Хушет: машинабазул бакIалда-хIамул

    Редакциялде гьоболлъухъе вачIун вукIана ЦIумада районалъул Хушет росулъа ХIапиз Абулмуслимов. Бигьалъиялда хадур гIатIиракьалде гIадамалги гочун, чIунтулел росабазул цояб батилин ккун букIана Хушетги. Амма яшав гьабизе шартIал кутакалда захIматал ругониги, росуцоязда ракIалдацин гьечIин росу рехун тезеян бицана ХIапизица.

 

    — Райцентралдаса 99 километралъ рикIкIада буго Хушет. Нижедаса хадур руго гIицIго гуржиязул росаби. 2055 метралъул борхалъиялда буго нижер росу. ГIага-шагарго 250 цIаракиги буго гьениб. КIодолъиялъул рахъалъ районалда щуабилеб бакIалда буго гьеб. Росдае хIажатал масъалабазул цояб ккола нилъер операторазул (телефоналъул) бухьен гьечIолъи. Гьединлъидал нижеца пайда босула гуржиязул бухьеналдаса. Грузиялдаса сигнал лъикI ккола Хушеталда, нилъер операторазулалдасаги («ХIакъикъаталъул» гьариялда рекъон, цебесеб номералда бахъун букIана «Ростелекомалъул» Дагъистаналда вугев нухмалъулев Руслан ЯрахIмадовас гьеб суалалда бан кьураб жаваб. МугIрул-щобал ругеб бакI букIиналъ, гьанибе жеги шагьранух гьечIолъиялъ Хушеталде интернетги мобильнияб бухьенги цIазе, гьениб техника лъезе захIмалъулеб буго компаниялъе —редакция). Росулъ гьанжегIагар бана цIияб школаги. 70 лъимералъе бакI буго гьениб. ГьанжелъизегIан лъимал хIебтIун рукIана биххун тIатIала кколеб гIадаб, басрияб школалда жанир. Гьенибе къайи-цIа вертолёталда баччизе квербакъи гьабуна Хунзахъ бугеб гIорхъаби цIунулезул къокъаялъ. Хасго гьелъул начальникас. Дагьабниги тIадагьаб къайи хIамуздаги лъун баччула росулъе. Машинадул нух гьечIелъул жеги гьенибе. Нижеда сверухъ буго жеги чанго кули. Гьениса лъималги хьвадула Хушеталде.

    — Цо-цо росабалъ гьечIо лъим. Нужер доба кин бугеб?

— Лъим буго росулъ. Цо-цояз рукъзабахъеги бачун буго гьеб. ГьечIеб жо буго лъималазул ах. Нижер районалъул нухмалъулев Шамил ГIумаровас рагIи кьун буго лъималазул ахги спортзалги рагьизе. Гьев живгоги цевеккун школалда директорлъун хIалтIарав чи вугелъул, гьесда лъикI бичIчIула гьеб масъала. 120 азарго гъурущги данде рехун, росдал гIолохъабаз дагьалъ цебе Хушеталда гьитIинабго майданги гьабуна.

   — Нужер росдада тIадехун гIорхъаби цIунулезул застава бугелъул, гьезулгун гьоркьорлъаби кинал ругел?

— Кутакалда лъикIал руго. Зама-заманалдасан вачIуна гьезул нухмалъулев нижергун кIалъа-басаял, малъа-хъваял гьаризе. Масала, жидедаги лъазабичIого чанаре унгейин гьарула гьез росдал гIадамазда. Гурони, чияр чийищ, нужергоялищали лъазе кколелъулила жидеда. Гьединлъидал нижеца хIаракат бахъула хIалтIи гьезда дандбан гьабизе.

    — Туристал рачIунищ?

     — РачIунаро, рикIкIада букIиналъ батила.

     — МагIарухъ хасго хасало канлъи къотIулин гIарзал рукIуна. Нужехъ кин бугеб?

      — Валлагь, 35 сон ана гьенир то- калъул хIубал лъуралдаса. Гьедин- лъидал турун руго гьел киналго. Дагьабниги гьури пурабго, регун уна гьел. Цинги росдал гIолохъабаз рахъун чIезарула хIубал. Агъвалиса рахъарал Хушеталде щвезегIан токалъул хIалтIухъаби рачIине таманаб мех балелъул.

       З. ХIАЖИЕВА