Шамилил цIаралъулцин нилъей бугеб баракат

 

 

Турциялда ругел миллатцоязухъ дагъистанияз бараб гьоболлъиялъул байбихьи, «РакI соролеб асаргун» абураб цIаралда гъоркь, цебесеб номералда бахъун букIана.

Анкараялъул паркалда Шамилил бюст лъолеб къоялъ хIакъикъаталдаги бихьана имамасул къимат гьениб хIукуматалъул даражаялда гьабулеб букIин. Жидер улкаялда Шамилил цIар цIакъ гIемер васазе кьолинги абуна гьеб тадбиралда кIалъалаго Энвер Демирица.

Дагъистаналъулги Турциялъулги гимн кIодо гьабун эхетаразул мухъилъ халлъана нилъер машгьурав спортсмен МухIамадхан ХIамзатханов (БацIхан). ГIумру гьабун вугеб Тула шагьаралдаса вачIун вугоан гьев, жиндирго васгун ва лъадигун цадахъ. Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиум гIуцIараз бицана, гьеб кIудияб тадбир рагIалде бахъинабиялъулъ ХIамзатхановасги кумека­лъулаб бутIа лъунин абун. Дагъистаналъул делегациялда гьоркьорги рукIана дунялалдаго цIар рагIарал спортсменал-чемпионал, исана ДРялъул Халкъияб Собраниялде депутаталлъун рищарал ЛъаратIа районалдаса СултIан Ибрагьимов ва Гумбет районалдаса ХIажимурад МухIамадов.

Шамил имамасул паркалдаса ниж рачана, Этимесгут районалда бугеб, «Тюрк тарих» абун цIар кьураб музеялде. 2021 соналъул февралалда рагьараб, аслияб бутIа — парк хIисабалда зодикь бугеб, гьеб музеялъги асар гьабичIого хутIичIо. Тюрк мацIалъул тIолалго улкабазул тарих жанибе бачун буго гьениб. БатIи-батIиял соназ гьел пачалихъазул бетIерлъуда рукIаразе, гьанжесезе, гьелго улкабазул рагъул бахIарзазе ва цоги машгьурал гIадамазе лъун ругоан рикIкIен гIемерал мармаралъ къачIарал памятникал. Гьенир гьоркьоса хьвадулаго ракIалде ккола, цо залимал гIадамазул, маргьуялъулаб дунялалда ругилан. Музеялъул баяназда рекъон, бищунго къиматаб экспонатлъун гьениб буго, 13 гIасруялъ цебего тюрк мацIалъ тIад хъвай-хъвагIай гьабураб гамачI. Гьебги бачIун буго Монголиялдаса. Музеялъул минаялда жанибги художниказгун скульптораз чIаго гьабун буго Турциялъул рагъулаб бахIарчилъиялъул тарих рагьулел лахIзатал. (Турциялда исанасеб сонги лъазабун буго тюрк мацIалъул сонлъун).

Тюрк мацIалъул кьибил бугелщиназулгун Турциялъул хIукуматалъ гьабулеб бухьен, гьезул цолъи бихьидал, пикру гьабичIого хутIичIо нилъерго гьаниб, цохIо миллаталда гьоркьобцин рикьалаби ккезарулел хIаракатчагIазул. Гьез жидерго ракьа­лъул гьабулеб къимат, халкъалъул яшав лъикIлъизариялъе чIезарурал шартIал рихьидал, битIахъе бахиллъула.

 

  ЭТИМЕСГУТАЛЪУЛ МЭРАСУЛ ХIУРМАТ

 

Анкараялде щвараб тIоцебесеб къо рукIкIунаго, ниж рачана дагъистаниязул хIурматалда шагьаралъул мэриялъ тепси гIуцIараб, рестораналде.  Гьенив гIахьаллъана Анкараялъул Этимесгут районалъул мэр Энвер Демир, симпозиум гIуцIарал, нижгун дандчIвазе рачIарал Турциялда ругел Кавказалъул халкъазул наслабазул вакилзаби.

Гьаниб батIаго бицине мустахIикъал руго, Анкараялда нижгун цолъарал, Азербайжаналдаса дагъистаниязул вакилзабазул. Сапаралъул хъвай-хъвагIаязул хадусел бутIабазда тIад юссина гьезде.

Бечедаб тепси гIуцIун гуребги, Энвер Демирица кIудияб хIурмат гьабуна гьалбадерил. Нижер щивасул цIар, иш-пишаги бицун жиндаго аскIоре ахIун тIугьдулгун сайгъаталги кьуна гьес. Дунялалда Дагъистаналъул цIар рагIизабурал нилъер спортсменазе хасаб баркала загьир гьабуна мэрас. Кибго бицен рагIараб турказул тепси-сурпаялдаса хадур ниж парахат гьаруна санагIат рекъараб отелалъур. Нижер кисиниса гъурущ холареб хIалалъ гIуцIун батана Турциялъул рахъалъ тIолабго сапарги.

 

СИМПОЗИУМАЛЪУЛ БАЙБИХЬИ

 

 Дагъистаналъул ва Турциялъул тарихалъулгун маданияталъул симпозиумалъул аслияб бутIа байбихьана хадусеб къоялъ радалго, ай 8 октябралъ. МухIканаб тартибалда, сагIат, минут хIисабалде босун, гIуцIун букIана гьелъул программа. КъотIноса жанире лъугьунаго, азбаралда ран ругоан симпозиумалъул игIланал, жанахIалъуб Шамил имамасул бюст, Турциялъул, Россиялъул, Дагъистаналъул байрахъал; гьебго къагIидаялъ къачIараб данделъабазул залалда Ататюркил ва имам Шамилил чIахIиял суратал, звукорежиссерас мех-мехалъ риччалел Дагъистаналъул бахIарчилъиялъул бицунел кучIдул. Бокьарас росизе жанахIалъур ричулел рукIана (МухIамад ХIамзаевас хъвараб, Асият ва Яшар Озица турк мацIалде буссинабураб) «Шамил имам» тIахьалги.

Авалалдасаго бихьулеб букIана, нилъер мугьажирзабазул тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ тIобитIулеб, гьеб гIелмиябгун маданияб проект гIумруялде бахъинабиялъе цIикIкIараб кIвар кьун букIин. Турциялъул хIукуматалъул рахъалдаса изну ва квербакъи гьечIо гьеб лъугьунгутIиги якъинаб гьечIищха.

КIалъаял рукIана турк ва гIурус мацIазда, кIиябго мацIалъул мухIканаб таржамаги букIана.

СанагIалъи рекъараб данделъабазул залалда симпозиум рагьана Фатин Дагчинарил, ГIабдуллагь Эренил, МухIамадхан ХIамзатхановасул саламалъулал кIалъаяздалъун.

Дагъистаналъул гIелмиял ва тIадегIанаб лъай кьеялъул идарабазул камилал махщелчагIаздаса гIуцIараб букIана нилъер делегациялъул цIикIкIарасеб бутIа.

РАНалъул ИИАЭялъул ДФИЦалъул идараялдаса (Институт истории, археологии и этнографии Дагестанского федерального исследовательского центра Российской академии наук) анцIгоялдасаги цIикIкIун гIалимчи ахIун вукIана симпозиумалда гIахьаллъизе. Гьенире рачIаразулъ рукIана, дагьалъ цеве гьеб гIелмияб идараялъул нухмалъуде тIамурав тарихиял гIелмабазул кандидат Рамазан ГIабдулмажидов, тарихиял гIелмабазул докторал МухIамадхан МухIамадханов ва МуртазагIали Сиражудинов, тарихиял гIелмабазул кандидатал ШагIбан ХIапизов, ХIамзат Атаев, Майсарат Мусаева, МухIамад ШехмухIамадов, Жамалудин МаламухIамадов, Шарапудин Магарамов.

ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб институталдаса (ИЯЛИ ДНЦ РАН) гьенир гIахьаллъана рехсараб идараялъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор Абусупян Акамов ва тарихиял гIелмабазул кандидат Саида Гьарунова.

Дагъистаналъул пачалихъалъулаб университеталдаса рукIана юридикиял гIелмабазул кандидат Мажид Магьдилов ва филологиял гIелмабазул кандидат Рахиля ГIалиева.

Киназулго кIалъаязул бицани халалъун ккела, гьел рукIана Дагъистаналъул хаслъиялъул, тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул, мацIазул лугъатазул баянал гъваридго рагьулел. Щивасул докладалдасан видео-презентацияги бихьизабулеб букIана кIудияб экраналдасан.

РукIана кIалъаял Турциялъул гIалимзабазулги. КIиябго рахъалъул гIелмиял цIех-рехазул докладал цIалиялдалъун лъугIулеб букIинчIо церерахъин. КIалъанщинасе кьолел суалал, мухIканал жавабал — къокъго абуни, лъикIаб чIаголъиялда чвахана симпозиумалъул тIоцебесеб къоялъул хIалтIи.

Суалал кьеялъул рахъалъ чIел босанин абизе бегьула БацIханица (МухIамадхан ХIамзатхановас). ГIезегIанго тарих бокьулев, тIахьал цIаларав чи вугин ккана гьев.

 

АДАБАЛЪЕ ЦIАКЪЛЪИ БОСАНА РЕКIЕЛЪ

 

ГIахьалчагIазе чIамучIлъулареб хIалалъ гIуцIун букIана симпозиумалъул программа. Данделъи нухда бачунес кофе-брейк лъазабурабго, рахъунаан жанахIалъуре свак чучизе. Чай-кофе гьекъолагоги гьоркьоса къотIулароан гьарурал кIалъаязда тIасан чIагояб хабар, гьенибго гIахьалчагIазе рес кколаан цоцазулгун гIагардегIан лъай-хъвай гьабизеги, цадахъ суратал рахъизеги.

Нилъер делегациялда гьоркьор гIезегIанго рукIана турк, гIараб, ингилис мацIазда кIалъан бажарулелги. Дун гIадал, гIурусги магIарулги гурони лъаларез, нилъерабго бицунаан Туркиялъул магIарулазе, гьелги разиго хутIулаан. Симпозиумалда гIахьаллъарал Турциялъул магIарулазул гIемерисездаго саламатго лъалеб батана умумузул мацI. Бищунго йохана гIолохъанаб гIелалда гьоркьорги магIарул мацI бичIчIулел ратидал. Улкаялъул батIи-батIиял шагьараздаса данделъарал гьел гIолилаз хIаракат бахъулеб букIана гьалбадерие хIажатабщиналъур аскIор ратизе. ЦIакъго рекIелъе бортана чIахIиязул гьез гьабулеб адаб.

 

ГIАСРАБАЗУЛ ТАРИХ РАГЬУЛЕЛ КIАЛЪАЯЛ

 

8 октябрь. Гьеб къоялъул тIоцебесеб бутIаялда ункъо доклад букIана «Ранние этапы истории Дагестана: аналитические материалы» абураб тема кьочIое босарал. Председатель — Рамазан ГIабдулмажидов; докладчикал — ХIамзат Атаев, МуртазагIали ХIажиев, ШагIбан ХIапизов. Гьел докладаз гIатIидго рагьана археологиялъул памятниказул, гьеб культура хIисабалда, батIибатIияб къагIидаялъ цебетIеялъул, цересел гIасрабаз исламалъул центрлъун букIараб некIсияб Дербенталъул, Серир пачалихъалъул.

КIиабилеб бутIаялъ рагьана Дагъистаналъул гьоркьохъел гIасрабазул тарих: Киевалъул Русалъул ва Золотая Ордаялъул заманаялъ Дагъистаналъул гьезулгун рукIарал дармилал ва экономикиял гьоркьорлъаби; ХVI гIасруялда Дагъистаналъул политикияб карта, магIарухълъиялда эркенал жамагIатал гIуцIи, гьезул хIакъалъулъ баянал; Дагъистаналда Надир-шагьасул талихIкъосин, гьев щущахъ виххизави. Гьеб бутIаялъе нухмалъи гьабуна профессор Юджел Огурлуца. Гьевги ккола лезгияв, Стамбулалъул халкъазда гьоркьосеб дармил университеталъул ректор.

Лъабабилеб бутIаялда кIвар кьуна мацIазул цIех-рехазде: «Исторические связи дагестанских языков и тюркологические исследования». Гьеб темаялдасанги букIана лъабго гIалимчиясул доклад — Юджел Огурлу, Рахиля ГIалиева, Мажид Магьдилов. Председательлъи гьабуна Анкараялъул университеталъул профессор, филологиял гIелмабазул доктор Уфук Тавкулица.

 

МАЦI КИНАБ БИЦАНИГИ ЩИБ, БИГИ РАКIГИ МАГIАРУЛ БУГО

 

Докладазда гьоркьоб хIухьбахъиялъул заманаялъ лъай-хъвай ккана Азербайжаналдаса рачIарал дагъистаниязулгун. Гьезул бищунго цIикIкIарав — Азербайжаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул мухъилъ вугев шагIир, Къабахчолиса Рамазан Хутраев. Гьес ЦIоралъул лугъаталда хъварал кучIдул гIезегIанго рагIунги рукIана цереккунго. ГIумруялъго хIисабалъул дарсал школалда кьурав мугIалим вугониги, Рамазанил щибаб каламалъулъ буго шагIирлъи, кечI цIалулеб гIадаб хIисабалъул бугоан гьесул кIалъайго. Кутакалда магIарухълъи, Дагъистан хирияв, магIарул адабият лъалев чиги вугоан Рамазан. Гьесул кучIдул ахIула ЦIоралъул, Дагъистаналдаги машгьурал, кочIохъабаз Эмилица, ГIали Халаевас, Шамил Хурмаевас ва цогидаз. Рамазанил кучIдузул чанго тIехь бахъун буго азербайжан мацIалда. Цоги шигIрабазул тIехь магIарул мацIалда бахъизеги хIадурулеб бугин бицана гьес. Дагъистаналъул магIарул интеллигенциялъул вакилзаби ЦIоралде цIикIкIун рачIине бокьилин абураб жиндир гьари «ХIакъикъат» газеталдасан загьир гьабеянги абуна Рамазаница.

Цоги магIарулав, Бакуялда гIумру гьабун вугев, бизнесмен ИсмагIил Гантаевасул анищ бугоан ЦIоралъул магIарулал цоцалъ гъункизаризе, гьезул вакилзаби пачалихъалъул хъулухъазда, парламенталда рихьизе. 90-абилел соназ ИсмагIил цIалун вуго Анкараялъул университеталда, политикиял гIелмабазул факультеталда. Студентлъун вугеб заманаялъго Яшар Озица ва Фатин Дагчинарица Дагъистаналъул, Кавказалъул студентазе гьабулеб букIараб кумекалъулги бицана гьес. ГIумруялъего хIажатал дарсаллъун хутIанин бицана гьес, Анкараялда гIумру гьабун вугев магIарулав Садредин Озденил малъа-хъваял. ИсмагIил цIалун лъугIизегIан гьесие стипендия кьуна Садрединица. Гьадин ракIалде щвезаруна ИсмагIилица дол сонал:

— Анкараялда чамалиго ресторан букIана доб мехалъ Садредин Озденил. Щибаб моцIрое гьес гIарац кьолеб букIиналдаса намуслъунги вукIунаан дун. Лъабабилеб курсалда цIалулеб мехалъ дица Садрединида гьарана, гьеб стипендия хIалаллъизе, цониги рестораналда хIалтIун кумек гьабизе бокьун бугилан. Дур хIалтIи — лъикI цIали бугин жаваб кьуна гьес. ЦIалуе зарал ккезе теларин абун, дун тIаса вичIичIеб мехалъ Садредин разилъана. Дирги гъира букIана, цо кинаб бугониги нухмалъулеб хIалтIиги кьун, дие хIалбихьи щвелилан. Пуланаб рестораналде айин, дица мун вачIунеблъиги бицун бугин абуна гьес. Щвана гьесул бищун лъикIазул цояб рестораналде — гьениб управ- ляющияс богорокъовеги вачун, картошкаялдаса хъал бахъизе тIамуна. РекIее гIелищха гIолохъанчиясе гьеб пиша, дицаго гьарун кьун бугелъул, яхIалъ хIалтIулев вукIана. «Гьа, щиб кколеб бугеб дур», — анги абун, цо къоялъ вачIана живго Садредин. Дица лъазе течIониги, гьесда бичIчIиларищха, къандалъаби цIураб картошка бацIцIине дир гъира гьечIолъи. «ГIенеккея, ИсмагIил, — анги абун, босун нусгун картошка бацIцIине жувана гьев — чанго рестораналъул бетIергьан. — ЛъикIаб даражаялъул бизнес гIуцIиялъе хIажат буго гьеб иш нилъецаго кьучIдасанго лъазабизе. Халкъалъе къабулаб тIагIамаб кванил ресторан рагьилал де гьадинаб хIалтIудаса байбихьизе ккола. Щибаб нигIматалъул тIагIам, гьелъул квен хIадурулеб къагIида дудаго бичIчIизе ккола». Гьелдаса нахъе батIи-батIияб хIалтIи малъа- на дида гьес, гIемераб ишалде тIаде ккезавуна. Жакъасеб дир магIишат Садрединил дарсал гIадахъ росун гIуцIараб буго…»

ЦIалун хадув Азербайжаналде тIад вуссарав ИсмагIилица гьениб рагьун буго турказул кванил ресторан. Гьанже гьеб бизнес гIатIилъун бугинги бицана. Гьев эркенго кIалъалев вуго гIурус, магIарул, турк ва азербайжан мацIазда. ЛъикIаб иманалъул, кумек хIажаталъуб жин- дир бутIа лъолев сахаватав чи ву- гин ИсмагIилин абун бицана гьев лъикIго лъалез.

ЦIоралъул магIарулазда гьоркьов бищунго гIолохъанав вукIана Ша- мил ТIинаев. ИсмагIилидаго гIадин, гьесдаги лъалеб бугоан ункъабго мацI. Жиндир умумузул ватIан — ЛъаратIа районалъул Надар росулъе щвезеги ният бугин абуна Шамилица. МахIачхъалаялде жив гIемер вачIунин бицана гьес.

— Дагъистаналда гIемер гIагарлъи, гьалмагълъи буго нижер. Гьениб гIолохъабазул цо хасият бокьуларо дие, гьел лъугьуна ЦIоралъул магIарулаз цоцалъ азербайжан мацI бицунилан бадирчIваял гьаризе. Рокъобги къватIибги нужецаго хъурулеб гIурус мацIалъул магIна щибхаян жаваб гьабизе ккола гьезие. Щиб бакIалда гIумру гьабун ругониги, гьеб улкаялъул гIаммаб мацIалде ругьунлъула чи. Амма нижер рокъоб буго рахьдал мацI. ЦIоралъул халкъалъул ракIги, биги, гIамалги буго магIарул.

Азербайжаналда машгьурай журналист, шагIир, режиссер, «Самур» газеталъул редактор, лезгияй Седагет Керимовалъул «ЦIорораб бакъ» киноялъул бицен рагIун букIана цебеккун. Цеего лъалей гIадан кинигин жуяна гьейги нижер къокъаялъулъ.

 

 

РАКI ЦIАЛЕБ БУКIИНЧIЕБАНИ, ДАНДЕЛЪИЛАРОАН

 

Къад къоялъ гIалимзабаз тарихалъул бицаниги, къасисеб кванида цадахъго культураялъул программаги камизе течIо. Гьелъие байбихьи лъуна Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъ. Турциялда ругел миллатцоязе сайгъатлъун Хадижатица хIадурун батана тIаса бищараб лъикIаб репертуар. МагIарул халкъиял, миллаталъул бахIарчилъиялда, мацIалда хурхарал рукIана гьезул цIикIкIарасел. Данделъарал гIажаиблъана Хадижатица турк, гIараб ва азербайжан мацIаздаги кучIдул ахIидал. Гьелда цадахъ тIадчIван кечI ахIулел ясал халлъана цо столалда нахъа. ЦIехараб мехалъ гьел ратана Турциялда цIалулел ГIиракъалдаса магIарулал — яцал Рим ва МахIа. (Гьел ясазул хъизаналъулги хадусеб нухалъ дагьаб гIатIидго бицина). СанагIат рекъараб банкетазул залалъубги камичIо цIиял лъай-хъваял, ракIгъураб хабар. КечI-бакъаналда гьоркьор рукIана ракI-ракIалъ цоцаздаса разилъи загьир гьабурал кIалъаял, гьелги рукIана гIурус, магIарул, турк, азербайжан ва гIараб мацIазда. Гьеб сордо нухда бачана Асият Тинаевалъ (Оз).

— ЗахIматаб заманаялъ Турциялъ къабул гьаруна магIарулал, Кавказалъул чанго батIияб миллаталъул мугьажирзаби. Гьезул наслабазул лъикIаб яшав гьаниб батиялдаса рохарал руго ниж, — ан абуна кIалъазе цеве ахIарав Авартеатралъул директор МухIамад БисавгIалиевас.

— ГIасраби аниги, нилъ данде гьарулел руго, исламияб дунялалда бищунго машгьурав кавказияв, Шамил имамасул цIаралъ. Нилъер цоцахъе ракI цIалеб букIинчIебани, гьадин данделъилароан. Имамасул цIаралъ гъункизарулел руго нилъ, щулалъизабулеб буго вацлъиги гьудуллъиги.

Нилъеда цебе бугеб масъалаги ккола Шамилил цIарги цIунун, гьесул цIаралъе мустахIикъаллъун рукIине, гIумруялъулъ гьеб тасдикъ гьабизе, хадусел наслабазухъеги кьезе.

Проект гIуцIаразе баркалаги кьун, Дагъистаналъе гьезул ритIухълъиялъул бицунаго, «Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза ГIалихановалъги тIадчIей гьабуна политикияб рахъалдаги:

— Россиялъул ва Турциялъул бутIруз эркенго цоцахъе хьвадизе изну кьечIебани, гьадинал дандчIваял, тадбирал лъугьине рес букIинароан. Гьеб гьитIинаб кIвар гуро кIиябго улкаялъул бухьен щулалъиялъе. Нилъеда батIи-батIиял политикиял хиса-басиял рихьана. БукIана заман «маххул къадазул» гIорхъалабаз цоцахъе нух къараб. Турциялда магIарулал ругин абун рагIун гурони, гьаниве щварав чи цIакъго къанагIат вукIана. Турциялъул ва Дагъистаналъул магIарулазул тIоцересел дандчIваял рукIана магIу щущалел. Жакъа цIакъго хIайранлъана, Шигьабудин Озденица чвахун бицунеб магIарул мацIалда. Цебеккун гIемераб биценги рагIун, гьев вихьизе анищ букIана дир.

Дир ракI рохалил цIун буго умумузул ватIаналде бугеб нужер рокьи бихьун, нужеца бицунеб магIарул мацI рагIун, нилъер миллияб хаслъи цIунизе бахъулеб хIаракаталъухъ балагьун.

Турциялъул батIи-батIиял шагьаразда ругел дагъистаниязул жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелгун цадахъ гьенивго кIалъазе вахъана, киназего къиматав, Шигьабудин Озденги. КIалъазе вахъарав щивас загьир гьабулеб букIана рекIел хинлъи, гьеб данделъиялъул бугеб кIвар. ЦIиял гIелазда мисалги бихьизабун, гIасрабаз цоцаздехун хутIараб гьудуллъи-вацлъиги адаб-хIурматги цIуниялде ахIулел рукIана.

Гьаниб бицинчIого хутIана, симпозиум тIобитIулеб кIалгIаялъул жанахIалъуб лъураб Шамил имамасул бюст гьабурав скульптор НухI Ачинил. (Гьеб бюсталъе харжал Сайгидпаша ГIумахановас гьарунинги бицунеб рагIана). Скульпторасул хIалтIабазул видео-презентацияги бихьизабуна гьеб сордоялъ банкетазул залалда. НухI Ачин вуго Туркиялъул черкесав. Гьесул кIудияб хIурмат бугоан дагъистанияздехун. Кавказалъул цересел ва гьанжесел машгьурал гIадамазул сипаталда жинцаго гьарурал бюстазул музей гIуцIун бугин бицана гьес. НухIил хIалтIабазул мухъилъги цIар рагIарал магIарулал гIемер ругоан. Гьеб сордоялъул гIодобчIеялъе лъугIел лъуна, къо-лъикI гьабулаго СултIан Ибрагьимовас ахIарал:

«КъотIун гьечIо жегиги

Кьурабалъ дандерижи,

 — Кьварарал муридазул

 Лаиллагьа илаллагь», — ан абурал кочIол рагIабаздалъун.

 

  

    Дагъистаналъул анцIгоялдасаги цIикIкIун районалъул вакилзаби рукIана Турциялде ахIараб делегациялда гьоркьор. Цебеккун бицухъе, гьезул цIикIкIарасеб къадар магIарулазул букIана. Турциялъул ракьалда рещтIаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьабидал, гьеб тадбир хIукуматалъул кIудияб идараялъ гIуцIараб гIадаб хIисаб букIана.  

    Симпозиумалъул хIалтIуда гьоркьоб лъазабураб иргадулаб хIухьбахъиялъул минутаз, Анкараялда бугеб дагъистаниязул жамгIияб гIуцIиялъул президент хIисабалда, Фатин Дагъчинарие баркала загьир гьабулей йикIана дун.

ПатIимат, баркала кьезе ккола Яшарие ва Асиятие. ГIемераб хIалтIи гьабуна гьаз гьаб проект гIумруялде бахъинабулаго, — ян жаваб гьабуна гьес.

  Оз Яшарил ва гьесул лъади Асиятил мурад бугоан Дагъистаналъул тарихгун культура Турци- ялда гIатIидго рагIизаби, кIиябго рахъалъул бухьен щулалъи. Гьеб гуребги, бихьизабуна Турциялда ругел дагъистаниязул гIумру-яшав мустахIикъаб даражаялда букIин, умумузул ватIаналде рекIелъ рокьи цIунун гуребги, гьеб гIелмияб, маданияб рахъалъ тIад хIалтIун щула гьабизе гьез бахъулеб хIаракат.

 

Нилъер хаслъигун тарих рагьулел кIалъаял

 

    Анкараялда 9-10 октябралъул къоязги симпозиумалъул хIалтIи букIана сардил хIухьбахъулел сагIтаз гурони гьоркьоса къотIичIеб. Гьеб тIолабго программаялда рукIанщинал гIелмиял докладазул, кIалъанщинав чиясул бицани, цIакъго халалъила, цIалдолезеги чIамучIлъила. Нижеегогицин гIенеккизе гъира балел баянал рагьулел рукIана Дагъистаналъул гIалимзабазул цIех-рехаз баянал. Умумузул ракьалъул тарих лъазабизе Турциялда гIолел Кавказалъул халкъазул наслабаз хIаракат бахъулеб букIиналдасаги рохана. «Этнография Кавказа и Дагестана в свете глобальных межкультурных взаимодействий» абураб темаялда гIуцIараб бутIаялъе нухмалъи гьабуна Асият ТIинаевалъ (Оз).

  Дагъистаниязул миллияб хаслъи рагьулел гIелмиял цIех-рехазул кIалъаял рукIана гIалимзаби МухIамадхан МухIамадхановасул, Абусупян Акамовасул, Майсарат Мусаевалъул ва Саида Гьаруновалъул. КIиабилеб, профессор МухIамадхан МухIамадхановас нухмалъи гьа- бураб «Историко-культурные связи Дагестана с Турцией» бутIаялда докладал рукIана гIалимзаби Рамазан ГIабдулмажидовасул, Шарапудин Магарамовасул, Юсуф-Ислам Йылмазил. «Дагестанцы в Османском Государстве, в примерах документов» абураб темаялда букIана Йылмазил кIалъай. Гьел баяназул цIех-рех жеги гьабизе букIинги бицана Йылмазица, кIалъаялдаса хадуб суалазе жаваб кьолаго. МухIамадхан МухIамадхановас тIадегIанаб къимат кьуна гIолохъанав тарихчияс гьабулеб цIех-рехалъулаб хIалтIуе.

    Юсуф-Ислам Йылмаз вуго Турциялъул Сивас шагьаралда гIурав магIарулазул наслуялъул вас. Жиндир умумул, Махтули МухIамадилал цIунтIадерил ракьалдаса рукIанин бицана гьес. Шапих росулъа гIагарлъиялъулгун бухьенги бугин абуна.

    МагIарул мацI гьесда лъалеб гьечIоан, ниж гьевгун эркен- го кIалъана гIурус мацIалда. Нижее хIажаталъуб таржамаги гьабулаан Юсуф-Исламица.

    Гьес лъазабулеб буго тарихияб гIелму, цIалун вуго Саратовалъул ва Сивасалъул университетазда. ЧIужу Дагъистаналдаса ячине бокьун бугинги бицана гьес нижее кофе-брейк лъазабураб хIухьбахъиялъул заманалда цадахъ чай гьекъолаго.

    Къадеквандаса хадур рукIана Дагъистаналъул гьоркьохъел ва ахирал гIасрабазул бицунел кIалъаял. Гьеб заманаялъ Дагъистаналда гIуцIарал лъай кьеялъул идарабазул баян кьуна гIалимчи Жамалудин МаламухIамадовас, Шамил имамасул кагътазул бицана шагIир МухIамад ХIамзаевас, Шамил имамамасул заманаялъул низамалъул цIиял баянал рехсана гIалимчи МухIамад ШехмухIамадовас.

   Дагъистаналда ханзабазул заманаялъул бицунеб букIана, Измиралдаса тарихчи, Мехмет Уярил кIалъай. Залалда гIодор чIараз докладчагIазе кьолел суалал цо- цо мехалъ бахIсалдецин сверулел рукIана. Гьел суалал роцIинаруна гIалимзабазул мухIканал баяназ.

 

Тириял кьурдабигун къасисеб тепси

 

    Къасиквен букIана Кавказалъул кьурдабигун. Гьални «Лезгинка» ансамблялда куцарал кьурдухъаби ратилин букIана пикру. Къад симпозиумалда хIажатабщиналъе эхетарал волонтерал ругоан къаси, Кавказалъул ратIлил формагун, тириго свери бахъулел. Гьезулги це- вехъан – Стамбулалда гIумру гьабун вугев магIарулав Гекай.

   Гьев гIолохъанчияс гьитIинаб мехалдаса нахъего тIадчIун, профессионалияб даражаялда, лъазарун руго Кавказалъул кьурдул расенал. Фармакологлъунги цIалун щвараб лъаялда рекъон хIалтIулев вугониги, жеги тун гьечIо «Кавказалъул кьурдаби» ансамблялда гIахьаллъиги.

   Гьединго Гекайица жигараб гIахьаллъи гьабулеб буго Турциялда ругел дагъистаниязул жамгIияб хIалтIулъ. Гьеб къасисеб тадбиралдаги гIахьаллъана Турциялъул батIи- батIиял шагьаразда ругел дагъистаниязул наслаби, жамгIиял хIаракатчагIи. РукIана ракIразиял кIалъаял, ракIалдещвеялъе кьолел сайгъатал

 

«Имам вихьана макьилъ…»

 

     Хадусеб къоялъ симпозиумалъул программа байбихьана МухIамад ХIамзаевас авар мацIалда хъвараб, Оз Асиятица ва Яшарица турк мацIалде буссинабураб, «Имам Шамил» тIехьалъул презентациялдаса. Гьеб бутIаялъул жавабиявлъунги вихьизавун вукIана хъвадарухъан, журналист МухIамад БисавгIалиев. Цебеккун киданиги бихьун букIинчIо гьес тIахьазул презентациял рачунеб. Амма ругьунабго пиша гIадин, тIадегIанаб даражаялда тIубазабуна гьеб иш БисавгIалиевас.

    2009 соналъ къватIибе бачIараб «Имам Шамил» тIехьалъе тIадегIанаб къимат Дагъистаналда цебего кьуна, халкъалъ къиматаб сайгъатлъун къабулги гьабуна. Турк мацIалдеги гьеб бусинабиялъ Турциялда гIолел дагъистаниязул наслабазе бугеб цIикIкIараб кIваралда тIадчIей гьабуна презентациялда гIахьаллъарал гIемерисез. Гьенир кIалъана профессор Уфук Тавкул, МухIамад ХIамзаев, МухIамад Хъарагишиев, Асият Оз, ШагIбан ХIапизов, ПатIимат ГьитIинова. БахIсалде сверарал суалалги камичIо гьенир. Шамилил заманаялъул тарихалъул гъваридаб бичIчIи гьечIолъи бихьулелги рукIана цо-цо суалал. ЦIакъ рекIее гIуна нилъер тарихчагIаз гьезие кьурал кьучIал жавабал.

   Асият ТIинаевалъ гIатIидго баян кьуна тIехь турк мацIалде буссинабулаго гьабураб хIалтIул, гьеб ишалъулъ гIахьаллъаразул, тIоцебе гьеб цIалараб мехалъ жиндиего гьа- бураб гъваридаб асаралъул. Турк мацIалда тIехь къватIибе бачIараб мехалъ, жинда макьилъ Шамил имам цеветIамунинги бицана гьелъ. Киналго кIалъаял рукIана гIурус ва турк мацIазда. Гьелъул таржама-ги букIана гIенеккаразе санагIаталда гIуцIун. «ХIакъикъат» газеталъул вакил хIисабалда, дир къокъабго кIалъай букIана магIарул мацIалда. Гьелъухъ баркала загьир гьабун рачIана аскIоре Турциялъул магIарулалги. Авар каламалъухъ урхъарал гIолилал гьезда гьоркьор ратиялдаса дунги йохана.

 10 октябрь къоялъул радал Анкараялда рещтIана Дагъистаналъул халкъияй артистка Зайнаб Махаеваги.

 

ГIасругун бащдалдаса цIикIкIун заман къватIиб барал мугьажир­забазул наслабаз магIарул мацI бицунеб рагIидал, рекIее лъикIаб асар гьабула. Чияр букIаниги ватIанлъун лъугьун буго гьезие умумул го­чарал улкаби. КигIан санагIатаб яшавалда ругониги, гьезул ракIазулъ буго умумузул ракьалдехун хинаб асар, бидулъго буго Кавказалде ро­кьи. Гьеб цIунизе, хадур гIолезухъе кьезе квербакъула Анкараялда бу­геб Дагъистаналъул тарихалъул ва маданияталъул жамгIиял гIуцIабаз. Дагъистаниял, кавказиял данделъулел гьединал гIуцIаби руго Турци­ялъул гIезегIанго шагьаразда. ХIукуматалъул рахъалдаса гьукъиги гьечIо гьезул хIалтIуе. Гьеб бутIаялда хIалбихьи щварал гIадамалги рукIана тадбиралде ахIун.

Симпозиумалъул ахирисеб къоялъги программа букIана бечедаб. ВатIанцоязулгун бухьен щулалъиялъе жамгIиял гIуцIабаз гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицана Турциялъул, Дагъистаналъул, Азербай­жаналъул ва ГIиракъалъул дагъистанияз.

Гьебго къоялъул къасисеб тепсиялда нахъа гIодорчIаразе рес щва­на, нилъер халкъиял артисткаби Хадижат Жамалудиновалъул ва За­йнаб Махаевалъул кучIдузухъ гIенеккизеги. Машгьурал кочIохъабаз цадахъ биччараб бакъанги цIакъго къабуллъана данделъаразе.

Симпозиумалъул аслияб хIалтIи лъугIун хадусел къояз, гьеб проект гIуцIараз, гьалбал рачана Турциялъул бищунго машгьурал тарихиял бакIазде, пачалихъияб кIваралъул музеязде.

 

Бурсаялъул аваралгун

13 октябралда нижер автобу­салъ нух босана Анкараялда­са ункънусгогIан километралъ рикIкIад бугеб Бурсаялде. Гьени­ре гIагарлъарабгIан ракIалде ккола магIарухълъиялде щолел ругин.

Къадекванил тепсиги гIуцIун, данде рахъун ратана Бурсаялъул дагъистаниял. ЛъикIаб лъай-махщел щварал, берцинаб яшав гIуцIарал гIадамал рукIин бихьулеб букIана гьел. Данделъараз, жидерго цIаралги рехсон, бицунеб букIана щиб росулъа умумул рукIаралали. (Гьеб рахъалъ баяналги ракIарун гIемераб хIалтIи гьабулеб буго «Гъуниб» газеталъ­ул редактор МухIамад Къебедовас). Цо-цоязда умумузул росу лъалебги гьечIоан. ХIисаб гьабидал, Турциял­де гочарал магIарулазул гIемерисеб къадар Гумбет районалдаса бугин тана. Гьезул гIемерисел ругоан Ор­тотепе, Киреч росабалъ. Нижгун са­паралъ вукIарав Гумбет районалъул администрациялъул бетIерасул за­меститель МухIамад Хъарагиши­евас бицана, гьел росабалъ жидер кьолбол гIемерал гIадамал ругин. МухIамадица чанго соналъ тIадчIун балагьулеб бугоан гьениб гIагарлъи. Гьезул цояв вугоан Яшар Озги.

Щаялиго бадиб магIу ххулу­леб, хинаб лъалкI рекIелъ хутIулеб букIана Бурсаялъул магIарулазулгун дандчIвай.

Хадубккунисеб нижер сапар букIана, Бурсаялдаса лъабнусгогIан километралъ рикIкIаде, Дарданелл проливалъул рагIалда бугеб, Ча­наккале провинциялде. (Гьанибго ракIалде щвезабила, дагьал цере соназги гьеб провинциялъул губер­наторлъун вукIана магIарулав, Тур­циялда машгьурав политик, хъвада­рухъан АхIмад Чинар.)

 

НекIсияб Троя ва тарихияб Дарданелл

 

ТIоцебесеб къоялъ ниж гьобол­лъухъ ахIана, улкаялдаго бищун лъикIал идарабазул цояб, Чанакка­ле шагьаралъул университеталде. Бихьизабуна гьенибго бугеб, Ча­наккале провинциялъул тIабигIиял, магIданиял ва ралъдал бечелъабазул музейги.

Гьеб, кIикъоазарго студент жа­ниве вачунеб университеталда цIалулел ратана Дагъистаналдаса, Крымалдаса гIолилалги. Гьезулги цояв, Нугъай районалдаса Эмир Ха­саевас гъираялда бицана лъай кье­ялъул ва гIумру гьабиялъул рахъалъ университеталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъ.

Турциялъул ракьалъул рагIал- лъаби чурула ункъо батIияб ралъда­ца — ЧIегIер ралъад буго Шималияб рахъалда, Средиземное — югалъулаб рахъалда, Эгейское — Турциялдаги Грециялдаги гьоркьоб; Мармаралъ­улин абуни ккола — улкаялда жани­себ ралъад, ункъабго ралъадалъул бухьен буго Босфор ва Дарданелл проливаздасан. Цересел гIасрабазго гIадин, гьанжеги гьел проливаз ду­нялалъулго геополитикаялда ккола цIикIкIараб кIваралъул бакI. Ча­наккалле шагьаралда гIагарлъухъго буго некIсияб, маргьадулъ гIадаб биценалъул, Троя шагьаралъул хутIел. Нилъеда гьеб лъала цересел греказул шагIир Гомерил «Илли­ада» асаралдаса ва гьелда рекъон рахъарал кинофильмаздаса. Троя шагьаралъул чIваднал рухъулаго, археологазда батанщинаб данде гьабун гIуцIараб тарихияб музейги буго гьениб.

Россиялъе Сталинград гIадаб, Дагъистаналъе АхIулгохI гIадин къиматаб, бахIарчияб тарих буго Дарданелл проливалъул рагIаллъуда бугеб Галлиполи бащ­даб чIинкIиллъиялъул. ТIоцебесеб дунялалъул рагъулъ турказ жи­дерго ватIан тушбабаздаса цIунун, бергьенлъи босараб гьеб бор­халъуда, кутакалда асар гьабулеб къагIидаялъ гIуцIун буго бечедаб музей, гьениб чIаго гьабун буго дол рагъазул тарих. Гьеб цIунизе гIемерал харжалги гьарун, балагьа­разул ракIазе цIакъго асар гьабу­ледухъ, жидер миллаталде хIурмат цIикIкIунедухъ бихьизабулебги буго турказ.

Грециялда дандбитIун, Дарданелл проливалъул рагIалда бараб кIиго сордо-къоги букIана даималъго рекIелъ хутIулеблъун. Шагьаралъул нухмалъулел, университеталъул рек­тор, Крымалдаса татаразул церехъа­би гIахьаллъараб букIана, къасисеб кванил тепсиялда нахъа гIуцIараб хIурматияб дандчIвай.

Гьаб ракьалъул кьучIав хважаин вуго

Автобусалда рекIун Чанаккал­леялдаса Стамбулалде унаго нахъа тана ичIго сагIаталъул нух.

Кире руссаниги, бижулеб букIана цого пикру — жидерго ватIаналъул, ракьалъул тIалаб, къимат гьабулеб буго турказ.

Чанго азарго километр нухлул на­хъа толаго киса-кибего гIурччинлъи, хъулухъ гьабурал гъутIби, щибаб гъотIол, хъархъил кьолболъе лъим тIинкIизабун лъалъалеб къагIида, хасалихъе бачIинги бакIарун мухIканго регарал хурзал, ахал… Гьединал бакIазда ракIалде щвечIого хутIуларо рехун тарал нилъерго мегъал, рекьуларел авлахъал, хъуб­лъиялъ цIурал рохьал, гьединалго гIурул рагIаллъаби.

Берцин бихьана турказул гIи-боцIул фермабазда аскIоб рацIцIалъи. ГIархъазде буссина­бураб хер, нилъер гьаниб гIадин гIаздакь, цIадакь толеб гьечIо, тIад чIахIиял тентал ккун, рахчун руго. Кибго хIалигъараб гIурччинлъи бугониги, гIорал, лъарал, хIорал халлъичIо.

ЦокIалаб тайпаялда гIуцIарал росабалъ 2-3-4 тIалаялъул ругоан киналго минаби. Гьезулги тIохазда щегI гурони, маххгун шифералда берчIвачIо. Ригьзабазда сверухъ буго къунцIун, чIаран къачIараб, гъветI-хъарахъ, халлъичIо азбар- къоно бахчарал рорхатал къадал, чIухIун къачIарал маххул каваби. Асар гьабичIого хутIичIо шагьара­зул ва росабазул щибаб авалалда ругел гIемерал берцинал мажгитаз, рорхатал михIмараз.

Хъухъан, бичIун, къачIан бичулеб цIул батула бакI-бакIалда. ЦIа ба­кун рукъзал хинлъизарулел бакIал гIемер рукIин бихьула, тIохазда кIкIуйдул тIалаби рукIиналъ. Лъим, газ, ток гьарзаго гьечIин ккана, гьо­рол ток гьабулел станциялги рихьула гIезегIанго щобазда.

Кинаб рахъалъ халгьабуниги, тIолабго улкаялда, цокIалаб, жидер­го буголъи цIунараб, кьварараб по­литика букIин бичIчIула.

Сулейманил гьундул ва нух битIиялъе бахъухъ

Стамбулалде щвараб нахъисеб къоялъ ниж рачана экономикая- лъул, дармил лъай кьолеб, халкъазда гьоркьосеб университеталде. Гьеб университеталъул ректор, Дагъи­станалдаса наслуялъул лезгияв, про­фессор Юджел Огъурлуца лъикIаб дандчIвайги хIадурун батана уму­музул ракьалдаса рачIарал гьалбазе. Стамбулалъул дагъистаниял цолъи­ялъе Юджелица гIемераб хIалтIи гьа­булин бицана симпозиум гIуцIараз.

Цояз цогидазухъе ахIун, ниж лъалхъанщинаб бакIалда данделъун ратулаан нилъер мугьажирзабазул наслаби. Гьанже Дагъистаналдаса ун Стамбулалда цIалулел магIарул васал рачIана гьенире нижгун дандчIвазе. Турциялъул ракьалде щвараб щибаб нухалъ цIикIкIун бичIчIула гьенир гIемер магIарулал, дагъистаниял рукIин.

Киналго дандчIваязда рихьан­щиназул цIаралги, киса-щива­лиги ракIалда хутIичIо, хъванги хIалкIвечIо.

Симпозиумалъул нухмалъулез ракIалдещвеялъул сайгъатал ри­кьулел рукIана киналго тадбира­зул, дандчIваязул гIахьалчагIазе, гьоболлъи-хIурмат гIуцIаразе, хIалтIулъ квербакъаразе.

Шамил имамасул фондалъул рахъалдасаги рукIана Турциялда ру­гел ракьцоязе, хIурматиял гIадамазе кьолел Дагъистаналъул хаслъиялъул сайгъатал.

Дунялалда бицен рагIараб гьай­батаб Стамбул, некIсияб тарихалъул музеял, СултIан Сулейманил гьун­дул, Турциялъул дагъистаниязул­гун къо-лъикI гьабулеб гIодобчIей — бечедаб букIана сапаралъул ахи­рисел къоязул хIухьбахъиялъулаб программаги. Аэропорталде ниж щолаго автобусалда жаниб бахъана магIарул бахъухъалъул махI. Цебе- ккун дица бицен гьабурав кьурду- хъан Гокайил лъади ячIун йигоан умумузул къагIидаялъ бахъухъги гьабун.

— Дагъистаналдаса рачIарал нижер умумуз щибаб байрамалде гьабу­лаан бахъухъ, — ан абуна гьес, къо- лъикI гьабиялъе гьеб нигIматги би­кьулаго.

 — Нижее байрамлъун ккана умумузул ватIаналдаса рачIарал ну­жеда цадахъ рарал къоял.

Турциялъул ракьалда рещтIаралдаса нахъе нижеда сверухъ лъугьа-бахъунелъул пикру гьаби­дал, гьеб тадбир хIукуматалъул кIудияб идараялъ гIуцIараб гIадаб хIисаб букIана. Амма гьеб букIана Оз Яшарил ва гьесул лъади Асия­тил кIудияб захIматалъул хIасил. Гьезул мурадги бугоан Дагъиста­налъул тарихгун культура Турци­ялда гIатIидго рагIизаби, кIиябго рахъалъул бухьен щула гьаби. Уму­музул ватIаналде гьезул ракIазулъ цIунараб рокьул хинлъиялъ, гьез бицунеб магIарул мацIалъ цIакъ гъваридаб асар гьабулеб букIана щибаб дандчIваялда. Гьединго, симпозиум гIуцIараз гьалбадери­да бихьизабуна Турциялда гIолел дагъистаниязул наслабазул гIумру- яшав мустахIикъаб даражаялда букIин.

Асар гьабуна гьенир гIемерал гIолилал-волонтерал гIахьаллъи- ялъги. Жидерго хIалтIи-ишги хъи­зан-рукъги тун киса-кирего цадахъ рукIана гьел.

Сапаралъул хъвай-хъвагIаял га­зеталда къватIире кьолаго, нижеца г1емерисеб нухалда хIалтIизаруна гIолохъанав тарихчи, магIарулав Юсуф-Ислам Йылмазица рахъарал суратал.

Аэропорталда дандчIваралдаса нахъе, гьенирего нухарегIизегIан ца­дахъ вукIана гьев.

Баркала кьезе гIадамалги бицинчIебги гIезегIанго хутIана. ИншаАл­лагь, батила гьеб гIатIидго рагьизе цоги батIияб къагIида.

 

 

ПатIимат ГЬИТIИНОВА

 

 

 

 

 

ПатIимат ГьитIинова