Дагъистаниял цолъизарулеб Рамазаналъул чадир

 

   Рамазан ккола лъикIал ишазул, рахIмуялъул, Аллагь разилъиялъе гIоло щивав бусурбанчияс хIаракат бахъулеб моцI. Гьел лъикIал ишазул цояблъунги ккола кIал ккурав чиясе кIал биччазе квен кьей. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Гьез квен кьола мискиназе, бесдалазе ва асиразе. Гьез абула: «Нижеца нуж кваназарулел руго гIицIго Аллагьасе гIоло ва нужедаса я баркала, я шапакъат хIажатги гьечIо. Ниж хIинкъула нижерго БетIергьанасдаса, доб бецIаб ва гIазабаб къоялдаса», — ян. Аллагьас гьединал гIадамал Къиямасеб къоялъул заралалдаса цIунула ва гьезие талихIгун камиллъи сайгъат гьабула. Гьединаб лъикIаб даражаялде рахинарула БетIергьанас Рамазан моцIалъ кIал ккурал ва цогидалги ракъарал, язихъал гIадамал кваназарурал бусурбаби. КIал ккурал бусурбаби кваназаризе кIудиял тадбирал тIоритIи гIадатлъун лъугьана нилъер республикаялдаги.

     Дагъистаниял кидаго рукIана гьоболлъи гьабизе махщел цIикIкIарал гIадамаллъун. Гьоболасда цебе лъолаан бищунго лъикIаб квенги. Хасго кIалккулъ вачIарав гьобол кваназави кIудияб рохеллъун рикIкIуна. Гьале анцIгоялдаса цIикIкIун соналъ, щибаб Рамазан моцIалда тахшагьаралъул мажгитал лъугьана бищунго лъикI гьобол кваназавулел бакIаллъун. Щи­баб Рамазан моцIалъ жамгIиял хIаракатчагIаз,  хIукуматалъул нухмалъулез, кIал биччаялъе нигIматал росизе, садакъа гьабула. КIудияб мажгиталда аскIоб рагьараб «Рамазаналъул чадиралда», щибаб къойил 4000-гIанасев чиясе квенги гIодор чIезе бакIги гIуцIула «Инсан» фондалъ, ДРялъул Муфтияталъул вакилзабаз ва республикаялъул рес бугел гIадамаз.

   «Инсан» фондалъул нухмалъулев МухIамадрасул АхIмадовасул рагIабазда рекъон, КIудияб мажгиталда аскIоб цо ифтар тIобитIизе харж гьабулеб буго 100 000 гъурщидаса цIикIкIун гIарац. «Инсан» фондалъ КIудияб мажгиталда гуребги, тахшагьаралъул 15 мажгиталдаги ифтарал тIоритIула. Тахшагьаралъул ва республикаялъул цогидал шагьараздаги гIемерисел мажгитазда жамгIиял ва диниял хIаракатчагIазул ва гIадатиял гIа­дамазул хIаракаталдалъун тIори­тIу­лел руго «Рамазаналъул чадрал».

 

КIал ккурав кваназавурасе – кIудияб кири

 

    Исана кIалккул моцIалъул тIоцебесеб ифтар тIобитIизе ДРялъул бетIер Сергей Меликовас тIаде босун букIана. Гъоркьисалаги республикаялъул бетIерас гIарац кьун букIана «Рамазаналъул чадир» байбихьиялъе. Исана КIудияб сордоялда «Рамазаналъул чадиралъ» цолъизаруна Дагъистаналъул рухIиял церехъабиги, хIукуматалъул вакилзабиги ва тахшагьаралъул батIи-батIиял идарабазул хIалтIухъабиги ва гIадатиял гIадамалги.

Дагьал церегIан къояз, ДРя­лъул ХIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги гIарац харж гьабуна «Рамазаналъул чадир» тIобитIиялъе. КIудияб мажгиталда аскIоб тIобитIараб ифтаралда гIахьаллъана республикаялъул министерствабазул нухмалъулелги ХIукуматалъул председательги. Тадбиралде рачIараздехун гьадинаб хитIаб гьабуна Муфтияталъул председатель МухIамад Майрановас: «Нилъер муфтияс кидаго малъула жакъа нилъер бугебщинаб жоялъухъ Аллагьасе щукру гьабизе. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужее кьурал нигIматазухъ щукру гьабуни, Дица нужер нигIматал жеги цIикIкIинарила», — ян.

Кванан хадуса Рамазаналъул чадиралда гIалимзабаз вагIзабиги гьарула ифтаралде рачIаразе.

 

«Цолъиялъул ифтарал – 2022»

 

   АскIор ругезулгун квен гIахьал гьаби, садакъа бикьи исламалъе кидаго хасиятаб ишлъун букIана. Гьелъ гIадамазул ракIал цолъизарула, захIмалъи гIахьал гьабула. Республикаялъул батIи-батIиял мажгитазда цере «Рамазаналъул чадрал» тIоритIулелго гIадин, исана Рамазан моцI байбихьаралдаса нахъе ГIиса аварагасул (гI.с.) цIаралда бугеб РухIияб централдаги «Цолъиялъул ифтарал» гIуцIулел руго.

    КIалккун моцI лъугIизегIан, щибаб сордоялъ республикаялъул батIи-батIиял шагьаралгун районазда гIумру гьабун ругел гIадамал данде гьаризе руго «Цолъиялъул ифтарал — 2022» акциялда рекъон. Рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордоялъ РухIияб централда «Цолъиялъул ифтаралде» данделъун рукIана ЦIунтIа районалдаса гIадамал. Щибаб кIал биччазе гьенир цолъулел районазул ва шагьаразул вакилзабаз кванил нигIматал росизе цебеккунго гIарац бакIарула. Гьединго щибаб районалъул гIадамаз бакIарун данде гьабула ГIиса аварагасул (гI.с.) цIаралда бугеб РухIияб центр баялъе гIарацги. Масала, дагьаб цебегIан Цолъиялъул ифтаралда данделъун рукIарал ЧIарадаса районалъул вакилзабаз бакIарун буго 3 800 000 гъурущ.

Цолъиялъул ифтаразда лъикIал хитIабалгун жамагIаталда цере рахъуна диниял хIаракатчагIи, къадруял ракьцоял, ахIула нашидал. Гьединго гьениб  гIуцIун буго гIисинал лъималазе хIухьбахъиялъе бакIги.

Гьал къоязда республикаялъул батIи-батIиял шагьараздаса ва росабалъа руччаби данделъун рукIана РухIияб централда. 4000-ялдаса цIикIкIун чIужугIаданалъ гIахьаллъи гьабуна Цолъиялъул ифтаралда.

   Руччабазул мажлисалде рачIун рукIана республикаялъул нухмалъиялъул ва ДРялъул муфтияталъул вакилзабиги. Муфтиясул гIакълучIужу ГIайнаъ (ПатIимат) ХIамзатовалъги, ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъги, сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъги республикаялъул руччабаздехун хитIабги гьабуна.

Ифтар тIобитIизе цебеккунго гIарац бакIарун букIана республикаялъул гIемерисел руччабаз. Ифтаралде квен босизе ва РухIияб центр базе гIарац данде гьабуна гьеб къоялъ данделъун рукIараз. Гьеб кIудияб мажлис гIуцIана ДРялъул Муфтияталда цебе бугеб руччабазе лъай кьеялъулаб отделалъ ва ГIиса аварагасул (гI.с.) цIаралда бугеб РухIияб централъ.

 

РухIияб центр бан лъугIизабизе къасдгун

 

   Руччабазул кIудияб мажлисалда РухIияб центр базе гIарацги данде гьабуна. Республикаялдасанго волонтераз кумек гьабулеб букIана гьеб кIудияб тадбир нухда бачине. Махщалилал артистаз бихьизабуна МухIамад аварагасул (с.т.гI.в.) заман бихьизабулеб театралияб сценка. Республикаялда цIар арал диниял гIалимзабаз насихIаталги гьаруна руччабазе. Гьеб кIудияб мажлисалда гIуцIараб сценаялдасан ахIана нашидалги, цIалана Къуръаналдаса сураталги.

ДРялъул Муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулей Загьра ИсмагIиловалъ тадбиралда данделъараздехун хитIаб  гьабуна: «Жакъа нилъер гьаниб буго кIудияб тадбир – республикаялъул руччабазул ифтар. Гьелъул мурадги ккола – Дагъистаналъулго руччаби цолъизари ва цоцаздехун рокьи бикьи», — ян.

ГIайнаъ ХIамзатовалъги абуна: «ЛъикIаб гIаламатлъун ккола жакъа нилъ РухIияб централде ракIари. Гьелъ нилъ цолъизарулел руго гIемерал соназ. Дир хьул буго гьаб цолъиялъ нилъер ракIал квешлъиялдаса цIунилин, гьел рацIцIад гьарилин. ЛъикIал ракIазулъ цоцазе кумек гьабизе, цоцазе квербакъизе кидаго гъираги букIуна».

ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъги абуна: «Гьаб хирияб рузман къоялъ, хирияб рамазан моцIалъ гьадинаб кIудияб республикаялъулго руччабазул мажлис гIуцIи лъикIаб ишлъун ккола. Гьелъ руччаби цоцаздехун гIагар гьарула, гьезие рохел сайгъат гьабула, гIумруялде гъира базабула».

Зарема Бутаевалъ мажлис гIуцIараздехун баркалаялъул рагIаби абуна: «Жакъа нилъер республикаялда ва дагъистаниязул щибаб хъизамалда рекъел ва разилъи букIине гIоло кIудияб хIалтIи гьабулеб буго нужеца. КIудияб баркала буго гьаб жакъасеб тадбиралъухъ, гьанир ругел гIадамаз гIуцIараб гIажаибаб хинлъиялъухъ».

  Цо бакIалде данделъун цадахъ кваналел гIадамазда гьоркьоб рокьукълъи бижизе рес букIунарин абула. Гьединан гьуинго, рохалида цолъизарула «Рамазаналъул чадразги» «Цолъиялъул ифтаразги» дагъистаниял. Щивасул садакъаги гьабураб гIибадатги къабул гьабун батаги Аллагьас.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА