ЦIулада кьабураб накъищалъулъ бахчараб гIасру

Унсоколоса МухIамадгIали МухIамадгIалиевасулгун дир лъай-хъвай ккана кIиго соналъ цебе Авар театралда, Рахьдал мацIазул къоялъул хIурматалда тIобитIулеб фестивалалда. Жинцаго хIадур гьарурал ансадерил машгьурал цIулал тIагIел-алаталги цере тIиритIун ватун вукIана гьев. Доб мехалъ, гьитIинабго кIалъайги ккун, лъугIун букIана нижер бухьенги.
Исана гьев вачIана «ХIакъикъаталъул» редакциялде. Наслабаз наслабахъе кьун, ансадерил умумузул махщел кодобе босизесев чи хутIун гьечIин, кан бакун валагьизе кколев вугин гьединав махщелчи жакъа-йилан пашманго бицана гьес. Пашманлъиялда расги гIайибги гьечIо. Советияб заманалда ссиялда букIараб ансадерил художествияб фабрикаялда жакъа хIалтIулеб буго гIицIго цо цех. Гьебги МухIамадгIалил бажариялдалъун.

 

ГIанчил ишанги, гIансаги, ражибухги

— Унсоколо жакъа цо дун гурони гьел тIагIелал гьарулев устар гьечIо, — ян байбихьана гьес нижергун гара-чIвари. — Щибаб соналъ гIахьаллъула батIи-батIиял выставкабазда, щвана 18 батIияб пачалихъалде. Анасадерил машгьураб гIансаги, щакъитIелги, ражибухги, цогидал тIагIелалги жакъа дунялалдаго лъала.

— МухIамадгIали, тIоцебе кида байбихьараб гьеб махщалие куцазе?

— 1991 соналда школа лъугIарав дун ургъулев вукIана цIализедай ина яги хIалтIидай балагьилебин абун. Гьеб мехалъ дирго гьудул-гьалмагъас абуна, рилълъайин фабрикаялде хIалтIизейилан абун. Гьенив хIалтIулев гьесул кIудияв эмен, МухIамаев ГIабдулагьги вукIана. Исана хвана гьев мунагьал чурад. Гьес ругьун гьаруна тIоцере махщалиеги. ТIоцебесеб гIанса гьабизеги гьес куцана дун. БитIараб бицани, хIинкъунги вукIана бажариладай абун. ГIабдулагьица, гьес таваккалги тIамизабун, чанго къоялдасан ругьунлъана гIонсода накъищ кьабизе. Гьедин байбихьана дица умумузул машгьурал тIагIелалгун алатал хIадуризе. ТIоцебесеб гIанса дица гьабуна 18 сон бараб мехалда. Хадув дун армиялде ана. Гьениса вуссиндал, къисматалъ добго фабрикаялде вачана. Гьале 35 сон буго дир гьенив хIалтIулелдаса. Фабрикаялда жакъа хIалтIулеб буго цого-цо цех. Доб мехалда 250 чи хIалтIулев вукIараб фабрикаялда жакъа цо дун гурони цIулада накъищ кьабулев устар гьечIо. Сапаралъ дунго араб мехалъ къан букIуна цех.
Цо-цо дунго хутIараб мехалъ пикру гьабула, щайдай дие гьаб махщел рекIее гIагараблъун лъугьарабилан абунги. Нижер тухумалда абула ГIанчи абун. Гьединго нижер буго ГIанчи абун хасаб накъищги. Дир кIудияв инсул вац вукIун вуго ХIасан абун бергьарав устар. ГIанчи-ХIасанилан абулаан гьесда. Микьабилеб классалда цIалулеб заман букIана дир, гьеб мехалъ хIалбихьана дица тIоцебе накъищ кьабизеги. СагIаталъ тIадчIун гьабураб хIалтIудаса хадув ругьунлъана гьелде. Гьаб устарлъиялде тIоцересел галаби тIамизе байбихьаралдаса нахъе анищ букIана дир, цо лъиданиги релълъинчIеб хасаб хатI бугеб дирго накъищ ургъизе. Гье-лъие пайда босизе гIадин батана нижерго кьолбол мугьру – кIудияв инсул вацасго ургъун букIараб накъищ. Гьедин дирго хIаракаталдалъун фабрикаялда гьабулеб хIалтIи гьоркьоб къотIизе течIого, байбихьана устарлъи цебетIезабизе. Заманалдасан лъай-хъвай ккана республикаялъул Халкъияб махщалил ру-къалъул нухмалъиялъулгун. Гьезул квербакъиялдалъун рес щвана батIи-батIиял конкурсазда гIахьаллъизеги. Щвана Россиялъул чанго шагьаралде, гьединго, гIемерал къватIисел пачалихъазде. Гьелъ тIуванго дирго творчествоялда тIад хIалтIизе заманги хутIулеб гьечIо.

Умумузе бергьараб Гран-При ва ансадерил устарзабаз Парижалде гьабураб кIиабилебги сапар

— КъватIисел пачалихъазул гIадамазе кинаб асар гьабураб дур махщалица? Бищунго цIакъ кинаб тIагIел гьезие рекIее гIураб?

— Дир хIалтIаби рихьидал, гьез абулеб букIана художникас гIадин релъабаз тIад сурат гьабураб накъищ батилин гьебилан. Хадур гьел хIикмалъун хутIулаан дица квералъ ишанги кьабун гьабураб хIалтIи гьеб букIин лъайдал.
КъватIисел пачалихъазда нилъер тIагIел-алатазул цIакъго кIудияб къимат бугин абиларо. Амма интерес бугищин абуни, буго. Цо мисалги бачинин. Исана дица тIубараб моцI бана Франциялда, нилъер республикаялъул делегациялда цадахъ. Гьениб тIобитIулеб букIана фестиваль.
1937 соналда гьенибго, ай Парижалда гIахьаллъи гьабун букIана нижер тухумалъул устарзабазги. Доб мехалъ гьениб Гран-При бергьанилан, тIад паранг мацIалъ хъвай-хъвагIайги бугеб, гьениса кьураб диплом букIана дица цадахъ босун. 80 сон ун хадуб дир хIалтIаби рихьидал, умумузул букIараб махщел жеги чIагойищин бугебилан, гIажаиблъун кIалъалел рукIана гьел.
Нижер ансадерил гьаб устарлъиялъул тарих байбихьанин абула 250 соналъ цебе. Гьелдаса нахъе цебеса-цебе кьун щун буго жакъа дихъеги. Амма, битIараб бицани, расги беццизесеб хIалалда гьечIо жакъасеб гьелъул къисмат. Цересел устарзаби херлъун руго, цIияб гIелалъулъ гьаб махщалиде ругьунлъиялъе цо кIудияб гъираго бихьулеб гьечIо.
Амма дица дунго талихIав чи-лъун рикIкIуна. Лъабго лъимер буго дир — кIиго яс ва цо вас. КIияйго ясалъ лъугIизабуна педуниверситеталъул художествиябгун графикияб факультет. Цояй ясалъул диплома-лъулаб хIалтIи букIана, тIад берцинаб накъищ кьабураб мельхиоралъул гьабураб ансадерил гъутухъ.
Васас исана бала 18 сон. Дица гьев вачунаан дидаго цадахъ выставкабазде. Гьанже живго витIула. Дагьаб цебегIан Татарстаналъул Елабуга шагьаралда тIобитIараб выставкаялдаса гьев вуссана тIоцебесеб бакIги босун. «За креативное мышление» абураб номинациялда хасаб сайгъатги, гьединго 5000 гъурущ премияги щвана гьесие.
Исана 29 августалда дицаго гIахьаллъи гьабуна «Русское поле» абураб фестивалалда. Гьенив финалалде ворчIана дунги Кубачиялдаса устарги. «Халкъияв художник» абураб номинациялда кIиабилеб бакI щвана дие. 58 батIияб регионалдаса 2000-гIанасев чияс гIахьаллъи гьабураб гьеб фестивалалда диего щвараб шапакъат кIудияб бергьенлъи-
лъун рикIкIуна.

Цо гIансаялъул балъголъи ялъуни цIулада кьабураб накъищалъ бачунеб макъан

— МухIамадгIали, лъимерлъудасаго дида цIакъ берцин бихьулеб сурат букIана, магIаруласе хасиятаб куцалъ ретIа-къарав херав чиги, гьесухъ кодоб ккураб гIансаги. Дида кколеб буго, цебе гIадин, гIунсбуздехун цо кIудияб гъираго гьечIин гьанже нилъер гIадамазулилан. Мекъи ватизеги бегьула дун…

— Ансадерил фабрикаялъул цере ккурал алаталъун кидаго рукIана гIансаги ражибухги. ГIурусалъ абуни, нижер махщалил визитная карточка буго гьеб. Амма лъикIаб гIанса гьабизе расги бигьаяб масъала гуро. Гьеб гьабула жуламул цIулал. Хъарахъ гIадин бижулеб гъветI ккола гьеб. ЛъикIаб, бицатаб рохти лъугьине ккани, 10-15 сонги базе ккола гьелъ. Хадуб гьеб цIан битIараб лъугьине ккани, лъелъ лъезе ккола. ТIад араб гъийиналъул хIисаб гьабуни, дица абила цо гIанса гьабизегIан тIугьдул жаниб лъолеб анцIго ваза гьабизего бокьилин. Амма, кин букIаниги, гIунсби дица гьарула, гьезул гIурал заказалги рукIуна.
ТIоцебе гIонсода накъищ кьабизе хIалтIизабулеб букIун буго белъа-раб ракьа. Рагъда хадусел соназда байбихьун буго гIарцул накъищ кьабизе, гьелдаса хадуб — мельхиор хIалтIизабизеги. Мельхиоралда гъорлъги цо бутIа гIарцул букIаниги, жибго гIарцул накъищ кьабизе захIматаб букIуна.

«МагIарулал Ленинихъ» ва цо магIарулав Путинихъ гьоболлъухъ

Нилъеда лъала, Дагъистаналдаса вакилзаби Ленинихъе ун рукIин. Гьез цадахъ росун рукIарал сайгъатазда гъорлъ рукIана ансадерил щакъитIелги гъутухъги. Гьел тIагIелаз асар гьабурав Лениница абун буго гьадинаб искусство киданиги хвезе бегьуларин, гьеб нахъе хутIизе кколилан. Кутакаб ракъул заманалда вагон цIураб тIощелги битIун буго гьес Дагъистаналъе. Гьеб рахIмуяб иш кутакалда рекIелъ хутIана умумузда. Лениние сайгъат гьарурал ансадерил алатал музеялда цIунун рукIана. Заман индал, дагьал басралъун рукIиналъ, гьел къачIа-кIатIазе ккеялъул хIакъалъулъ суал борхидал, нижер кIиго устар ахIун вукIана Москваялде. ХIалтIи лъугIун хадуб гьезие мухь кьолеб букIун буго, амма гьез босун гьечIо. Гьабураб захIматалда рекъон, дагьаб гурони гIарац кьечIин жидее абун ракIалде ккун батилин гьездаян пикруги гьабун, дагьабги цIикIкIун кьезе къасд гьабидал, гьез абун буго, гьал рукIанин нижер умумуз Лениние сайгъат гьарурал алатал, гьанже гьел къачIаралъухъ гIарац босизе нижер намусалъ къабул гьабуларин абун.
Диргоги ккана цо гьадинаб лъугьа-бахъин. КIиго соналъ цебе Сочиялъул «Красная Полянаялда» букIана выставка. Гьениб нижеца щибаб санайил гIахьаллъи гьабулеб «Кавказский павильон» абураб бакI буго. Гьелъул нухмалъулес ахIун бачIана, «жакъа Путин вачIине вугин выставкаялде, хех гьабун дурго тIагIел-алаталгун къватIиве вахъа», — йилан. Дун божун вукIинчIо, кIиабизеги гьес ахIун бачIиндал, вахъана къватIиве.
Цере тIиритIун дирго алаталгун вукIана, президент вачIиналъухъ балагьун. Лъиданиги чIванкъотIун лъалеб букIинчIелъул гьев вачIине вугищ-гьечIищали. БакъинегIан хутIана гьенир эхетунги. Ахирги, вачIиналдаса хьул къотIун рукIаго, цо заманалдасан дагьаб рихха-хочи лъугьана. «ВачIунев вуго, вачIунев вуго», — ян шур-шур бакана халкъалда гьоркьоб. Нижеда цебеккунго лъазабун букIана гьесухъе кодоб кквезе щибго жо кьогейин, гьесул квер бачунгейин, кIалъагейин абун. Дунги вукIана сихIкъотIун чIун. ВачIинахъего нижер столалда аскIове вачIана гьев (нижер стол бищун цебе букIана). Гьесда цадахъ Индиялъул премьер-министрги вукIана.
— Бищун гьалбал хирияб ракь нижер гьаниб Кавказ кколин, гьале Дагъистаналдаса рачIарал устарзабазул стол, — илан нижер хIакъалъулъ баян кьуна президентасеги гьесул гьоболасеги. Нижеда лъазабун букIиндалха кIиго минуталдаса цIикIкIун заман гьес цо столалда аскIоб баларин, гьединлъидал нижеда аскIой йикIарай таржамачIужуялъ, кIиго минуталда жаниб бицунеб бахъунеб хIалалъ, кечI гIадин ракIалда чIезабун букIана гьезие бицинесеб хабар. Амма гьейги циндаго гьоркьой къотIизаюн, чIая, кин дуца гъоб абурабилан Индиялъул премьер-министрас гьелъие суал кьейдал, гьейги дагьай йихха-хочарай гIадин лъугьун, цо лъалхъи ккана гьениб. Путин вукIана битIахъе дида цеве эхетун. Гьеб кинабго дагьаб халатбахъине лъугьиндал, Путиница кодобе босана цо стакан. Лъим гьекъолеб хъабаги, гьеб тIад лъураб тепсиги, лъабго стаканги букIана гьениб. Гьезул цоябги кодобе босун: «Гьадинаб искусство тIоцебе бихьулеб буго», — ян президентас абидал, дицаги, гьеб лахIзаталдаса пайдаги босун, абуна: «ХIурматияв Владимир Владимирович, гьаб буго нижер умумузулго букIараб махщел, наслабаз цоцахъе кьун жакъа дихъе щвараб», — илан. БетIерги кIибикIун, гьимун дие жавабги гьабун, цогидаб столалде цеве ана Путин, гьоболги цадахъ вачун.