Эмен гIадав губернатор

Гьес хъаравулзабазда абула, гъов ялгъизав чи  валагьун, жинда аскIове вачеян

 

ГIемер бицуна ва хъвала магIарул инсанасул тIабигIат-гIамалалъул тIадегIанлъиялъул хIакъалъулъ. Хасго гьеб батIаго загьирлъула ватIан тун рикIкIад гьавурав ва гIурав магIаруласулъ. Гьединазул цоявлъун ккола жиндир хIакъалъулъ чанги нухалъ «ХIакъикъат» газеталъул гьурмаздасан бицарав, Турциялда вугев МелъелтIаса мугьажирзабазул вакил АхIмад Чинар. ГьабсагIаталда гьев вуго гьеб пачалихъалъул бищунго машгьурал вилаятазул цояблъун кколеб Зонгулдак вилаяталъул губернаторлъун. Дагьаб цебегIан гьесул, пачалихъияв хIакимасул гIаданлъиялъул, берцинаб хасияталъул хIакъалъулъ хъван букIана «Темпо» газеталда. Гъоркьехун кьолеб буго гьелъул таржама.
* * *
Зонгулдак вилаяталъул губернатор АхIмад Чинарица, хъулухъалъул машинаялда унаго, квербакъи гьабун буго нухда вихьарав рекъав ва рукъ гьечIев чи вихьидал. Губернатор Чинарил гIаданлъиялъ жиндие гьабураб асаралъул, рижизарурал пикрабазул хIакъалъулъ баян гьабурав гIажизав МехIмет Ибишица гьадин абуна: «Зонгулдакалда гIемерал губернаторал рихьана дида, гьел дида аскIорецин къалароан. Гьанже вугев губернаторин абуни, цIакъ лъикIав, дурусав инсан вуго, цIакъ гьуинав гIадан вуго, инсанасе битIахъего эмен гIадин вукIуна гьев», – ян.
Зонгулдакалъул губернатор АхIмад Чинарица квербакъи гьабуна рукъалъул къварилъи бугев ва хъизамалдаса ватIалъарав 51 сон барав, лъабго лъимадул эмен рекъав МехIмет Ибишие.
ГIага-шагарго кIиго моцIалъ цеве цо цIадалаб къоялъ рескъотIараб хIалалъ нухдасан унев МехIмет Ибиш вихьула Зонгулдакалъул губернатор АхIмад Чинарида. Гьес хъаравулзабазда буюрула, гьев валагьун, жинда аскIове вачеян. КIиго сагIаталъ цIех-рех гьабун хадув, гьезда гьев ватула ва губернаторасул резиденциялде вачун вачIуна.
Лъугьаралъул ахир гьадин баян гьабуна МехIмет Ибишица: «Цо багIарараб къоялъ хIал гьечIеб куцалда цо къотIносан унев вукIана дун. Гьеб мехалда къотIносан унев вукIарав нилъер губернаторасда вихьун вуго дун. Гьес жиндирго хъаравулзабазда абун буго дов нухда вихьарав чи валагьун, жинда аскIове вачун рачIаян. Гьез дида абуна: «Мун губернаторас ахIулев вуго», – ян. Гьединги абун, машинаялдаги рекIинавун, дун гьез щвезавуна губернаторасухъе.
Губернаторасул резиденциялда гIодорчIана, ва гьес дида гьикъана: «Гьа, щиб хIал бугеб дур?» – илан. Дицаги дирго бугеб хIалалъул хIакъалъулъ мухIканго бицана гьесие. Гара-чIва­риялъул ахиралда: «Дуе хIажатаб квербакъи гьабизе буго», – янги абун, губернаторас цIакъ хинаб ва рекIелаб къагIидаялда къо-лъикI гьабуна диргун.
Губернаторасул кабинеталдаса къватIиве лъугьаравго, гьебсагIат цояс дун чIезавуна ва рукъ кквезе гIоло хIажатаб къадар гIарцул кьуна. Дица гьеб гIарцухъ рукъги ккуна. КIиго моцI буго нилъер губернаторас дир мухьдахъ ккураб рукъ бецIулеб бугелдаса», – ян.
Лъабго лъимергун хутIарав Ибишица гьадин бицана хадуб: «Нилъер хIурматияв губернатор АхIмад Чинарица сундулъго кумек гьабуна дие. Аллагь разилъаги гьесдаса. КъватIив хутIарав дие рукъ балагьизеги къваригIарабщиналъе кумек гьабизеги рагIи кьун букIана гьес ва гьеб кьураб рагIиги ккуна: дица цо рукъ балагьана ва гьелъухъ кира гIарацги нилъер губернаторас кьола. Гьесул квербакъиялдалъун гьаб квачараб заманалда къватIив цIорон хвеялдаса хвасарлъана дун. Гьанже хинаб цо рокъоб гIумру гьабулев вуго дунги дир лъималги», – ян.
Жинда гIемерал губернаторал рихьанин ва гьезул цонигияв жинда аскIовецин къачIин бицарав Ибишица абуна: «Гьанже вугев губернатор вуго цIакъ лъикIав, дурусав инсан, гьуинав гIадан, губернатор гуро гьев, унго-унгояв кIудияв эмен хIисабалда тIалаб гьабула гьес гIадамазул. Аллагьас гьев губернатор-эмен нилъедаса ватIа гьавугеги. Нижее, мискин-пакъиразе, гьадинав цо губернатор хIажат вукIана. Ва кIудияб шукру буго, Аллагьасги нижее гьадинав цо гIажаибав, нижерги тIалаб гьабулев цо губернатор-эмен витIарав. Аллагьас гьесие халатаб, сахаб гIумру кьеги. Нижедаса ватIа гьа­вугеги гьев», – ан.

Турк мацIалдаса буссинабуна
АхIмад МуртазагIалиевас.