Северияб Кавказалъул халкъазул педагогияб культура

 

     Северияб Кавказалъул педагогияб культура лъугьана халкъазул гIумруялда гIасрабаз дандчIвараб захIматаб хIалбихьиялъул кьучIалда. ГIелмияб педагогикаялъ гьелда абула мугIрузул халкъазул тарбия кьолеб къагIидайилан. Гьеб къагIидаялъул тарбия кьеялъул алаталлъун ккола кьварараб заманалъ халкъ куцан лъугьарал халкъиял гIадатал – хур-ах гьабулаго, рагъулал, рукIа-рахъиналъул, хъизамалъулал, ай магIарул жамгIияталда рилълъанхъарал ва халкъалъ пайдаяллъун рикIкIунел.

МагIарул тарбия кьеялъул аслияб хаслъи ккола, лъимер бижараб къоялдаса нахъе, бихьиназеги руччабазеги батIи-батIияб тарбия кьей; рукъалъул хIалтIи гьабизеги гьеб гьабулаго цIунизе кколел адабалги лъимерлъудасаго куцай; букIинесеб гIумруялда тIуразе тIалъулел хъулухъазде гьитIинаб къоялдасаго ругьун гьари; битIараб нухккун хьвадизе малъи; лъикIаб гIамалалъухъги малъараб босун хьвадиялъухъги рецц-бакъ гьаби.

 

Щивасул буго жинда тIадаб иш

 

   Хъизамалъул бетIерлъун кидаго вукIана бихьинчи – эмен, гъанситоги ватIанги хъизамалъул яхI-намусгун къадруги цIунулев, тухум-кьибилалъул ва жамагIаталъул жаваб кьезе хIадурав; хъизам хьихьулев аслияв хIалтIухъан – живго мисалияб къагIидаялда бищунго лъикI хIалтIулев гуревги, гьеб гIуцIулев ва лъималаздаги хIалтIи малъулев.

Хъизамалъул бетIер хIисабалда бихьинчиясда тIадаб буго хъизамалъул гьоркьоблъи гIуцIизеги. Гье­сул хIаракаталдалъун гIуцIула тухум-кьибилалъулгун бухьеналги. Инсуца лъималазда малъула гIа­гарлъиялда гьоркьор лъикIал бухьенал гьаризеги – жиндирго мисалалдалъун, гIаммал ишазулъ гIахьал гьариялдалъун, рохелги ургъелги бащад бикьизе малъиялдалъун. Гьел бухьеназул аслулъунги букIине ккола цоцазде гьабулеб божилъи, цоцазе хIалае рахъин, тухумалъул хъизамалъулгун ва тIолабго росдал жамагIаталъулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьаби.

Тухумалдаги жамагIаталдаги цебе инсуца жаваб кьезе ккола жиндир хъизамалъул, ай гьеб хьезабиялъул, дагIба-рагIи гьечIеб, парахатаб гIумруялъул, цоцазде гьуинлъи-вацлъи куцаялъул. Гьеб буго жавабчилъи цIикIкIараб иш, гьединлъидал инсуца гьеб ишалъулъ чарагьечIого гIахьал гьаюла хъизамалъул эбелги. Гьелда тIадаб буго рукъалъул берцинлъи гIуцIизе, гъансито цIунизе, лъималазе тарбия кьезе. Щуго-анлъго сон базегIан лъималазе тарбия кьеялъул иш аслияб къагIидаялда бегула эбелалъул гъуждузде. Амма гьеб ишги лъадуде рехун, рикIкIад чIун вукIунаро эменги, хасго васазе тарбия кьеялъулъ кIудияб кIвар буго гьесул. Инсул тарбия кьей байбихьула васас тIоцересел галаби рахъулеб заманалдаго. МагIарулазул гIадаталда рекъон, бихьинаб лъимер гIемерисеб заманалда букIине ккола бихьиназда гъорлъ.

 

Унго-унгояв бихьинчи

 

     МугIрузул халкъазул тарбия кьеялъул кьучIлъун ккола «унго-унгояв магIарулав» ва «унго-унгояй магIарулай» куцай. Гьел куцала захIматалъулъ лъадарулаго, пашманлъи-рохел гIахьал гьабулаго, мадугьалзабазулгун, росуцоязулгун гьоркьоблъи загьир гьабулаго, хъизамалда рукIаго, ай гIумруялъул щибаб къойил букIунеб ахIвал-хIалалда. Инсул рагIул къимат гьабизе лъималазда малъула эбелалъ. Жинцагоги адаб гьабула гьелъул. Инсуцаги хIаракат гьабула рагIул къадру цIунизе, эбел-инсул мисалалдалъун лъималазулъ куцала яхI-намус, жавабчилъи, васазулъ – къвакIигун бихьинчилъи, яцазул ва эбелалъул тIалаб гьаби, рукъ цIуниялъе тадбирлъи.

   Инсанасул гIамалалъул бищун лъикIаб хасиятлъун мугIрузул халкъаз рикIкIуна гIаданлъи. Гьелда гъорлъе уна батIи-батIиял рахъал — захIмат бокьиги, ватIан цIунулаго, бахIарчилъигун хIинкъи гьечIолъи ва жиндирго гIумруялда барахщунгутIи загьир гьабиги; тIадаб борч тIубазе кколеблъи ва гьелъие гIоло, хIажалъани, гIумру кьезеги хIадурав вукIинги; сверухъ бугеб тIабигIатги, хIайваналги ва гъветI-хер цIуниги; цогидав чиясул мурад тIубазе хIадурго вукIинги.

Щивха кколев, мугIрузул халкъазул пикруялда рекъон, унго-унгояв бихьинчи? ЧIахIиязул адабги гьабулев, чIужугIаданалъул къадруги цIунулев, хъизамалдаги жамгIияталдаги гьоркьов сабруяв ва хIалимав, хъизамалъе ва жамагIаталъе гIоло хIалтIулев, ритIухълъи цIунулев. Гьеле унго-унгояв бихьинчи. Гьединаб пикру щулалъун буго Северияб Кавказалъул халкъияб педагогикаялда.

   ГIасрабаз гIуцIана бихьинчи куцаялъул халкъияб педагогияб программа. Гьелдаса пайда босула пуланав гIолиласул эбел-инсуца гуребги, тухумалъул тIолго бихьиназ ва жамагIаталъул бутIруз. Щайгурелъул гьел ккола гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабулел гIадамал. Масала, гьез васасде хитIаб гьабула «бихьинчи», «къвекIаб цIум» ва цогидалги рагIабаздалъун. ГьитIинабго ругъуналде, тункараб, унтараб бакIалде гIемер кIвар кьолев васасда гьесул кьерилаз яги чIахIияз абула: «Воре, гъадида бихьизе тоге – гозоялъ бикIулин», — абун. Росдал годекIабахъ гIуцIулаан васазда гьоркьор къецал – миллияб гугариялъул, рекериялъул, кIанцIиялъул ва гь. ц.

    ГIисинал васазул тIалаб гьабулаан гьесдаса кIудиял вацаз, вацгIалзабаз, мадугьалзабаз ва росуцояз. Гьедин гIуцIараб насихIатчилъиялъул мурад букIана бихьинаб хасият-гIамал куцай: хIинкъи гьечIолъи, къвакIи, къохIехьей, жиндирго яхI-намус ва къадру бацIцIадго цIуни, захIматаб хIалалде ккедал битIараб хIукму гьабизе лъай, ахирисеб къуват тIагIинегIан къеркьезе кколеблъи бичIчIизаби. ЧIахIиязул кумекалдалъун гIисинал васал ругьунлъула гьединаб ригьалъе хасиятал хIинкъабазукьа эркенлъизе. Масала, борхалъудаса вортиялдаса, хIоринив гъанкъиялдаса, гIуруца иналдаса, гьвел хIапдеялъукьа ва гь. ц. Гьединаб хIалалде ккарал васазе кумек гьабула чIахIияз, гьезул ракIбатулеб рагIи бицун, жидецаго мисал бихьизабун.

Северияб Кавказалъул халкъияб кIалзул гьунаралъул асаразулъ – маргьабазулъ, биценазулъ, бахIарчияб эпосалъулъ – рехсон руго бихьинчи куцаялъе квербакъулел батIи-батIиял мисалал. Гьенир кьун руго бихьинчиясул букIине кколеб хьвада-чIвадиялъул рахъалъ чIванкъотIарал мухIканал баянал. Бихьинчи куцаялде – цебечIараб масъала тIубазе хIаракат бахъиялде, хехаб хIукму гьабиялде, дандиясукьа бергьенлъи босизе ккеялде, цIодорлъиялде кIвар кьолеб буго халкъиял расандиязулъги.

    Исламалъги кIудияб бутIа лъуна Северияб Кавказалъул халкъазул рухIияб гIумруялъулъ. Исламияб моралалъ мухIканго рехсола муъминчиясул сипатал: ритIухъав, ракIбацIцIадав, жавабчилъи бугев, къохIехьолев, хIалимав, къвакIарав, бахIарчияв. Гьелдаго цадахъ исламалъ какула хIилла-рекIкI, жахIда-хIусуд, гьерсихъанлъи, вахIшилъи, божударекIкI, хилиплъи, цIукIалъи.

   Рехсарал исламиял хасиятазул кьучIалда гIуцIарал руго инсанасул гIамал-хасият куцаялъе чарагьечIого хIажатал «Намус» ва «Адаб» абурал халкъиял кодексал. Гьезда рекъон хьвадизе малъарал гIолилаз киданиги рахъ кквеларо квешлъия­лъул, вахIшилъиялъул, саяхълъия­лъул ва питначагIазул. «Иццул лъел тIагIамалдаса пайда босарав киданиги къулиларо хIарщул хIориниса лъим гьекъезе, хIатта къечон холелъулгицин», — ан буго халкъияб кици.

Умумузул рухIияб ирс цIи гьа­булаго, нилъеца цIидасан чIезабула некIсиял умумузулгун бухьен. Гьел­далъун кIудияб бутIа лъола жамгIияталъул сахаватаб ва халкъалъе пайдаяб ишалъулъ.

 

МухIамадхIабиб Халидов, ДРялъул мустахIикъав учитель