Аваразул Гъойсу, къаралазул гIор…   (ГIурул рагIал бацIцIад гьабулаго хъвараб репортаж)

 

   14 маялда Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, АваргIурул рагIалда тIобитIана кIудияб тадбир. ГIурумухъалъул рагIа-ракьанде бакIарун чIараб кьищни-къул бацIцIад гьабизе субботник лъазабун букIана гьениб.

МугIрузул район бакьулъ тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ тIобитIана гьединаб даражаялъул жамгIияб тадбир. «Экология» абураб миллияб проекталда рекъон, гьеб тадбиралъе гIуцIарухъанлъи гьабу- на «Россиялъул лъим» абураб тIолгороссиялъулаб акциялъул церехъ- аби Роман Минухиницаги Илья Разбашицаги. Илья ккола гьеб акциялъе кьучI лъурав ва гьелъул аслияв хIаракатчи. Гьединго машгьурав хоккеист, анкьцIул дунялалъул ва кIиго нухалъ Олимпиялъул хIаязул чемпионлъун вахъарав, гьабсагIат РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Вячеслав Фетисовги вуго гьеб жамгIияб багъа-бачариялда гьоркьов. Редакциялде битIун бачIараб пресс-релизалда хъван букIана, хIурматиял гьалбадерида цадахъ, гьевги вачIине вугин 14 маялда Ун- соколо районалда тIобитIулеб субботникалдеян. Амма, щиб ккарабали лъаларо, гьев вачIинчIо.

 

 

Гендерил тоннелалъги Шамил имамасул биценалъги пана гьаруна гьалбал

 

 

Россиялъул ва республикаялъул журналистазда цадахъ гьениве щвана гьал мухъазул авторги.

  РоцIараб ихдалил къоялъ, МахIачхъалаялъул мэриялъ добеги нахъеги рекIине кьураб «Мерседес» маркаялъул Sprinter микроавтобусалдаги рекIун, бицунаго хабаргун, рачIунел рукIана ниж. ГIурччинлъун хадуб гIажаибго берцинлъун бачIунеб тIабигIаталъул гьайбатлъиялъ асир гьарун рукIана къватIиса гьалбал. Буйнакск нахъа тарабго, сверухъ бугебщиналъул суратал рахъизе журана Москваялдаса ячIарай «Комсомольская правда» газеталъул журналист Яна Поповаги, «Россиялъул лъим» акциялъул PR-махщелчIужу Юлия Фетисоваги. Дагъистаналде жидер гьаб тIоцебесеб сапар бугин, гьединлъидал жидее гьаниб гIемераб жоялъул интересги бугилан мукIурлъана гьел. Гендерил тоннелалъул кIалтIе щведал, нахъеги жидерго смартфонал къватIире рахъана гьез. Европаялда бищун халатаб тоннельлъун рикIкIунеб гьелъул тарихалъул дица бицунелъул, цIакъ гъираялда гIенеккунги рукIана.

Гендерил къварилъухъ бугеб зияраталде цере щведал, Дагъистаналъул тIоцевесев имам шагьидлъараб тарихияб бакIалъухъ халгьабизе рес щвана гьалбадерие.

  190 соналъ цебе, 1832 соналъул октябрь моцIалъ гьениб ккараб тарихияб къеркьеялъул бицана дица гьезие. Бахъун ханжаргун, нилъ, Аллагьас хъван батани, Алжаналда данделъилин цадахъ рукIараздехун хитIабги гьабун, сидухъа гъоркье кIанцIулаго, хучдузул тIогьивги къан, имам ГъазимухIамад шагьидлъун хадув, квералда хвалченги бухьун, сиялъул къваридаб гордухъа къватIиве кIанцIарав Шамил тушбабазул мугъалда нахъа ватанилан абураб, цебеккун нилъеда чанцIулго рагIараб, тарихалде араб машгьураб биценалъ пана гьаруна нижер сапарцоял. Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ тарихчагIаз хъварал рикIкIен гIемерал тIахьалги рахъа­рал кинофильмалги рукIаниги, Россиялдаса рачIарал туристазул гIемерисезда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жоцин батуларин бицун букIана дие чанго къоялъ цебе турфирмаялда хIалтIулев гьалмагъас. Гьединго лъалеб батичIо гьеб нижеда цадахъ рукIарал гьалбадеридаги. Амма гьалдаса хадуб лъазабичIого теларин, Москваялде нахъ юссун хадуб, тIоцебесеб иргаялда, жинца Шамилил хIакъалъулъ хъвараб тIехь босизе бугин рагIи кьуна Юлия Фетисовалъ.

ЦохIо имам Шамилил гуребги, нилъер республикаялда хурханщинаб гIемераб жоялъул интерес бугоан гьелъие. Мисалалъе, нужер гьанир миллияб квен-тIехалъул хIурматалда тIоритIулел кинал ругониги фестивалал рукIунарищин гьикъана гьелъ. Нагагь ратани, жиндие бокьилаанила гьединаб фестиваль хадубккун тIолгороссиялъулаб даражаялда рекъон, Москваялда ялъуни СанктПетербургалда, гIемер чагIиги данде гьарун, тIобитIизе. Араб ва гьелда цересел соназ нилъер гьанир тIоритIарал шашликIалъул, пула- валъул, чаялъул фестивалазул бицана дица гьелъие. Чара гьечIого гьезул цонигиязулгун бухьен кквелин жинцаян, йохун йикIана гьоболги.

 

РацIцIалъи — исламалъул шартI

   Радал сагIат 10 тIубалеб гIужалда щвана ниж субботник унеб бакIалде. Унсоколо районалъул Майданское росдада цебе, гIор бахун гьанибехун бугеб гIатIилъуде бугоан гIалам бакIарун. ТIоцебе бер речIчIана Унсоколо районалъул бетIер ГIиса НурмухIамадовасдаги ДРялъул тIа­ бигIиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр Ибрагьим Ибрагьимовасдаги.

   ХIакимчиясул костюмги хисун, гIадатияв чиясул ретIа-къаялда, живгоги гIадатго гьимулев, махсара гьабулев, цIакъ рази-ракиго вугоан гьев гьеб къоялъ. Тадбиралъул официалияб бутIа байбихьилалде гьесухъа босана нижеца тIоцебесеб баянги.

— Ясли-ахалдаса байбихьун, нилъеда лъала ракьги лъимги нилъер тIабигIияб бечелъи букIин, — ан байби- хьана Ибрагьимовас.

— Инсаният хьихьизе ракь гьечIони, нилъехъа гIумру гьабун бажаруларо, ахал-хурзал лъалъазе гIоралгун лъарал гьечIони, нилъер гIумру чIола. Лъим гьечIони, рацIцIалъи цIунунги бажаруларо. Амма рацIцIалъиялъе хIалтIизабизе чара гьечIого къваригIунеб лъимги нилъецаго чорок гьабулеб бугони, кинал гIадамалха нилъ рукIинел? Жакъа хIамамги хIажатханаги камураб мина-рукъ магIарухъ батиларо. Цивилизация цебетIун бугелъул, санагIатал шартIал гIуцIулел руго гIадамаз. Гьелда дагIба балев чи дун гуро, гIуцIе шартIалги, рукIа берцинаб яшавалдаги. Амма черхалъе рахIат балагьулел рукIунилан, сверухъ бугеб тIабигIаталда пасатаб къо чIезабизе бегьилищ? Ба- лагье сверухъе – магIарухъа эхебе бачIанщинаб магъакь-кIачарги рищни-къулги — кинабго чороклъи гIурулъе бакIарулеб буго. Гьеб бегьулеб жо гуро. Я диналда, я нилъер гIадаталда дандекколареб, сурараб, намуслъизе ккараб хIужа буго гьаб. «РацIцIалъи — исламалъул шартI кколин» абун, щибаб гали бахъаралъуб хIалтIизабулеб аварагасул хIадисги буго. ГIурумухъ чорок гьабулел нилъги руго.

— Дур пикруялда, кинал ресал хIалтIизаризе бегьулел кьищни-къул гIурулъе бакIаричIого букIиналъе? Мисалалъе, Европаялда цебегоялдаса нахъе хIалтIизабулеб буго гьадинаб къагIида: щивав чияс цIер батIа, махх-кIач батIа, кагъат, ялъуни гьелда релълъараб цогидаб жо батIа-батIа къучIбухъги сокIкIун, рехулеб буго контейнеразухъе. Гьедин тартибалда ва низамалда рекъон гьабураб хIалтIиялъ лъикIаб хIасилги кьолеб буго. Гьединаб мисал нилъер гьанибги бегьуларищ хIалтIизабизе?

   — Бегьула. Амма ясли-ахалдаса байбихьун, тIабигIат чорок гьабизе бегьуларин щибаб лъимералда бичIчIизабулеб гьечIони, гьелъул жо кколаро. Жакъа чара гьечIого мугIрузул щибаб мухъалда хIажат руго хутIелал рацIцIад гьарулел станциял. Жакъа нилъеца киназго тIаделъун гIурумухъал рацIцIад гьарила, хадурккун лъицаниги гьел чорок гьаричIого рукIиналъе шартIалги гIуцIила, — ян бицана И. Ибрагьимовас.

МугIрузул щибаб мухъалда хутIелал рацIцIад гьарулел станциял разе рукIиналъул хабар такрар гьабуна республикаялъул хIукуматалъул вице-премьер Нариман ГIабдулмутIалибовасги.

ДРялъул хIукуматалъул программаялда рекъон, жидеда ракIалда бугин республикаялда кьищникъул батIа гьабулеб лъабго завод базеян бицана гьес. Вице-премьерасул рагIабазда рекъон, гьел рукIине рагIула гIодоблъиялда — МахIачхъалаялда, Дербенталда ва Хасавюрт мухъалда. ГIураб гIатIилъи гьечIолъиялъ, мугIрузул мухъазда гьединаб цониги завод базе санагIалъи гьечIин абуна вице-премьерас. Амма щибаб районалда хутIелал рацIцIад гьарулеб цо-цониги станция бачIого теларин рагIиги кьуна. Гьел киналго программаби рагIалде рахъинаризе руго 2024 соналъул ахиралдехун.

 

Рищни-къулалъул гохIал, ихтилат ва магIарул квен

 

    Майданское росдал рагIалда тIобитIараб субботникалде ячIун йикIана Россиялъул тележурналист Юлия Михалковаги. «Уральские пельмени» абураб КВНалъул къокъаялъул гIахьалчагIигун цадахъ, СТС каналалда юморалъул телешоуялда йихьун ятила нужер гIемерисезда гьей.

ЦIакъ йохун йигоан гьеб къоялъ Михалкова. Жий цIакъ урхъун йикIанин нужер мугIрузухъ, вай, дие нуж рокьулел куцилан, лъимер гIадин, аваданго йикIана сценаялда.

   Араб соналъги щун йикIун йиго гьей нилъер гьание. Кутакалда берцинаб тIабигIатги, хIатталдаса ун тIагIамаб миллияб квен-тIехги бугила нужер. ЦIакъ берцинал ясалги ругин, амма ясаздасаги берцинал васал ругилан абуна гьелъ. Гьади- наб берцинаб тIабигIат инжит гьа- бизе намуслъизе ккелин, насихIатги цIалана. Жакъа бищун лъикI хIалтIарав чи «ВКонтакте» абураб социалияб гьиналда жиндирго гьу- дулзабазул сияхIалда гъорлъе жувазе вугилан ракI-макIги гьабуна. Гьал мугIруздаго йижарай гIаданалъ кинигин, лезгинка кьурдиги гьабуна тIабигIиял сурсатазул министр Ибрагьим Ибрагьимовгун сценаялда.

СагIат 11 тIубарабго, майдан бакьулъ бугеб сценаялде цо-цоккун гьалбалги ахIун, субботникалъул официалияб тадбиралъе байбихьи лъуна МахIачхъалаялъул КВНщиказул къокъаялъул вакил Павел Лугуевас. Гьаб нухалъ микро-фоналдасан киназдаго рагIуледухъ такрар гьабун, цо-цо тIаде жураялги гьарун, бицана Ибрагьим Ибрагьимовас цебеккун «ХIакъикъаталъе» кьураб баян.

   Россиялъул ТIабигIат цIуниялъул министерствоялда цебе рагьараб Департаменталъул нухмалъулев Роман Минухинилги букIана лъикIаб, къокъаб кIалъай. Амма цеберагIиялда гьес абуна нужер бугин берцинаб, гьайбатаб, тIаде ракI цIалеб тIабигIатги, бацIцIадаб мугIрул гьаваги, гьарзаго лъим жаниса унел гIатIидал гIоралги. Амма гьеб кинабго берцинлъиги бечелъиги пасат гьабизе бегьуларила.

Гьесдаго релълъараб букIана РФялъул лъел магIишат цебетIеялъул рахъалъ гIуцIараб Централъул нухмалъулев Илья Разбашилги кIалъай.

 

638 000 квадратияб метралъ халатал кьищнидул гохIал

 

   ГIурумухъал кьищниялдаса ра­ цIцIад гьаризелъун лъазабураб тIолгороссиялъулаб акция тIоби­ тIулелдаса исана ичIабилеб сон буго. Гьеб заманалда жаниб гьеб акциялда гъорлъе журан руго ул- каялъул 85 регионалда гIумру гьабун ругел гIадамал. Волонтёразул къокъаялъ гьеб ичIабго соналда жаниб бацIцIад гьабун буго 10300 лъел мухъ, бакIарараб кьищни-къулалъул гохIалъул абуни, гIун буго 638000 квадратияб метр. Гьеб кинабго нахъе баччизе хIажалъун буго 67160 КамАЗ. Акциялъе кверчIвай гьабун, хIалае рачIун руго РЖД ва РМК абурал компаниялги. «Россиялъул лъим» акциялъул хIаракатчагIазда ракIалда буго 2022 соналда жаниб улкаялда 13000 субботник тIобитIизе. Исанасеб тIоцебесеб гьединаб тадбир тIобитIизе жидеца хас гьабун Дагъистан тIаса бищиялъе гIилла баян гьабулаго, Илья Разбашица гьадин бицана «ХIакъикъат» газеталъе.

— Киназдаго лъала Дагъистан къанагIатаб тIабигIаталъул регион хIисабалда гуребги, туристазул ракI тIаде цIалеб гьайбатаб ракь букIинги. Гъоркьиса нужер гьанире гIемерал туристал рачIана. Исанайин абуни, гьезул къадар кIиго, хIатта лъабго нухалъги цIикIкIине бугин рагIана. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, гьел тIаде щвелалде, тIоцере берда цере рехулел лъел ва гIурумухъал кьищниялдаса рацIцIад гьаризе ккола. Гьеб рахъги хIисабалде босун, рачIана ниж жакъа мугIрузул районалде, — ян бицана Илья Разбашица.

    Унсоколо районалъул нухмалъулев ГIиса НурмухIамадовасги тIаде жубана жал ругин сверухъ ругел районазде нух бикьулеб бакIалда бакьулъ гIадин. Гьединлъидал эхедехун ругел росабалъа иххалъ босун бачIунеб чороклъиги кьищни-къулги жидехъе бачIунин бакIарун. Гьеб рахъги хIисабалде босун, рачIун ругин субботникалда гIахьаллъизе анкьго батIияб районалдаса гIадамалилан бицана НурмухIамадовас.

 

 

Бищун къанагIатаб кьищни – такъия

 

     Гьелдаса хадуб байбихьана кьищни бакIаризе. ЦIер, маххкIач, чIорто-къехь, пластик батIабатIаго, ункъо батIияб бутIаялде бикьун бакIарулеб букIана гIадамаз кьищни. КIиго сагIаталда жаниб гIурумухъалъул рагIа-ракьанда сигареталъул бухIунхутIцин хутIичIин ккола. БакIарараб кьищни жанибе бакIарарал чIахIиял хъапазул ахиралде кIудияб гохI гIуна. ГьитIинав-херав батIа гьавичIого, цIакъ хIаракаталда хIалтIана нуснус чи. ГIахъуша, Лаваша, Лак районаздаса рахъарал тумазул ва даргиязул росабалъаги чагIицин рачIана гьеб къоялъ субботникалда гIахьаллъизе. АхIулеб кечIги, белъунеб, бежулеб гьанги букIана. Гьекъезе, КамАЗ цIун, цIорораб лъимги букIана чIезабун. ГIураб ихтилат букIана АваргIурул рагIалда араб шамат къоялъ. Гьебго къоялъ гIурумухъ бацIцIад гьабиялъул тадбир тIобитIана цогидал районаздаги. Кинабниги 19 район гIахьаллъана гьеб хIалтIуда гъорлъ.

  Субботникалъул ахиралдехун бищун лъикI хIалтIарал чагIи къиматал сайигъатал кьун, кIодоги гьаруна акциялъул гIуцIарухъабаз. Сайигъатал гьединго кьолел рукIана, мисалалъе, кьищни-къулалда гьоркьоб бищун гIадатияб гуреб жо батарав чиясеги. Гьеб щвана нусго батIияб магъакь-кIачаралда гьоркьоб как балеб мехалъ лъолеб такъия батарай Унсоколо районалдаса цо гIаданалъе.

   Бакъаникак ахIизе заман гIагарлъидал, биххана субботник. ТIубарал моцIаз жиндирго квенчIелалде бакIарун букIараб рищни-къулалдасаги бацIцIалъун, АваргIорги, цIияб ретIел ретIарав гIолохъанчиясда релълъун, бакъуда дандеги кенчIелаго, ахIулаго жиндирго ругьунаб шигIругун, ана тIасан гIодобе чвахун. ТIокIаб дур азбаралъул ракьанде агъзинлъи гьабулев чи ккогегиян, гьелъие гьара-рахьиги гьабун, гьаругьин, гIурул чвахиялде ракIги гъезабун, шагьаралде нахъ руссана нижги.

Ашахан Юсупов, Унсоколо-Майданское-МахIачхъала