Нужеца хъвалеб буго

Рихьизе рокьула лъикIал гIадамал

 

Редакциялде рачIарал кагътазул обзор

«ХIакъикъаталъул» гьурмазда рахъарал кагътазул хIасил гьабун хъварал макъалабазда аслияб куцалда бицунаан цIалдолез кагътал хъваялъе гIилла бугин бакIазда ругел хIакимзабазухъа кумек щолеб гьечIолъи. Хъвалеб букIана мискинчиясул гIарзазухъ гIенеккулев, гьесул масъалаби тIуразарулев хIаким, къад чирахъ бакун валагьаниги, ватулев гьечIилан. РакIунтун бицунеб букIана разиго гIадатияв чиясул квер босулев, недегьго гьесул бадиве валагьулев чи халкъалъе хъулухъ гьабизе таразулъ къанагIалъун вугилан, жидеего щолеб-толеб жоялда хадур лъугьун, хIакимзаби гIадамазул масъалабазде регIулел гьечIилан.
Жакъайин абуни, нижее бокьун буго яхI-намусги иманги бугел гIадамазул, гьез халкъалъе гьарулел пайдаял ишазул хIакъалъулъ бицине. Масала, Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа 82 сон барав СалихIов МухIамадрасулица хъвалеб буго: «Гъоркьиса 18 декабралда гьуъразул унти сахгьабизе дун ана КъахIиб бугеб районазда гьоркьосеб больницаялде. БетIерав тохтур МухIамадхIажияс дир хал-шал гьабуна ва вегизавуна. Больницаялда чIезабун буго лъикIаб рацIцIалъи, тIагIамаб квен, чIезабураб заманалда кьола дараби. Гьениб дие щибниги камураб жо течIо, тIадчIун дараби гьаруна. Жакъа дун саламатаб сахлъиялда вуго. Бокьун буго дир гьабураб адаб-хIурматалъухъ гьенир хIалтIулел лъикIал гIадамазе халатаб гIумруги, сахлъиги, рохелги гьаризе, дун гIадин, Аллагьги разилъаги гьездаса», — ян.
ГIемерисел унтараз больницабиги тохтурзабазул тIаса-масагояб хIалтIиги какулеб мехалда, КъахIиб бугеб больницаялъул хIалтIи лъикIаб даражаялда гIуцIун букIин ва унтарал сахгьариялъе гьенир лъикIал шартIал чIезарун рукIин нилъ рохизе ккараб хIужа буго.
Гумбет районалъул Данухъ росулъа МухIамад СултIанмухIамадовас редакциялде битIун бачIа­раб кагътида хъвалеб буго: «Дун ккола тIоцебесеб группаялъул инвалид. 1977 соналда авариялде ккана, хвана цадахъ вукIарав 12 чи. Вегана гIемерал больницабазда, амма кибго батичIо ветераназул госпиталалда гIадаб гIадлуги, гурхIел-рахIму бугел ва кьолеб-толеб жо цIехоларел тохтурзабиги ругеб больница. Нижер, ай херазул рахъалдасан баркала киназего, баркала киналъухъго», — ян.
Ветераназул госпиталалъул хIалтIухъабазе унтараз кьолел баркалаялъул кагътал редакциялде гIемер рачIуна. РакIбацIцIадго хIалтIулеб ва унтарал разияб гьеб больницаялъул медицинаялъул коллективалъе нижецаги баркала загьир гьабулеб буго.
«РакIбацIцIадав инсан» абураб цIаралда гъоркь ЧIарада райо­налъул газеталъул хIал­тIу­хъан Къасум Чахчиевасул кагътида хъва­леб буго: «ЧIарада райо­налъул чIахIияб гIелалда гьоркьов цониги ватиларо ЦIулдаса ГIумаров ХIажи лъаларев чи. Сабруяв ва ракIбацIцIадав инсан, мухбир ва жамгIияв хIаракатчи ХIажица лъалкI тана гIагараб росдал ва районалъул тарихалда. 1956 соналъ лъугIизабуна гьес Кьорош росдал гьоркьохъеб школа, хадуб Буйнакскалъул педучилище, хIалтIана СуметIа росдал байбихьул школалда, ГIурухъ-СотIа школалъул заведующийлъун. Гьес кIудияб кIвар кьолаан учительзабазул жавабчилъи борхизабиялде, цIалдохъабазе гъваридаб лъай ва лъикIаб тарбия кьеялде, школазул материалияб рахъ лъикIлъизабиялде. 1968 соналда, заочно цIалун, ХIажица лъугIизабуна пединститут. ХIалтIана ЦIулда росдал школалда тарихалъул ва физкультураялъул учительлъун. Гьесул цIалдохъабаз призалъулал бакIал росулаан районалъул предметиял олимпиадабаздаги спортивиял къецаздаги. 55 сон кьуна гьес, гIун бачIунеб гIелалъе тарбия ва лъай кьолаго. Гьелдаго цадахъ ХIажи вукIана жигарав жамгIияв хIаракатчиги. Гьев чанго нухалъ вищана росдал советалъул депутатлъун, лекторазул къокъаялъул председательлъун, 15 соналъ тIубазабуна профсоюзалъул комитеталъул председателасул, хадуб партиялъул организациялъул секретарасул хъулухъал. 1973 соналда районалъул учительзабазда гьоркьоб тIобитIараб социалистияб къецалда босараб тIоцебесеб бакIалъухъ ХIажие медальги кьуна. РакIбацIцIадаб хъулухъалъухъ гьев мустахIикълъана гIемерал шапакъатазе. Гьесие кьуна «РФялъул халкъияб лъайкьеялъул отличник», «РФялъул лъайкьеялъул хIурматияв хIалтIухъан», «Дагъистаналъул мустахIикъав учитель» абурал цIарал, гьединго ДРялъул хIукуматалъул, лъайкьеялъул министерствоялъул ва райОНОялъул ХIурматиял грамотаби.
Жакъа ХIажи мустахIикъаб хIалхьиялда вуго, гьес бажарараб кумекги гьабула гIагараб росдаеги школалъеги.
ХIажил йикIарай цIалдохъан ПатIимат АсхIабовалъ гьесие сайгъат гьабун хъвараб кочIолъ руго гьадинал мухъал:
Дир хирияв учитель,
Ургъула дун кидаго,
Кинаб гIелмудал гъамас
Дуца дие рагьараб.

Ралъад гIадаб гъваридаб
Кьуна дуца лъай, гIакълу.
ЛъикIаб тарбия щвана,
Куцана сундуего.
Инсанас ракьалда толеб лъалкI ккола гьес халкъалъе гьабураб лъикIлъи. ЛъикIав учителас ракьалда толеб лъалкI гъваридаб букIуна. Гьес гъваридаб лъайги камилаб гIакълуги кьурал цIалдохъаби ккола улкаялъул бечелъи ва лъикIаб букIинесеб. ХIажи ГIумаров унго-унголъунги лъикIав учитель вукIараблъи бихьула гьесул цIалдохъаби гIумруялъул битIараб нухдасан иналъ, ва гьез Дагъистаналъул цIар борхатго кквеял, щибго щаклъиги гьечIо» — ян.
«ХIабиб-хIажил гьунар — росдаего мисал» абураб цIаралда гъоркь хъвараб Сиражудин Шамсудиновасул макъалаялда буго: «МигIарсо росулъа Лабазанил вас ХIабиб-хIажияс жиндирго гIумру бухьинабуна динияб лъай тIалаб гьабиялда. Диналде данде къеркьолеб заманалда, исламияб гIелму лъазабизе, гьев балъго хьвадана ЦIумада районалъул Хуштада росулъе. Щулияб лъайгун тIадвуссиндал, гьес жиндирго кьерилазда малъана Къуръан цIализеги. ХIабибица 14 нухалъ борхана хIеж ва иргадулаб нухалда хIежалде унаго, гIарабазул ракьалда ккараб камиялъул хIакъалъулъ гьадин бицана: «Нижер къокъаялда цадахъ йикIана ПатIимат абурай ункъо лъимадул эбел. Бидул тIадецуй цIикIкIиналъ, гьей лъикI гьечIого йихьун, дица кIвараб кумек гьабуна, амма гьей нухда хвана. Кколеб куцалда ПатIимат Сириялъул ракьалда юкъана. Гьеб буго дир рекIелъа унареб лъугьа-бахъин», — ан.
ХIабиб-хIажиясул руго микьго васги цо ясги. Сириялда рагъ ккелалде цебе, исламияб цIалиги тIубан, гьениса нахъруссана гьесул васал МухIамадги ГIабдулаги. МухIамад ккола Хасавюрталда бугеб исламияб университеталъул мугIалим, ГIабдула хIалтIулев вуго МигIарсо росдал мажгиталъул имамлъун, гьединго мадрасаялда мугIалимлъунги. ПатIиматица лъугIизабуна Хасавюрталъул исламияб универститет, заочно цIалулей йиго аспирантураялда, мажгиталда гьелъ малъула росдал ясазда Къуръан. Гьоркьохъе­в вас ГIабдурахIман ккола росдал басрияб мажгиталъул будун. ХIабибил лъималазул анлъгоясе щвана тIадегIанаб исламияб цIали, лъабгояв цIалулев вуго Хасавюрталъул исламияб университеталда. Къокъго абуни, ХIабибицаги Загьрацаги (сураталда) тарбия кьун гIезабуна берккезе хIинкъараб, росуго бахилаб, гIелмуги бугеб гIаданлъиги лъалеб ичIго лъимер.
ХIабиб ккола Гъоркьа МигIарсо росдал имамги будунги. Гьеб гьайбатаб хъизамалъе сундулъго тавпикъги гьарун, бокьун буго гьезие сайгъат гьабизе Шамил районалъул ГIасаса СалихIов КъурамухIамадил назмуялдаса гьал рагIаби:
ГIагараб мацI гIадин, гIараб мацIги лъан,
ГIумру берцинлъарал диналъул хIубал.
Къуръанги хIадисги бидулъги бессун,
Сабру хIеренлъарал хIайранал вацал.
Гьездаса мисал босун гIумру гьабуни, щивав бусурманчиясул къавуде баракат щвела», — ян.
Бахиллъана дун ХIабиб-хIажил ва гьесул хъизан-кулпаталъул гIумруялда, гьезул исламияб лъаялда, гьез гIадамазе гьабулеб бугеб лъикIлъиялда ва ракьалда тезе ругел гъваридал лъалкIазда. Гьез ракIалдещвезаруна машгьурав шагIир ГIадало ГIалиевасул гьал рагIабиги:
Бицунге гьереси, гьабуге квешлъи, —
Гьединаб букIана дие тарбия.
БицинчIо гьереси, гьабичIо квешлъи, —
Гьелъулъ буго къуват дир къисматалъул.
Нури Нуриев