ГIунгутIабазе мукIурлъи — церехун иналъе кьучI

Гъизляр районалда ругел гъунисезул данделъи

 

«ТIаде гIолеб гIелалъе патриотикиябгун рухIияб тарбия кьей». Гьединаб темаялда тIасан 13 маялда Гъизляр шагьаралда бугеб КЭМЗалъул залалда тIобитIана гьеб районалда гIумру гьабун ругел гъунисез данделъи. РакIалде ккун букIана гIезегIан районцоял ругел шагьаргун районалдаса гIемерал гIадамалги гIахьаллъун, ругел масъалабиги дандран, политикаялъулгун рищиязулги бицинчIого инин тадбирилан. Амма хIакъикъат дагьаб батIияб ккана. СагIат цо тIубайдал тIобитIизе хIисабалде босун букIараб данделъи, кинабалиго гIиллаялдалъун байбихьана сагIаталъ кватIун. Гьеб нилъ ругьунаб низам бугониги, данделъиялде рачIарал гIадамазул рикIкIен букIана цIакъ мукъсанаб, гIаммаб куцалда 70-гIанасев чи. Щай гьедин ккараб? ГIуцIарухъабазул гъалатIищ гьеб, гIадамазул гъира гьечIолъийищ? Данделъиялде ахIаразда гьоркьор рукIана гьалбалги: Гъуниб районалъул бетIер АхIмад МухIамадов, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад КIудиявмухIамадов, Гъизляр районалъул бетIерасул заместитель Владимир Кубенев, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камалов, диниял идарабазул вакилзаби. Данделъиялда гIахьаллъана гьениб гIумру гьабулел гъунисезул цевехъан, Дагъистаналъул халкъияв БахIарчи, I996 соналда Гъизляралда ккарал пашманал лъугьа-бахъиназулъ бахIарчилъиги къвакIиги бихьизабурав АхIмад Саламовги. Гьес бицана гьадинабго данделъи 1992 соналда тIобитIун букIиналъулги, гъунисел кидаго цебесеб кьерда рукIиналъулги. Хадуб гьес рагIи кьуна тадбир гIуцIарав жамгIияв хIаракатчи Шамил (ХIажимурад) Ражабовасе. Гьес, щаялиго, данделъиги бачана гIурус мацIалда. КIалъазе вахъарав АхIмад МухIамадовас бицана районалда бугеб социалиябгун экономикияб ахIвал-хIалалъул, гъоркьиса хаслихъе жив бетIерлъун тIамидал экономикияб рахъалъ районалда беццизесеб хIал букIинчIеблъиялъул ва исана пачалихъалда цебе районалъул налъи гьечIолъиялъул, налогал ракIариялъул рахъалъ лъикIал хIасилал рихьизарулел рукIиналъул. Гьедин батани щай ва сундухъха 2015-2016 соназул хIасилазда рекъон, экономика цебетIеялъул рахъалъ районалъе цересел бакIал кьун рукIарал? Налогал цIикIкIун ракIаризе, экономика цебетIезе байбихьун батани, районалъул щиб бутIа цIигьабураб? Хадубги А. МухIамадовас абуна Гъизляр районалда гъунисезул лъикIаб хIалалда хIалтIулеб 8 агрофирмаялъул ракьал-хъутаби ругинги. Амма квеш ккараб жо букIана гьезул цониги вакил данделъиялде вачIинчIолъи. Районалъул бетIерасда гьикъизе жойищ гьезул букIинчIеб ялъуни бицунелъухъ гIинтIамизе, хIисаб гьабизе хIажалъийищ букIинчIеб?

Цере рахъана Гъизляр ва Гъуниб районаздаса диниял церехъабиги. Гьез бицана тIаде щолеб бугеб рамазан моцIалъул, диналъул тIалабал тIуразе тIадаб букIиналъул, лъималазе гьитIинаб къоялдасаго нахъе тарбия кьезе кколеблъиялъул, экстремизмгун терроризмалъул нухде гIолохъанаб гIел ккеялдаса цIунизе тIадаб букIиналъул. ГIолохъанаб гIелалдаги гьеб калам рагIичIо, гьел данделъиялде рачIун рукIинчIо. Чанго рагIи абизе цеве вахъарав В. Кубеневас лъикIаб къимат кьуна гьенир гIумру гьабун ругел гъунисезе ва гьезул ишазе. Гьелда цадахъго гьес рехсана Гъуниб районалъул цо гIолохъанчияс гьабураб такъсир (чи чIвай) ва чангояв Сириялде ин. Данделъиялда кIалъазе вахъарав ГIали Камалов ккана магIарул мацIалда кIалъарав цого-цо чи. Гьалбалги балагьун чIезарун тадбир кватIизаби гьес рикIкIана гIадамазул адаб-хIурмат гьабунгутIилъун. Районалъул хIакъалъулъ бицунаго, Камаловас абуна гIемерал къадруял гIадамал рахъараб Гъуниб район, ахираб заманалда цоясдаса цояв бажари гьечIев нухмалъулевги вачIун, кинал рахъал росаниги, гьабсагIаталда ккун бугеб бакIалда лъезе цIарцин лъаларин. Жакъа магIарухъ, ЧIохъ-Коммуна росулъ тIобитIулеб бугеб, чанго соналъ цере Сугъралъ-ЧIохъ нухда чIварал полициялъул хIалтIухъаби ракIалдещвезариялъе гIуцIараб тадбиралъул бицен гьабидал, гьес абуна гьениб тIобитIараб хасаб операциялда сверухъ ругин гIемерал баян гьечIел рахъал. Гьеб кIудияб такъсир лъица гьабурабали жеги чIезабун гьечIин ва гьелъие цIех-рехалъул идарабаз мухIканаб хIалтIи гьабулеб гьечIин. Данделъиялда кIалъана МухIамадтIамир Синдикъовги ХIамзалав ХIамзаловги. Гьез, музыкалияб алатги гьечIого, цо-цо кечIги ахIана.

Хадубккун бокьилаан лъикIаб мурадгун гьарулел гьединал тадбирал, цоцае хIажат гьечIел рецц-бакъал гьаризе, жалго рихьизаризелъун гьаричIого, жакъа бугеб ахIвал-хIалги бихьизабун, гIунгутIаби лъугIизариялъе ругел ресазулги бицун гьабизе хIаракат бахъани. Гьеб мехалда гIадамалги рачIинаан, гьабулелъул магIнаги букIинаан.

Гьез бицана гIуцIарухъабаз музыкалияб алатги бачун кечI ахIизе гьукъун бугин.

ГIабаш ГIабашилов