ЛъикIаб букIинеселде божилъигун

Бегана нилъер тарихалъул цоги тIамач. Нуха регIана 2020 сон.

100 сон тIубана Дагъистаналъе автономия лъазабуралдаса.

Росабалъ рана цIиял школал ва лъималазул ахал.

Республикаялда гIемерго дагьлъана рахьдал мацIалги хIажалъуларин, нилъер адабиятгун маданиятги къваригIун гьечIин ахIдолезул гьаркьал.

 

 

Лъалаго цIикIкIана Дагъистанал­де рачIунел гьалбадерил, туриста­зул къадарги. Дагъистан ккана Рос­сиялдаго туризм хехго цебетIолеб республикалъун.

Хисана республикаялъул нухмалъулел. Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIерлъуде, пачалихъияв секретарасул, цо чанго министер­ствабазул нухмалъиялде рачIана магIарулазул вакилзаби.

 

Исана тIоритIана МухIу ГIалиевасул, Муи ХIасановалъул, МухIамад ТIолбоевасул, ПатIимат Нуцаловалъул, Манар­ша Дибировалъул, ГIумар МуртазгIалиевасул, ГIабдула Дагано­васул, МухIамад АхIмадовасул, Ибрагьимхан Камиловасул, ЧIанкIал юбилеял.

Гьединго гIадамазул кумекалдалъун гIезегIанго лъикIаб хIалтIи ккана мугIрузулаб Дагъистаналъе кIвар бугеб Бузнасан нух гьабулеб букIинги.

 

50 сон тIубана 1970 соналда Дагъ­истаналда ракьбагъари ккаралдаса. Советиял республикабаз гьабураб кумекалъ, къокъаб заманалда жа­ниб рукIалиде ккезабизе кIвана. Гьезул кумекалдалъун рарал шко­лаз, гостиницабаз, гIадамал жанир чIолел рукъзабаз жакъаги рохиза­рулел руго дагъистаниял.

Араб сон нилъер республикаялъе лъикIаб букIана нухал гьариялъул рахъалъги.

 

ЛъикIаб иш ккана республика­ялъул школазе лъимал раччизе араб соналда нусгоялде гIагарун автобус кьейги.

Бергьенлъабигун араб сон нуха регIана республикаялъул спортсменазги. Гьезул сияхIалда тIоцебесеб бакIалда хъвазе бегьила ХIабиб НурмухIамадовасул цIар. Боксалъул, гугариялъул, самбоялъ­ул, дзюдоялъул рахъалъ цере рахъ­арал дагъистанияз, тIадегIанал хIасилалги рихьизарун, росана меседил, гIарцул ва мазгарул меда­лал. ЦIакъго гвангъарал мисалал рехсани, дунялалъул кубокалъе гIоло Сербиялда тIоритIарал къе­цазулъ гIахьаллъи гьабурав ичIго дагъистаниясул микьгояс босана меседил медаль, цояс – гIарцул. Россиялъул кубокалъе гIоло рег­биялъул къецазда Дагъистаналъул бихьиназул ва руччабазул кIиябго командаялъ росана тIоцересел бакIал. Канлъул рахъалъ сакъат­лъи бугезул мини-футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпиона­талда нилъер командаялъ ккуна тIоцебесеб бакI.

 

Гьелдаго цадахъ араб соналъ нилъеде тIаде бачIана коронавиру­салъул балагьаб унти, гIумруялдаса ратIалъана гIезегIан чагIи. Медици­наялъул рахъалъ гьеб унтиялде дан­де мисалияб хIалтIи гIуцIун нилъеразухъа бажаричIо. Амма жинда гIайиб ккарав сахлъи цIуниялъул министр, гьебги бичIчIун, гIарзаги кьун, нахъе ана. ГIайиб ккарав хIаким гьедин хIалтIудаса ин — гьеб буго нилъер республикаялда цIакъ къанагIатаб иш.

Россиялъул цогидал халкъазда­го гIадин, нилъер миллатаздаги хъат бана гурхIел-рахIму гьечIеб мискинлъиялъ – халкъалда гьор­кьор цIикIкIана гIумру гьабизе хIажалъулелдаса дагьаб гурони харж бачIунарел хъизамал. Евро­паялъул улкабазда араб соналда инсанасе щолеб пайда, бечелъи цIикIкIана, нилъер улкаялдайин абуни, экономистазул пикруялда рекъон (щайгурелъул статисти­каялъул лъагIалил баянал жеги гьечIелъул), гIадамазе щолеб бе­челъи гIодобе ккана 4 проценталъ.

 

Гьединлъидал дунялалда ругел­щинал тIабигIиял бечелъабазул 40 процент жинда жаниб бугеб улка­ялда 20 миллионалдаса цIикIкIараб халкъ мискинлъиялда букIиналъул хIужаялъ нилъ тIуранго рохизе то­лел гьечIо.

Россиялда федералияб бюдже­талдаса бищунго гIемер гIарац щвараб 10 субъекталъул сияхIалъул тIоцебесеб бакIалда буго Дагъи­стан. Араб соналда нилъер респу­бликаялъе кьун буго 72,892 млрд. гъурущ гIарац.

 

Гьедин бугониги, нилъер ракIазулъ буго щулияб таваккал, та­рихалда лъикIаб лъалкI тезе гъира- шавкъ ва къин гьечIеб жигарчилъи.

 

ТIаде бачIараб ЦIияб 2021 со­налъ киналго дагъистаниязе гьарула сахлъи, сахаватлъи ва лъикIаб букIинеселде божилъи.