НекIсияб Египеталда загьирлъараб, гьанже кибго хIажалъараб

Нилъер гIумруялда гьечIого гIоларел махщелал цIакъ гIемер руго. Гьединазул цояб ккола геодезистасул хIалтIиги.

 

ЧIарада районалъул Кьорош росулъа ХIажимурадов Мусаги ккола инженер-геодезист. Гьес лъугIизабуна Ленинградалъул Горный инсти­тут, цIалана халкъалда гьоркьосеб махщелчагIи хIадурулеб централ­да Германиялда. Гьев ккола ДРялъул мустахIикъав бакIал ралев чи, «МНТК-Альянс» ОООялъул генералияв директор.

 

— Муса, щиб гIелму кколеб гео­дезия, кинаб хъулухъ геодезистаз тIубазабулеб?

— Ракьалда тIад кинаб бугониги хIалтIи гьабизе ккани (мина-карт ва цогидал объектал рай, нухал рахъи, майданал хIадур гьари ва гь.ц), чара гьечIого лъазе ккола гьелъул гьу­мералъул мухIканаб сипат-сурат. Гьеле гьеб лъазабулеб, чIезабулеб гIелму ккола геодезия («Землераз­деление»). ГьабсагIаталдацин нилъ хIикмалъизарулеб тайпаялъул, мухIканго ва дурусго минабигун объектал ралаго, рикIкIадаб манзи­лалдаса лъим бачунаго хIажалъулеб гьеб гIелму тIоцебе загьирлъана НекIсияб Египеталда. Гьанже гIадин ракьул битIи-гьетIи борцунел, ала­тал рукIинчIониги, чIахIиял гван­дахъе тIураб лъел хIисаб гьабун, ру­хьарал кварал рекъезарун, нилъеда лъаларел алатал хIалтIизарун, гьабу­леб букIун буго доб мехалда жакъа нилъеца геодезиялъулабин абулеб хIалтIи.

Геодезистал гIахьаллъула ну­хазул проектал рахъиялъулъ, гьез рекъезабула нухлул битIи- гьетIи. Нух гьабиялдаса гIемерго захIматаб буго тоннель бахъи. Гьеб балаго, кинабго рахъалдаса данде бачунеб хIалтIи рекъезабизе ккола геодезистаз. ГьитIинаб кьо бай захIматаб суал гуро, гIемерал масъалаби тIуразе ккола кIудиял кьоял ралаго. ЦIикIкIараб, бутIа лъола геодезистас ракьуда гъор­кьан унел тоннелал, коллекто­рал ралелъуб, махх-чараналдаса гIуцIун ралел кIудиял объектазулъ. Руго хIалтIаби миллиметралъ­ул нусил бутIаялъул мухIканлъи къваригIунелгицин.

 

— ГIемертIалаяб мина балаго ки­наб бухьен букIунеб геодезистазул­гун?

— МахIачхъалаялда чанго буго (профессионалазда гьел лъала ба­лагьарабго) гьетIун, кьурун бараб гIемертIалаяб мина. Гьелъие асли­яб гIиллаги ккола геодезистазул хIалтIул хаслъи бичIчIунгутIи. Ми­наби ралел чагIазда гьеб бичIчIула риччарал гъалатIал дандчIван хадуб. Кинабго хIисабалде босун балеб ми­наялда геодезистазул хIалтIи, гьезул гIахьаллъи букIуна кьучIдаса байби­хьун ахирисеб тIалаялде щвезегIан. ТIоцебесеб иргаялда, нижеца гьа­бизе ккола ракьалъул топосъемка, лъазабизе ккола гьелъул гIуцIи, бахъизе ккола план, хадуб гьабула проекталъулаб заказ. Геодезиялъул бичIчIи бугев застройщикасда ко­доб кидаго букIуна минаялъул план- проект бугеб чертеж. Нагагь мина­ялде рачарал лъел, канализациялъул, токалъул ва газалъул рахъалъ къва­рилъи ккани, гьел жиндир заманалда ва бигьаяб къагIидаялда къачIаялъе мухIканго лъазе ккола кисан ва ки­наб къагIидаялда ракьулъан унел ру­гел гьелали.

 

— Росулъ мина базе бокьарав чияс геодезистасулгун бухьен кквезе кколищ?

— Рес бугев чиясе бокьула жиндир­го мина щулияб, берцинаб, лъикIаб, киналго тIалабал цIунараб проектал­да рекъон бараб букIине. Гьедин гьа­бизе бокьараз ракьалъул топосъемка гьабизе ва проект битIун гьабураб бугищали хал-шал гьабизе ахIула нижер хъулухъалъул хIалтIухъаби.

 

— Хас гьабун нужер ОООялъ ки­наб хIалтIи тIубалеб?

— ТIоцебе нижер къасд букIана геодезиялъул, геологиялъул, гидро­метеорологиялъул, экологиялъул халгьабияздаса байбихьун, проект бахъиялъул, минаби раялъул киналго хIалтIаби гьаризе. Цо-цо гIиллабазда бан гьеб иш данде ккечIо. Гьедин­лъидал нижеца гьабула цохIо изы­сканиязул (геодезиялъул, геоло­гиялъул, гидрометеорологиялъул, экологиялъул) хIалтIи. Жеги баянго абунани: тIоцебесеб, щибниги базе бугеб бакIалъул участкаялъул то­посъемка гьаби; кIиабилеб, ракь борлъун, гьелъул гIуцIи лъазаби (геология), гъатазул халгьаби (гье­зул хIасилазда рекъон лъола кьучI); лъабабилеб, лъазабула хIисабалде босараб авалалъул гьава-бакъ, гье­ниб букIунеб хинлъи-цIороялъул низам, ракь цIорозе рес бугеб гъва­рилъи, пулеб гьуриялъул къуват (гидрометеорология), гьел баяназул кьучIалда чIезарула къадазул би­цалъи, хIалтIизарулел материалазул даража, минаялъул гIуцIи; ункъаби­леб, ахираб заманалда цIикIкIараб кIвар кьолеб буго экологиялде. Нижецаги хал гьабула объект базе бугеб бакIалда тIабигIаталъул бу­геб ахIвал-хIалалъул. Хадуб, балеб бакIалда геодезистас гьабула про­екталда рекъон гьеб баялъе геодези­ялъулаб халгьаби.

 

— Нужер гIахьаллъигун рарал минаби гIемер ругищ республика­ялда?

— 25 соналъ дун хIалтIулев вукIана техникияб ва нухал раялъул инсти­тутазда доцентлъун. Гьениса, дицаго дарс кьурал, цIияб жо лъазе бокьа­рал студентал-выпускникал тIаса рищана ва, гьезда малъун, тIамун ба­жарана лъикIаб къокъа данде гьаби­зе, заманалда рекъараб къагIидаялда хIалтIи гIуцIизе. Гьелдаса хадур цIикIкIана нижехъе рачIунел зака­залги. Ниж гIахьаллъараб чIахIиял объектазул цояб ккола цIияб цIорол завод (Тюбе поселок), байбихьудаса лъугIизегIан кинабго хIалтIи гьабу­на гьениб нижеца. Гьелдаго цадахъ букIана керамикалъул плитка бичча­леб «Мараби» завод, цемент ва гипс гьабулеб «Даггипс» ООО (Буйнакск), Хунзахъ Макьасда курорт базе хIадурлъи. ГIахьаллъана «Север- Юг» оптиковолоконалъулаб бухье­налъул проекталда (Северияб Дагъ­истаналдаса югалъулаб гIорхъоде щвезегIан). ГIемераб хIалтIи гьабуна «Дагъавтодор» гIуцIиялъ рахъулел нухазда, ралел кьоязда. Чачаналда нухал, кьоял, минаби ралел объек­тазда. ЦIикIкIараб хIалтIи гьабуна аэропорталда, Юждагъалда бугеб «Виадук» дармил комплексалда, гье­нирго цIияб тайпаялъул ахал чIолел бакIазда, ралел бакIазул рахъалъ. Сулейман Керимовас Дагъистаналда гьарулел ишазулъ. МахIачхъалаялда Ленинил цIаралда бугеб майдан, уни­верситеталъул майдан, шагьаралъул гIемерал къватIал къачIаялъулъ, цIи гьариялъулъ, минаби ва объектал ра­ялъулъ. Гьединал объектазул сияхI Дагъистаналдаги къватIибги чанго нус-нус батила.

 

— Нуж щун руго Ираналдеги…

— МахIачхъалаялда байбихьана нарт къачIалел гIисинал заводазул (мини-завод) проектал гьаризе, гье­зие хIажатаб къайи-цIа къватIибе биччазе, байбихьудаса лъугIизегIан гьел хIалтIизе риччазе. Гьезул тIалаб буго Россиялъул гIемерал регио­назда, хIатта къватIисел пачалихъ­азда. Ираналдасаги бачIун букIана гьединаб заказ. Завод лъезе бакI хIадуризе, геодезиялда хурхараб ки­набго хIалтIи гьабизе нижги ахIун рукIана гьенире.