Инсан ва къисмат

Дир лъимерлъи

 

Дир лъимерлъиялъул тIоцереселго ракIалдещвеял пашманал руго. Анлъго сон бараб мехалда, лъана дида дун дирго эбелалда гурев, бесдал эбелалда аскIов вукIин. Гьеб заманалде дир рукIана гьитIинал вацал, хадурго яцалгиха. Гьел дагьал кIудиял гIезегIан кинабго лъикI букIана. Киналго хъизамаздаго гIадин, кIудияв вац хIисабалда, дица гьезул тIалаб-агъаз гьабулаан, ккаралъур гьел цIунулаан, хьихьулаан, къва­тIире-рокъоре рачун гьезул ракIгъезабулаан, гьелгун васандулаан, гьезие батIи-батIиял хIаял тIоритIулаан. Эбелин абуни гьеб заманалда рукъалъул хIалтIи-пиша гьабулей йикIунаан. Вацазулго гIадин, яцазулги гьабулаан дица тIалаб, гьезул кини кIибикIулаан, кьижизарулаан. Дие гьеб хIалтIи киданиги захIмалъулароан, чIалгIунароан. Гьелъул гIаксалда, дун чIухIулаан гIисинал вацал-яцал дир бербалагьиялда гъоркь гIолел рукIиналдаса.
Вацал дагьал кIудиял гIедал, ниж цадахъ къватI­-къоноялда батIи-батIиял хIаял гьарулел, расандулел рукIунаан. Киналго нижерго гIелалъул лъимал гIадин квен-тIех, рукъ-бакIги кIочон, эркенго нижерго рекIелгъеялде руссун хутIулаан нижги. Гьединаб мехалъ эбел гьитIинал васазде семулаан, гьезие гIадлу гьабулаан, дунин абуни, гьезего гьечIев гIадин, ургъелго гьабичIого толаан гьелъ. Дида гIемераб мехалъ бичIчIичIо щай гьелъ дун гьедин ургъел гьабичIого толев вукIаравали. РакIалде кколаан, дун гьездаса кIудияв вугелъул, бокьараб мехалъ рокъове вачIинеги, бокьараб мехалъ кваназеги бегьулев ватилин.
Цо-цо мехалда, гIелцоялгун васандулаго, кватIун, амма вакъун щолаан рокъове, ва вохун вукIунаан, гьитIинаб лъимералде гIадин диде эбел семулей гьечIолъиялдаса. ХIисаб гьабулаан, кин букIаниги, дун кIудияв гIурав бихьинчи вугелъулхаян.
Цо къоялъ, гьединго, къадеквенги кIочон, дун кватIизегIан хутIана дунго гIадал васалгун. Вацалин абуни, церего кваназеги кванан, нахъеги къватIире рачIун расандулел рукIана. МаркIачIул гIужалда дун рокъове векерана, бацI гIадин вакъун вукIиндал, бачIинахъего чедги хIанги босун, хъантIун гьеб квине лъугьана. Циндаго, йортун ячIун, кьабун биччан тана эбелалъ дир квералда.
Чедги хIанги чIарбиде бортана.
— Эбел! – ан ахIана дица щибго бичIчIуларого. – Дуца дир кверал рухизегIан бегьулареб жо щиб дица гьабураб?
Гьелъул жаваб букIана цоги бокьараб жоялдасаги цIакъ дун гIажаиблъизавураб, кигIан кIудияб квешлъиялдасаги дир рекIелъ хIунсараб.
— Дун дур эбел гуро. Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана, гьелъ дудаса инкар гьабуна.
Дун, гIакълуялдаса арав гIадин, абизе рагIи бачIунарого хутIана «Мун гьавурай эбелалъ мун рехун тана… рехун тана.. рехун тана».
Гьел рагIаби рукIана дир гIаданир лъулъулел.
— Дудаса щибниги лъикIлъи бихьиларо. Духъа бажарулеб жо буго къватIал свериги кванайги. ТIокIаб мунпагIат дур гьечIо.
ГIашилтIа манташ гIадин вуго мун. Я къалъул гIуж гуреб, я къаси мех гуреб, гьаб заманалда кваналев чиго щив вукIунев?
Бесдал эбелалъ дун рокъоса къватIиве гъуна ва абуна:
— ЛъугIана. ГIела. Гьанжеялдаса нахъе мун кваназе вуго кванда нахъе дица ахIараб мехалъ.
— Дир вацал церего квананагури, — илан дунго ритIухъ гьавизе хIалбихьана дица.
Амма гьелъ абуна, дагьавги дун гIажаиблъизавурал, дир ракIбекизабурал, кьогIал рагIаби:
— Гьел руго дуе, кIартиде дандеккун, тагьи гIадал вацал.
Дида бичIчIичIо, щибго гIиллаги бицинчIого, гьелъ дун квешавлъун щай рикIкIуневали.
Гьелдаса цIакъ дие захIмалъана, гьадигIан цIакъ дие хириял гьитIинал вацал щай гьелъ дидаса рикIкIад гьарулелали, щай дун гьелъ гIабдаллъун рикIкIуневали.
Ккараб жогIаги щиб? Щай гьеб хIалалъ гьелда дун рихарав?
Гьеб мехалда дида ракIалде щвана цебе­ккун дица хIисаб гьабичIого, кIвар кьечIого тун рукIарал цо-цо лъугьа-бахъинал. Гьелъул лъималазул диралде дандеккун, ретIел-хьит букIана бацIцIадаб, цIияб. Дирин абуни – басрияб, тIутIу-хъухъураб, гъиза-гIитараб. Эбелалъ гьез­да бицинегIанасеб хIалтIи-пиша малъулароан.Дицайин абуни, боцIи-панзги хьихьизе кколаан, хасало печь бакизеги рак бакIаризеги дун тIамулаан. Дие кьолеб квенги букIунаан гъорлъ цIецI гьанал гуреб, тIагIмикъаб, бакъва-кIасараб.
Дир эбел гьей гурейлъи лъараб къоялдаса, жужахIалъул цIаялде сверана дир гIумру. Эмен рокъов гьечIеб заманалда, щибаб къоялда гIазаб чIамизабулаан гьелъ дида.
Эменин абуни гIемерисеб мехалда рокъов вукIунароан. Гьев мадугьалихъ бугеб районалда учительлъун хIалтIулев вукIана. Эмен вачIараб мехалъ, бесдал эбелалъ гьесие кидаго дун какулаан. Кванайги кьижиги гурони кинабгIаги пайда гьечIев, кIухIалав, малъараб гьабуларев бахьикъос вугилан абулаан. Бищунго дир рекIее захIмалъулеб жо букIунаан, дица гьитIинал вацал-яцазе гIакъуба кьолин, гьезие чIезе бакI тIагIинабун букIунин дир квешлъиялъилан гьелъ рицунел маргьаби.
Эменги гьелъ бицаралда божулаан. Гьелъ каканщинахъе инсуца дун квешго кьабулаан.
Цебе дун сундулго ургъел гьечIого гьудулзабигун васандилев вукIунаан, гьелгун мегIер-гIалахалде, хIорихъе чвердезе унаан. Хадуб, гьеб киналъулго дие щибниги кеп букIинчIо. БотIролъе рачIунаан батIи-батIиял пикраби. РакIалде кколаан кигIан лъикIдай дие букIинаан эбел аскIой йикIарайаниян.
«ХIакъикъаталдаги, уяб жойищха, эбел, дуца дун рехун тей?»
Гьел къваридал пикрабаз рахIат толареб заманалда дие цоги сундулниги кIвар букIунароан. Гьудулзабазухъеги, хIортIеги, цоги кивениги дун унароан.
«ХIалица ратIа гьарун ратила нилъ цоцаздаса, — илан пикру гьабулаан дица гьединал лахIзатаз. Дирго гIадин эбелалъулги диде ракI­щун батила. Дунго гIадин гьейги гIащикъго ятила дунгун дандчIвазе, дун вихьизе. Цодагьавги кIудияв гIуравго, гIага-божаразда, яги мадугьал­забазда цIехон, лъазабила дица дир эбел – дир хирияй эбел йигеб бакI. Гьеб мехалда ина дун гьелъухъе».
Рокъоб ахIвал-хIал къобахъанагIан хIалуцунеб букIана. Диргун киназулго гьоркьоблъи дагь­-дагьккун цIоролеб букIана. Цо къоялъ бесдал эбел тIуянго гIорхъолъа ана.
Доб мехалда дун ункъабилеб классалда цIалулев вукIанин ккола. Школалдаса рокъове дун щвараб гIужалъ, къаде кваназе гIодор чIолел ругоан дир гьитIинал вацалги, яцалги, гьезул эбелги. Эмен, кидаго гIадин, рокъов вукIинчIо. Дунги гьезда цадахъ столалда нахъа гIодов чIана. Киназго цо кIудияб гъадароялда жаниса кунел рукIана хинкIал. Цебеккунго дандебараб кинигин, вацаз цереса росулел рукIана хинкIал. Гьеб мехалда, яхIго гьабизе кIвечIого, дица абуна:
— Щивас жинда цебе бугеб квине ккола. ГIадамал ругеб яги гьоболлъухъ ккараб бакIалда нужеца гьединал жал гьаруни, нужеда гIайиб гьабула, гIадлу гьечIел лъимал ругин абула.
— Вай, вай, вай. Балагьун бихье цо гьав хунчI­рукасухъ, дир лъималазда кин кваназе кколебали малъулев, — ян абуна бесдал эбелалъ. – Дур иш гуреб бакIалде бетIер бегьуге, гьвелтIинчI. Дир лъимал жидее бокьухъе кваназе руго. Мун гьезда кIалъаге, къватIул таращ гIадин дица вачахъизе бокьун батичIони.
Дие гьелъул рагIаби цIакъ захIмалъана. ЗахI­малъиларелги кин, щибго гуреб бакIалдаса гьеб хIалалъ дун хIакъир гьавураб мехалъ. Амма щиб дица гьибилеб? МагIил горо щокъроб къан, хинкIал эхебего унел рукIинчIо. Дун вуцIцIухIун чIун кваналев вукIана, гIодичIого чIезе хIаракатги бахъулаго. Иргадулаб нухалда, дица хинкI кIалдибе бегьулаго, речIчIун вачIун, чIван гIучIгун, дир гьитIинал вацазул цояв Мирзаца гьеб бахъун ана. Ва жинцаго гьабураб жоялдаса вохун, велъанхъулаго къулчIун балагьизабуна. Бесдал эбелин абуни, гьеб бихьичIеб ххвелги гьабун, цо рахъалдехун юссана.
Амма бихьулеб букIана Мирзаца гьабуралда гьей рази йикIин.
Бесдал эбел дихъ ялагьун гьечIолъиялдаса пайдаги босун, дица Мирзада лъикIаб хIалалъ зинкIкIана.
— Эбел! – ан чIчIичIидана Мирза.
Бесдал эбел диде йортун ячIана:
— Дуца гьабулеб жо щиб, хIама? Дуца гьабулеб щиб?
— Дида гьас зинкIкIана. Вай, вай, вай, — илан гIодана Мирза.
Гьелъ, гъасдаса гъецIги босун, дида речIчIана:
— Капурго хвараб гьой, дица зинкIкIила дуда, тIокIалъ вагъаризе кIолареб хIалалъ.
Дун, кIанцIун тIадеги вахъун, къватIиве тIурана. Гьей дида хадуй гъуна ва, батIалъи гьечIого, щвара-щваралъуб кьабулеб букIана. Рухулел рукIана гъуждул, кверал, мугъ. Дица, бажарухъе, дунго цIунулев вукIана. Хьул букIана гьей гIодое юссинилан. Бесдал эбелин абуни, тIадеялдаса тIаде ццидахуней, гIасилъулей йикIана. КIалдибе бачIанщинабги ахIулаго, кьабулеб букIана дида гьелъ гъецI, кинабгIаги гурхIел-рахIму кIочон. Бихьулеб букIана, дун чIвазецин гьей нахъе къазе гьечIейлъи. Гьелъ кьабун бачIараб гъецI дир гIиналда щвана, чвахун бачIана би. Дун, бетIерги сверун, гIодов ккана. Би бихьарабго, дир гIакълу босана. Дицаго гьабулеб жо лъалареб хIалалъ ццидахарав дица, цебе батараб бакI речIчIун балагьизабуна гьелда. Бесдал эбел, къотIун рехараб гъветI гIадин тIирщун гIодой ккана.
— Вай, вай, вай. ЧIвалей йиго! ЧIвалей йиго! — йилан чIичIидана гьей, квераз чIабарги хачалаго.
Дир вацал-яцал, хIинкъиялъ къадал ракьанда тIепун рукIана, кколе-толелъул тIубан магIнаги бичIчIуларого. Гьезие, эбелалъе кумек гьабизе бокьун букIун батизеги бегьула, амма дир бугеб хIалуцараб хIалалъухъ балагьун, гьезда щуризе кIолеб букIинчIо. Гьеб ахIвал-хIалалъ дие къуват кьолеб букIана. Бесдал эбел гIодой ккаралъуса тIаде яхъунелъул, дир беразулъ букIана гьелда тIад речIчIизе хIадур вугеб гIадаб гIасияб ццин.
— НагIана батад! Тушман! Дун гурей дир лъималги чIвазе нахъе къаларо мун!
— ТIокIалъ дида квер хъвани – чIвала! – ян ахIана дица. Гурдида, кверазда, киса-кибего бахараб бица дир хIал хисизабун букIана.
Амма я унти, яги хIинкъи дида лъалеб букIинчIо. Дун дицаго гьабуралдаса чIухIунцин вукIанин ккола. Гьелъ батила, дун гIодулев вукIинчIо. Дида кколеб букIана, гьадинай къуватай, къвакIарай чIужугIаданцин дидаса хIинкъун, кумек гьарун ахIдолей йигилан.
Нижер ахIи-хIуралъухъе гьенире рачIана мадугьалзабиги цоги-цоги гIадамалги. ЯчIана инсул эбел – дир дахIабабаги. Гьеб мина кIийи­де бикьараб букIана: цояб рахъалда рукIана ниж, цогияб рахъалда – дахIададаги дахIабабаги. ДахIабаба йихьарайго, бесдал эбел жеги цIак­ъ ахIдезе, чIичIидизе лъугьана:
— Балагье гьав тушманасухъ! Дагьаб жо хутIана дунги дир лъималги гьас чIвазе. Дица кваназеги ретIинеги кьун хьихьараб гьвел тIанчIица, къватIул тарщица дирги дир лъималазулги бадибе тулеб буго!
Бесдал эбелалъе бокьун букIана дихъа бакI бахъизе. ДахIабабаца нахъе аян дун довегIан тункана. ГIодобе бакIги рехун, дун, гьеб дие чиярлъараб рокъоса къватIиве ана. Лъаларо гьаб­сагIатги дида, щай гьеб кинабго гьедин ккарабали.
Йигелъул бесдал эбелги тун, дахIабаба дида хадуй ячIана. БотIрода кверги бахъун, дун жидерго рокъове вачана. Рокъове щведал, гьелъ абуна:
— ГIела. Кинабго бичIчIана. Гьанжеялдаса мун нижеда цадахъ вукIине вуго.
— Кидагойищ?
— У, кидаго, дир бурутI.
ДахIабабаца бигьагьабун дир бетIералда квер хъвана. Балагьана бидул цIураб гIиналъухъ.
— ЩибгIаги дуда кьабураб гьадай нагIанабатадица?
— Гъасда букIунеб гъецI.
— Кверал къотIаги гьелъул. Бидухъ виччан васгун, жий чIвалей-хъолей йигей гIадин ахIдолей йиго. Дой йигеб бакIалде хIетIе чIелареб дуца тIокIалъ.
ВачIана рокъове дахIададаги. Гьев ун вукIана дагьав цевегIан хварав чиясул рухIалъе къулгьу гьабизе. Дун хIинкъун вукIана гьев диде семилилан. Амма дахIададаца, бетIер кIибикIун гурони, щибго абичIо. Бихьулеб букIана гьеб лъугьа-бахъиналъ гьесулги рахIатхвезабураблъи.
Къаси дун дахIабабадасаги дахIадададасаги балъго гIемерав гIодана…Эбел, хирияй эбел, гIагарай эбел, аскIой мун йикIарайани бида вецIцIиледухъ дун вухизе лъиданиги кIвелароан.