго, садакъаялъе кьураб кванан ва ретIун.
Доб къоялъ, ай Иерусалималда СШАялъ посольство рагьидал ккараб балагьаб хIасилалъул кьучIалда ООНалъ ва ОИСалъ (Цадахърекъон хIалтIиялъул исламияб гIуцIи) ахIана данделъи. ООНалъул Генералияб ассамблеялъул вакилзабазул 128 чияс (гьеб ккола цIикIкIарасеб къадар) СШАялде хитIаб гьабуна Иерусалималда бан гьабураб хIукму хIакъикъияб гуреблъун рикIкIейилан. Киназго гIайиб гIунтIизабуна ИзрагIилалде, амма Кремлялъ рагIи абичIо. Щайгурелъул гъоркьиса апрель моцIалдаго РФялъул МИДалъ лъазабун букIаралъулха бакътIерхьулаб Иерусалим тахшагьарлъун рикIкIине ИзрагIилалъул ихтияр бугин ва бакъбаккулаб Иерусалим Палестинаялъул ракьлъунги кколин. ООНалда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цIунулеб советалъ байбихьана Гъазалда гьабураб такъсиралъул цIех-рех гьабизе, Турциялъул президент Эрдогъаницайин абуни СШАялдасаги ИзрагIилалдасаги улкаялъул посолал нахъе ахIана.
Ахираб кIиго анкьида жанир ккарал гьел лъугьа-бахъинал тIей гьечIого рухьарал руго Сириялда кколе-толелда, гьединго ИзрагIилалдаги Россиялдаги ва, Россиялдаги Ираналдаги, Россиялдаги Турциялдаги гьоркьор ругел бухье-назда. Гьеб буго бичизе захIматаб гарацIлъун лъугьараб масъала. Амма рачIаха хIалбихьилин бажарухъе гьел ричизе ва лъугьа-бахъунелъе къимат кьезе.

Аслиял кьучIал ва Иерусалималъул суал

ГIагараб бакъбаккуда ва хасго Иерусалималда сверухъ бугелъе къимат кьезелъун кьочIокье раккани, бихьула гьениб диналда хурхараб рагъ унеб букIин. ИзрагIил абураб пачалихъ гIуцIаралдаса, гьеб рагъ цин хIалуцуна, цин сасуна. Амма киданиги хутIуларо регион рахIаталда. ИзрагIил – гьеб цохIо сионистазул гуребги, «ягьудиязул» проектлъунги ккола. Щайгурелъул гьеб пачалихъалъул кьучIго бугелъулха диниял принципазда рекъон гьабураб. «Ягьудиязул» абураб рагIи кавычкабазда жанибе босиялъе бугеб гIилла ккола ягьудиязда гьоркьорги гIезегIан чагIиги гIуцIабиги рукIин сионизмги ИзрагIилги рикIкIунарел. Масала, гьединаблъун рикIкIуна халкъазда гьоркьосеб «Натурей Карто» (Шагьаралъул хъаравулзаби) абураб гIуцIи. Гьез рахъккола Палестинаялъулги Ираналъулги. Амма ИзрагIилалдаги, СШАялдаги, СССРалде гьоркьоре унел рукIарал республикабаздаги рагIи билълъараллъун руго радикалиял «ягьудиял»-сионистал. Гьезухъ гIенеккула Нетаньяхул хIукуматги. Гьез абулеб жо буго кватIичIого Маших (тIолабго дунял хвасар гьабизе Аллагьас витIун вачIине вугев чапар) тIаде гIунтIизе вугин ва гьеб заманалде Соломонил (Сулейман авараг) кIалгIа (храм) хIадурун, къачIан букIине кколин. Гьеб къачIазе ккани чара гьечIого биххизабизе ккола Ал-Акъса мажгит.
Иран, шигIиязул ХIезболла (Аллагьасул рагъухъаби), сунниязул Хамас ва вацал бусурбаби гIуцIабазгун 30-гIанасеб улкаялъ (гьездаго гьоркьоб 25 бусурбабазул улкаялъги) ИзрагIил пачалихълъун рикIкIунаро. ИзрагIилалъул тахшагьар Иерусалим кколеблъи ритIухъ гьабула гIицIго СШАялъ, Чехиялъ ва Парагваялъ. Гьеб суалалда бан Россиялъул позициялъул тIадехун хъван бугелъул, такрар гьабиларо.
2012 соналдаго Генри Киссинджерица лъазабун букIана анцIго соналдасан ИзрагIил букIине гьечIин. Америкаялъул гьев жугьутIав ракIалде кканщинаб жо бицунев чи гуро. Гьев вуго кутакалда гIакъилав, тIолабго дунялалъулго политикаялъул балъголъаби лъалев, гьелъул, абухъего, богорокъов гIурав чи. Гьединго гьев ккола цIакъго балъгояб ва жидер кутакаб асар бугеб халкъазда гьоркьосеб ункъониги цолъиялъул гIахьалчиги. Гьев, официалияб къагIидаялъ кинаб бугониги хъулухъ кодосев чи гурониги, кидаго къабул гьавула Путиница ва цогидалги улкабазул нухмалъулез. Гьезда лъалелъулха дунялалъулго политика рекъезабулев чи Генри вукIин. 2015 соналда гьев вачIун вукIана Москваялде ва дандчIвана Путингунги. Гьелдаса хадуб, «ракIалдаго гьечIого», Кремль лъугьана СШАялдеги бакъ-тIерхьул улкабаздеги ахIи базе ИГИЛалде (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) данде рагъ базе кколин, ва Башар Асадил гьариги къабул гьабун, Сириялъе рагъулаб кумек гьабизе байбихьана. Гьелъул хIасилалда Россиялъ хвасар гьабуна, сунниязул ва ИГИЛалъул (Россиялда гьукъараб террористазул къокъа) тIадецуялдалъун гьанже гурони гьанже бикь-бикьун инехъин букIараб Сирия.

Гьебго заманалда буго гьениб цоги масъала: Иран, ай Исламияб революциялъул хъаравулзаби (СИР) ва ХIезболла. Гьел руго ИзрагIилалъул гIорхъоде щун. ИГИЛалде ва сунниязул цогидалги гIуцIабазде данде рагъ гьабизе Дамаскъалъе кумекги гьез гьабулеб букIана. Гьеб мехалда ИзрагIилалъ байбихьана Сириялда ругел Ираналъул рагъулал базабазде бомбаби рехизе. Гьез цебеккунго гьелъул хIакъалъулъ лъазабулаан Россиялъул рагъухъабаздаги. 2015 соналдаса нахъе ИзрагIилалъ 40 нухалданиги бомбаби рехана Сириялде. АхIвал-хIал хIалуцана ахирал моцIазда, хасго 9 маялда цоцазде ракетал риччайдал. Рагъулал экспертаз лъазабухъе, гьениб ИзрагIилалъ хIалтIизабун буго ядернияб заряд. Гьелъул хIасилалда хвана гIезегIан сириялъулалги ираналъулалги.

Сириялъе «сайгъаталъе» — бомбаби, Нетаньяху — БагIараб майданалда

9 маялда Москваялде вачIун вукIана ИзрагIилалъул премьер Биньямин Нетаньяху ва Путинида цадахъ гIахьаллъана БагIараб майданалда тIобитIараб парадалда. Гьелде щвелелде цо чанго къоялъ цебе ИзрагIилалъул кнессеталъ (парламент) къабул гьабураб законалда рекъон, 9 май лъазабуна ИзрагIилалъул пачалихъияб байрамлъунги. Гьениб ИзрагIилалъ бихьизабуна жидерго иргадулаб сихIирлъи ва Бергьенлъиялъул къоялъ Нетаньяху Москваялдеги гIадада вачIаравлъун вукIинчIо. Гьес Путин мукIур гьавун ватизе бегьула ПВОялдалъун Сириялъе кумек гьабичIого теялъе ва гьарун батизе рес буго Ираналде тIадецуй гьабейин. Путинги разилъун ватила, гуребани, гьебго къоялъ ИзрагIилалъ Сириялда ругел Ираналъул базабазде бомбаби ралароан. СШАялъги, Британиялъги, Франциялъги Сириялде бомбаби райдал, ахIи-хIур бахъинабун букIана, амма, ИзрагIилалъ гьебго гьабидал, тIадежоялъе, ядернияб зарядцин хIалтIизабидал, инсанас кIал рагьичIо.
Россиялъул РТР телеканалалдасан бихьизабулеб Владимир Соловьевасул ток-шоуялда гIемер гIахьаллъулев чи вуго «жамгIияв хIаракатчи», ИзрагIилалдаса Яков Кедми. ЖамгIияв хIаракатчийин гурони гьев вихьизавуларо, хIакъикъаталдаги ИзрагIилалъул «Натив» абураб хасаб хъулухъалъул начальниклъун вукIарав ва отставкаялда вугев генерал гьев вугониги. Цебе гьеб хъулухъалъ СССРалде гьоркьоре унел ва гьединго Бакъбаккул Европаялъул улкабазда гIумру гьабун рукIарал жугьутIал жидерго ватIаналде рачиналъе кумек гьабулеб букIана. Цо передачаялдайин абуни Яковица лъазабуна Сириялде тIаде бомбаби ранин ва разеги ругин. Гьайгьай, ИзрагIилалъул хIинкъигьечIолъи цIунун.
Гьанже ракIалдещвезабилин цо гьадинабги лъугьа-бахъин. Ираналъул ядерияб программаялъул къотIи-къаялда гьоркьоса нахъе ана США. Гьебгиха ЕСалъги, Россиялъги, хIатта тIолабго дунялалъгоцин гьеб ишалда тIад жал рекъоларин лъазабуниги. Амма бичIчIизе ккола Трампил рахъкколеб партиялъул, ай республиканцазул гIемерисел руго ИзрагIил Аллагьасго тIасабищараб улка бугин рикIкIунел чагIи ва израгIилалъулаз щиб гьабуниги, гьел ритIараллъунги чIезарула. Кин батаниги, ИзрагIилалъ, СагIуди ГIарабиялъ ва Персиялъул заливалда ругел гIарабазул улкабаз, Катаралъгун Йеменалъ хутIун, СШАялъул рахъккуна. Гьелъие бугеб гIиллаги ккола Ираналдаса хIинкъи букIин. Гьеб къотIиялда рекъон, Ираналъ уран хIалтIизабиялдаса инкар гьабизе ккола. Ираналъ гьеб иш гьоркьоб къотIизабидал, Европаялъгун Россиялъ байбихьана Ираналъулгун экономикиял гьоркьорлъаби цIигьаризе. Гьеб даран рекIее гIелищха ИзрагIилалъегун СШАя-лъе. Гьединлъидал гьеб кIиябго пачалихъалъ цоги нухалда дунялалдаго бихьизабуна гьудулзабазулцин пикру жидеца къабул гьабулареблъи ва жидеего бокьараб гьабизе бугеблъи. Щайгурелъул тушманлъун лъугьараб Иранги хасго исламияб динги хIалхьиялда тезе гьезда ракIалда гьечIо. Гьелъин абуни лъикIалде рачине гьечIеблъиги хIакъаб буго.

ГIагараб Бакъбаккуда рагъ?
ДунялалъулаблъунгIаги лъугьунгегиха!

Трампида нахъа бугеб къуваталъе хIажат буго дунялалъулго резервалъулаб валюталъун рикIкIунеб доллар гьеб ролалдаса инкар гьабиялде бачунеб кIудияб рагъ. ГьабсагIат дунялалда тIад буго цIакъго гIемераб къадар долларазул. ТIубараб дунял меседил гьабуниги, гьелъулцин багьа бащалъулеб батиларо киса-кирего тIиритIун ругел долларазул багьаялда. Гьединлъидал, гьеб налъи тIаса хъущтIизабизе ккани, хIажалъула рагъ, гьебгиха кIудияб рагъ. Чанго соналъ халатбахъине рес бугеб гьединаб рагъдаса хадуб, дунялалъул гIуцIи тIубанго хисизе рес буго. Гьеб мехалда доллар хIалтIизе буго гIицIго Америкаялда (югалдагун севералда). Жидерго хасаб валютагун цолъизе бегьула чанго улка. Дармие хIалтIизабулеб аслияб гIарацлъунин абуни букIина месед. Гьедин букIаралъулха 1944 соналде щвезегIанги. Гьеб рагъул хIасилалда ИзрагIил абураб пачалихъалда ккезе буго кIудияб хиса-баси, ай гьеб букIине гьечIо жакъа бугеб ракьалда. Киреха гочине ругел ИзрагIилалъул жугьутIал? Аслияб куцалда, Украинаялде. Доба, ай Днепропетровскалда бан буго дунялалда тIад бищунго кIудияб синагога ва, гьениб израгIилалъулазе рахIатаб гIумру букIинелъун СШАялъ гьенире вагоназ раччизе руго долларал. Гьебго заманалда жугьутIаз чIей гьабизе бегьула Крымалдаги Россиялъул югалдаги. Дида ракIалде ккола, цебе жугьутIал ИзрагIилалде гочинариялъе кумек гьабулев вукIарав Яков Кедми, гьанже лъидаго рагIиларедухъ, гьебго хIалтIи гьабулев ватилин, ай жугьутIал тIадруссинарулев.
ГIагараб бакъбаккуда щиб ккелебали мухI­кан­го абизе лъидаго кIвеларо, амма гьениб цо ба­гъа-бачари лъугьунеб букIин хIакъаб буго.

ХадурагIиялъул бакIалда

Россиялъулазухъа (гьездаго гьоркьоб дагъистаниязухъаги) ГIагараб Бакъбаккуда лъугьунеб-толелъе къимат кьун бажаруларо, гьениб бугеб ахIвал-хIал якъинго лъаларелъулха. Гьелъие гIиллаги ккола централиял СМИяз гьелъул хIакъалъулъ бицунарого ва бихьизабуларого букIин. Амма дора кколел руго кIудиял хиса-басиял ва рагъ букIинин ккола гIиси-бикъинал ядерниял бомбаби хIалтIизарураб.
Ираналъги Сириялъги бихьичIеб ххвел гьа-бун тана ИзрагIилалъ ядернияб ярагъ хIалтIизабиялъул хIужа. Хадуб щибха ккезе бугеб? Сириялъе кумек гьабулаго, Россия ккана цIакъ санагIат гьечIеб бакIалде. СССР Афгъанистаналдего гIадин, нилъедаго лъачIого цIана нилъ Сириялде. Цо рахъалъ бикь-бикьизабизе биччазеги бегьулеб букIинчIо гьеб улка.
Кин батаниги, цIакъ захIматаб масъалаялъе жаваб балагьизе ккола улкаялъул президент Путиница. СШАялъулги, ИзрагIилалъулги, гьединго Ираналъулги тушбаби щал, гьудулзаби щалали лъала. Россияйин абуни хутIун буго гьоркьоб бакIалда, киназулгогун гьудуллъиги гьабизе бокьун. Амма кида-къадги цояб рахъ тIасабищизе ккезе буго. ХIукуматалъул цо кIудияб хъулухъалда вугев хIакимчияс абулеб рагIана ИзрагIил къварид гьабизе биччазе гьечIин(?!).
Гьаниб хъварабщинаб буго дир пикру. Гьедин букIине бегьулин рикIкIуна дица. Амма хIакъаб жо буго кIудияб рагъ ккезе букIинги Къиямасеб къо чIолеблъиги. Аварагасул хIадисаздаги бугелъулха кIудияб цIа тIибитIизе бугин Шамалъул (Сирия) ракьалдасан. Гьединлъидалин дица абулеб бугеб нилъ сундего хIадурго рукIине кколин. Кин букIине бугебали ва щиб ккелебали Аллагьасда лъикI лъала.
Денга Халидов