Дагъистаналъул гидроэнергетика

19 ГЭС базе буго

Ругел ресазул анцIго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечIо

МугIрузулаб тIабигIатги гьарзаял гIорал-лъаралги рукIиналъ Дагъистаналъул чIахIиял ресал ва кIудияб букIинесеб буго гидроэнергетикаялъул рахъалъ. Нилъер ракьалда буго чIахIиялги гIисиналги ГЭСал разе бегьулеб 6600 гIор ва лъар. ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехазда бихьизабулеб буго ругел ГЭСазде тIаде цIиялги рани, рес бугин лъагIалида жаниб 55 миллиард килловатт-сагIат къуват электроэнергиялъул букIинабизе. Гьанжейин абуни, гидроэнергетика цебетIезабиялъе ругел ресазул анцIго проценталдаса гурого пайда босулеб гьечIо. Жакъа­йин абуни, республикаялда бугеб анцIила анкьго гидроэлектростанциялъул лъагIалие бугеб къуват бащалъула 1785 килловатт-сагIаталда.

Тарихалдаса хIужаби

1925 соналда СССРалъул Госпланалъ тасдикъ гьабуна Дагъистан электрофикациялдалъун хьезабиялъул программа. Гьениб бихьизабун букIана гIаммаб къуват 3950 киловатт-сагIат бугеб анцIила микьго гьитIинаб гидроэлектростанция базе. Ленин чIаго вугеб мехалда гьабураб Россия электрофикациялдалъун хьвезабиялъул (план ГОЭЛРО) планалда гьоркьобги букIана гьеб. Гьелдаса хадуб гидроэлектростанциял раялъе Сулахъ гIоралъул ва гьелъул гIаркьалабазул ругел ре­сазул инженериял цIех-рехал гьа­ризе Дагъис­таналде рачIана СССРа­лъул Главгидростроялъул Мос­кваялда бу­геб отделениялъул инже­нерал-гIа­лимзаби. «Ленгидропроект» гIел­миябгун цIех-рехазул инсти­туталъул ЧIегIергIоралда ГЭС базе бегьулеб бакI цIехолел рукIарал инженеразда хьергебдерил, хъвартихьунисезул чIахIиял чагIаз бицана хъвартихьунисезул къварилъухъ Кавказалъул рагъул заманалда имам Шамилица гIорги къан, лъим жанибе сверун букIараб бакIалъул. ГIор къан букIана, Хьаргабисан Шамилил боялда хадур рачIунел пачаясул аскариял тIаде щолелъул, сангарги кьвагьун хIор гьезде тIаде биччазе. Гьеле гьеб бакIалда ГЭС базе хIукму ккана инженеразул.
1928-1929 соназда букIинесеб Хьаргаби ГЭСалъе цIех-рехалъулал, хIадурлъиялъул хIалтIаби гьаруна, 1930 соналъул авалалда байбихьана ГЭС базе. 1940 соналда хIалтIизе биччана Хьаргаби ГЭС. Кавказалдаго тIоцебесеб Хьаргаби ГЭСалъ кIудияб бутIа лъуна республикаялъул экономика, промышленность, культура, рукIа-рахъин цебетIезабиялъулъ. Лъабкъоялда анцIго метралъ борхалъиялъул бетоналъул сангарги бугеб Хьаргаби ГЭС букIана СССРалда ва Европаялда тIоцебесеб, цIияб къагIидаялда бараб гидротехникияб хIалбихьиялъул станциялъун.
КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалде цебе, араб гIасруялъул лъеберабилел соназда Дагъистаналъул районазда ва росабалъ рана гьитIинал электростанциял, гьезда колхозиял электростанциялийиланги абулаан. Кинабниги бан букIана кIикъоялда анцIгоялдаса цIикIкIун станция. Лъабкъоабилел соназул авалалде щвезегIан цо-цоял хIалтIулел рукIана. Ахиралда гьел рехун тана.

ЧIахIиял ГЭСал

1933 соналда «Ленгидропроект» институталъ дунялалдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб Сулахъ гIор чвахулеб гъваридаб жаниблъиялда (каньоналда) ЧIикIаб росдада гIагарлъухъ кIудияб ГЭС баялъе цIех-рехал гьарун рукIана. Гьеб баялъе квалквал гьабуна рагъ багъариялъ. Рагъги лъугIун хадуб, лъабкъоабилел соназул авалалда Сулахъ гIурул къварилъухъ ГЭС баялде тIадруссана. Гидроэлектростанция бани росу хIорил тIинде ккезехъин бугел чIикIасезе гьеб къабуллъулеб букIинчIо. Амру гьабун росулъа цIияб бакIалде гочунел чагIиги чIикIасел рукIинчIо. ГIадатияб росу букIинчIо ЧIикIаб. Гьеб букIана бечедаб, Дагъистаналъул тарихалда лъалкI тараб, жанир гIемерал гIалимзабиги, наибзабиги, бахIарзалги рахъараб кIудияб росу. ГIемерал сапарал гьаруна чIикIасезухъе росу рехун тун цIияб бакIалде гочине ккеялъул гьаригун. Гьеб заманалда Москваялъ хIукму гьабун букIана Дагъистаналда Гъизилюрт шагьаралда аскIоб атомалъулаб электростанция базеги. Гьеб букIана нилъер гьаниб экологиялъеги лъикIаб асар гьабулареб, халкъалъеги къабулаб гуреб план. Амма ГIабдурахIман Данияловасда кIвана гидроэнергетикаялъе республикаялда ругел ресазул бицун, атомалъул электростанция Дагъистаналда бачIого тезабизе. 1969-1977 соназда Дагъистаналда базе хIисабалде босун букIараб атомалъулаб электростанция бана Эрмениялда. Гьаб нухалда ЧIикIаре арал ГIабдурахIман Данияловасда ва ХIажимурад Хашаевасда кIвана чIикIасел мукIур гьаризе. Гьез цIияб росу базе тIасабищана Гъизилюрт – Буйнакск шагьранухда аскIоб бугеб Берцинаб авлахъ абураб бакI. Минаби разеги, гIарцулаб ва чIикIасез церелъурал цогидал шартIалги пачалихъалъги тIуразаруна. ПалхIасил, 1964 соналда байбихьана ЧIикIаб ГЭС баялъул хIалтIаби. Гьеб лъазабун букIана ТIолгосоюзалъулаб кIваралъул балеб бакIлъун. 1974 соналъул ахиралда хIалтIизе биччана ГЭСалъул тIоцебесеб агрегат, 1975 соналда кIиабилеб ва лъабабилеб агрегатал. 1976 соналда, ункъабилеб агрегатги хIалтIизе биччан, тIубараб къуваталда хIалтIана ГЭС. Дунялалда тIад бугеб къоло щуго бищун рорхатал сангарал, плотинаби ругел ГЭСазда гьоркьоб ЧIикIаб ГЭС буго анцIила цоабилеб бакIалда. Россиялда ва СНГялда гьеб буго бищунго борхатаб сангаралъул ГЭС. Гьелъул борхалъи буго 232,5 метр.
Рихьуни ГЭС. ТIоцебесеб агрегат хIалтIизе биччана 1998 соналда, кIиабилеб агрегат — 2001 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 101 метр, халалъи — 313 метр. Бан буго АваргIоралда тIад.
Гъуниб ГЭС. ХIалтIизе биччана 2005 соналъул 6 маялда. Гьелъи­е кьун буго Расул ХIамзатовасул цIар. Сангаралъул борхалъи буго 73 метр, халалъи — 59 метр. Бан буго ЧIегIергIоралда тIад.
ГьоцIалъ ГЭС. ХIалтIизе биччана 2016 соналда. Сангаралъул борхалъи буго 68 метр, халалъи — 290 метр. Бан буго АваргIоралда тIад.

ГIисинал ГЭСал

1. Чирюрт ГЭС-1. ХIалтIизе биччана 1961 соналда. Бан буго Сулахъ гIоралда тIад.
2. Чирюрт ГЭС-2. ХIалтIизе биччана 1964 соналда. Бан буго Сулахъ гIоралда тIад.
3. Миякьоб ГЭС. ХIалтIизе биччана 1986 соналда. Бан буго Сулахъ гIоралда тIад. Сангаралъул борхалъи 73 метр. Гьеб ГЭС ва сангар баялъухъ «ЧIикIаб ГЭСстроялъул» инженеразул къокъаялъе кьуна СССРалъул ВДНХялъул меседил медалал.
4. Къурушалъул ГЭС. 1951 соналда бан букIараб колхозазда гьоркьосеб электростанция цIигьабун хIалтIизе биччана 1986 соналда. Бан буго Усухчай гIоралда тIад.
5. Ахтиялъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 1997 соналда. Бан буго Самур гIоралда тIад.
6. Агъулалъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 2006 соналда. Бан буго Чирахчай гIоралда тIад.
7. Магиналъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 2006 соналда. Бан буго Самур гIоралъул рикьел Маикчаялда тIад.
8. Аракулалъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 2007 соналда. Бан буго Хиривалю гIоралда тIад (Рутул район).
9. Амсаралъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 2007 соналда. Бан буго Магичай гIоралда тIад (Рутул район).
10. Шиназалъул ГЭС. ХIалтIизе биччана 2007 соналда. Бан буго Шиназчай гIоралда тIад (Рутул район).
«Русгидро» ОАОялъул Дагъистаналъул филиалалъ разе хIисабалде росарал гьитIинал ГЭСал:
Курми, Магъар, Ахти-2, ЦIадахIа­риб, Рутулалда, ТIинди, ТемиргIорал­да, Мазада, Агъвали, ЦIумада-гIу­рухъ, Болъихъ, Инхо, Къорода-кьода, Советское-1, Советское-2, Авар, БацIада, Хьаргаби-1, Хьаргаби-2.
Сейсмологаз абулеб буго Дагъистан, тIолабго Кавказго гIадин, сейсмическияб поясалда бугеб бакI бугин, ай ракь багъари букIине бегьулин, гьединлъидал гIисинал гидроэлектростанциял разе кколин. ЧIахIиял ГЭСал ран, ракь багъарун хадуб гьезие жагъаллъи ккани, ГЭСазул лъим къватIибе борчIун хадуб зарал кIудияб букIин бичIчIулеб жо буго. Экономикияб рахъалъги гIисинал ГЭСал рай буго цIикIкIун харжал, захIмат тIад унареб иш.

Пайзула Пайзулаев