ХIисабал ва хIасилал

 

 

  ТIолабго дунялалда ва улкаялдаго гIадин, ковидалъ унтаразул ва хваразул рахъалъ ахIвал-хIал малъичIого тани, 2021 сон нилъер республикаялъе батIаго хIаталдаса ун захIматаб букIанин абизе бегьиларо.

  Тасдикъ гьаруна ДРялъул нухмалъулевги хIукуматалъул председательги. ЦIияб соналъул байбихьуданиги тасдикъ гьаризе ратила хIукуматалъул вакилзабиги. Сергей Меликовас абуна жив цин гьезул хIалтIул хIасилазухъ балагьилин, хадуб къотIилин хIукмуян.

  Сентябралда бищана ДРялъул цIияб парламентги (гьенив 33 депутат магIарулав вуго). ДРялъул Халкъияб Собраниялде борчIана политикияб лъабго партия. Гьедин 90 депутатасда гьоркьов 69 чи вуго «Единая Россиялдаса», 11 — «Справедливая Россиялдаса», 10 -КПРФалдаса.

  РФялъул Пачалихъияб Думаялдеги вищана Дагъистаналдаса щуго депутат. Гьезда гьоркьов вуго лъабго магIарулавги –Сайгидпаша ГIумаханов, Хизри Абакаров ва ГIабдулхIаким ХIажиев. Гьединго рехселин республикаялъул жамгIиябгун политикияб гIумрудулъ ракIалда чIарал цо-цо гIадамалгун хIужабиги:

 

 

ЛъагIалил ферма

 

  Исана бищун гIемер рехсана майнинг-фермаби. МагIишат гьабиялъул цIияб къагIида баккун буго Дагъистаналда, майнинг абун цIарги лъун, токги бикъун, криптовалюта (электроннияб гIарац) гьабулеб къагIида. Ток бикъизе къайи-къоно лъураб бакIалдаги майнинг-фермайилан абула.

Гьеб рахъалъ нилъер республика СКФОялда тIоцебесеб бакIалде бачIун буго, щайгурелъул исана сон байбихьаралдаса араб анцIго моцIида жаниб тIатинабун буго МахIачхъалаялда, СулейманСтIал, Гъарабудагъкент, МухIарамкент, Буйнакск, Лаваша ва цогидал районазда лъураб кинабниги 19 майнинг-ферма. Гьез бикъун буго 98 млн гъурщиде ток.

 

ЛъагIалил законопроект

   Исана цIибищараб республикаялъул парламенталъул сессиялда депутатаз нахъчIвана ДРялда казаказда хурхун цебе босун букIараб законалъул проект. Гьезул рагIабазда рекъон, казакал Дагъистаналда гьадинги лъицаниги къварид гьарулел гьечIо. Гьединлъидал гьеб законалъул хIажалъи гьечIо.

  Гьелда хурхараб суал кьуна дагьалъ цебе тIобитIараб пресс- конференциялда жамгIияв хIаракатчи Булач ЧIанкIалаевас ДРялъул нух­ малъулев Сергей Меликовасе. Гьевги разилъана Дагъистаналда казаказул рахIатхвезабулеб хIужа цониги гьечIолъиялъе, гьез жидерго культураги цебетIезабулеб букIиналъе.

 «КинабгIаги масъала гьечIо гьелъул. Гьеб законалъ гIицIго тасдикъ гьа­ булеб буго РФялда казачествоялда хурхун ругел федералиял позициял. Жакъа бугеб жо ккола цо-цо депутатазда гьеб суал битIун бичIчIизабизе хIакимзабазухъа бажаричIолъи. Гьединлъидалин гьезда гьелъулъ цо хIинкъиги бихьараб», — ин абуна Меликовас.

 

ЛъагIалил эскиз

 

  Бечедав дагъистанияв Камил Халиловас Лондоналда тIобитIулеб аукцио­налдаса 8, 7 млн гъурщиде босана «Штурм Ахульго» абураб Рубол панора­ маялъул эскиз. КватIичIого гьес гьеб сайгъат гьабизе буго Дагъистаналъул цо музеялъе.

Халиловас абуна жив хIинкъун вукIанила гьеб эскиз къватIисеб улкаялде инадайилан. Интернеталда ругел баяназда рекъон, Камил Халилов ккола адвокат ва рестораназул бизнесалъул чи.

 

З. ХIАЖИЕВА

 

Гьале ахиралде щвана 2021 сон. РукIун ратила гьелда жанирги рохарал ва гьелдаго цадахъ пашманал къоял. Чанги чиясул гьаризе ракIалда рукIарал хIалтIаби рагIалде рахъун, цо-цоял нухдаго хутIун, лъугIичIогоги ратила. Аралъул хIисабги гьабулел, букIинеселде планалги гIуцIулел ратила нужги.

Щиб гьабизе кIвараб исана магIарухъ? Гьабураб хIалтIуда гьоркьоб бищунго ракIалда чIараб, ракI разияб лъугьа-бахъин кинаб букIараб? Гьединаб суал кьуна нижеца мугIрузул цо-цо районазул администрациялъул вакилзабазе.

 

Шамил

 

  Исана гьарурал хIалтIаби дагьал гьечIо. Ахираб лъабго моцIида жаниб рагIалде рахъаразда гъорлъ рехсезе бегьила, мисалалъе, Гьандихъе унеб нух къачIай. Гьеб рагьулеб хIурматияб тадбир тIобитIана 26 ноябралда. Гьединго росулъ жаниб бетон т1ун къачIана киналго нухал.

  ТIидиб росулъ цIигьабун къачIана умумузул заманалдаго букIараб мажгит, гьединго бана гIолохъабазе футбол хIазе майдан.

Районалъул централде, ай ХIебде бачунеб буго лъел мухъ. КIудиял хIалтIаби унел руго гьенир. Исана гьеб бан рагIалде бахъинчIо, Аллагьас хъван батани, тIадеялъул лъугIизе батила.

 

Хунзахъ

  ЦIакъ гIемерал хIалтIаби гьаруна исана районалда: мисалалъе, Хунзахъ росулъ 23 километралъул халалъиялда бачана лъел рогIоро. ГIарани цIияб авалги гъорлъе бачун, тIубанго росу лъедалъун хьезабизе рес кьела гьелъ.

  Гьединго ГьацIалухъ росулъе хъилги тIун къачIана кIиго километралъул халалъиялъул шагьранух. Районалда бищун рикIкIад бугеб ГIочIло росулъе бахъана 28 миллион гъурщил багьаяб шагьранух.

ГIараниб кьучI лъуна 340 лъимералъе бакI бугеб школалъе. Гъоркь рукIарал чанго школалги цолъизарун, жанир киналго квегIенлъабиги ругеб, гьединго спортзалги, общежитиеги бугеб школа базе буго гьениб.

 

Унсоколо

   Чанго соналъ тIаса квер босун хутIараб больницаялде унеб букIараб нух къачIана Унсоколо исана, гьединго къачIана росулъе букIараб цогидаб шагь­ ранухги.

  Шамилхъалаялда базе буго 300 лъимадуе бакI бугеб ясли-ах. Гьединго Майданское, Рихьуни росаби къотIун газ бачине буго Шамилхъалаялде. Ун­ соколо ва Генуб росабалъе цIияб лъел мухъ бачине тендерги бергьун буго. Гьел хIалтIаби байбихьизе руго цIияб соналда.

  ТIун иналда хIинкъи бугеб нух букIана ХарачIибе. Гьанже гьенибе бахъизе буго батIияб бакIалдаса лъикIаб шагьранух. Гьаризе ругел хIалтIабазе кьучI лъуна. Гьел рагIалде рахъинаризе руго тIадеялъул.

 

Гъуниб

 

  Исана гьабураб бищун кIудияб хIалтIуда гъорлъ рехсезе бегьула Гьонода росулъ цIияб лъел мухъ бачин. СалтIа ва МохIоб росабалъ цIидасан къачIана маданияталъул рукъзал. Гъуниб росулъ бана лъималазе ясли-ах. Гьедин­ го районалъул щибаб росулъ къачIана нухал. РагIалде бахъинчIого хутIана Гъуниб росулъ лъел мухъ баялъул хIалтIи.

 

Ашахан ЮСУПОВ