Туристазул читIир лъагIалица лъугIунгутIиялъе щиб гьабилеб?

 

 

    13 ноябралда «Анжи-Аренаялда» тIобитIана «Open Dagestan» абураб туризмалъул форум.

Гьелда гIахьаллъана туроператоралги, гидалги, гостиницабазулгун кафеязул ва туристал раччулеб транспорталъул бетIергьабиги, эксперталги.

   Гьез гьенир тIоритIана семинарал, мастер-классал. Бицана туристал сабаблъун Дагъистаналъул гIисинал росаби цIунизе бугеб кIудияб кIваралъул, гьанжего-гьанже гьалбадерил рукъзал рагьулел гIадамаз хасго магIарухъ хIисабалде щиб босизе кколебали, советияб заманалда туризм цебетIезабиялъул къагIидаби кинал рукIаралали.

 

   Москваялдаса экспертаз гьезда малъана рачIунел туристазул читIир тIубараб лъагIалица лъугIичIого букIине ккани, хIалтIи кин гIуцIизе кколебали. Хасго ахираб заманалда машгьурлъулеб буго стоматологиялъул туризм. Дагъистаналда цаби-гIусал учузгоги лъикIги къачIалин ва лъолин абун, нилъер клиникабазде рачIунел туристал цIикIкIунел руго.

 Кибго гIадатлъун лъугьараб жо ккола туристаз сувенирал цIехолел рукIин. Дагъистаналде щведал, туристазе хас гьабун кинал сувенирал ричилел ва кин гьел берцинго къачIалел абун малъа-хъваялги гьаруна гьелго экспертаз.

 «Анжи-Аренаялъул» азбаралда чIван рукIана дагъистаниязул миллияб хаслъи бихьизабулел чадиралги. Рокъор-къватIир умумуз хIалтIизарулел рукIарал тIагIалабаздагун партал-куналда цадахъго гьенир рихьизарулел рукIана цIурачадал гьаризе, рессаризе, угьаризе, щагIил тIагIалаби гьаризе букIараб махщелги.

 Форумалда гIахьаллъарал цо-цо чагIазул пикру цIехана «ХIакъикъат» газеталъ.

 

Яна Мартиросова, гид-экскурсовод, журналист:

 

— Дие цIакъ бокьула миллияб хаслъи бихьизабулел чадразда сверухъ букIунеб багъа-бачари, тIагIамаб квен-тIех, кьурди-кечI. Гьеб рахъалъ кутакалда ракI гъураб ахIвал-хIал букIана форумалдаги.

Амма туризмалдехун хурхен бугел чагIи гьенир цохIо нилъерго республикаялдаса гурони, къватIиса рачIарал рукIинчIо. Гьединлъидал кинабго нилъецаго нилъеего бицунеб жо гIадинги ккана. Москваялдаса экспертазул малъа-хъваяз нилъер туроператоразе, гидазе, гостиницабазул, кафеязул бетIергьабазе малъа-хъваял гьарун, пайда бахун батизеги бегьула. Амма дида рагIичIо гьез бицунеб жо, щайгурелъул миллияб хаслъи бихьизабулел чадраздаса гIебеде тира-сверун хадуй дун ана дидаго тIадкъараб лекция цIализе цо хасаб чадиралъуе. Цо рахъалъ босани, къватIиса туроператоралги цогидалги рачIинчIонигицин, нилъерго гьаниса туризмалда гъорлъ ругел гIадамазе рес щун батила жал цо бакIалде ракIариялъ, цоцазулгун лъай-хъвай гьабизе, бухьенал кквезе. Амма хас гьабун диего гьединаб пайда щвечIин абилаан дица. Масала, гьенир ратичIо диего къваригIарал клиентал. ТIубанго пайда щвечIиланги абизе бегьиларо. Дие асар гьабуна архитектор Камил Цунтаевас гьабураб лекциялъ. МагIарухъ бугеб архитектураялъул хIакъалъулъ бицунаго, гьес мугъчIвай гьабулеб букIана Мовчанил тIехьалдеги. КигIан урхъаниги, босизе щолеб гьечIо гьеб (1940-абилел соназда магIарухъеги хьвадун, бакIарараб материалалдаса советияв архитектор Геннадий Мовчаница данде гьабураб «Старый аварский дом» абураб тIехь-авт.).

Ахираб заманалда туризмалъул ишалда гъорлъе рачIана тIубанго цIиял, гьелъул хIакъалъулъ абизегIанасеб лъай гьечIел чагIи. Гьединаб форум, дун туристалгун хIалтIизе байбихьараб заманалда, гьанжеялдаса анлъго соналъ цебе, тIобитIун букIарабани, лъикIаб букIинаан. Доб мехалда диеги дун гIадиназеги мисал босизе бакIал дагьал рукIана, гьединлъидал дозда-гьазда гьикъун, нижеего мадар гьабулаан.

 

— Форумалда дуца гьабураб доклад сунда хурхараб букIараб?

 

— Гьелда цIар букIана «Махачкала: почему бы и нет?» абураб. МахIачхъала бихьизегIанги течIого, туроператораз туристал аэропорталдасанго я Дербенталде, яги магIарухъе щай рачун унел, цинги гьениса тIад руссиндалги рачIинахъего аэропорталде щай гьел щвезарулел абураб магIна букIана гьелъул. Чанго сон буго дица туристазе МахIачхъалаялда жаниб экскурсиял гьарулеб. Гьединлъидал борхана дица гьеб суалги.

 

— МахIачхъалаялда туристал тамашалъизарулеб гIадаб берцинлъи гьечIолъи батилаха гьелъие гIилла?

 

— Нилъеда гьедин ккола, амма гьеб пикру мекъаб буго. Масала, Дербенталъул гIадаб тарих гьечIониги, МахIачхъалаялъулги буго ракI тIаде цIалеб, цо бицине лъалареб къуват. Дагьал ругониги, церегосел минабиги хутIун руго жеги. ТIаде балагьун сурукъабин кканиги, гIадамал гIажаиблъизарулеб архитектураги буго.

 

Аминат ГIабдурахIманова, «Птица Феникс» абураб жамгIияб гIуцIиялъул соучредитель:

 

— Киналъухъго балагьизе рес щвечIо. Амма асар гьабуна цIиял маршрутал кинал ругелали лъаялъ, гьединго цогидал регионазда туризм цебетIолел къагIидабазул бициналъ. Масала, гостиницабазул бизнесалъул цебетIей Подмосковьеялъул мисалалда бицунеб рагIана дида. Нилъер гьаниб гьеб ишалъул гьанжего-гьанже хIалбихьулеб буго. Гьединго форумалда рихьизаруна умумузул рукIа-рахъинги махщелалги. БатIи-батIиял районаздаса рачIарал гIадамаз малъулеб букIана жалго ругьунаб иш.

ПалхIасил, къватIиса вачIарав чиясда Дагъистанги гьелъул гIадамалги щалали бицунеб ахIвал-хIал гIуцIун букIана форумалда. Гьелъухъ дица баркала кьуна предпринимательлъиялъулгун инвестициязул агентствоялъул нухмалъулесул ишал тIуралев ХIажимурад ГIабашиловасе ва абуна гьадигIан берцинаб Дагъистаналъул гьайбатлъи хIурудахъ ине бугинха республикаялда рищни-къулалъул суал рукIалиде ккезабичIони. Сверухъ бугеб бакI бацIцIад гьабиялда бан дица ургъараб программа буго «Чистый Дагестан» абун. 29 ноябралда ДГУялда тIобитIизесеб данделъиялда гьоркьоб лъезе буго гьеб суал. Рищни бацIцIад гьабулеб чан завод республикаялда баниги, щибго хIасил кколаро жинда-жинда хадуб рищни жинцаго бакIаризе кколин абун, щивав чиясул пикру хисизабичIони.

 

Асият ГIабдулатIипова, КЭМЗалъул пресс-секретарь:

 

— Нижер заводалъе кутакалда пайдаяб форум букIана гьеб. КЭМЗалъ ДРялъул Туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоя­лъулгун къотIи гьабуна авиатуризм цебетIезабизе.

КЭМЗалъ байбихьун буго чанго чи рекIунел самолетал къватIире риччазеги, заводалда рагьун буго авиакомпанияги. Гьелъ гIадамал раччизе руго заводалъ МачIада росулъ рагьараб хIухьбахъиялъул базаялде. Самолет рещтIунеб, гьаваялде бахъунеб хасаб нухги буго гьениб гьабун.

 

МухIамад ДибирмухIамадов, гид:

 

— Пандемияги хIисабалде босун, къватIиса чагIи ахIун гьечIоан гьенире. Гьединлъидал туризм цебетIеялъе ругел ресазе гьабулеб рекламаги ккана нилъерго туроператоразеги гостиницабазулгун кафеязул ва цогидалъул бетIергьабазеги гьабулеблъун. Гьединго нилъер гьанир Туризмалъулги Культураялъулги министерствабаз гьарулел тадбирал рукIуна цо коцонир чIваралгIанги цоцада релълъарал-кинабго сверизабула кьурди-хъаталде, ихтилаталде. Гьедин ккана гьаб нухалдаги.

Дун ун вукIана цереккун рагIичIел жал рагIилародаян хьулалда, амма цIияб жо лъачIо.

Туристал гIемер щоларел районазул хIакъалъулъги баян тIибитIизабиги букIана форумалъул мурад. Масала, гьабсагIаталда дун вуго Гъумеки росулъ, туристалгун цадахъ. Ал анире рачин гурони букIунаребищ? Рачана. Амма гьечIо гостиницаби. Цинги кир дица гьел регизарилел? Гьединлъидал районазе реклама гьабилалде ургъизе ккола гьалбал къабул гьаризе ругел ресазда тIад.

Зульфия ХIажиева