КIудияб дармидаса рохаги!

 

 

   Щибаб соналда дунялалдаго кIодо гьабула Хъизамалъул халкъазда гьоркьосеб къо. Россиялда гьеб кIодо гьабизе байбихьана 1995 соналда. Исламалъги кIудияб кIвар кьола хъизам гIуцIиялде, иман бугел лъимал гIезариялде. Жиндир заманалда хъизам гIуцIиялъ гIадамал мунагьаздаса, квешлъиядаса цIунула. Жакъа хъизамал риххиялъул хIужаби гIемерлъараб заманалда нилъеца цIикIкIун кIвар кьезе кколеб буго гIолеб гIелалъе исламияб тарбия кьеялде. Хъизамалъулъ ва гIагарлъиялда гьоркьоб букIине кколеб бухьеналъул хIакъалъулъ гIемерал хIадисал руго.

Нилъер аварагас (с.гI.в.) абуна: «Я, гIолилал. Хъизам гIуцIизе нужер рес батани — гIуцIе. Гьелъ инсан гьукъаралде балагьизе виччаларо ва хасият бацIцIад гьабула. Ригьин гьабизе рес гьечIез кIал кквеян абе, кIал кквеялъ гIодоре риччазарула», — ян.

   Гьединго аварагасул (с.гI.в.) хIадис буго: «Я, бусурбаби! Нужер ясал релълъуна гъотIода барщараб пихъида. Пихъ бакIаризе ккола гьеб барщараб гIужалда, гурони бакъуца, гьороца, цIороялъ гьеб хвезабула. ГIемераб мехалда щибго пиша гьечIого гьел тани, хадуб ккаралъул нужедаго гIайиб букIина. Гьел чIагоял гIадамал руго ва гьезулги хьулал рукIуна», — ян.

   Нилъер жамгIияталда гьоркьоб кинаб кIварха кьолеб хъизам гIуцIиялде. МагIарулазул аби буго рукъалде руссине гIурал гIолилазе «КIудияб дармидаса рохун хутIаги», — ян гьара-рахьи гьабулеб. БитIахъе гьединги кколеб буго. Бичулесулги босулесулги яхIалда бараб букIунеб буго гIемерисеб мехалда гьеб «дармил», ай цIияб хъизамалъул къисмат. Даранчияс махсараде ккуралги дандчIвала, даранчи махсараде ккуралги лъугьа-бахъинал камуларо. Пихъ бичулелъул цогIаги турараб гьоркьобе ккани аскIоб букIанщинабги рокъобе щвелалде турун батула. Гьелдаго релълъун лъикIайин еццун багьа бахинабун ячарай нусалъ жиндирабго хъизанги биххизабизе рес буго, росасул гIагарлъиялда гьоркьобги ракIбакъвай цIикIкIине буго.

   Гьеб кIудияб дармилъ нилъецаго рекIкIги гьабун, хадуб, ригьнада баракат лъечIин зигардизе журала нилъ. Нилъер жамгIияталда гьоркьор гIемерисел ригьнал кин тIоритIулел? Васасе чIужу ячунеб къо буссуна цогидал гIадамазда жидерго бечелъи ва гуч бихьизабулеб тадбиралде. Рес гьечIонигицин, цоцояз кредитал росун, налъаби гьарун реццалъе кIудиял залал ккола. Гьениб исрап гьабула квен. Цо-цояз гIаракъи-чагъирги лъола цебе. Аллагьасда баракат гьаризе кколеб, инсанасул гIумруялъул бищунго кIвар бугезул цояблъун кколеб къоялъ гьекъелги, цогидаб гьукъараб ишги гьабун бертин тIобитIараб хъизамалъул кинаб икъбалдай букIинеб? Бертадул къо кIодо гьабун, инсуца аскIов гIодовги чIезавун гьекъолдизавулев васасул кинаб жавабчилъи букIунеб хъизамалда цебе?

  Ахирал соназда нилъ гьелдаса дагь-дагьккун нахъе къалел ругин абизе бегьила. Цо-цояз кьурдикечIалдаса инкар гьабун, нашидал ахIун тIоритIулел бертаби тIаса рищулел руго. Кин букIаниги, гьенибги кванил исрап гьабула, видео, суратал рахъулел гIадамазе хъат цIун гIарац кьола. Чанго соналъ хъизамалъго данде гьабунщинаб гIарацги хвезабун рихьдае чIухIараб бертин гьабула. БахIаралъе чIухIараб чемодан босула. ЦIи гIуцIараб хъизамин абуни, ахирги, ижараялъе ккураб квартираялда бетIербахъиялда тола. Гьелъул хIасилги гIемерисеб мехалда лъикIаб кколаро.

 

Хъизам – дунялалдаги ахираталдаги хвасарлъи

 

Хъизам гIуцIи Аллагьасда цебе налъилъун ва аварагасул (с.гI.в.) суннатлъун ккола. Гьелъул магIна ккола – инсанас хъизам гIуцIиялъул кумекалдалъун кIвар бугел социалиял рахъал тIуралел рукIин. Гьелдалъун инсанасул хадусеб наслу лъугьуна. Лъимал гьарун хадуса эбел-инсуе Аллагь разилъи щола, лъимал гьариялдалъун ракьалда инсаният цIунула, аварагасул уммат цIикIкIинабиялдалъун гьесдехун рокьи бихьизабула, эбел-эмен хун хадуса гьезие дугIа гьабиялдалъун, гьезие бигьалъи щола.

Къиямасеб къоялъ эбел-инсуе хIалае рахъуна гьитIинго хварал бусурбабазул лъимал. Гьеб хвалилъ, Аллагьасул къадаралда разилъун, эбел-инсуца сабру гьабун букIун батани. Гьелъул хIакъалъулъ МухIамад аварагас (с.гI.в.) абуна: «ХIакълъунго лъималаз жидерго эбел-эмен алжаналъуре рачуна», — ян.

Хъизамалъулъ куцала чIахIияздехун адаб ва гIисиназул тIалабагъаз гьаби. Хъизам ккола рокьул ва тарбиялъул тIоцебесеб аслу. Гьединаб бербалагьи буго исламалъул хъизамалдехун.

Нилъер аварагас (гI.с.в.) хIадисалда абулеб буго: «Аллагьасда божулезда гьоркьов бищунго камилав динияв чилъун ккола хъизамалдехун бищунго лъикIав чи», — ян.

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Инсан хвараб мехалда гьесул киналго ишал гьоркьор къотIула, лъабгояб хутIизегIан. Гьел ккола: инсан хун хадубги гIадамазе пайда букIунел, гьес гьарурал лъикIал ишал ва садакъа (масала, гъветI чIей, кьо яги мажгит бай, нухал къачIай ва гь.ц.); гIадамазе пайда бугеб лъай кьей; Аллагьасда цебе жиндие гIоло дугIа гьабулеб, иман бугеб лъимер».

Гьединго МухIамад аварагас (с.гI.в.) абуна: «Бищунго кири цIикIкIараб лъикIаб ишлъун ккола – жиндирго хъизам хьихьи».

 

 

ЛъикIаб хъизамалъул гIаламат

 

   Дунялалдаги ахираталдаги инсанасе хвасарлъи щолеб хъизам кинабха букIине кколеб? Гьеб суалалда тIаса вагIзаби гьарула нилъер имамзабаз, амма цо-цоязда гьез бицараб гIаксалда бичIчIун батула, цогидаз жидеего пайдаябги гьоркьоса бищун тола. ГIемерисез шаргIалдаса гуреб, гIадатаздаса пайда босулеб буго. Гьелдалъун, исламалъ инсанасе кьурал ихтиярал хвезарулел руго. Хъизамалда гьитIинабгIаги бичIчIунгутIи ккани, гIагарлъиялъухъе, гьудулгьалмагъзабазухъе рекерулел руго «гIакълу» цIехон. Исламалъ гьукъула рос-лъадуца цоцазул гIайибал къватIир чIвазе.

Цо-цо хъизамазда рос-лъади гьалмагъзабилъун рукIине кколеб бакIалда данде къец ккураллъун лъугьуна. Исламалда рекъон, рослъадуца цоцазе квербакъизе ккола, цоцада ричIчIизе ккола.

Хъизамалъул бетIер рос вукIинги кIочон тун батула цо-цоязда гьоркьоб. Росас бетIерлъи гьабичIеб мехалда чIужуялъ босула гьеб тIаде. Гьединал хъизамазда бетIерлъи гьабизе лъугьуна росасул эбел-эменги. ТалихIги букIунаро бетIергьанчи гьечIеб хъизамалда.

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго, магIна: «Гьел (лъудби) – ккола нужее ретIеллъун, нуж (росал) – гьезие ретIеллъун ккола (росги чIужуги цоцазе хIажатал руго, инсанасе ретIел хIажатаб бугеб кинниги)» (сурат Бакъарат: 187)

ХIисаб гьабураб мехалда гьедин букIинги бихьулеб буго. РетIел буго инсанасе тIоцебесеб иргаялда къваригIунеб жо. Гьелъ нилъ квачалдаса цIунула, нилъ берцин гьарула. Рос-лъадуда гьоркьоб хинлъи букIин гьеб ккола лъикIаб хъизамалъул гIаламат. Гьединаб хъизамалъулъ рос яги лъади сах-саламатго аскIор рукIинцин парахалъилъун лъугьуна.

Нилъер ретIел ккола нилъер черхалде бищунго гIагараб жо. Гьединаб букIине кколин рос-лъадуда гьоркьоб бугеб бухьенгиян абураб магIна гьабула цебехун рехсараб аяталъулги. Рос-лъадуца цоцазулгун ургъел бикьизе ккола, бадирчIваяздаса, тIад релъиялдаса яги ричIчIунгутIиялдаса хIинкъичIого.

 

   РатIлица нилъ квачалдаса, багIариялдаса цIунула, гьединго нилъер чорхол кинабгIаги мукъсанлъи, гIужал, ругънал, кьаралъи бахчула гьелъ. Гьелдаго рекъон, рос-лъадуца цоцал цIунизе ккола, чиядаса гурелги жидедасагоги. Жив хъизамалъул бетIер вугин абун чIужу юхинги рекъараб гьечIо бусурбанчиясда. Лъадиялъул кинабгIаги гъалатI батани, гьеб цадахъ тIубазе ккола.

Рос-лъадуца жидерго хъизамалда гьоркьове лъабабилев чи виччазе бегьуларо, гьелдалъун щайтIаналъе рес щолеб буго гьезда гьоркьобе ракьа рехизе. Нилъер ретIел чороклъани, гьеб нилъерго рокъоб, чияр бердаса бахчун чурула, бацIцIад гьабула нилъеца. Чурун течIого итуги чIвала. Гьелдаго рекъон, гIайиб ккарай лъадул яги росасул гъалатI рокъобго бацIцIине лъикIаблъун рикIкIуна исламалъги.

Цогидал хъизамазухъ балагьун, гьезул талихIалда жахIда бан, росасда яги лъадуда гIайибал чIвазе гIедегIизе бегьуларо. Нилъеда берцин бихьунин абун мадугьаласул ретIел, нилъеда ретIун рекъоларебго гIадин, гьесул хъизамги жиндаго рекъараб батула.

МухIамад аварагас (с.гI.в.) хIадисалда абулеб буго: «Нужер щивав ккола вехь ва щивас жидерго рехъадул жавабги кьезе ккола. Бихьинчи ккола жиндирго хъизамалъе вехьлъун. ЧIужугIаданги ккола жиндирго росасул рукъалъул ва лъималазул тIалаб гьабулей вехь».

Аллагьас жидеда тIадаблъун гьабураб иш щивас тIубалеб бугони, хъизамалда талихIги букIина.

 П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА