Республикаялъул гIуцIи

Дагъистаналъул Пачалихъияб Совет

 

XX гIасруялъул ахирал соназда Дагъистаналда ккана батIи-батIиял лъугьа-бахъинал. Жакъасеб къоялъул борхалъудаса балагьун абизе бегьила, нилъее щваралдаса нилъе­хъа бахъун араб гIемераб букIанин дол соназ­да. Амма камун рукIинчIо лъикIал рахъалги. Гьезул цояб ккола республикаялъул пачалихъияб гIуцIарухъанлъи.

КIиго нухалда референдумазда президентлъиялдаса инкар гьабураб Дагъистаналда гIуцIана Пачалихъияб Совет. Гьедин абулаан 1994-2006 соназда республикаялда гIуцIараб пачалихъияб кверщалил тIадегIанаб идараялда. Гьеб гIуцIун букIана цIияб Конституциялъул кьучIалда, Дагъистаналъул Верховный Советалъ 1994 соналъул 16 августалда гьабураб хIукмуялда рекъон. Щай Дагъистаналъул халкъазе республикаялда президент вукIине бокьун букIинчIеб? Щайгурелъул гьеб дандекколароан миллатал гIемераб республикаялъул халкъазул тIабигIаталде. Халкъалъул вакилзабаз загьир гьабулеб букIана гьелъ республика цебе бачиналъулъ цо хасал шартIазда кIудиял гъалатIал ккезаризе рес бугилан абураб пикру. Гьединлъидал политиказда ва гIалимзабазда батана президентасул ва парламенталъул гIаламатал жиндилъ ругеб коллегиалияб гIуцIи. Гьелъул тIокIлъи букIана Дагъистаналъул киналго халкъазе республикаялъул гIумрудулъ битIахъегояб гIахьаллъи гьабизе рес щвеялъулъ.
Исана 12 сон тIубана Пачали­хъи­я­б Советалъул гIуцIиги тун, президентасул, хадуб республикаялъул бетIерасул кверщалида нухмалъи гьабулеб къагIидаялде Дагъистан бачIаралдаса. Гьелде жанире унаан Дагъистаналъул халкъазул вакилзабилъун жал кколел, Конституциялъулаб Собраниялде вищарав 14 чи. Гьезде гъорлъе унаан Пачалихъияб Советалъул председательги республикаялъул хIукуматалъул председательги (Советалъул председателасул заместитель хIисабалда). Гьединаб гIуцIи, идара дол соназда Россиялдаго букIинчIо ва гьеб ккана тIоцебесеб хIалбихьилъун. Пачалихъияб Совет хIакъикъаталда букIана республикаялъул парламенталда гьечIеб «Миллатазул палатаялъул» бакI. Гьеб букIана Дагъис­таналда демократия цебетIеялъул хIасиллъунги.
Дагъистаналъул Пачалихъия­б Совет бищана 1994 соналъул 26 ию­лал­да, 449 чиясдаса гIуцIараб Кон­ституциялъулаб Собраниялъ. ГIицI­го гьелъул членал гурелги, собра­ниялде ахIун рукIана Совет Союзалъул, Россиялъул, Социалистияб ЗахIматалъул БахIарзал, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи, республикаялъул жамгIиял, гIелмиял, диниял хIаракатчагIи.
Пачалихъияб Советалъул предсе­дательлъун вищана ахиралде щве­зе­гIан гьеб хъулухъалда хIал­тIа­рав МухIамадгIали МухIа­ма­дов. ХIа­къикъаталдаги гьеб букIана ни­лъер республикаялъе цо чияс гуреб, цадахъаб нухмалъи гьабулеб ва гьабулеб ишалъулъ гъалатIал ри­ччангутIиялъе ресал кIудияб идара. Гьелъ гьарулел хIукмабиги кидаго дандран, рорцун, къотIун, гьаркьие лъун гурони къватIире рахъулароан.
ТIоцебе гьеб идара бищун букIана 4 соналъул болжалалда. Республикаялъул хIукуматги гIуцIулаан Пачалихъияб Советалъ, гьелъул (хIукуматалъул) председателас кьураб сияхIалда рекъон, гьединлъидал кидагосеб хIалтIулъ хIукумат гьелъие мутIигIабги букIана. Гьелъго рекъе­забулаан республикаялда рукIине кколел министерствабазул, комитетазул ва цогидалги хIажалъулел кверщалил гIуцIабазул къадарги. Абизе ккола, Дагъистаналда гьел кидаго дагьал рукIинчIин. Нилъер республикаялда министерствабазул къадар, цо-цо къватIисел пачалихъазулалдасаги цIикIкIарал рукIана ва гьанжеги гьедин буго. Масала, жакъасеб Америкаялъул хIукуматалъ жанибе бачуна 15 министерство, гьедигIанго руго гьел Германиялдаги. Россиялда гьезул къадар бахуна 22-ялде. Дагъистаналдайин абуни, ахириял хиса-басиял хIисабалде росичIони, комитеталгун цадахъ буго гьединаб 23 идара.
Гьединлъидал гьанибго бачIуна гьел идарабазда хIалтIулел гIадама­зул къадаралъул рахъалъ суалги. Ра­кIалда буго, 1993 соналда, дица хIадур гьабун, басмаялда бахъун букIана «Базаралъул шартIазда па­чалихъиял идарабазул кадраби гIе­за­риялъул хIакъалъулъ» абураб тIехь. Дица гьениб хIаракат бахъун бу­кIана гьеб суалалда сверухъ нилъе­р республикаялъул бугеб ахIвал-хIал Россиялда цадахъго Америка, Англия, Япония гIадал улкабазул хIу­куматазде дандекквезе. Гьелъ бихьизабуна, дунялалдаго борцунеб къа­гIидаялда, щивав анцIазарго чиясде данде нилъер хъулухъчагIазул къа­дар гьезулалдаса нахъеккараб гьечIеблъи. Гьелдаго цадахъ сонал анагIан, гьезул къадар цIикIкIунебги буго. ХIакъикъаталдайин абуни, гIумруялъул магIнаялда рекъон, гьеб дагьлъизе кколаан, щайгурелъу­л социализмалъул заманалда пачалихъалъ кинабго жиндего тIаде босун букIана. Капиталистиял гьоркьорлъабазул заманалдайин абуни пачалихъалъул кверщаликь хутIула гьелъухъа гурони, цоги лъихъаго бажаруларел жамгIияталда гьаризе кколел тIадал ишал. Масала, доб заманалда киналниги гIадамал жанир квана-гьекъолел идараби рукIана пачалихъалъул, жамгIияб транспорт букIана гьелъулго тIалабалда. Гьанжейин абуни, гьел ва гIемерал цогидалги жал ккола гIадамазда жидедаго тIадаб борчлъун.
Жакъа экономика цIуна-къа­раб­лъун букIине ккелилан бицунаго, гьеб суалги кIочене бегьиларо.
Республикаялъул Пачалихъияб Со­веталъ жиндир щибабкъойилаб хIалтIи билълъанхъизабизе Советалъул администрациялда чIезарун рукIана гьелъие къваригIунел гIуцIабиги.
Пачалихъияб Советалъ Халкъия­б Собраниегун цадахъ рихьизару­лаан республикаялъул жанисеб ва къватIисеб политикаялъу­л асли­­ял рахъал. Гьелъ гьединго, хIу­ку­маталъул председателасул пикрабазда рекъон, гIуцIулаан Дагъистаналъул хIукумат: Халкъияб Собраниялде кьолаан Конституциялъул Судалъул рукIинесел гьелъул членазул, Верховный Судалъул Арбитражия­б Судалъул ва гьединго районазул, шагьаразул судазул председательзабазул ва гьезул судиязул сияхI, рес­публикаялъул прокурорлъун, Цент­ра­лияб банкалъул нухмалъиялда то­лезулги дандбалаан суал.
Республикаялъул Пачалихъияб Советалъ гьабулаан хIукумат ва гьелъул членал нахъе ритIизе хIукмуги. Пачалихъияб Советалъ, хIукуматалъул председателасул бихьизабиялда рекъон, гIуцIулаан республикаялъул идарабазул структураги, дандралаан кадраби тIасарищиялъул ва пачалихъиял шапакъатал кьеялъул суалалги.
Къокъго абуни, Пачалихъияб Советалъ кIудияб гали лъуна Дагъис­таналда демократия цебебачиналъе, гIемермиллатазулаб республикаялда гьелъ рес кьолаан щибаб миллаталъул вакиласе гьеб халкъалъул рахъалдасан кIвар бугел суалал лъезе, гьезда тIасан хIукму гьабизе ва гьеб гIумруялде бахъинабиялда хадуб халкъалъул цIаралдасан хъаравуллъи кквезеги.
Пачалихъияб Советалъул цоги лъикIаб рахъ букIана гьелъул бетIерлъуда цо миллаталъул чи цо нухалда гурони бетIерлъун вукIине бегьунгутIи, амма хадуб гьеб хисизабуна. Гьеб шартI буго жакъагицин Дагъистаналъул Конституциялде ккезабизе рекъараб.
Амма Пачалихъияб Совет респуб­ликаялъул кверщалил бетIераб идара букIаниги, Дагъистаналъул Конституциялда гьеб кинаб бугониги идараялъе мутIигIаб бугилан, яги республикаялда бугеб жамгIияб, экономикияб ва социалияб ахIвал-хIалалъул лъиданиги цебе гьелъ жаваб кьезе кколин хъвараб бакI букIинчIо. Гьеб киналъулго жаваб кьезе тIаде кколаан хIукуматалде.
Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъ 2006 соналъул 20 февралалда гьабураб хIукмуялда рекъон, Пачалихъияб Советалъул ва гьелъул председателасул ишазе ахир лъуна. Дагъистан бачIана президентасул нухмалъиялде. Гьеб лъикIищ яги квешищ ккарабали заманалъ бихьизабила.
Зикрула Илясов