Къец

Гьудуллъи-вацлъиялъулъ букIуна талихI

 

Дие бицине бокьун буго нижее хирияв, гIумруялъул кIудияб хIалбихьи бугев, сундулъго роцен лъалев, рекIее асар гьабуледухъ кинабго загьир гьабизе бажарулев кIудадаца бицараб, гьаб гIумруялда нижее загьирлъулебги бугеб Лаваша районалъул Хъуппа росулъа Абакаровазулги нижерги хъизамалъул бугеб кIудияб вацлъиялъулги цоцазул гьабулеб адаб-хъатиралъулги хIакъалъулъ.

Нижер хъизамалъ, ЧIарада районалъул ГIурухъ-СотIа росулъа гочун, Шамхалалда гIумру гьабулеб буго 2002 соналдаса нахъе. Нижер кIудада гьенив лъала Асадулагь Шариповичилан абун. Гьесул хIурмат гьабула тIолазго. Исана, ай 2018 соналъул августалда тIобитIизе буго кIудадаца 80 сон тIубаялъул хIурматалда тадбирги. Гьев 54 соналъ хIалтIана батIи-батIиял бакIазда, гьанже хIалхьиялда вуго. ХIалхьуда вугониги, гьев вищун вуго ЖамгIияб советалъул председательлъун. КIудадал буго анкьго лъимерги 17 лъималазул лъимерги. «Дун цIакъ бечедав чи вуго», — ян абула гьес.

Даргиясул хъизамалъулги нижерги вацлъи, гьоболлъи, гьуинлъи ккеялъул гьадинаб тарих буго. 1945 соналъул апрель моцIалда, рагъда хIетIеги къотIун, тIадвуссунев вукIарав нижер кIодоэбелалъул вацгIал ГIабдулаев Ислам, гьакидаги лъун, Буйнакскалдаса щвезавун вуго Хъуппаве, Абакаровазул дове. (Цебе гьобол гьечIев чи хьихьизе иргаялда тIадкъалаанилан бицана кIудадаца). Гьел лъикIал гIадамаз, нижер росулъе хабарги лъазабичIого, гьесул загIиплъиги бихьун, гьев хьихьун вуго къого къоялъ. Хадуб, Исламица гIемераб гьарун, ругьел битIун буго росулъе ва, гьакидаги лъун, вачун вуго ругъеждерил «Коммуна» абулеб бакIалде щвезегIан. Гьенив гьев росулъа рачIарал гIагарал чагIазухъе кьун вуго. Гьедин байбихьун буго ва, наслуялъ наслуялъухъе кьун, цIунулеб буго гьайбатаб, гьарзаяб, чIухIараб вацлъи.

КIудияб рохелалъе мустахIикъав чи вуго дир кIудада, щайгурелъул гьес хIехьезе ккана рагъул кьогIлъи, бесдаллъи, ракъи-къеч, гьесул эменги инсул лъабго вацги хвана рагъда, хIукуматалъул рахъалъан кигIан гьитIинабниги кумекги щвечIилан бицуна кIудадаца. Гьоболасде бугеб рокьиги дагьлъуларин бицуна нижее кIудадаца, некIсияб доб язихъаб заманалда гьоболасе букIунаан бацIцIадаб рукъги бусадул къайи-къониги, бищун тIагIамаб (мискинлъиялда рекъон) квенги цогидабги.

«ЦIамуда хадурги, нартида хадурги, ххенезе ролъуда, цIоросаролъуда хадурги, цебе къотIун хIамагун (бугес чугун), унаан Шурагьире (Буйнакскалдеги цогидал бакIаздеги, нухда базе кколаан чамалиго сордо-къо, жиб-жиб росулъ, колода вукIине кколаан божарав чи (гьобол). Гьеб язихълъиялъги мискинлъиялъги щулагьабулаан Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб гьудуллъиги, гьуинлъиги, вацлъиги. Гьеб цIунизе ккола нилъецаги, гьеб гьуинлъи, гIаданлъи кьезе ккола наслуялъ наслуялъухъе», — ян малъула кIудадаца.

ЛъикIаб гьудуллъи щулаго цIунизе кIудияб гьунар буго нижер кIудадал. 2004 соналда гьес жиндихъего Шамхалалде вачана Хъуппаса Абакаровазул анкьавго вацазул бищун кIудияв вацасул вас Абакаров Шамил. Гьениб гьесие щулияб лъайги берцинаб гIаданлъиялъулаб тарбияги кьун, ункъабилеб классги лъугIизабун, витIана тIадвуссун Хъуппаве. Заз, баккулаго, бегIераб букIунеб гIадин, Шамилги гьитIинго вукIана цIодорав вас. Нижер хъизамалдаги гьев батIияб миллаталъул, батIияб росулъа чи вугилан ккечIо ва кколаро. Шамилил эмен АхIмадил вуго анлъго вац, гьез абула нижер кIудада жидер микьабилев вац вугилан.

Щуабилеб классалда цIализе Шамил ана эбел-инсуда цадахъ Норильскиялде, школа лъугIун хадуб цIалана техникияб институталда. Гьебги лъугIизабун, хIалтIулев вуго. Гьев ккола Красноярск краялъул боксалъул рахъалъ чемпион.

2017 соналъул августалда Шамилица гьабуна хъизан. Гьесул берталъ гIахьаллъи гьабуна нижер тIолабго хъизамалъги. Дагьалъ цебе бачIана хабар Шамилие вас гьавунилан, гьесда Асадулагьилан нижер кIудадал цIарги кьунилан…

Щулияб хъала бан буго чIарадисез Хъуппаб, хъуппасез ЧIарада районалъул ГIурухъ-СотIа росулъ.

Анжела ГIумарова,