ЖамгIияталъул масъалаби журналистазулгун дандрана

12 январалда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов данд чIвана республикаялъул журналисталгун.
 
Байбихьуда гьес гьезда баркана 13 январалда Россиялда кIодо гьабулеб печаталъул къо. Бицана жамгIияталъул гIумруялъулъ журналистазул хIалтIул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Хасго гьанже, пандемиялъул заманалда, якъинго бихьулеб бугин абуна гьеб (цIияб унтудаса хIинкъараб халкъ бихха-хочичIого букIиналъе, вирусалъул ва гьелда данде чIун тIалъиялъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъги битIараб информация кьезе кIудияб хIаракат бахъанин журналистаз).
 
Меликовасул ракI рекъон буго КIудияб Бергьенлъи босаралдаса 75 сон тIубаялъул тадбиразул хIакъалъулъ журналистаз бицараб къагIидаялдаги.
 
Гьанже ДАССР гIуцIаралдаса нусго сон тIубаялъулги гьединго бицине ккелин абуна. Исана сон лъазабун буго Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялъул лъагIеллъунги.
 
 
Шапакъатал
 
Россиялъул прессаялъул къоялда хурхун тIобитIараб дандчIваялда С. Меликовас шапакъатал кьуна цо-цо журналистазе. 
 
Гьеб щваразда гьоркьой йиго «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Шамай Хъазанбиеваги. 
 
«Дагъистаналъул жакъасеб журналистика цебетIезабиялъулъ лъураб бутIаялъухъ ва махщалилъ загьирлъарал тIокIлъабазухъ» абун хъван буго Меликовасул гьелъие кьураб Баркалаялъул кагътида.   
 
Республикаялъул бетIерасул и­шал тIуразарулес хIисабалде босун буго коронавирусалда данде гьа­­бураб къеркьеялъулъ журналист хIи­са­бал­да Ш. Хъазанбиевалъ тIу­бараб на­лъи. 
 
Гьедин «Баркала, тохтур» абураб рубрикаялда гъоркь бащдаб лъагIалидасаги цIикIкIараб заманалъ газеталда рахъана Хъазанбиевалъ хъварал макъалаби. Гьелъ гьениб бицунеб букIана тIубарал моцIаз «Красная зонаялда» хIалтIарал ни­лъер тохтурзабазул хIакъалъулъ.  
 
Нижецаги ракI-ракIалъ баркула Шамайида шапакъат, гьарула хадурккунги жеги тIадегIанал бергьенлъаби. 
 
 
 
Рукъзабаздаса махIрумлъарал 
 
Данделъи ана журналистаз суалал ва Меликовас жавабал кьун. 
 
«Дагестанская правда» газеталъул бетIерай редактор Бурлият Токъболатовалъ гьикъана ракьуда сверухъ гIемераб дагIба-рагIиги кколеб бугелъул, пачалихъияб кIваралъул ракьазул суал цойиде ккезабулеб комиссиялда гъорлъе журналисталги рачине бегьуларищин.
 
Гьелъул суал бухьараб букIана гьанжего-гьанже рарал гIемертIалаял минабазул рукъзал ричун росулел цо-цо гIадамал бизнесменаз махсараде кквеялда хурхараб. Гьедин гIарцудасаги рукъзабаздасаги ратIалъун гIадамал хутIарал хIужаби улкаялдаго гIемерлъун ругин абуна Сергей Меликовас. Гьединлъидал гьеб суалги гьоркьоб лъун, жидеца кватIичIого кIудияб данделъи тIобитIизе бугин лъазабуна гьес. 
 
 
 
Москальковагун данд чIвазе хIадур вуго
 
«Дагъистаналъул гIолилал» газеталъул бетIерав редактор Рамазан Ражабовас борхана туснахъ гьавун вугев «Черновикалъул» журналист ГIабдулмуъмин ХIажиевасул суал.
 
Сергей Меликовас абуна жинда лъаларила гьев журналист яги гьесда хурхун гьабураб уголовнияб делоялъул хIакъикъат. Гьединлъидал гьеб ишалда бан щибго абизеги кIоларин. Амма гьелда хурхун инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ РФялда йигей вакил Татьяна Москальковалъул пикру лъазелъун, гьейгун дандчIвазе хIадур вугила жив.
 
Терроризмалъе гIарац бакIариялда щаклъиги ккун, закон цIунулез ГIабдулмуъмин ХIажиев туснахъ гьавуна 2019 соналъул июналда. Журналист абуни, жиндего гIунтIизабулеб бугеб гIайибалъе му­кIур­лъулев гьечIо.
 
 
 
Кадрабазул хIакъалъулъ
 
«Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовасул суал букIана цIияб хIукуматалда хIалтIулел чагIазда хурхараб.
 
Хъулухъазда тезе гIадамал гьедигIан гIемер гьечIин абуна Меликовас. Проектаздаги конкурсаздаги бергьарал гIадамазда тIадкъазе ругила батIи-батIиял ишал, ай гьезул хIалтIул хIалбихьиялъухъги балагьун. ЦIирищарал министразеги вице-премьеразеги ихтияр кьун рагIула жидеего хIалтIухъаби жидецаго тIаса рищизе. Гьединго, гъоркь рукIарал хъулухъчагIи цIи рачIараз нахъе ритIиялъул хабарги гьечIин баян гьабуна республикаялъул бетIерас.
 
 
 
Таркиялдаса наркоманазул хIакъалъулъ
 
Гьал къоязда Тарки поселокалда кIиго гIолохъанчи чIваялъул бицунаго, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев С. Меликовас абуна гьанжеялдаса хадуб республикаялда кьваризабизе бугила наркотикал хIалтIизариялда ва изну гьечIого гьел рича-хисиялда данде къеркьей.
 
ДРялъул бетIерас лъазабуна метерсезе наркотиказда данде къеркьеялъулаб комиссиялда гьоркьоб лъезе бугила гьеб суал. Гьес гьениве ахIизе вуго «Трезвая Россия» абураб жамгIияб багъа-бачариялъул нухмалъулев Султан ХIамзаевги.
 
Гъоркьиса 29 декабралда хIукуматалда тIобитIараб данделъиялда Сергей Меликовас какун букIана гьеб комиссиялъул хIалтIи. Гьесул рагIабазда рекъон, гьабулебги бицунебги данде кколеб гьечIо, гьеб кIиялдаго гьоркьоб кIудияб кIкIалги буго.
 
 
Таркиялда наркотиказул масъала баккаралдаса гIезегIан сонал руго. Амма поселокалъул гIадамазги диниялгун жамгIиял церехъабазги ахIи баниги, гьеб суалалде букIине кколедухъ кIвар кьун гьечIо гIадлу-низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз. ТIадежоялъе, гIадамал щакдарилел руго наркотикал рича-хисиялъе квербакъи гьабулезул аслияв чи полициялъул хIалтIухъан вукIиналдецин.
 
АхIвал-хIал хIехьезе кIвеялдаса индал, росдал гIолохъаби рахъун руго наркоманаздеги гьел ричулездеги данде. 
 
ЦIияб соналъул тIоцересел къоязда гьенив чIвана Вали ГIабдурахIимов абулев гIолохъанчи. Гьеб такъсиралъул цIех-рех гьабизелъун нахъисел къояз данделъарал гIолохъабазда гьоркьоб рагъги ккун, гьел ратIа гьаризе лъугьарав Керим Хайрулев абурав гIолохъанчиги чIвана гьенив.
 
Гьелдаса хадув туснахъ гьаву­на ГIабдурахIимов чIваялъе мукIурлъарав Жамалудин Болатханов. Жинхъа лъачIого туманкI кьвагьун анин бицана гьес полициялъе. 
 
ПалхIасил, гьеб ахIвал-хIалалда хадуб Таркиялъул жамагIаталъ хIукму гьабуна тIадехун рехсарав полиция­лъул хIалтIухъанасул хъизан лъабго соналъ росулъа къватIибе битIизе. 
Хадубго закон цIунулел идарабазги лъазабуна жидеца гьев суд гьабизегIан туснахъалъув лъун вугилан. Гьесда цIарги Уллубий Амиров бугилан.
 
 
 
 
Газ
 
Исана Дагъистаналда газ бачиналъул иш рукIалиде ккезабизе 3 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Сергей Меликовас. Гьеб гIарцухъ газ бачунел рогIралги цогидаб къайи-цIаги цIи гьабизе кколин абуна гьес. Цо-цо котельныял ругила рагъда хадусел соназда рарал ва 20 проценталъ гурони ярагьунарел. Гьединго трансформаторалги ругила хасал тIалабазда данде кколарел.    
 
 
 
 
Миллияб хаслъиялъе зарал кколеб буго
 
«Ёлдаш» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев Рустам Жалаковас борхана миллиял газетазда хIалтIизе гIадамал рачIунел гьечIолъиялъул хIакъалъулъ суал.
 
Журналистикаялда хIалтIизе чагIи къваригIин гуребги, халкъазул миллияб хаслъи цIуниялъул магIна бугин гьелъулъин абуна Меликовас. Гьединлъидал гьеб суал дандбазе,  кватIичIого миллиял СМИязул, вузазул нухмалъулезулгун данделъи тIобитIизе буго гьес. 
 
 
 
«МустахIикъав журналист»
 
«Дагъистан» ГТРКялъул нухмалъулей Луиза ГIалихановалъ Сергей Меликовасда гьикъана «МустахIикъав журналист» абураб цIар тасдикъ гьабиялъул хIакъа­лъулъ.
Гьеб суал тIубазабиялъул иш жин­ца Информациялъулаб министерствоялда тIад къалин жаваб кьу­на ДРялъул бетIерасул ишал тIуразарулес.