Гъизляралъул кьогIаб дандерижи

9 январалда 25 сон тIубана Гъизляр шагьаралъул больницаялда пашманаб лъугьа-бахъин ккаралдаса

 

1996 соналъул 9 январалда радал анлъгоялде бащдаб хIалтIараб гIужалъ, жеги кьижун бугеб шагьаралде жанибе лъугьана Салман Радуевасги Хункер Исрапиловасги бетIерлъи гьабулеб хъачагъазул къокъа. БачIинахъего гIадин гьез кверде босана шагьаралъул боль­ницаялъул лъимал гьарулеб рукъалъул отделение. Цогидаб къокъа­ялъ вахIшиял ишал гьарулел рукIана Черемушки микрорайоналда. Доб мехалъ республикаялъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав МухIамад ГIабдуразакъовас, жиндирго ракIалдещвеязул тIехьалда гьадин хъвалеб буго хъачагъаз шагьаралда гьабулеб букIараб гIалхулаб вахIшилъиялъул хIакъалъулъ.

 «Рукъзабазда жаниреги кIанцIун, гьез бусадасаги рахъинарун къватIире рачунел рукIана, тIубан макьидаса ригьинчIел, жеги щиб- кинали лъазе заманцин гIечIел, ретIа-къачIел гIадамал. НуцIа рагьулеб гьечIони, террористаз речIчIулаан, гьедин нуцIихъан речIчIун чIвана гьез, нуцIа рагьизе тIаде яхъине къуват гьечIей херай, гIажизай гIадан.

 

 ГIадамал больницаялде жанире гъолел рукIана. КватIичIого гьез гьениве вакIарана лъабазаргоялдасаги цIикIкIун чи, гьезда гьоркьор гIемерисел рукIана руччаби ва лъимал. Гьебго заманалда хъачагъазул цо къокъа кIанцIана рагъулаб аэродромалде. Гьезда кIвана рагъулаб кIиго вертолет бухIизе. ЦохIо гьеб букIана Гъизляралда гьез босараб бергьенлъи. Гьез хIалбихьана гьениса рикIкIад гьечIел аскариязул ка­зармаби рахъизеги, амма гьедин гьабизе гьезие рес ккечIо.

Хадуб Буденовскиялда Басаевго гIадин, руччабазул мугъзада на­хъаги вахчун, гара-чIвариял гьаризе лъугьана Радуевги. Абизе ккола, байбихьуда гьезул тIалабал рукIанин цIакъго радикалиял, тIуразаризе захIматал: гьез тIалаб гьабулеб букIана Россиялъул аскарал Чачанал­даса ва Дагъистаналдаса гурелги, тIолабго Северияб Кавказалдасаго нахъе рачин».

 

 

 

РакIалдещвеязул

лъилъулареб ругъун

Долдаса нахъе ана 25 сон. Доб къоялъ гъаримал улбузухъ кодор рукIарал хахулел лъималазул жакъа саламатал гIолохъаби гIун ратила. Гьезул чангиял гьанже хъизан-рукъ­алде руссун ратила. Гьезда чIахIияз бицун гурони лъалеб батиларо доб къоялъ ккаралъул хIакъалъулъ.

Гъуниб районалъул Гьонодаса МухIамадбегова Хадижатги гьелъул росги 1996 соналда Гъизлярал­да гIумру гьабун рукIана сакъатал гIадамазе хIукуматалъ кьураб рокъ­ор. Гьелъул рос ккола канлъукъав, 1-себ группаялъул инвалид. Гьадин ракIалде щвезабуна гьез доб къо.

 

— Рогьалилъ цо кьвагьа- гIанхъиялъул сас чIвана дида. Доб мехалда рэкеталинги абун хьваду­лел гIадамал рукIиндал, гьезул сас батилин тун букIана. Кин букIаниги, ракIго букIинчIого, дица росасда абуна, гьелъул хIакъикъат цIехезе къватIиве вахъайилан. Гьесда гьа­динги абун, подъездалъуе яккарай дида, цIакъ хIалакун, кодоб жидерго къайи-цIагун рачIунел мадугьалза­би рихьана. Гьез, «кошмар», «кош­марилан» абулеб рагIидал, вай, Ал­лагь гьаб жоялъул магIна щибдайин ургъелчIван лъугьана дун. Росги ана хIакъикъат цIехезе ва цо заманалда­са нахъ вуссун вачIарав гьес бица­на, Радуевасул хъачагъал кIанцIун рагIулин шагьаралде. Нижер мина­ялда цересан рачIун руго гьел ша­гьаралде, амма сакъатал гIадамал жанир ругеб мина гьеб букIин лъай­дал, гьел нахъе ун руго гьебги жибго тун. Дида гьеб кинабго хадуб лъана. Амма цогидал гIадамазда гьез цIоб гьабун гьечIо, нухда ратаралниги ялъуни рокъоса къватIире рачIунел ратаралниги гIадамал чIван ругин гьезин бицунеб букIана.

 

 

Радуевасулгун къотIи-къаял ва

Первомайскиялъул пашманаб хIасил

Гъизляралъул больницаялда гъоркьлъалие гIадамалги росун Радуев вукIаго, гьесухъе тIоцеве кIалъа-басаял гьаризе арав чи вукIана, доб мехалда Гъизляралъул стоматологиялъулаб поликлиникаялъул бетIерав тохтурлъун хIалтIулев вукIарав АхIмад Саламов.

— Больницаялда жаниб букIараб 13 телефоналда гьоркьоса, бухьен гьа­бизе бегьуледухъ хутIараб цоялъусан дихъе кIалъан ячIарай медсестра­ялъ щакърахунаго абуна: «АхIмад ЖахIбарович, талихI кьеги, кумек гьабе», — ян.

 

Дица гьелда абуна дуда аскIов хъачагъазул щивниги ватани, гье­сухъе трубка кьейилан. Гьес трубка босидал, дица гьесда абуна нужер командирасухъе кьейин трубкаян. Заманалдасан трубкаялъусан дида рагIана батIияб гьаракь. Гьев вукIана Салман Радуев. Дица гьесда абуна духъе вачIине бокьун бугин. Гьесда бичIчIизабуна цадахъ журналистги вукIине вугеблъи, гьелъиеги гьесул инкар букIинчIо. Гьедин ана ниж гьесухъе. Ниж больницаялде щве­дал, Радуев нижеда ватана реанима­циялъул кабинеталъув, рукъалъул хважаин гIадин.

Гьаниб нижеца къокъ гьабулеб буго, цебеккунги газеталда чанго ну­халъ бахъун букIараб, А. Саламовас­даги С. Радуевасдаги гьоркьоб ккараб гара-чIвари. Гъизляралъул аэродро­малдаса, Россиялъул армиялъул вер­толетал Чачаналде роржин бугин жал гьанире рачIиналъе гIиллайин бичIчIизабуна Радуевас, Гъизлярал­де жалго тIадекIанцIиялъул бицуна­го.

 

Гьел политикиял суалал тIуразе хIакимзабиги тун, гIадамазе къварилъи гьабичIого теялде гьев кантIизавуна АхIмадица. БичIчIизабула гьес кверде босараб бакI боль­ница букIин. Гьенир гIадамал сах гьарулин, чIвазе бегьуларин. Нагагь гьаниб гIайиб гьечIев чиясул бидул къатIра гIодобе тIинкIаницин гьелъ­ул дуца жакъа дунялалдаги метер ахираталдаги жаваб кьезе кколеблъи бичIчIизабунин жинца гьесдаян би­цана Саламовас.

Хадуб гьеб хабар Радуевасда тIад МахIачхъалаялда суд гьабулеб ме­халдаги ракIалде щвезабуна АхIмад Саламовас.

 

 

Гьанже 25 сон ун хадуб кинаб асаргун дуда доб къо ракIалде щоле­билан гьикъидал, АхIмад Саламовас абуна:

— Радуевасда тIаде доб къоялъ унеб мехалъ дие сабру кьолеб букIана цо пикруялъ. Жеги киданиги дунялал­да ккарал рагъазда хъахIаб халгIат ретIарав чиясде лъицаго кьвагьичIо, кьвагьун батаниги, гьел рукIана цIакъго къанагIат гурони ккечIел хIужаби. Гьединаб пикругун ана дун гьесде тIаде. Доб къоялъ цохIо милиционер гурони, ракълилал гIадамазул цониги чи больницаялда чIвачIо. Гьеб букIана дун вохараб хIужаги.

Цо кIиго соналъ цебе Гъизля­ралда студентазулгун букIараб дандчIваялда дица доб къоялъ букIараб хIакъикъат гьезие бициндал, гьенив вукIарав кIиго гIолохъанчи тIаде вахъун вачIана, больницаялда эбелалъухъ кодор рукIарал лъимал жал ругинги абун. Гьелъ ракIалдаса унареб асарги гьабуна.

Гъизляралъул больницаялда руч­чабазул мугъзада нахъаги вахчун, Радуевас нилъер республикаялъул нухмалъиялъулгун гьарурал къотIи- къаязул хIасиллъун ккана гьенир рукIарал руччабигун лъимал нахъе риччай ва гъоркьлъалие росарал гIадамазул цо бутIагун гьесие Чача­налде ине нух кьей.

 

 

Рокъове вуссине букIараб рес…

Чачаналде унаго, Первомайски­ялда гьезда дандечIей гьабуна фе­дералиял аскараз. Гьенив чIвана Радуевасул къокъаялъул чанго чи. Радуевасдаги гьесул цебесеб чукъа-рухьеналдаги кIвана, квалквал гьечIого, Чачаналде рорчIизе. Первомайскиялда чIвана Гъизлярал­да гъоркьлъалие росун рукIарал гIадамазул цо къадар. Гьезда гьоркьов вукIана 9 январалда Гъизляралъул больницаялда дежур­ствоялда вукIарав тохтур МухIамад ГъазимухIамадовги.

Жакъа гьесул яс, журналист Бэла Бояровалъ гьадин ракIалде щвезаву­на эмен:

— 1994 соналде щвезегIан ниж гIумру гьабун рукIана цин Тамбов областалда, хадуб Ставрополь кра­ялда. Эмен Тамбовалде хIалтIизе витIун вукIана Дагъистаналъул ме­дицинаялъул институт лъугIун ха­дув. ВатIаналде ниж нахъ руссунеб мех букIана Чачаналда рагъ унеб заман. Лъале-хъвалез инсуда абулеб букIана, нуж гIадаллъунищин ругел гьеб гIала-гъважаялде гьоркьор нахъ руссинеян. Кин бугониги, инсуца та­ваккал тIамуна.

 

 

ГIумру гьабизе инсуца тIаса бища­на Гъизляр, гьенир нижер гIемерал лъале-хъвалелги гIага-божаралги рукIиналъ. Гьев тIамуна шагьаралъул райбольницаялде дежурнияв тохтурлъун.

9 январалда хъачагъал больни­цаялде кIанцIидал, гьев вукIана къасисеб дежурствоялда. Насрани­язул байрам кIодо гьабулел къоял рукIиндал, жиндирго хъулухъцояв гIурусасул бакIалда дежурство боси­зе разилъун вуго гьев. Дида макьилъ гIадин гурони цебе чIезабизе кIоларо къаси гьев дежурствоялде унеб 8 ян­варалъул маркIачIул гIуж.

Инсул кутакаб махщел букIана мандолина хъвазе. Доб къоялъ боль­ницаялда ругезеги хъвалеб букIун буго гьес гьеб, гьел дагьал ригьа- ричун рукIине. Нижееги хъвайилан террористазул цояс тIалаб гьабидал, инсуца инкар гьабун буго.

 

Хадуб Первомайскиялде рачунел гъоркьлъалие росарал гIадамазда цадахъ ун вуго гьевги. Гьесул рес букIана инкар гьабизе. Гьес абунги буго рокъор дихъ ралагьун чIарал гIисинал лъималги, унтарай хъизан­ги йигин, амма жив жиндирго унта­ралгун цадахъ вукIине кколин абун. Гьев жиндиего бокьун ана Перво­майскиялде. Чанго къоялдасан гьев чIвана. Гьесул гIумруялъул букIана гIицIго 39 сон. Эмен тохтурлъун вукIана цохIо больницаялда гуревги, рокъовги къватIивги ва, киве кка­ниги, гьеб тIадаб борч тIубазабуна гьес тIолабго гIумруялъго. Гьесухъе гIемерав чи вачIунаан кумек гьарун, жеги лъиениги инкарги гьабичIо. Амма, гьединго, жеги цониги унта­расухъа конфет-чакаргIанасеб жоги босун гьечIо. Гьес кванан гьечIо больницаялда хIадур гьабураб квен- тIехцин. Гьеб жиндие гуреб, унтара­зе хIадур гьабураб кколинги абун, жиндиего кваназе жо кидаго рокъ­оса босулаан. Гьединав инсанлъун хутIана гьев дир рекIелъ.