Туристал гIемерлъизе бокьани…

 

    Дагьал церегIан къоязда «Каспий» санаториялъул базаялда тIобитIана «Теологическое об- разование: проблемы и перспективы развития» абураб цIаралда гъоркь ТIолгороссиялъул гIелмиябгун лъай кьеялъулаб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял шагьаразул университетазул студентаз, аспирантаз, гIалимзабаз ва теологиял гIелмабазул докторзабаз. Гьениб борхана жакъасеб жамгIияталъе диналъул бугеб кIваралъул суал ва тIадчIей гьабуна, динал батIи-батIиял ругониги, гьезул гIемерисел гIаммал масъалабиги цоцаздаса мисал босизе рекъарал тадбиралги рукIунеблъиялда. Хасгьабун тIобитIараб «Школа молодого теолога» абулеб секциялда гIахьаллъана батIи-батIияб миллаталъул гIолилал. Конференция гIуцIана ДРялъул муфтияталъ ва гIахьалчагIазе тIобитIана тIабигIиял ва тарихиял бакIазде экскурсия. Дагъистаналда бихьа-таралъул, туристазе гIуцIун ругел шартIазул ва гIолел-гIоларел рахъазул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна рехсараб конференциялъул гIахьалчи, «Наследие ислама» абураб бусурбабазул (татаразул) бакIалъулаб динияб идараялъул председатель Марат-хIазрат Багдаловасулгун.

 

— Гьаб дир кIиабилеб сапар ккола Дагъистаналде гьабураб. Хъизангун цадахъ цеве Табасаран районалде щвана. Гьеб ракьалда бугеб «Анкьго вацасул хъала» абураб тарихияб памятникалъги, борхатаб чвахиялъги, Ахтиялда бугеб хIамамалъги кIудияб асар гьабуна. Дербенталъул Нарын-Хъалаялъ тIуранго асир гьаруна, Сулахъалъул къварилъиялъул, «Главрыба» абураб ччугIа гIезабулеб магIишаталъул, мугIрузул берцинлъиялъул бицун хIалго кIоларо. КIудияб, гIатIидаб, кинабго рахъалъ санагIатаб МахIачхъалаялъул аслияб мажгитги цIакъ берцин бихьана, — ян бицана гьес.

— Дагъистан туризмалъул хасаб бакIлъун гьабизе бегьулин абулеб пикруялъул рахъ кколищ дуца?

— Гьелъие гьанир Аллагьасго кьун руго ресал. Гьаниб туристазе рес буго ралъдалъ чвердезеги рорхатал мугIрузде рахинеги. Дагъистаналда руго цIакъ гIемерал ва рорхатал мугIрул. Ниж гIадал, шагьараздаса рачIарал туристал, тIоцере гьезухъ балагьун гIорцIуларого, гьадинабги берцинлъи букIунищин абун, нижерго беразда божуларого рукIана. Туризмалъе руго лъикIал ресал, амма туризм цебетIезабиялъе чара гьечIеблъун кколеб инфраструктура галадулеб буго.

— Кинаб къимат кьелеб гIадамазе, кинаб гIамал-хасияталъул чагIи дагъистаниял ратарал?

  — Нижеда бихьана дагъистаниял цIакъ гьалбал хириял чагIи рукIин. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Дирго гIайибалдалъун, Дербенталда машина тункун, цо гIолохъанчиясул машинаялъул хьибил хъарсана. ГIолохъанчи гьаракь борхунцин кIалъачIо, гьелъул гIаксалда, дир машинаялъе ккараб заралалъул бицунев вукIана. ТIоцебе дида гьаниб рагIана гаиялъулас «Ас- саламу гIалайкум» абун салам кьолебги. Дун Москваялдаса вачIарав вукIин лъайдал, до- кументазул халцин гьабичIо. ХIал-хIукмуги цIехон, нух битIагиян абуна.

Амма нужер республика туристазул «Маккалъун» лъугьинищин абураб суал бараб буго тIалъиялда ругезул бажари-лъаялда.

 

— Каспий ралъдал рагIаллъабазда хIухьбахъиялъе санагIалъаби гIуцIун гьечIин гIарз букIуна гIемерисел туристазул…

 

  — Цо мисал бачинин. Дербенталъул пляжалда хIухьбахъи гьабуна нижеца. Гьениб гIадаб лъикIаб сали кибго гьечIо. Амма кьищниялъ гьеб сурукъ гьабулеб буго, ралъдал лъимги буго чорокаб, ай чвердезе гъира кколареб. Дагъистаналъул аслияб бечелъи ккола ралъад, гIемерисел туристазе бокьула чвердезе. Севералда, Сибиралда гIумру гьабун ругезул анищ букIуна ралъад бихьизе. Гьелъие гIоло гьанире рачIунелги гIемер рукIуна. Дир пикруялда, кIванагIан хехго, нужеца ралъадги пляжалги рацIцIад гьаризе ккола. Республикаялъул тIалъиялъги, тIоцебесеб иргаялда, гьелде кIвар кьезе ккела.

— Дагъистаналъул квен-тIехалъул хIалбихьанищ, бищунго кинаб квен бокьараб?

 — ЦIурачадал, хинкIал, пихъ, шашликIал, цIибил, къокъго абуни, гьеб рахъалъ цIакъ бечедаб, гучаб бакI буго нужер. Базаразда ва тукабазда бокьараб нигIмат буго, багьаби учузал руго. Диего бокьараб жо, кибго буго хIалалаб квен.

— КъватIиса вачIарасда хехго рихьулелъул гIунгутIаби, Дагъистаналда туризм цебетIезабиялъе гIоларел рахъал кинал ругел?

— ГIунгутIаби гIезегIан руго. Масала, гIей гьечIеб буго туристал унел бакIазул маршрутал гIуцIиялъул иш, къанагIат гурони гьечIо смотровиял майданал. Гьединго гостиницабазда ва гьалбазул рукъзабахъ туристазе бакIал гIолел гьечIо, реклама гьечIолъиялъ, къватIахъ гIадамазда цIехезе кколеб буго туристаз гостиницабазул, тIабигIиял ва тарихиял бакIазул адресал. Цо-цо гIолохъабаз машинаби рачунеб куц бихьидал, рекIелъе хIинкъи ккана. Киса-кирего шагьранухазда видеокамерал лъуни, гьеб масъалаги тIубазе кIвелин ккола.

— Цо-цояз Дагъистан рикIкIуна хIинкъи бугеб бакIлъун…

  — Гьереси щай, Москваялдасаги дир ракIалъеги хIалалъеги гьаниб хIалхьи буго. Берцинаб тIабигIат, тIагIамал хинкIал, гIодобе биччараб ахIвал-хIал, разиял гIадамал. Дие цIакъ бокьана Дагъистан. ИншаАллагь, хъизангун цадахъ дун жеги щвела нужехъе гьоболлъухъ.

 

Нури НУРИЕВ