МустахIикъаб къиматги кьуна

Редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIана «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб къецалъул гIахьалчагIи

 

Чачаналъул бетIер Рамзан Къадировасул гьариялда рекъон, Россиялъул цогидал регионаздаса республикаялде вачIун вуго хIалтIизе 500-ялдасаги цIикIкIун гIурус мацIалъул учитель. «Республикаялъул школазда гIурус мацI малъиялъул иш тIадегIанаб даражаялде бахинабиялъул масъала тIубана. Амма ниж хIадур руго гьеб рахъалъ кумек гьабизе бокьарал учительзаби жеги къабул гьаризе», — ян абуна Чачан Республикаялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр ИсмагIил Байхановас. Аслияб къагIидаялда учительзаби хIалтIулел руго росабазул школазда.

Анлъабилеб тIалаялда дандчIвай

МустахIикъаб къиматги кьуна

Редакциялде гьоболлъухъ рачIун рукIана «Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель» абураб къецалъул гIахьалчагIи

Исанаги къецал тIоритIана МахIачхъалаялъул №11 гимназиялда. Гьезулъ гIахьаллъана батIи-батIиял районаздасаги шагьараздасаги 39 учитель. Гьезда гьоркьов вукIана магIарул мацIалъулги адабияталъулги 11 учительги. Редакциялде рачIун рукIана Болъихъ районалъул Кьохъ росдал школалдаса Гьадигат ХIасановаги Гъуниб районалъул ХIутниб росдал школалдаса Рамазан ГъазимухIамадовги.

Къецалда «МагIарул мацI» номинациялда Гьадигат мустахIикълъана лъабабилеб бакIалъе. Къецалъул хIакъалъулъ гьадинал пикраби загьир гьаруна гьелъ: «Конкурсалъ дие гьабуна кIудияб асар. РакIбухIана гьанжелъизегIан гьезулъ гIахьаллъичIолъиялдаса. Дие гIемераб пайда щвана гьелдаса.

Кутакалда рази хутIана хIасилаздасаги. Исана тIоцебесеб нухалда къецалда щвараб лъабабилеб бакI дица рикIкIуна тIоцебесеблъун. Жюриги букIана кутакалда сабруяб, киналго рахъалги рорцун, мустахIикъаб къиматги кьуна гьез щивасул хIаракаталъе.

Ленинкенталдасаги шагьаралдасаги цIалдохъаби рукIана дир дарсида. Гьезги кумек гьабуна дие – лъикI жавабал кьуна. Жеги халатаб букIарабани дарсилан ракIалде ккеледухъ ана гьебги. Гьезул учительзабазеги буго кIудияб баркала. Шагьаралда гIолел лъималазе гьединаб даражаялда мацI малъизе бажари кIудияб иш буго».

Шамай Хъазанбиева хIалтIулей йиго №11 гимназиялда. Гьелъ санайил кумек гьабула къецазул гIахьалчагIазе. Къецал гIуцIиялда бан гьаризе бегьулел хиса-басиязул хIакъалъулъ бицунаго, Шамайица абуна: «Ленинкенталъул гимназиялъул учительница Гулишат МухIамадовалъ щибаб соналъ рачуна нижер гимназиялде цIалдохъаби. Сундулъго кумекалъе ятула гьей. Нижер гимназиялъул администрациялъги кIудияб кIваркьола рахьдал мацIал малъиялде.

МагIарул мацIалде бугеб рокьи бихьизабуна учительзабаз. Гьезие бигьалъилаан, дагьабги лъикI мацI бицунел цIалдохъаби дарсида рукIаралани. Амма, дир пикруялда, рахьдал мацIалъул конкурсалде учительзаби хIадуриялде росабазул, районазул нухмалъиялъ кIваркьолеб гьечIо. Москваялдаги бергьенлъаби росизе бажарулел учительзаби руго нилъер. Жюриялъул гIахьалчагIи асир гьаруна Рамазан ГъазимухIамадовас. КIиго соналъ гурони хIалтIулев гьечIониги, гьесухъа бажарана жив унго-унгояв магIаруллъи бокьулев учитель вукIин бихьизабизе. Бокьана ЧIарада районалъул Кьорош росдал школалдаса ПатIимат МухIамадгIалиевалъул дарсги. КIудияб хIаракат бахъана Гьадигатицаги. Гьелъул букIана лъималазулъ гъира ккезабулеб дарс. Дарсидаса къватIире рачIун хадуб цIалдохъабаз дида абуна, тIокIалъ ячIунарищ дой нижехъеян. Гьединал учительзаби гIемер руго нилъер.

11 учителасда гьоркьоса ичIгояс кьуна адабияталъул дарс. Шагьаралъул школазда кIалзул каламалъул цебетIей абизегIанасеб букIунаро. Гьединлъидал гьезухъа бажаруларо адабияталъул дарсида учитель разияб хIалалда, эркенго жаваб кьезе. МацIалъул дарс кьезе бигьалъилаан гьезие, дир пикруялда», — ян.

«Адабияталъул дарсалдаса лъикIаб рес щола учителасулги цIалдохъабазулги гара-чIвариялъе. МацIалъул дарсида, тIадкъаял тIуразарулаго, уна дарсил цIикIкIарасеб заман. Адабияталъул ва мацIалъул – батIалъи гьечIого – дарсида учителас бихьизабизе ккола гьанжесел технологияздаса жиндихъа пайда босун бажарулеблъи. Гьелъие цIикIкIарал ресал кьола адабияталъул дарсалъ.

Шагьаралъул школазда цIалулел руго, сверухъ рахьдал мацIги рагIуларого, батIи-батIиял миллатазул вакилзабазул ригьнал ругел хъизамазда гIолел лъимал. Гьезул рокъор эбел-эменги кIалъаларо рахьдал мацIалда. Гьединлъидал дида ракIалде ккола, къецалъул дарсал кьезе рачине бегьилаанин районаздаса лъимал. Гьел рукIине бегьула олимпиадабазда бергьарал цIалдохъаби. Гьебмехалда цIикIкIараб рес щвела учителасе жиндирго бажари бихьизабизе», — ян бицана Рамазаница. Гьесул пикруялда рекъон, буго цоги мурад росабалъа цIалдохъаби рачиналъул: гьезда бихьилаан, росулъ гуребги, шагьаралдаги рахьдал мацIалъул дарсалги тадбиралги рукIунеллъи, бичIчIилаан болмацI кибго хIажалъулеб букIинги.

Гьебго пикруялда тIадрекъана Шамайги. «Амма бегьилаан дарсазул темабазулъ хиса-баси гьабизе. ГьабсагIаталда, къецалъул шартIалда рекъон, учителас кьезе ккола программаялда рекъон, цIалдохъабазда малъизе кколеб темаги хIисабалде босун. Гьединлъидал санайилго рукIуна цого темаби. ГIенеккулеб жюриялъеги дарсида гIахьаллъулел цIалдохъабазеги чIамучIлъизехъин руго гьел дарсал», — ан абуна гьелъ.

Гьадигатица абуна, батIи-батIиял школаздаса цIалдохъаби ракIарун бажарулеб гьечIони, учителасе рес кьезе бегьилаанин, жиндирго цIалдохъабигун вачIине. Амма къецалъул аслияб шартI буго цереккун рихьичIел цIалдохъабазе дарс кьей.

Киназго абулеб букIана, гIолохъанав вугониги, кIудияб гъираялда хIалтIулев учитель вугин Рамазанилан. Къецалъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес: «№11 гимназиялда къецазде мухIканго хIадурлъун ругоан. Берцинго тIоритIана конкурс рагьиялъулги гьелъул хIасилал гьариялъулги тадбирал. Киналго миллиял мацIазда ахIана гимназиялъул цIалдохъабаз кучIдул – гьелъ кIудияб асар гьабуна нижее. Баркала буго, кIиябго къоялъ дарсазда гIодорчIун, конкурсалъул гIахьалчагIазе кумек гьабурал учительзабазеги цIалдохъабазеги. Дарсаздеги букIана лъикIаб хIадурлъи.

Щивав учителасул дарсихъги гIенеккун, гьезие пайдаял малъа-хъваялги гьарун, берцинго хIалтIулеб букIана жюриги. Гьезул хIалтIи, дир пикруялда, букIана бищунго захIматабги жавабчилъи цIикIкIарабги», — ян.

Кагъат хIалтIизабизе бажарулес баллал ракIарула

Конкурсалъул гIахьалчагIи рази гьечIоан учительзабазул хIалтIуе кьолеб къиматалдаса, ай харжал кьеялъул къагIидаялдаса. «Дие расги рекIее гIоларо нижее харж кьолеб цIияб къагIида. ХIалтIул стажалъухъ балагьун харж кьолеб къагIида ритIухъаб букIана. Кагъат хIалтIизабизе бажарулев чоде вахараб заман бугин абилаан дица гьанже. Методикаялда рекъезарун дарсил планалги хъван, гьелъие хIажатаб материалги балагьун, хIалтIулев учитель бердаго вихьулев гьечIо. Кагътида кинабго рекъезабун бажарулев учитель рецц-бакъалъе мустахIикъавлъун рикIкIунев вуго. ЦIалдохъабазул лъаялъул даража борцунаро – киналъего къимат кьола, учителасул папкаялъур ругел кагътазул хIисабги гьабун. Сон-церекъад школалде рачIарал учительзаби руго, дидасаги цIикIкIун харжги босун. Дораса-гьаниса конкурсазда гIахьаллъанилан кагътида хIалтIиги рекъезабун, гьелги портфолиоялда жанире ракIарун, дарс кьеялде кIварги буссинабичIого рукIуна гьел», — ан бицана Гьадигатица.

Амма киналго гIолохъанал педагогал гьединал рукIунареблъиялдаги мукIурлъана гьей. «Нижер школалда хIалтIулев вуго ингилис мацIалъул учитель. Гьес киназего кумекги гьабула, живгоги кIудияб гъираялда дарсазде хIадурлъула. Щибаб къецалда, олимпиадаялда цересел бакIалги росула гьесул цIалдохъабаз. Гьединал жигарал гIолохъанал учительзабазе диралдасаги цIикIкIун харж щвейги дида мекъи бихьуларо», — ян абуна гьелъ.

Харж кьеялъул къагIидаялда гуреб, учителасул намус-яхIалда бараб бугин гьеб ишан бицана Рамазаница.

Кавсарат Сулейманова