Апараглъиялда араб гIумру

ЧIохъа Манижалазул Мусаясул Халилбег ватIан тун къватIиве арал­даса исана нусго сон тIубала.

 

ТахоГодил цIаралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъ гьал къоязда рагьана художникасул квералъ рахъарал ва фотоаппараталъ гьесул жиндирго рахъарал суратазул выставка. Халатккун гьенир цIунизелъун музеялде гьел кьуна Халилбегил ирсалъул тIалаб гьабулеб фондалъул директор Хадижат Мусаевалъ.

 

 

Художникасул вацасул васал ГIумаргун МухIамад сабаблъун респу­бликаялъул Миллияб музеялда Халилбегил суратазул тIоцебесеб вы­ставка бихьизабуна 1999 соналда.

 

Гьел кIиязухъего Халилбегил лъади, баронесса Мелани фон Нагель-Мусаевалъ гьебго соналъ кьун рачIарал суратал кколаан гьел.

 

1992 соналда СШАялда Меланихъ гьоболлъухъ рукIарал Расул ХIамзатовасгун гьесул лъади ПатIиматицаги рачIун руго Халилбегил суратал.

 

 

Доб мехалда изобразительныял искусствабазул музеялъул директор­лъун йикIарай ПатIиматица музеялда лъун букIана 1970 соназда Амери­каялдаса бачIараб Халилбегил щуго суратги.

 

Хадурго Грузиялдасаги сайгъат гьарун рачIун руго гьенире Германи­ялде иналдего Халилбегица рахъун рукIарал цоцо суратал.

 

Живго Мусаясул Халилбегил хIакъалъулъ хъвараб, добагьаниб бас­маялда бахъараб материал дагьаб буго.

 

 

Эркенлъи хириял умумузул ракьалда тIалъи хисидал, 1921 соналда цIализе арав гьев тIокIалъ тIадвуссине хъван букIун гьечIо къисма­талъ. Гьесул гIумру ана цин Германиялда, хадуб Америкаялда. Вукъун­ги НьюЙоркалда вуго.

 

ТIоцебе Халилбегилъ суратал рахъизе махщел загьирлъиялъе сабаб­лъун ккун вуго Щуланиса ИсмагIил. Гьев кколаан жиндилъ карамалъи бугилангицин абулев вукIарав гIалимчиги, ганчIида накъищал рахъун, занал къачIалев кутакалда лъикIав устарги. Халилбегил инсул заниги гьес къачIан буго.

 

 

«ИсмагIилил мастерскаялденахъе гIемер щолаанила Халилбег. Цин­ги гьесул кIудиял вацал МухIамадидагун Къагьирида халлъун буго гьитIинав вацасул гьунар. Гьедин тIоцере гьез росун руго гьесие къал­малги релъеналги», ян бицана газеталъе Хадижат Мусаевалъ.

 

ГьабсагIаталда ТахоГодил цIаралда бугеб республикаялъул Милли­яб музеялда рагьараб Халилбегил выставка 30 июналде щвезегIан ха­латбахъине буго.

Гьелда тIасан гьадин бицана ТахоГодил цIаралда бугеб республика­ялъул Миллияб музеялъул директорасул заместитель Джамиля Дагиро­валъ «ХIакъикъат» газеталъе:

 

 

-ГьабсагIаталда Миллияб музе­ялда буго Халилбегица бахъараб 50 сурат. ХутIарал – Германиялда, Аме­рикаялда ва хасал гIадамазухъ кодор руго.

Гьаб выставкаялда лъуна Мусая­сул Халилбегил фондалъул бетIергьанлъиялда бугеб 93 сурат. КъотIи-къаялда рекъон, фондалъ гьел музеялде кьун руго халатккун зама­налъ цIунизелъун.

 

Суратазухъ балагьун, кутакал­да гIемерал суалалги руго рижулел, цо-цо хIужабиги руго загьирлъу­лел. Халилбегил биографиялъулъги цIикIкIун руго лъаларел жал. Гье­динлъидал доба-гьаниса кIвараб ма­териал бакIарун, дандекколеб буго нижеца.

Халилбегил цIаралда сверухъ лъа­лебги лъаларебги бицунел чагIиги дагь гьечIо. Масала, Франц Руболгун гьесул гьудуллъи букIанин абула цо-цояз. БукIинчIо. Халилбегил суратал Метрополитен-музеялда (Нью-Йорк) рихьизарунинги бицуна. ГьаричIо. Гьеб гьедин букIун батани, гьелъие хIужа бихьизабизе ккола.

Дица Халилбегил творчествоял­да тIасан лекция цIализехъин бу­гин сайталда лъураб лъазабиялда гъоркьги тIубараб карщ гьабун бата­на. Масала, гьев фашистазул рахъал­да вукIанилан хъвалеб бугоан цояс. ГIемер дандчIвалеб пикру буго гьеб. Амма киб бугеб гьелъие далил?

 

 

-Гитлерилгун гьудуллъи букIун бугиланги рагIана бицунеб. Мюн­хеналда художествияб академиял­де цIализе лъугьунелъул лъан ру­гила гьел цоцада.

-Гьедин хъвараб бакI киб бугеб? Цо хасал чагIаз риччарал харбал кко­ла гьел. Гьеб мехалда Гитлер вукIун ватула къисматалда рекIекълъарав гIолохъанчи.

Фашистазул рагъулаб ратIлил эскизалги Халилбегица рахъулел рукIун ругилан чIола цо къокъа. Нем­цазул модельерал рукIинч1огодай? Гьединаб кIвар бугел ишазда гъор­лъе цогидал миллатазул чагIи рич­чалел рукIанадай гьез?

Гьединго доб заманалдаги дол шартIаздаги гIумру гьабе цин гьедин гIайиб чIвалелде цебе. ХIакъикъаталда абуни, чи бахиллъилеб гIадаб къисмат букIинчIо гьесул: советияб низамал­даса рикIкIалъарав гьев фашистазул низамалде ккана. Амма киве кканиги, магIаруллъи биличIо гьесулъа.

 

Ричизе сураталги рахъулел рукIун руго Халилбегица. Гьедин заказаз­да рекъон рахъаралги цогидалги гIезегIан суратал рухIун руго рагъул заманалда. Самолёталъ рехараб бом­ба гьесул минаялдаги щун, тIатIала ккун буго художникасул мастерская. Хвасар гьаризе кIварал хIалтIаби Ха­лилбегица Америкаялде росун руго.

1970-абилел соназдаса байбихьун гьесул лъади Меланица хIалбихьун буго Халилбегил гIагарлъиялъулгун бухьен гьабизе (художник хвана 1949 соналда -ред.). Амма заман батIияб букIиндал, гьелъул хIасил ккун гьечIо. Нилъер улкаялда Ха­либегил цIар бахъизеги бегьулеб букIинчIелъул.

ГIицIго 1990-абилел соназда ба­жарана Меланихъа нилъехъе гьел ритIизе.

Гьелде рачIинегIанго нижер музеялдаги букIана Халилбегил хIалтIабазул дагьабго къадар. Гьел рукIун руго бакI-бакIалда цIунун хутIарал, Къоркъмасовас ричун ро­сарал гьесул суратал. Октябралъул революция ккун 10 сон тIубаялде Москваялда тIобитIулеб «Искусство народов СССР» абураб выставка­ялдаги лъун рукIун руго гьезул цо-цоял.

 

-«Красный суд в Дагестане» абу­раб суратги бихьана гьаниб къе­да чIван. Гьединаб магIнаялъул суратал гьесул ратилин ккунго букIинчIо.

-Буго. Амма копоего бахъараб гIадаб сурат буго гьеб, гьелъулъ за­гьирлъулеб буго доб гIуцIиялдехун художникасул букIараб бербалагьи – дагьабго тIад велъи, цо-цо жал тен­кезаризе лъугьин.

1917-1918 соназда МугIрузул республика гIуцIараб заманалда Халилбегиеги батIаго квеш букIинчIо гьаниб. Гьев хIалтIулев вукIана «Танг-Чолпан» журналалда, Мавраевасул басмаханаялда, Лансереда ца­дахъ гьес дарсал кьолаан реалияб училищеялда, МугIрузул улкаялъе байрахъги ургъана гьес.

Дагьалъ чIун Халилбегида бичIчIана гьанив жив хIебтIулареблъи, жиндие гьеб низам данде кколареблъи. Гьединлъидал махщел камил гьабизе, хадувккунги цIализе кколин багьанаги батун, Халилбег гьаниса ана. Амма советияб вла­сталъ цIалухъ кьезе байбихьуда гIарацгицин битIулеб букIана гьесие.

Республикаялдаса къватIиве ине Халилбегица хIалбихьулеб букIана 1919 соналдаги. Владикавказалдасан Тифлисалдеги ун, гьенисан ЧIегIерралъдалъан Турциялде уна­ан доб мехалда. Шапи Казиевасул тIехьалда хъвалеб буго гьедин.

 

1921 соналда кIиабизеги хIалбихьула Халилбегица республика тун ине. Гьеб мехалда искусство­ялъул рахъалъ гIуцIараб нарком­проссалъул отделалда хIалтIулев вукIана Халилбег. Гьес къачIалаан хIурматиял, кIвар бугел данделъаби тIоритIулел залал.

Гьедин пачалихъалъул заказ тIубазе релъенал хIажат ругиланги абун, Халилбегица Бакуялде нух бо­сула. Гьениб паспортги гьабун, Тур­циялде уна. Гьенив (Самсуналда) гьев дандчIвала кIудияв вац МухIамадгун. Цинги гамидаги рекIун Варнаялде, хадув поездалдаги рекIун Мюнхенал­де уна. Гьенир гIемер пайдаял лъай-хъваял ккола гьесул. Амма гIумру гьабизе захIматаб букIанин хъвалеб буго гьес жинцаго.

Халилбегил 24 сон букIана улка тун къватIиве унеб мехалда. Эркенго хIалтIизе рес кьурабани, кутакалда цеветIезе вукIана гьев. Амма я жин­дирго ватIаналда советияб гIуцIиялъ, я доб заманалъул Германиялда гье­динал ресал щвечIо художникасе. Германиялда, масала, хIатталдаса ун гIемерал гIорхъичIваял гьарулаан доб мехалда художниказе.

 

 

-Гьесул хIалтIабазухъ балагьун, махщел цIубараб мех лъазе бажа­рулищ? Масала, кинаб ригьалда рахъарал суратал лъикIал ругел?

-Диего рокьула гьес гIолохъанлъуда Дагъистаналда вукIаго рахъа­рал хIалтIаби. Гьеб мехалда сунцани­ги квекIен гьабун гьечIоан хIалтIизе – я идеологиялъ, яги ватIаналъухъ чIалгIеналъ.

ВатIаналъухъ рухI бецIулеб букIаниги, хадубккун Германиялда гIумру рукIалиде бачIун буго художника­сул. Хасго Меланигун дандчIвайдал. Гьел кIиялго рукIун руго цоцазе къваригIарал чагIи.

 

 

-Гьелъул сураталда гъоркь СагIадат абун хъван бихьана Халил­бегица. Гьелъул магIна щиб?

-Дагъистаналда вугеб мехал­да СагIадат абурай яс йокьулей йикIарай къагIида гьесие. Гьединго Темирхан-Шураялда Абуладзе абу­рав машгьурав фотографасул ясалъулгунги букIанин гьесул рокьиян хъвалеб буго.

 

 

-Интернеталда гIемер дандчIвала Зайнаб Дайитбеговагун цадахъ чIун бахъараб Халилбегил суратги. Гьей щий?

-Гьей кколаан Темирхан-Шураял­даса МахIачхъалаялде нух бахъарав инженер, бечедав чи ГIадилгерей Дайитбеговасул яс. Москваялда тох­турлъиялъеги цIалун, Дагъистанал­да руччабазда гьоркьой тIоцеесей хирурглъун яхъана гьей. Халилбегил лъикIаб бербалагьи букIана гьелде­хун. Квералъ гьелъул суратги бахъа­на гьес, гьелде кечIги хъван букIана.

Доб заманалда церетIурал дагъистаниязул къокъа букIана цоцалъ гьудуллъи бугеб – Тахо-Годи, Ахун­довал, Къоркъмасовал, Дайитбего­вал, Халилбег ва цогидал.

 

 

-Кьер гьечIеб къалмица рахъа­рал бихьиназул сураталги рихьана выставкаялда.

-Гьенир руго Дагъистаналдаса эмигрантазул тIоцебесеб кьералда гъорлъ рукIарал гIадамал. Халилбег гьелгун дандчIван вугоан Тифлисал­да. Масала, имам Шамилил васасул вас СагIитбегги вуго гьенив.

Гьединго «Хвалил макьу» абураб суратги буго гьениб. Дие цIакъ асар гьабуна гьелъ. 1949 соналда бахъараб гьелъулъ загьирлъулеб буго Халил­бегида жиндирго хвел гIагарлъулеб букIин лъалеблъи.

 

 

-Суратазда лъураб хасаб ишара яги мугьру бугищ гьесул?

-Халилбегица цин гIурусалъ хъвалеб буго суратазда гъоркь жин­дирго цIар. Хадуб байбихьана гьеб гIажамалъ хъвазе, гьелдасаги хадуб -латин хIарпаздалъун. Цо заманалда гьес суратазда лъолаан жидерго ту­хумалъул мугьру гIадаб ишараги.

ПалхIасил, Халилбегил хIакъалъулъ хIакъикъат рагьизе жеги анцI-анцI сонал къваригIина. Дора­са-гьаниса биценал рагIун гурони, чIванкъотIун данделъарал хIужаби цIакъ дагьал руго.

 

Диего Халилбегица гьабулеб аса­ралъул бицани, аслияб жо буго цо -магIарухъа вачIун шагьаралдегун гIадатияв дагъистанияс жиндирго цIарги махщелги халкъазда гьоркьо­себ даражаялде бахинаби.