ГIодов ккарав вухуларо

Риччанте нилъер

лъимал рукIине лебалал,

Биччанте гьез цIунизе

Дагъистаналъул къадру.

Расул ХIАМЗАТОВ

 

    «Гьоболас къалеб бакI къазе кко­лаян» абула магIарулаз. ЧIахIиязул гIакълу-малъиялда рекъон, гьо­боласул букIине ккола хIалимаб, гIемер кIалъалареб хьвада-чIвади. ЯхI-намус тIагIинлъун рикIкIунаан чияр ясазухъ балагьицин.

   Цебе годекIабахъ гIолилазе що­лаан яхI-намусалъул, захIмат бо­кьиялъул, къо хIехьеялъул дарсал. ГIумруялъул хIалбихьи щварал харабаз кьолаан гIакълу, бицуна­ан гIадатазул, бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ.

  МугIрузул улкаялъул гIолохъабаз бахIарчиго цIунана гIагараб ватIан; напсияб мурад цIехечIого, гьа­була загIипазе кумек; жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, хIажаталъуб къур­бан гьабула жидерго гIумру; заман цIехечIого рахъуна къваригIарасе хIалае.

 

Дагъистаниял —

гьаб заманалъул бахIарзал

   Нилъ рохизе ккараб хIужа буго Дагъистан унго-унгоял бахIарзаздалъун бечедаб букIин. СМИяз­дасан гIемер бицуна, чияр чагIи хвасар гьарулаго, жидерго гIумру къурбан гьабурал нилъер ракьцоя­зул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. Масала, 2017 соналъул 29 июлалда Москваялъул Серебряный Бор абу­леб пляжалда, СалахIбеков Раши­дица жиндирго гIумру кьуна лъелъ гъанкъулей йикIарай яс хвасар гьа­юлаго.

   2013 соналъул ункъабилеб ию­налда Москва областалъул Звени­город шагьаралъул Москва-гIурул рагIалда хIухьбахъиялда вукIарав МахIачхъалаялдаса 24 сон барав РахIметов Маратида рагIана, кумек гьабеян, лъелъ гъанкъулел ясазул ахIи балел гьаркьал. Марат векера­на гьел хвасар гьаризе. Гьес хвасар гьаюна гъанкъулей йикIарай Юлия Аникеева ва Репсиме Керогян, амма чорхол тату хун букIиналъ, жин­даго бажаричIо лъелъа къватIиве вахъине.

   Гьебго соналъул ноябралда Дагъистаналъул боксалъул команда бачIана Хабаровскиялде, Росси­ялъул чемпионаталде. Жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого, цIа рекIараб трам­ваялдаса къватIире рахъана гьез гIадамал.

  2015 соналда Санкт-Петербург шагьаралъул Бергьенлъиялъул Пар­калда Буйнакск шагьаралдаса Ва­гьабов Шамилица хвасар гьаюна 28 сон барай яс Кристина. Хадуб гьелъ жиндирго блогалда хъвала: «Дун гурейги, дир ясги хвасар гьаюна гьес. Шамилица дида бихьизабу­на жиндирго лъикIлъи ва рухIияб цебетIей», -ан.

     2015 соналъул маялда Курах районалъул рохьихъан Зайнудин Батманов, ракIалдаго гьечIого, кка­на балагьаб лъугьа-бахъиналъул нугIлъун. Хъачагъаз гъоркьлъалие росун рукIана рос-лъадиги лъабго моцI бараб лъимерги. Батмановас такъсирчагIи разилъизаруна, жин­дихъ хисун, гъоркьлъалие босараб хъизам эркен гьабизе. Жидее бокьа­раб гьабичIин абун, Зайнудин чIвана хъачагъаз. Гьеб бахIарчилъиялъе гIоло мустахIикълъана Россиялъул БахIарчиясул тIадегIанаб цIаралъе.

 

ЧIегIераб тIанкI лъурал

 

         Исана 4 октябралда Москваялъул метроялда ахIи-хIуралда ру­гел дагъистаниязе пуланай ясалъ бадибчIвай гьабидал, гьезул цояс гьелда хъубаб рагIи абула. Роман Ковалев абулев гIолохъанчи ясалъе хIалае вахъуна. Жидее бадибчIвай гьабунин абун, гIолохъабаз гьев ву­хула.

       Бицинин гьединал гъалмагъирчагIазе Чачаналда гьабулеб тамихIалъул хIакъалъулъ. Чачан республикаялъул нухмалъиялда лъан, Россиялъул регионалда кинабгIаги къадараб хьвада-чIвади гьабуни, гъалмагъирчагIи чара гьечIого кьварараб тамихIалде цIала. Гьел ахIула Чачаналде ва, гIагарал чагIигун цадахъги рачIун, гьез гьа­рула тIаса лъугьаян. Гьениб гьезда бичIчIизабула «гьез жидерго халкъ суризабулеб букIин» ва чачаназул гIадатал хвезарулел рукIин.

   ЧIужугIаданалъул къадру-ас цIуни Дагъистаналда рикIкIуна би­хьинчиясда тIадаб борчлъун. Гьелъ­ухъ шапакъатал рукIине кколин абунги гьез рикIкIунаро. ГIажаибаб жо, метроялда дой ясалъе хIалае вахъанин абун, Россиялъул ЦIех-рехалъулаб комитеталъул предсе­датель Александр Бастрыкиница лъазабуна Роман Ковалевасе «До­блесть и отвага» абулеб медаль кье­ян.

     Воронеж областалъул хIукуматалъ абуна, губернаторасул цIаралдасан Ковалевасе шапакъат кьезеги сахгьавиялъе гьесие кумек гьабизе­ги кколин абун. Москваялъул мэр Собяниница буюрана, Ковалевасе кIиго миллион гъурущ кьеян. Гьа­ниб бачIунеб буго суал: кьвагьа­раб яги цIа рекIараб автобусалдаса гIадамал хвасар гьарурал чагIазул бахIарчилъи Ковалевас гьабурал­даса гьитIинабищ бугеб?! ГьечIо, амма Ковалевас гьабураб иш би­хьизабуна Россиялъул аслиял теле­каналаз ва, гьеб ахIвал-хIалалдаса пайдаги босун, хIакимзабазе бокьа­на, хIукуматалъул хIисабалдасан, жидеего реклама гьабизе.

 

ГIолилазде хитIаб

 

    Россиялъул бокьараб регионал­да яги дунялалъул батIияб улка­ялда, ай кир рукIаниги, батIалъи гьечIо, Дагъистаналъул гIорхъи бахъарабго, нуж ккола МугIрузул ул­каялъул вакилзаби. Нужер гIамал-хасияталъухъ, хьвада-чIвадиялъухъ, лъикIлъи-квешлъиялъухъ балагьун кьола Дагъистаналъеги дагъистани­язеги къимат. ТIехIаб чахъдаца рехъен хвезабулаян абухъего, Москва­ялъул метроялда рагъарал гIолилаз чIегIераб тIанкI лъуна Дагъиста­налъул гьурмада. Гьединал чагIазул «баракаталдалъун» нилъер гIолилал цIализе росулел гьечIо Россиялъул тахшагьаразул цо-цо вузазде. Гьеб гуребги, нилъехъе рачIине нигатал­да ругел туристалги, инвесторалги, спортсменалги нусго нухалъ ургъи­ларищ, жидер гIумруялъе Дагъи­станалда хIинкъи букIине бегьулин абун.

  Цебе рогьолъун рикIкIунаан, вагъулаго гIодов ккарав чиясде квер борхи. Пайда щиб, жакъа нилъер гIемерисел гIолилазул яхI-намусалда кьаву чIван буго. Къо-асс бугел, рижи берцинал гIолохъаби ратизе, къад чирахъ бакун ралагьа­ниги, захIмат буго. ТIоцебесеб ир­гаялда гьеб ккола эбел-инсул, хадуб школалъул ва жамгIияталъул гIайиб.

   РачIа нилъерго умумузул лъикIал гIадаталги цIунун, гIолеб гIелалъе битIараб тарбия кьей букIинабизин.

 

Нури НУРИЕВ