Къец

Рахьдал мацIалъул бищун лъикIав учитель

 

МахIачхъалаялъул №11 абилеб гимназиялда тIобитIана республикаялъул рахьдал мацIазул учительзабазда гьоркьор къецал

Гьенив гIахьаллъана 39 учитель. Гьезда
гьоркьоса — магIарул мацIалъул ва адабияталъул 11 учитель. Гьел ккола Болъихъ районалъул
Кьохъ росдал школалъул учитель Гьадигат ХIасанова, Хасавюрт районалъул Советское росдал школалъул учитель Алипат ГIабдулхIамидова, Хунзахъ районалъул ГIобода школалъул учитель ПатIимат МухIамадова, Каспийск шагьаралъул №3 школалдаса Хамиз ХIажиева, Гумбет районалъул МелъелтIа росдал школалдаса ХIабизат Амагаева, Буйнакск шагьаралъул №7 школалдаса ГIайшат ГьитIинамухIамадова, Гъизляр районалъул Новомонастырское росдал школалъул учитель Тахмина ГъазимухIамадова, ЧIарада районалъул Кьорош росдал школалдаса ПатIимат МухIамадгIалиева, Гъуниб районалъул ХIутниб росдал школалдаса Рамазан ГъазимухIамадов, Казбек районалъул Буртунай росдал школалъул учитель Загьра ГIалиева ва ЦIумада районалъул Къеди росдал школалъул учитель Загьрабика Исрапилова.

Къецал байбихьана №11 гимназиялъул цIалдохъабазул музыкалияб саламалдалъун. Гьединго учительзабазе гьара-рахьи гьабуна республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул хIалтIухъан Лариса Абрамовалъ.

КIиго къоялъ кьуна гьез дарсал. Учительзабаз бихьизабуна дарсал кьезе жидерго бугеб махщел. МагIарул мацIалъул ва адабияталъул щивав учитель мустахIикъав вуго жиндир хIакъалъулъ лъикIаб рагIи абизе. Гьез хIаракат бахъулеб букIана, цIиял технологиязул кумекалдалъун, гIадатиял гурел дарсал кьезе. КIигояз кьуна магIарул мацIалъул дарсал, хутIараз — адабияталъул.

Амма дарсазда рукIаразе кIудияб, кIочонареб асар гьабуна Р. ГъазимухIамадовас,
З. ГIалиевалъ ва П. МухIамадгIалиевалъ. Гьел лъабалго мустахIикъал рукIана къецазул кIиабилеб бутIаялда гIахьаллъизе. Амма цоясе гурони гьединаб рес кьоларо. ХIисаб гьабуни, масала, дида гьеб тIубан битIараблъунги бихьуларо. Санайил цIикIкIараб къадар букIуна магIарул мацIалъул учительзабазул. Цогидазде дандеккун, гьел лъабго-ункъо нухалда цIикIкIунги рукIуна. Гьезулги цо-цо чи, нилъерги цо — битIун гьечIо гьеб къагIида. Лъайкьеялъул министерствоялъ щай гьеб суалалде кIвар кьоларого бугебали бичIчIуларо.

ХIасилал гьарун хадуб «МагIарул мацI» номинациялда бергьенлъи щвана З. ГIалиевалъе, кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Р. ГъазимухIамадов ва П. МухIамадгIалиева, лъабабилеб бакI гьоркьоб бикьана З. Исрапиловалъ, Гь. ХIасановалъ ва А. ГIабдулхIамидовалъ.

Лъабабилеб къоялъ къецазул кIиабилеб бутIаялде рорчIарал учительзабаз кьуна классалъул сагIтал. Финалалде рорчIараз бицине кколаан жидерго хIалтIул проекталъул хIакъалъулъ.

МагIарул учительзабазда гьоркьоса финалалде ккана ва кIиабилеб бакIалъе мустахIикълъана Казбек районалъул Буртунай росдал гьоркьохъеб школалдаса Загьра ГIалиева. Къецазда исана тIоцебесеб бакI босана Сергохъалаялдаса рахьдал мацIалъул учитель Насибат ХIажиевалъ. Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Сулейман-Стальск районалдаса Анжелика Шихрагимова.